forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
08
Фев.

Киданиги вач1унгурт1изег1ан, кват1ун вач1арабги лъик1. Ш.Шамирзаев

Добавил(а) Administrator on 08 Февраль 2015.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

      Киданиги  вач1ун-   гурт1изег1ан,  

       кват1ун      вач1арабги   лъик1

    Совет  х1укумат   биххаралдаса  нахъего г1емерисел дагъистаниязул  к1удияб  хьул   бук1ана  Рамазан Г1абдулат1ипов Москваялдасан   вит1ун  яги  жиндирго   х1аракаталдалъун   Дагъистаналъул бет1ерлъоде   вач1инаро-даян. Гьезул рак1ч1араб  бук1ана  х1алт1и   кисан  башлагьилеб  ва  кибехун лъуг1инабизе  кколебали   лъалев  гьес   Республикаялъе нухмалъи гьабуни жидерго  рук1а-рахъиналъул  даража лъик1аб рахъалдехун сверизе  бук1иналда. Киназдаго бихьулеб  бук1ана  живго   кивехун  вук1аниги  Рамазанил  Дагъистаналдехун бугеб т1олареб  рокьиги ва гьелдаго цадахъ   жиндирго ракьцоязе гьес гьарулел рук1арал  к1уди-к1удиял  кумекалги.

Живго вортанхъун,  яги  Дагъистаналъул нухмалъулезул   гьариялда  рекъон   Г1абдулат1иповас  ресалги  ратун Дагъистаналъе  риччазе гьарурал ч1ах1и-ч1ах1иял г1арцазулги,  жеги  медициналъулаб   вертолеталдего  г1ун-т1ун   биччазе  гьабураб  цойгидаб   техника  ва  бат1и-бат1иял  оборудованиязул  х1акъалдаги,   гьединго жиндирго хъаравуллъиялда   гъоркь   гьаризарурал   г1емерал  х1алт1абазулги,  ц1ар-ц1арккун  дица  рехсеял  гьарич1ого  таниги   гьел  лъаларев  чи  г1емерги  ватиларо.   Жиндирго  халкъалдехун   Рамазанил  бугеб  к1удияб  бербалагьи  би-хьарал цо-цо регионазул бут1руз   г1адада   батиларо  гьесда  гьабулеб бук1араб  жидерго  бак1аздасан  депутатлъиялде   кандидатура   лъеянцин. Уйищха  цойгидал   чидар  г1адамазцин   г1езег1анго  к1одо   гьавулев   вук1арав   ва  къват1исел улкабаздего   г1унт1ун  жиндир   ц1ар  раг1арав,  гьединго   Россия-лъулцинилан  абулев политик Рамазан  Г1абдулат1ипов вук1арав жиндирго ват1аналде т1адги   вусун   Дагъистаналъе   бет1ерлъи  гьабизе   к1оларев  чи.

Ramaz

         

 

 

 

 

 

 

 

 

Дагъистаналъул халкъалъе   Г1абдулат1ипов  жидерго   цевехъанлъун вихьизе бокьун бук1ин  лъаниги, жиндирго   Рамазанидехун бижун бук1араб илбис-жах1даялъ Ельциница гьев   Дагъистаналде   вит1ич1ого   тана.   Борисие  данде  кколароан   живгоги  веццун  бадиса    бадиве  жиндиего   х1елх1едуларев   чи.   Жиндиего кьезе бегьулеб  хъулухъалъе   г1оло,   яги  живго  лъик1аб  бералда   вихьизелъун   я  Горбачев  яги  живго  Ельцин   веццун к1алъазе   вахъине  Рамазанил напсалъ  киданиги  къабул  гьабич1о.   Гьелъул  г1аксалда  РСФСРалъул   Верховный  Советалъул  Миллатазул  Советалъул   Председателясул  хъулухъалдаги, гьебго заманаялда РСФСР-алъул  Халкъияв  депутатлъунги    кколев  вук1арав  нилъер   ракьцояс   бихьинчияб  куцалда    цо  данделъиялда   рагьунго  какана   т1адехун рехсей гьабурал   Пачалихъалъул бут1рул. Гьес  гьениб  абуна: «Нилъ  руго  щибниги  жо  гьабизе  к1оларев  Президентги,  сундул бук1аниги  жаваб   кьоларев Председателги ругел чаг1и»-ян. Гьединго  данделъаразе   гьес   бич1ч1ен   кьолеб   бук1ана  гьев  к1иясго бачуна  бугеб  политикаялъ  Совет  х1укумат   биххиялда   ва х1атта халкъазда гьоркьор   тунка-х1усиял ккеялдацин х1инкъи бугилан. Цо заманаялда жиндирго  адресалда   гьединал  хъач1ал   раг1аби  аби  х1ехьезе  к1веч1ев   Ельциница  к1иго  нухалъго Г1абдулат1ипов х1алт1удаса эркен гьавизе приказал хъваниги, Парламенталъул  г1емерисел  членаз рахъкквеялъ   Ельцинил  рес  рекъеч1о    Рамазан  жиндирго  хъулухъалдаса  нахъе  гьавизе.   

