forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
04
Нояб.

Таймасханил Х1ажимух1амад. Ш.Халидов

Добавил(а) Administrator on 04 Ноябрь 2014.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

                                          Таймасханил     

                      Х1ажимух1амад

        Ч1ах1иязул биценаздасан   щварал  баяназда  рекъон  живго   х1ажизабазул   тухумалъул,   унго-унгояв   Аллагьасул   амруги   Аварагасул   нухги  ц1унарав   чи  вук1анила Алмахъалдаса  Таймасханил  вас  Х1ажимух1амадилан абула.   Умумуздасан  щвараб  бац1ц1адаб   тарбиялъе   хилиплъич1ев чи х1исабалда   г1умро   т1амунила  гьес.   Борхатаб,  жаниб  ц1ураб   лагаялъул  х1ал  бугев  чи  х1исабалда  бицуна  гъов  лъалез.   Гьабулеб  х1алт1улъ  кидаго   нахъе  къай  гьеч1ев, х1инкъи-къай   лъаларев  чи   х1исабалда   рехсола.  Иман-исламалъул   рахъ  гьесухъе   вахарав  чи   вук1инч1олъи   цо-цо   мисалаздасан   лъала.  Гьев  вук1уна Х1асан устарасул   вирд  босарав,  зама-заманаялда гьесухъе  хьвадулев  чи.   Эркенаб  заман   гьесул бук1унароанила,   нухдасан унеб заманаялда   гьалмагъасулгун   к1алъай   къанаг1атаб   бук1анин,   рик1к1адег1ан щваниги   гьалмагъ  рокъове   вит1улаанила -  мун  цадахъ  вугони   жиндир  х1алт1уе   квалквал  кколин.   

   Гьес  яшав   гьабун  бук1ун  буго   гьанже  Х1асанил   вас   Зайбодин   вугеб  бак1алда.   Мадугьалихъ,  Динучил   рукъ  бук1араб   бак1алда цебехун,  гъоркьнухабе   щвезег1ан   яшавун   рук1ун  руго   Г1умарги  Валиги.   Мадугьалихъ   рук1ун   гала-ч1валиялда   гьоркьоб  хабар   ккун   буго,   нилъ  гьал  къваридал  бак1азда  щибулайин   яшав г1уц1изе  г1ураб  ракь  т1аде   гьеч1еб бак1алда. Рач1айин г1ат1идал ракьал ругелъуре ине  х1ал  бихьизеян. Х1ажимух1амадица т1аса  бищун   буго  Шорто  ракьалдаса бак1. Г1умарицаги   Валицаги  - к1иго  вацас -  Квериманалдаса бак1  т1аса  бищун  буго.  Лъабасулгоги  г1ат1идал  ракьалги  рук1ана.   Гьезда хадур  цогидал  г1адамалги   росулъа   дол  ракьазде  гочун  руго.    Х1ажимух1амадица  рохь  къот1ун   бух1ун   г1ат1идаб  ракь  х1адур  гьабун  буго.   Хъизан  гьабун   Т1агьиратгун  яшавун  вук1ун  хадусалалъ    Гичи  ячуна.   Х1ажимух1амадил  къвак1араб   г1адлуялъ  к1ияйго   ч1ужуялъул  къват1ибехун  щибго  г1унгурт1и  загьирлъуларо.   Кин  бугониги Т1агьиратие ц1ияб  рукъ   бала дагьабго  бехег1ан.   Х1ажимух1амадица  руччабазда  гьоркьоб   гьабулеб  г1адло  бащад   ккезе щиялъулъуб щу-щу  сордо-къо   балеб  бук1ун  буго. Колхозалда х1алт1ун  щвараб  т1ощел-мухь  лъидего   ц1айи  гьабич1огон  бащад   гьабулаанила руччабазда  гьоркьоб.    Рецол  заманалда   цо  га   къоеги  бецун   бакъанида   ригьилго   рокъове  щолаанила.   

Gadi1    

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Гвавулъ   рецаризе   аралъув цо риц1ил    колилъеги    лъугьун   къот1ун   харицалил  г1оркь,  гьенибго    лъурчун,   буц1ун   харицелги т1ад  щула   гьабун   гьалмагъзабазда цадахъ вецаризе    башлагьулаанила.

