forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
07
Март

Коррупциялъул бугеб цоги рахъалъулаб балагь

Добавил(а) Administrator on 07 Март 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 



"Гъоркьан" "т1аде", "т1асан г1ебеде", "г1ебса" "эхеде" ругел коррупциялъул нухазул г1емер бицана, бицуна гьелъул х1акъалъулъ "гъоркьан", "т1асан", "эхедасан", бицуна газетаз, телеканалаз, ч1еч1огун бицуна Интернеталъ. Коррупциялъулги, гьебгун хурхараб сурараб щинаб жоялъул бицунареб бак1ги заманги батиларо, гьеб халат гьаби щай, коррупциялъ ккезарула ругел щинал т1олго рокьукъал ишазул бицун х1ал к1оларо...
Нилъер шагьаразда чамалиго тонна чадил, кванан нахъе хут1арал кванил ниг1матазул отходал муссоралъул свалказде унилан раг1араб мехалъ, рак1 гъанц1ун, хъвач1огун бегьиларилан ккана рак1алде гьаб макъала газеталъул редакциялде


Коррупциялъ цо-цо г1адамал лъик1го бечед гьарун, гьедин бигьаго г1емер мустах1икълъич1огун жидее щвараб буголъиялъул къимат кибха бук1инеб гьединазул. Гьеб чадилги кванил ниг1матазулги къимат гьабун гурт1и буго лъавукълъиялдасан г1адамазулъе ккараб унти. Дица абиларо гьеб "унти" г1иц1го бигьаго ресалде рач1арал чаг1азул гурони бук1унарилан, бук1уна цогидазулъги. Гьеб "унтиялде" ц1арги буго лъавукълъиялъ, щибго х1исаб гьабунгурт1иялъ бижараб "къимат гьеч1олъи". Амма абизе к1ола кванил буголъиялъул къимат гьеч1олъи г1емерисеб коррупциялъ ццулъарал, хур-хер гьабизе ккеч1огун бизнес гьабун ресалде рач1арал г1адамазулъ ц1ик1к1ун бук1унилан. Дида рак1алда буго, ч1ах1иял чаг1аз хуриб бук1а, нухаб-г1одоб бук1а, гьалил, ялъуни ц1росаролъул мугь батани гьеб гьениб толароан, нахъе босулаан, кутакалда къимат гьабулаан мугьалъул нахъаги, щай гурелъул диналъ къимат гьаби беццараб бук1ин гуребги, гьел ч1ах1иял чаг1азда кутакаб ракъи бихьана, унго-унгояб х1алалда лъана цо мугьалъулгицин бук1араб къимат... Цо к1удияв чияс бицана ракъул соназ щибго кваназе жо гьеч1олъиялъ хурзабахъ х1айваналъул рак хъирщулаанилан, гьениб гьезул ургьиса биинч1огун хут1ун бач1араб мугьго гьеч1одаян. Доб заманаялъ бригадирлъун вук1арав Абут1алибил Инусица бицана, цо жинда рак1алда бугеб рагълъугьун хадуб заманаялъул цо къоялъ колхозалъу хурире ч1арадизе рач1анила 99 чи, гьезие квен гьабизе гьенибе бач1ун бук1анила лъабгоги бащдабги кг ханждалги цоги бащдабги кг гьалилги. Къаде кваналеб мехалъ ракъарал хурухъабазе щванила цо-цо хинк1ги цо-цо гъуд гьалилги. Гьеб гьоло бикьулеб мехалъ, гъудалъ бикьидал, анлъго чиясе камунила гьоло, цинги гьит1инаб гъудги босун гьелъ бикьизе кканила. Нахъе хут1анила к1иго хъат г1анасеб гьоло, гьебги цо-цо мугь ккун доб щиясул гъудалда т1ад лъунилан. Цо мугь щведал доб ракъараб мехалъ варани щвараблъун кколаанилан...
Жакъа гьедиг1ан кванил къимат лъаларел нилъеда ц1идасан бихьизабизе батилаха цо додинабго заман. Балагьаб заман нахъе ун ч1чоларо, гьеб ц1идасан свери гьабун нахъ буссун бач1уна, гьеб бач1инабулел чаг1иги руго нилълъ, нилълъер бот1рокълъиги кванил къимат гьеч1олъиги...
Гъоркьиса бихьана нилъеда ракъдал сон бач1ун Россиялда ролъ бижинч1огун ккарал заралалги. Гьеб сабаблъун къват1исел улкабазде ричизе унел рук1арал могьол культураби къот1изаруна. Россиялъул стратегиял ролъул запасал лъик1го дагьлъизаруна. Лъароха гьанже, т1асияб соналъги гьединаб сон бач1ани щиб нилълъер ккезе бугебали. Гьедин ах1вал-х1ал бугеб мехалъ г1адамазулъ тохлъи ц1ик1к1ани гурони дагьлъула гьеч1о, гьел муссоралъул свалкаялде унел кванил ниг1матазул тоннабиги г1емерлъани гурони, дагьлъиларилан ккола, цо зах1матаб заман бач1ун нилъеда гьеб тункизег1ан

Салих1 Салих1ов

5 март 2011


Календарь исламский


Мусульманские праздники