      Гьев  к1иясулго  раг1и  данде  ккунгурт1и   мурад  бук1ана   Г1абдулат1ипов  Дагъистаналде   вач1ани,  чанго  сонабаз   жалго  г1одор  ч1арал   бак1аздаса   хъурщизе  рук1иналда  х1инкъи   ккарал   Дагъистаналъул чиновниказулги, кинал  нухал  ратунги   гьез  х1аракат  бахъулеб  бук1ана   Рамазан   Москваялдаго  хут1изавизе.   Камун  рук1инч1о  гьез  кьурал  х1алт1абазухъги,   гьединго   т1ураб  чуриялъухъги   Г1абдулат1иповасде   данде  х1апизе   рахъарал  халкъазда   гьоркьосел   цо-цо  бахьикъосалги. Гьезда гъорлъ рук1ана жалго  маг1арулалги.   Дир  рек1ее  киданиги  бук1инч1еб  квешаб  асар  гьабуна  Хунзахъ  районалъул  Моч1охъ  росдал  учитель  М-х1.Халилбеговас Г1абдулат1иповасда  рек1унарел   бугьтаналги  лъолаго   хундерил  «Росдал  зах1матчи»   газеталде  хъван  бук1араб   макъала  ц1алун хадусал.  Авторасда  х1ехьезе  к1олеб   гьеч1оан  маг1арулас  данделъиялда   Ельцинида  хъинт1арал  раг1аби  аби.   Гьел  90-абилеб сонабаз  Халилбеговас  рагьунго хъвалеб бугоан «Ельцинил  мугъзалъ   нус  ч1вай  Г1абдулат1иповас   х1алихьатаб  иш  гьабунилан»,  ва  суал  лъолеб  бугоан   гьев  РСФСР-алъул   Верховный  Советалъул   Миллатазул Советалъул Председательлъиялдаса   нахъеги  ах1улаго  х1атта   маг1аруллъиялдасацин  мах1рум  гьавизе  кколин.

     Г1абдулат1иповас  Ельцинил   мугъзалъ нус  ч1вай   гьеб  г1езег1анго   бихьинчияб   ва  рекъараб   бук1ана,  амма   Халилбеговас Рамазан   г1адинав   маг1аруласда  нус   ч1вайги  т1олалго   маг1арулазе абадиялъго   рогьоблъун хут1изе  г1адинаб  жо буго.   Гьев  муг1алимасда   лъазе  кколароанищ    Г1абдулат1иповас   х1укуматалъул   бут1рулги  какун   абурал  раг1аби  г1ададисел   рук1инч1еблъи.

         Гьел  рук1ана  гьесул  цо  заманаялда   Совет  х1укуматалъ  хьихьун   рук1арал  цойгидал   х1укуматалъул   халкъал  жидедаго   т1аса  бахъараб   басрияб  парта-маг1алги   гьединго  добахъа  базе   кколеб   мах1цараб  квен-т1ехги   садакъа  х1исабалда   нилъер  х1укуматалъул   халкъалъе   бач1ине   лъугьиндал   рак1ги  унтун   абурал   раг1аби.   Кинабниги  халкъ   нуг1заллъун   хут1анагури  гьес  чанго   сонал  цере   ккун   абураб  жо   бит1араб   бук1иналъе.

         Цояс  цо   къадаралъул   биялги  т1олаго   Совет  х1укумат   к1алагъоркье   бусине   гьабуна,  цойгидасин  абуни   Россия  накалда  ккезабуна.  Бак1  бач1аралъусан   гьанибго  рехсей  гьабич1ого   г1оларо  мох1охъес   рахъ кколев  вук1арав   Ельциница   жиндирго  хасал  мурадазе  г1оло   ургъич1ого  бахъараб цо Законалъ халкъал  балагьалде рачиналъул  х1акъалдаги.

