forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
31
Март

Айдимер ва Къурах1ма. Саг1итбег Сабиев.

Добавил(а) Administrator on 31 Март 2014.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Х1урмат т1адег1анал

«Алмахъ» журналалъе материал данде бак1арулел реда-кциялъул х1алт1ухъаби! Дун ц1акъ вохарав вуго Салатавиялъул тарихалъул нух г1ат1ид гьабизе т1аде босарал нужедаса. Гьединаз бечед гьабула нилъер умумузул тарих. Нужер х1алт1иялъе  Аллагьас нух бит1изе квербакъи гьабеги! Дун вуго Буртунаялдаса тарихчи Сабиев Саг1идбек.

        Дир т1ехьалдаги руго цо-цо Алмахъ росдал х1акъалда хъварал раг1аби Буртунай росдалгун бухьен бугел: Валил хабар, Сагитх1ажияв, Х1асан,  Айдимер.

Саламгун нужеде

Сабиев Саг1идбег 

25 декабрь 2013 с.

                     Айдимер   ва   Къурах1ма

Буртунай росолъа цересел ц1аларал г1адамазда гьоркьов рехсезе мустах1икъав чи ккола Айдимерги. Гьес г1умро гьабуна Алмахъалда, гьезул жамаг1аталъ гьев гьарун жидеего  дибирлъун вачун вук1ана. Айдимер хвана дова. Алмахъалда г1умру  гьабулаго, гьес лъадилъун алмахъайги ячун  йик1ана. Гьениб гьесул, т1ад рукъги бараб,  зияратги буго. Холаго гьес васият гьабун буго жив жиндирго ракьалда вукъе- ян   ва нахъе xyтlapaб ракьги   хабалагьлоялъе   вакъфу    х1исабалда   тун  буго.

Айдимер хун хадуса алмахъаз дибирлъун тана гьесул вас Къурах1ма. гьевги вук1анa щвалде щварав г1алимчи. Къурах1маца х1ежалдаса бач1ун бук1ана ц1акъго багьаяб т1ехь. Гьелъул кумекалдалъун лъазе к1олеб бук1ун буго дуниялалда лъугьине бугеб жо.

    Къурах1мал     Исмаг1ил

Къурах1мал вук1ана лъик1аланго г1елмуялде гьорлъе ккарав вас Исмаг1ил (Ражабил эмен). Къурах1маца жиндирго ирс бикьиялъул васият гьабулаго  Исмаг1илица абун буго: «Дие боц1и-рикъзиялъул щибниги жо кьоге, бегьулеблъун батани гьадаб т1ехь кье», - ян. Гьедин Исмаг1илие щун бук1ана гьеб т1ехь. Зама-заманалда гьелдасан пайда босулаан   Бикал Г1алил Г1исацаги.

        Исмаг1ил вук1ана кутакалда вац1ц1адав бусурман чи. Гьес г1умро гьабулаан ват1аго ч1ун (аслияб рукъалда аск1об бук1ана гьесул г1елму жанибе бак1арараб ва как-диналъе х1алт1изабулеб рукъги). Гьелъие г1иллаги бук1ана лъимал-чаг1аздаса ва къвариг1ел гье-ч1ел г1адамаздаса жиндирго ругел г1елмудал т1ахьал ц1уни. Гьев вук1ана кутакалда  жиндирго  бугеб ва цойгидабги г1елмуялъул   адаб-хатир ц1унулев чи.  Исмаг1илил  бук1ана 8-го лъимер ва гьес г1умро гьабула бу-к1ана жиндирго (Исмаг1илил) талаялда. Гьебги бук1ана  жинцагоги лъималазги г1ощдоца  рохьги  гъурун  гьабураб  тала. 

      Гьев  вук1ана  хъизаналъул къимат ц1унулев  чи. Гьес  киданиги  лъадиялъе  ва  лъималазе  г1акъуба  гьабулароан. Жеги какие  чуризе  ва  квен гьабизе  лъимцин  жинцаго ц1олаан  ва  квенги  жинцаго гьабулаан.  Гьедин гьабиялъе г1илла  бук1ана  лъадиялда  т1аса  жиндиего  гьабулеб  хъулухъ  рехи. Гьес  абулеб  бук1ун  буго лъадиялъеги  хъулухъ  гьабизе  росасда   т1адаблъун  бихьизабун  бугин  исламалда.

     Къиматалда  ц1унараб ва  инсухъан  ирсалъе  щвараб т1ехьалъул  кумекалдалъун  Исмаг1илица  бицана ракъул  сон  т1аде  щвеялъул,   Инкъилаб  бахъизе  бук1иналъул,  бег1ерал  т1агъралги  т1ад  лъурал г1адамаз  боц1и-ракьалдаса  халкъ  мах1рум гьабизе  бук1иналъул,  нахъзаманалда  г1адамал г1одосанги  зодосанги  роржине  рук1иналъул (автомобиль,  самолет) ва   цогидазулги  х1акъалъулъ. Гьев  г1алимчи  доб  квешаб  заманалда, рух1анияв  х1исабалда,  ккуна  ва  туснахъалдаго  хвана.

С.Сабиев

Sabiev

Стран 271-272 

«Буртунай  ва  буртине-

сел» (росдал  тарих)С.Сабиев  2005 сон.

Журнал  «Салатавия-Алмахъ»,

№3, март, 2014 сон


Календарь исламский


Мусульманские праздники