forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
09
Сент.

Асланбаев Гусейн

Добавил(а) Administrator on 09 Сентябрь 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Щивго кIочон гьечIо, щибго кIочон гьечIо


Хабар лъачIого тIагIарав


«РакIалде щвеялъе тIехьалъул» 4 томалъул 93 гьумералда хъван буго: «Асланбаев (Асланбеков) ХIосейн (ХIусейн), 1914 (1921) соналда Казбек районалъул Алмахъ росулъ гьавурав, рагъулаб хъулухъалде ахIун вуго Казбек районалъул рагъулаб комиссариаталъ 1940 соналъул 13 октябралда. Мухъилав. Хабар лъачIого тIагIана 1941 соналъул декабралда». 
ХIусеница хъвараб ахирисеб кагъат Алмахъалде бачIана 1941 соналъул 20 июналда. КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьизе хутIун букIана 2 къо. Кагъат бачIана Белоруссиялъул Гродно областалъул Лида шагьаралдаса. Гьелде щвезегIан хъулухъ гьабулеб букIана Гродно шагьаралда. Яц Гъизайбатиде. ЯцгIалзабазде хъвараб кагъат махсаро-хочIалъул цIураб букIана. ИчIго моцI гIолеб бугила жив армиялде ахIаралдаса. Бихьинчиясда бихьичIого гIолареб бакI букIун бугила армия. 
Асланбаев ХIусен вукIана МахIачхъалаялдаги цIалун росдал лъималазе дарсал кьезе байбихьарал алмахъазул тIоцересел учительзабазул цояв. ЛъагIелгIан заманалъ учительлъун хIалтIана гьев армиялде ахIилелде. Гьес махщел тIаса бищиялде асар гьабун батизе бегьула гьезул рукъов Николай абун цIар букIарав гIурус учитель яшав гьабун вукIиналъги. ХIусение кутакалда бокьулаан жиндицаго тIаса бищараб иш. 
Гьесул анищ букIана тухумалдаса цойги цIаларал гIолилал рахъине, гьел махщел бугел гIадамаллъун рихьизе. Ахирисеб кагътидаги гьес тIад-тIад вуссун хъвалеб буго лъикI цIализе кколилан. Гьесул эбел-инсуца хьихьарай жиндирго яцгIал Напизатиде кагътида хъвалеб букIана жив армиялдаса тIад вуссараб мехалда гьей МахIачхъалаялде цIализе щвезайизе йигилан. 
ХIусенил ахирисеб кагъат кIудияб хIурматалда цIунун буго гьесул вац Басирил яс Ленинаулалда яшав гьабун йигей Зулпатица. ИмгIал армиялде унеб мехалъ, кинида лъурай жо йикIана гьей. Гьелъул жиндирго эмен Басирги рагъул гIахьалчи кколаан. Гьев мунагьал чурад хвана 1962 соналда. 
«РакIалде щвеялъул тIехьалда» гьабураб хъвай-хъвагIаялъ нугIлъи гьабулеб буго гIасияб рагъул бищунго захIматал тIоцересел моцIаз ХIусен Асланбаев жидерго чурхдуз ВатIан бахчаразул кьерда вукIараблъиялъе. Миллионал цогидал кьерилаздаго гIадин рекIелъ къан букIун батила гьесдаги тушманасдаса нахъе къазе ккеялъул къабихIлъи. ХIехьезе ккун батила гIемераб къварилъи. Хабар лъачIого гьев тIагIанилан бихьизабураб 1941 соналъул декабралъул авалалда Москва цIунулез кIочон толареб кьаби щвезабуна фашистазда ва гьенисан байбихьана Бергьенлъиялде халатаб нух. 
Воханадай солдат ВатIан эркен гьабиялъе байбихьи лъураб тIоцебесеб кIудияб гьужумалдаса? 
Яги гьеб тарихияб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ рохалилаб хабар тIаде щвелелде къанщанадай гIумрудухъ гIащикъал берал? 
ГьечIо гьел суалазе жаваб. ХIусенил цIар къадруялда цIунун буго гIагарлъиялъ. Гьесул тухумалда учительзабиги, офицерзабиги, хъулухъчагIиги гIемерал руго. Гьездаса кигIандай вохилаан ХIусен, рагъалъ гьесул гIумру пана гьабичIебани.


ГI. ГIумарасхIабов
Газета »Чапар» 19.05.2003 с.

Подготовил. Гаджимагомедов Г.Р.



Календарь исламский


Мусульманские праздники