        Россиялъул  т1оцевесев  Президентлъун вахъине бокьун  бук1арав  гьес,   жеги  рищиял  ращлагьилелде   къо  цудунго   «Закон  о  репрессированных  народах»  абун   ц1арги  кьун  бахъараб  закон бук1ана жиндиего рищиязда   г1акъуба-къварилъиялде   ккарал  халкъазул   гьаркьал   т1оранго  щвезе  рук1иналда   рак1  ч1еялъ   бахъараб Закон. Гьединазул къадарин  абуни   гьеб  заманаялда   бахунаан  чанго   миллион  чиясде. Нилъеда лъала гьеб Законалъ   ингушазда  ва  осетиязда   гьоркьор  т1езе  гьарурал  биял.   Бет1ергьанасул кумекалдалъун  дагьаб жоялда бан хут1ана   гьединалго балагьал Дагъистаналъул халкъазда гьоркьор   ккезеги.

         Гьеб  закон  бахъун  22  сон  аниги, жакъаги гьеб хут1ун  буго   халкъазде  гьоркьобе   рехараб   ракьалъун. Эсалде вач1араб  мехалъ  жиндирго  бет1ерги  х1алт1изе  гьабун,  цин  цебеккун  гьес  депортациялде  ккараб  халкъалъе бахъулаго,  хадуб  к1иябго  рахъалъе   данде  кколеб  куцалда репрессиялде ккаразе  гьединаб   Закон  бахъун   бук1арабани халкъал кьалдего  рахъине ккеч1ого иш бат1айиса  ккезецин бегьулаан.   Лъиданиги  т1уран  раг1алде   рахъинаризе  к1оларел  гьеди-гьединал   Законал   ва  Указал   рахъи  тун   бат1ияб,  жинде   божараб  халкъалъул  кинаб  бук1аниги   т1алаб-агъаз   гьабизе   бажаруларев   Ельцинил  рахъги   ккун  дагъистанияс   Г1абдулат1иповасда  бугьтанал   лъейи  квеш   ккарав  дица   «Х1акъикъат»   газета  гьоркьоб  ккун Халилбегиде лъик1ал   г1айибалцин  гьарун  рук1ана.   Чиналъухъ балагьун  яги   т1асахъа вихьун гуреб г1адамасе  къимат  кьезе   кколеб,   гьеб  кьезе   ккола   гьесул   чорхолъ  бугеб  г1амал-хасияталъул   халги  гьабун. Кинаб  бук1аниги  миллаталъул  хал  гьабич1ого   нилъ   киналго ч1ух1араллъун рук1ине  ккола кирниги цойгидал бак1азда   рижинч1ел г1анги  г1емерал   бажари-гьунаралдалъун   ва  г1акъло-лъаялдалъун   жидерго  ц1ар  дунялалдаго   т1ад раг1ине   гьабурал Дагъистанияздаса. Гьезда гъорлъ  цебесеб  кьерда   вук1ине  мустах1икъав  чи  вуго   живго   Рамазан  Г1абдулат1иповги.   Киназдаго  лъалеб  бук1ахъе,  жиндирго  г1акъло-лъаялдалъун   борхалъуде  вахарав  гьес    рачине  ккана   цого  Россиялда   жанир  гурелги,   жеги  гьеб тун къват1ирехунцин   жа-вабчилъи   ц1ик1к1арал  ч1ах1и-ч1ах1иял  х1алт1аби. Кинаб хъулухъалде живго т1амуниги гьесда к1вана жиндего гьабураб   божилъи рит1ухъ гьабулаго Ват1аналда  цебе  ва   халкъалда  гьоркьоб   жиндирго   къиматаб  ц1ар   кидаго  борхалъода  ц1унизеги.

