forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
17
Янв.

Салатавиялъул бах1арзазул ц1аралда турнир. С.Салих1ов

Добавил(а) Administrator on 17 Январь 2015.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

        Салатавиялъул бах1арзазул ц1аралда турнир

  

Декабралъул ахиралда  берцин  гьабун  къач1араб  Калининаул  росдал Россиялъул Герой  К.Гъайирхановасул ц1аралда  бугеб гьоркьохъеб школалъул  спортивияб  залалда    т1обит1ана  Салатавиялъул  Бах1арзал рак1алде  щвеялъул  волейболалъул къецал. Турнир  х1адур  гьабуна  Казбек  райадминистрациялъул  спортивияб  комитеталъ  ва  алмахъазул  «Наш дом»  ДРПОО  обществалъ  цадахъ  рекъон. С.Салих1овас хъвалеб буго: 

    27 декабралда Калининаул росулъ т1обит1ана  волейбол х1аялъул турнир. Гьеб бук1ана Россиялъул Герояллъун рахъарал Салатавиялъул бах1арзал рак1алде щвезарун гьезие Казбек районалъул спорткомитеталъ г1уц1араб. Турниралде рач1арал гьалбазулъ рук1ана Казбек районалъул заманаялъ бет1ерлъи гьабулев Мусаев Х1ажимурад, Маг1арулазул маданияталъулаб автономиялъул представитель (автономиялъул Президент - Сайгидпаша Г1умаханов), г1алимчи ва хъвадарухъан Шахбан Х1апизов, Казбек районалъул спорткомитеталъул председатель Ибрагьим Булатханов ва цогидалги. Турниралда рук1ана, гьеб г1уц1иялъулъ г1ахьаллъарал Кизилюрталъул межрайонный прокуратураялъул руководитель Иманг1алиев Муса, ДРПОО «Наш дом» организациялъул председатель Х1айбула Г1умаров, районалъул  собраниялъул депутатал Ачабаев Шагьид, Алгереев Арсен, Алмахъ ва Калининаул росабазул администрациязул бет1ерлъи гьабулел Салгереев Мика-г1ил ва Абубакаров Абулмуслим, Калининаул росдал жамаг1аталъе цеве-хъанлъи гьабулев Г1абдумуслимов Назирбег, Калининаул росдал школалъул директор Г1абдуразакъов Г1али, Алмахъ росдал школалъул представитель Сираждинов Запир. Рук1ана гьединго прессаялъул представителал, гьезда гъорлъ «Х1акъикъат» газеталъул  хасав мухбир Избодин Мух1амадовги.

     Турниралда г1ахьаллъи гьабуна Казбек районалъул 10 волейболалъулал командабаз. Гьел ккола Калининаулалдаса ва Дилималдаса к1и-к1и команда, Гъозталаялдаса, Алмахъалдаса, Дубкиялдаса, Ленинаулалдаса, Буртунаял-даса, Гертмаялдаса командабиги. Турнир рагьулаго раг1и босун к1алъазе рахъана Казбек районалъул бет1ерлъи гьабула вугев Х1ажимурад Мусаев, районалъул спорткомитеталъул председатель Ибрагьим Булатханов, «Наш дом» ДРПООялъул председатель Х1айбула Г1умаров ва цогидал. Х1айбулаца гьединго ц1алана Хасавюрт шагьаралъе бет1ерлъи гьабулев Сайгидпаша  Г1умахановас  турнир гьабиялъе рит1арал баркиялъул раг1абиги.

      Лъик1аб х1аракаталда, бергьине гъираялда ана командабазда гьоркьор къецал. Бихьулеб бук1ана профессионалиял спортсменал ругел командабиги, хасго Дилималъул команда, амма цоцазукьа къинаредухъ, рихьизе гъираялда унел рук1ана х1аязулъ къецал. Лъик1ал х1аязулъ къецал рихьизаруна Дилималъул, Гъозталаялъул, Калининаулалъул, Ленинаулалъул командабаз. Турниралъул х1асилалда профессионалияб рахъ борхатаб Дилималъул командаялъ ккуна т1оцебесеб бак1, Гъозталаялъул              командаялъ  ккуна к1иабилеб бак1, лъабабилеб бак1 босана Калиниаула-лъул командаялъ. Бергьенлъаби росарал командабазе ва т1ок1лъи бихьизабурал спортсменазе  кьуна лъик1ал шапакъакатал, медалял, кубокгун спорталъул сувенирал, грамотаби, т1ахьал. «Лучший игрок» абун ц1ар кьуна Калининаулалдаса Заур Х1ажиевасе. «Лучший нападающий» абун ц1ар кьуна Дилималдаса Ренат Булатхановасе. «Лучший разводящий» абун ц1ар кьуна Дилималдаса Сайгид Гелакаевасе. «Лучший защитник» абун ц1ар кьуна Гъозталаялдаса Х1ажи Г1абидовасе. Маг1арул культурияб автономиялъул ва «Наш дом» ДРПООялъул рахъалдасан  Дилималъул, Гъозталаялъул ва Калининаулалъул командабазегун спортсменазе кьуна шапакъатал, г1арац жанибгун конвертал. Гьединго ахиралда шапакъатал кьуна цере чемпионатазда, халкъазда гьоркьосел къадроял турниразда единоборствоялде гъорлъе унел бат1и-бат1иял къецазулъ бергьенлъи ккурал  алмахъазул спортсменазеги.

turnir

    Турнир жаниб г1уц1араб Россиялъул  Герой  М.Гъайирхановасул  ц1аралда  бугеб Калининаулалъул гьоркьохъеб школалъул директор Г1али Г1абдуразакъовас бицана, гьеб спортзалалъе ремонт гьабизе 100 азарго гъурущ биччанилан Казбек районалъул администрациялъ (бет1ер Х1. Мусаев) ва алмахъазул  «Наш дом» ДРПООялъ (Председатель Х.Г1умаров) 70 азарго гъурущ кьунилан. ДРПООялъ  гьединго  ч1езабуна  киналниги спортсменазе  ва  т1аде  рач1арал  гьалбазе  т1аг1амаб  квенги.  Спортзал   берцин  къач1азе х1аракат бахъарав  физкультураялъул  учитель Игитов Аюпиеги баркала загьир гьабун г1арцолаб  шапакъат кьуна. 

С.Салих1ов


Календарь исламский


Мусульманские праздники