forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
27
Фев.

Саг1ид Расуловасул г1умруялъул нух

Добавил(а) Administrator on 27 Февраль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Дида лъай батаралдаса Саг1идица хисана г1емер бат1и-бат1иял районалъул росдал къадро ц1ик1к1арал х1алт1абазул бак1ал. Техникаялъул рахъалъан лъик1аб лъай бук1ин гуребги, х1алт1улъ г1адамалгон х1ал рекъезабизе лъаялъги, к1алъазе бук1араб махщелалъги батилаха, партиялдасан бат1и-бат1иял жавабчилъи ц1ик1к1арал хъулухъазде т1амулаан гьев. Дида рак1алда буго Саг1ид, доб заманаялъ росулъ къимат т1ок1аб киномеханиклъи гьес гьабулеб мехги. Гьес жиндирго киномеханикасул кумекчилъун х1алт1уде вачун вук1ана г1ололъе вахунев Ах1маднаби Магьдих1ажиев, вук1инесев Северияб Кавказалъул жанисел ишазул управлениеялъул начальникасул замсеститель ай хадусан Дагъистаналъул вук1арав х1инкъи гьеч1олъиялъул секретарь. Къокъго гьабун Саг1идил бицани, гьев гьавун вуго 1934 соналъ Алмахъ росулъ. 1944 соналдаса нахъе г1умру гьабулев вуго Калининаулалда. Ленинаулалда анц1го классалъул школа лъугьилелдего ах1ана армиялде. Гьенив Азербайджаналъул Кусари шагьаралда бук1араб реактивныял самалётазул авиамеханикал х1адурулеб ц1алиги лъугьизабун, х1алт1ула 712 авиаполкалъул МиГ-17 самолётазул авиамеханиклъун, хадув гьебго полкалъул старший авиамеханиклъунги ва гьенив вук1арав офицер нахъе ун хадуб самолётазул техниклъиги гьабизе ккола Саг1идица.

Гьес бицана гьениб армиялда щвараб лъай, махщел г1умруялъего х1ажалъанила жиндейилан. Армиялдаса вач1индал Саг1ид тола колхозалъул полевой бригадаялъул звеньевойлъун, вищула росдал комсомольская организациялъул секретарьлъунги. 1958 соналъ ц1алула Батайск шагьаралда киномеханиклъун ва 1969 соналде щвезег1ан х1алт1ула росдал киномеханиклъун, цадахъго гьабулеб бук1ана колхозалъул техникаялъ гьабулеб х1алт1иялъул учётчилъигиги. 1968 соналъ лъугьизабуна Мах1ачхъалаялда авто-дорожный техникум ва щвана нухалгун, кьоял ва туннелал гьариялъул техникасул махщел. 1969-70 соназда х1алт1ана росдал маг1ишаталъул упрвлениеялъул ОКСалъул инженерлъун ва хадусалан гьенивго начальниклъунги. 1970 соналъ РК КПССалъул бюроялъул х1укмуялда вищана Калининаул росдал "Бергьенлъи" колхозалъул парткомалъул секретарьлъун ва 1975 соналде щвезег1ан гьеб х1алт1олъ вук1ана. 1975 соналъ Северо-Кавказский дорстрой тресталъул Кизилюрталда бугеб СУ-899 абулеб организациеялда старший мастерлъун ва хадубго гьенив участкаялъул начальниклъун х1алт1ана, Хасавюрталдаса Дылималде щвезег1ан бук1араб капиталияб нух гьабиялда. 1976 соналъ гьеб нух лъик1аб къиматалда Госкомиссиялъулъухъе х1алт1изабизе кьуна, хадубго х1алт1ана Хасавюрталдаса Бабаюрталде обходалда унеб нухалда т1адги ва гьебги сдавать гьабуна 1978 соналда. Гьебго соналъ вищана Калининаул росда исполкомалъул председательлъун ва х1алт1ана гьенив 1985 соналде щвезег1ан. Гьеб соналдаса 1994 соналъ пенсиялде инег1ан х1алт1ана Казбек районалда бук1араб нухал-кьоял ралеб бук1араб хозрасчётный участокалда мастерлъун. Пенсиялде ун хадубги Саг1идил г1акъло, бажари, к1алъазе бугеб мхщел к1иго милат жаниб бугеб росдал жамаг1аталда гъорлъ зах1матал суалазулъ ц1акъ х1ажалъана. 2001соналда гьабуна росдал сход, гьениб гьабуна х1укму, г1уц1изе росдал жамаг1аталъул совет, гьелде гъорлъе ана 32 чи, гьезда гъорлъ т1адег1анаб лъай бугел 15 чи, гьоркьохъеб лъаялъул специалистал 5 чи ва гьоркьохъеб школалъул лъай бугел 12 чи вук1ана. Росдал жамаг1аталъул советалъул председательлъун вищана Саг1ид. Росдал жамаг1аталъул х1алт1уе гьабуна хасаб программа ва гьеб программаялда рекъон х1алт1иги гьабуна. Гьеб жамаг1аталъул членасул х1алт1и жакъаги гьабулеб буго Саг1идица ва росдал халкъалъул х1ажалъиялъул суалал т1оразаризе х1аракат бахъула. Росдал жамаг1аталъ вихьизавун жакъа къоялде щвезег1ан вуго гьев районалъул жамг1ияб советалъул членлъунги. Сахлъи бугог1ан заманаялъ гьеблъиялда росдае пайдалиял гьарулел ишазулъа камич1огун х1алт1изе рак1алда буго Саг1идида...
Раг1уда хадуб абизе бокьун буго Саг1идил х1алт1абигун. общественныеял гьарулел рук1арал ишазул бат1и-бат1иял документазда гъорлъ ругоан цере рук1арал соназул гьесул х1аракаталъул нуг1заби х1исабалда, г1емерал мандатал, гьев бат1и-бат1иял районалъул, областалъул партиялъулал конференциязде, пленумазде, миллияб конгрессалде ах1улел рук1арал... Цоги абизе ккола Саг1идиица нахъа тана чанго зах1малъи, къварилъи. Рагъда т1аг1ана эмен Батирбиев Расул, рагъда цебесеб соналъ ц1еца йух1ана яц, рагъулаб ракъол соналъ унтун хвана цогидай яцги, 1973 соналъ авария ккун аллагьасул къадар щвана цо хут1ун вук1арав вацц Батирбиеги...


Календарь исламский


Мусульманские праздники