         Гьесул  сундулъго  бугеб  бажари бихьунг1аги ватила Россиялъул президент  В.В. Путиница гьев  заманаялъ  Республикаялъул  бет1ерасул  т1адкъаял т1оразарулев чилъун  Дагъистаналде вит1ун вач1арав. Г1емерисел  дагъистаниял   угьун  х1охьел   биччараб  г1адинаб  жо   гьабуна   гьев  гьаниве  вач1ун  хадусал. Камулел рук1инч1о   Г1абдулат1иповасда   кверде  бачине   к1веялдаса  бат1алъун   бугин  Дагъистанилан   абулел  г1адамалги.   Гьанжеян  абуни  халкъалда  рихьулел руго киналниги  регионазда   гъорлъ  би-щунго нахъе  ккараблъун   рик1к1унеб   бук1араб  Дагъистаналда   Рамазан  вач1араб  анкьо  моц1алда   жанир  ккарал  бат1и-бат1иял   лъик1ал  хиса-басиял,   ва  гьелъул   рак1  ч1араб   божилъи  буго   Г1абдулат1иповас   ц1и  гьабун  г1уц1изе  бугеб   Дагъистаналъул  халкъал   хадусел  х1инкъи  гьеч1еллъун  ва  талих1   бугеллъун   рук1ине   бегьулеблъиялда.   Метерисеб  г1умру  гьединаблъун   бихьизе  бокьани,   цо  чиясдеги   божун  ч1еч1ого,  жалго дагъистаниязги ралагьизе  ккола жидеего пайдалиял нухал.   Цо  хъатил  гьа-ракь  бахъунарилан аби  буго   нилъер  умумузул. Дагъистан  бахун къват1ирехун   киг1ан  к1удиял  лъай-к1веял   жиндирго  ратаниги, цо Рамазание   зах1мат   бук1ине   буго  нилъерго   халкъ  цадахъ  бахъинч1они   Дагъистаналда г1адло-низам   билъанхъизабизе. Жиндирго К1удияв   вацлъун   Рамазанги   рик1к1унаго   бокьараб  ишалъе   гьесул   хьолбохъ  вахъун  ч1езе  живго   Чечняялъул  бет1ер   Рамзан   Кадыровасцин бицуна  бугеб   мехалъ,  нилъ кинал  дагъистаниялха   рук1ине  кколел  нилъерго  Прези-дентасда цадахъ рахъине  к1оларел  ругони? Дун  вуго  г1емераб  ч1ег1ерабги   хъах1абги   бихьулаго г1умрудул 75 го  сон   нахъа  тола бугев  чи. Гьанжелъизег1ан   бихьич1еб   к1удияб  канлъи,   дицаго  хадуб  ккун   базе  бугеб   заманаялда   бихьиялде  хьулги   гьеч1о. Нахъияб  г1елалъул  х1исаб  гьабидал   рак1алде  кколеб   бук1ана Г1абдулат1ипов Дагъистаналъул бет1ерлъодеги   вач1ун  гьесг1аги  жиндирго  халкъалъул   къисмат  кодобеги  босун   х1алт1и  гьабилародаян.   Диргоги  дунгог1адинал   ч1ах1иял  чаг1азулги к1удияб  хьулги   бук1унаан ахир-къадги  иш  гьелде   ккелародаян. Гьанжейин абуни  г1исиназулги божи буго СССР  биххаралдаса  нахъе   цого  жидерго   гурони   цойгидаб   халкъалъул   ургъелги гьабич1ого   цере  ккун  рук1арал  чиновниказ    ч1унтизе  гьабураб Дагъистан    Г1абдулат1иповас  бохдузда  бахъун  ч1езабизе   бук1иналда  ва  гьелъул   халкъазул   гьурмазде  ц1идасанго  бук1инч1еб  гьими  рещт1ине    бук1иналде.   Иншааллагь  гьеб  гьедин  бук1инеги  буго. Рамазан  Г1абдулат1иповасда официалияб  куцалда   Дагъистаналъул  Президентасул   хъулухъалде  вищиги   баркулаго,  макъалаялъул   ахиралда   лъолел  руго   дицаго  гьесде  гьарурал   гьал  коч1ол  мухъалги:

Лъик1  щварав,  Рамазан,  мун,

Дурго  Дагъистаналде

Рохалилаб  батаги,

Дуца  бухьараб  сапар.

Кидада  вач1инаян,

Духъ  балагьун  рук1арал,

Г1емерал  халкъаз  дуе,

Къулулел  руго  бут1рул.

Дур  чорхол  къуват  г1ела,

Г1акъло  г1унги  т1ок1  буго,

Дурго  ругел  анищал

Щвезе  гьаре  раг1алде.

Тавпикъги  къуватги  кьун,

Сахлъигун  хут1аги  мун,

Ракь  цоязул  божилъи,

Рит1ухъ  гьабун  х1алт1изе.

Shar

 

Шарабодин

Шамирзаев.


Календарь исламский


Мусульманские праздники