    Доб  заманалда Къебедил   Дада   банд  вугилан   сахаб   г1агарлъи  НКВД-ялъ   ц1ац1ан  толароанилан  бицуна.   Дадал   г1агарлъиялда   т1асан   мац1ал   гьаризе  хьвадулел   г1емерал  росоцоялги   рук1унаанила.   Х1ажимух1амадидасан   мац1  кьезе  дол   мац1ихъаби   х1инкъулаанила.    Цо  нухалъ   сахал  Дадал   вацг1алзаби  рачун  Дилималда  милициялда   жанир  т1амун   руго.   Гьезде  т1аде   вач1ун   милициялъул   начальникас   абула   нужеда   лъидайила   к1велеб   Дада   кквезе   жидее  кумек   гьабизе.   Х1ажимух1амадица  абула   жинда  к1велин.   Цогидаз  абун  буго,   дудаго   к1олареб  жоялъе   т1аде  босун   щайин  дуе.   Дица  кквезеги  ккун  кьелин   Дадайилан   абидал,   Х1ажимух1амад   виччан   рукъове  вит1ула. Релъеда  Дадаял Х1ажимух1амадил   рокъоре рач1ун  кванан унаанила.   Къад  вахъун  рохьал  сверула Дада валагьулайилан  гьавги   вук1унаанила. Бет1ер х1алт1улев чи  вук1анила   Х1ажимух1амад, г1емер къоял инелде Дада ч1ван,  долцоял   вацг1алзабазеги   эркенлъи  щванила. 

      Гьаб   тухумалде   абулаанила   бищун  к1удияб   тухумалъул   насройилан.   Гьелъ  гьаб  насруялдехун    г1емер  чияс  даг1ба-раг1и  балароанила.   Х1ажимух1амадие   ц1акъ  бокьулаанила   ах-хуралда   х1алт1изе,   боц1и  хьихьизе. Досул бак1алда жакъа-ги   бихьизе  бегьула   бат1а-бат1аял  пихъил  гъут1бузул  ах.   Колхозалда   х1алт1улаго   рак1  бац1ц1адго  гьабураб  х1алт1и  би-хьун   Х1ажимух1амад   киналго  х1акимзабазеги   данде  кколаанила абула. Бицуанан, гьесул ц1аралда    кьурал  медалалцин  рук1анила.   1940  соналъ  канал   бухъизе  араб   заманалда   гьасул  сахаватаб   х1алт1ул  х1асил   гьабун   гьасие  кьун  буго   Дагъистан   Республикаялъул Верховный  Советалъул Президиумалъул Реццалъулаб   грамота.   Гьелъ  нуг1лъи  гьабула  Х1ажимух1амад   х1укуматалъул   х1алт1ухъабаздаги   лъик1го   лъалевлъун   вук1ин.   Гьесул  заманалдаги  рес   щвелаан   цевет1урав   х1алт1ухъан  х1исабалда   церет1уразул   хъорщода  сурат   ч1вазе.   Диналъе  мук1уравлъун  вук1иналъ  гьелде   данде   кколареб жойилан   жиндирго   сурат   бахъизе   толароанила  гьес. 

    Алмахъазда  гьоркьов   жиндие   хасиятаб г1адло-низамалъул  ра-хъалъ  къвак1арав   чийилан   т1адег1анаб   ц1аралдалъун   рехсолевлъун  гьев  ватана.    Бицуна  ч1ах1ияз,   цо  заман  бач1анила   росдал советалъул председателас   абураб   гьабизе   росулъа   г1адамал ч1ух1дарулеб. Дунила, дицайилан абулел цо-цо къавм  т1алъи ккун  рук1ине   бокьун  хьвадулел. Сельсоветас   Х1ажимух1амадгун   дандбан    къого  чи  вит1ула   росулъ  г1адло-низам  билъанхъизабизе.   Гьеб  комиссиялъул   бет1ер   Х1ажимух1амад   вищула. Цо  росоцояс   к1иго рокьобалъ  нухабе   ц1ан   чали  гьабун батула.Чанго нухалда сельсоветас абуниги  жинца   чали  кколелъусан гьабун  бугилан  абун   мук1ур гьавизе   к1олев   вук1инч1ила  гьев чи. Жинцаго  абураб   дос  гьабич1огон   Х1ажимух1амадиде   абун  буго  сельсоветас   иш   т1убазе   рес  батеян.   Х1ажимух1амадица   къоявго  чиясда   лъазабун  буго метер   доб   чолохъе  рак1арейилан. Метер  къоялъ   рахъун хунжрулгун  дов чиги   вацги   ругила чолода  квер хъварав  ч1вач1огон  теларилан. Аск1орги  ч1ун  гьалцоялги  ругила.  Метерулиса   Шортоялдаса  вач1анила,   гурун  т1аждал   г1агалгун, Х1ажимух1амад.  Вач1инагонго   абунила  нуж  щай   ч1аралилан. Бахъун  бисмиллагьгун,  реч1ун   чололъгун   киналго   цадахъгун  добе   нахъе   ц1а-ц1ан   бахъун  чали  росоцоясул  паст1анибе  реханила.   Гьабилесеб  т1аг1ун   чолол   бет1ергьабиги   хут1анила.  

    Х1ажимух1амадиде   вач1арав   диналъул   цевехъан  вук1инч1ила   бицуна.   Гьесул  ц1ар  киса-кибего  т1ибит1ун  ун  бук1анила   диналъул  нухдаса   кьуруларев  чийилан. Росулъ руччабазда   бадирригьал  разарун   рук1анила.   Руччабаз   абулаанила  Аллагь  разилъайгийин  Х1ажимух1амадида,   цере  руччабазе  нечон   росо къот1ун  ине  рес бук1инч1ин.

   Х1ажимух1амадил  вац   Мух1амад (Есиматиязул  эмен)  ву-к1анилан   бицунаан  гьавго   г1адинав  диналъул   нух  ц1унарав   къвак1арав, мекъаб ишалда  квешго  ццин   бахъунев  чи. Гьев  вук1анила Х1ажимух1амадго г1адав   ворхатав,   щвалде   щварав чи.   Гьаракь  борхарав,   берцинго   как  ах1улев  чи   вук1анилан   абулаан.   Росолъ   гьас  ах1улеб  как   муг1рукье   раг1унаанилан   бицуна.   Г1алхудехун  жив  вугеб   г1ужалъ   какил  г1уж  щванани,  гьеб  бак1алдаги   ч1ун  как   ах1улаанила. 

     Цо  нухалда   чи  вукъулелъуб   Бектемирх1ажи, лъабго  сон  х1ежалдагоги  бан   Къуръан   камил  гьабун   вач1арав  чиясулгун   Мух1амадил  даг1ба  ккун   буго.   Ццим   бахъунев  чи   вук1иналъ,  Мух1амадица цо рекъей   гьеч1еб   раг1ицин  абун  борч1анила   дов  Бектемирх1ажидехун.  Гьев  к1иясдаго  гьоркьоб   рекъел-маслиг1ат  гьабунила   Г1амирг1али-х1ажица.  Бицунаан  Мух1амадица   машгидалъул   мих1маралде  вахун   как  ах1улаго,  гьасул  гъажибет1ералда   ч1ун  цоцалъ   гъулгъудила  маккал   рук1унаанилан.  

      Х1ажимух1амадги  сверухъ   рук1аралги   х1ал-зулмуялдалъун   х1алалаб-бац1ц1адаб   г1уц1араб  яшавги   биххун   гочинарула   г1авухъал  араб   гьаб  росулъе.   Гьаб  росулъе   гочун   рач1аразе  рукъзал рикьулеб комиссиялъул  членги   кколаанила   Х1ажимух1амад.    Гьелдаса  хадуб  к1ияйго   хъизангун   аск1орго   яшавун   вук1арав   Х1ажимух1амад Т1агьиратги ячун   хъулухъалъ Хасавюрталде ун нахъ  руссун   щвелелде,   Т1агьиратие   кколеб   рукъ   бух1ун   батун   Т1агьират  т1адег1ан   кколеб   цоги  рокъое   яхъинаюн   йик1ана.  

      Г1умроялъул  ахириял   соназ  унтун   вук1арав   Х1ажимух1амад   абадияб   рокъове  гочуна.   Гьесда  хадур   г1емерал  сонал  ун   хадур   хъизабиги  гьесда  хадур  гочана.   Гьел рак1 лъик1ал г1адамаз жидеда хадур  тана   жидерго   г1адинаб   бац1ц1адаб,   х1илла-рек1к1   гьеч1ел, цоцалъ  адаб-х1урмат   бугел   г1аданлъиялъул  рахъалъ   лъицаго   квешаб   рахъалдасан   рехсеч1еб  наслу.

Shiyab                                                                       

 

Шиябодин

Халидов


Календарь исламский


Мусульманские праздники