forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
06
Июль

Магомед Харсмагомедов

Добавил(а) Administrator on 06 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

КIудияб Бергьенлъиялъ 50 сон тIубаялде

КьогIлъи кIочон гьечIо

Фашистаздаса ВатIан эркен гьабиялъе гIоло унел рагъал бищунго хIалуцун букIараб 1943 соналъул августалда армиялде арав МухIамад ХарасмухIамадовасул гIицIго 18 сон гурони тIубан букIинчIо. 1944 соналсъул ахиралда инвалид хIисабалда рокъове тIадвуссарав гьес анлъго соналъ росдал школалда учительлъи гьабуна. Гьелдаса хадув хIалтIизе лъугьана росдал Советалде ва мустахIикъаб хIухьбахъиялде инегIан гьенив секретарьлъун ва бухгалтерлъун хIалтIана.

МухIамадица хIалтIи бачана хъизаналъе тарбия кьеялда цадахъ цо-цоялъе мукъсанлъи гьабичIого, гIисиназе эменлъи ва чIахIиязе васлъи-вацлъи гьабулаго. Кутакалда рази вуго гьаб сагIат пачалихъалъ гьабулеб тIалабалдаса, баркала кьолеб буго гьес районалъул, росдал администрацияз, социалияб рахъалъ цIуниялъул управлениялъ рагъул ва захIматалъул ветераназул райсоветалъ гьабулеб хъулухъалъухъ гьел идарабазул нухмалъулезе, рахIатхун какула Чачан Республикаялда унеб бугеб рагъ.

ЦIикIкIунисеб мехалда живго-жиндаго чIарав, жиндирго хIакъалда рец-бакъ бокьуларев инсанасдехун хIеренго, гьимун кIалъалев, Аллагьасул вали г1адав, гьесул жиндиего хасиятаб бербалагьи буго сверухъ бугеб ахIвал-хIалалде, тIолабго лъугьа-бахъиналдехун. Жиндирго рагъулаб нух ракIалде щвезабулаго, нижер мухбир МухIамад Салатгерееваса гьес гьадин бицана:

Нахъе къазе бокьун букIин районаздаса ВатIан цIунизе унел гIолохъабигун цадахъ ниж Грузиялъул Авчала абулеб бакIалда кIиго моцIалъ рагъулаб ишалъе куцана. Гьениб батIа-батIиял ярагъалъулгун лъай-хъвай гьабизе, кьвагьдезе ругьун гьаруна. Хадур тIолалго дагъистаниял ноябралда Белоруссиялъул гIорхъодехун ритIана ва гьебго соналъул декабрь моцIалъ тушманасулгун гьабулеб рагъулъе гIахьаллъана.

Хасел букIана гIазу биццатаб, квачараб, амма гьелъухъги балагьичIого, гьалмагъзабазул къукъагун кьвагьдохъабазул полкалде ккарав дие, къасиги-къадги гIалахалда рагьараб зодикь, фронталъул цебесеб кьерда чIезе, щулалъи ккун чIарав тушманасде тIаде ине кутакалда захIмат букIана. Нагагь тIаде ани нилъеразе цIикIкIарал камиял ккезе ресги букIана.

Цогидаб рахъалъ хIайранлъизавун вукIунаан гьел гIадатиял гурел шартIазда, тIлабго рахъалдасан захIмалъи букIаниги, ракъун, макьу тун, хIаталдаса ун квачан ва свакан рукIаниги къо хIехьон, щибго хIал лъазе течIого, цоцазул ракI батун, яхI кьун рукIунел дирго гьалмагъзабазда. ГIумруялъго захIмалъабазулъ лъадараралгIадин хиянатлъи гьечIел дирго гьалмагъзабазухъ рекIел хIалуцин бигьалъулаан. Гьаниб рехсей гьабулел гIолохъабиги гIемерисел Дагъистаналъул, нилъерго районалдаса ва нижерго росулъа рукIана.

«Дагъистаналъул тIолалго фашистазе, гьел гьенир тезе къасд букIинчIо нижерги. Гьеб мехалда цо борхалъиялъе гIоло бабйихьана гIасиял рагъал. Гьениб къаси мехалъ нижер иш лъан немцазул кIиго танкаялъ нижеде кьвагьана ва гьенив гъоркь чIалида вукIарав захIматго лъукъана дунги. Гьеб букIана хасел завалалда бугеб 1994 соналъул январб моцI. Гьенир щварал ругънал сахгьаризелъун микьгоялдаса цIикIкIараб моцIалъ госпиталалда вегизавуна.

Дун гьениса лъукъун хутIунгIаги тIадвуссана, амма ваццалгIан дие хириял район ва росуцоял абадиялъего Белоруссиялъул ракьалда шагьидлъана, гьезда гъорлъ дирго г1елалъулав ваццг1ал Х1ажимух1амадов Мух1амадх1абибги. Аллагьасул къотIи букIун гьечIо гьел тIадруссун гIагараб росулъе, эбел-инсухъе, хъизан-лъималазде тIадруссине. ТIулил ваццал гIадин ракIалда рукIуна гьел ва дица кидаго дугIадулъ ккола».

Хадубги МухIамадица бицана-риидал борохь бихьарав хасало гIарщалъухъа хIинкъулевгIадин живго гьеб рагъ-кьалалъухъа хIинкъулила. Гьединлъидал жинца гьарулила гIемерал миллатазул халкъаздасан гIуцIараб нилъер Дагъистаналъул тIолалго гIадамал рагъул ва цогибалъго рачIунел балагьаздаса Аллагьас цIунайги.

РакI бохизабула МухIамад ХарсмухIамадов цевего пенсиялде аниги жакъаги нилъгун вукIиналъ. Гьев росдал общественнияб гIумруялдаса ватIа тIун киданиги чIоларо. Гьедин батила росдал гIадамал гьесул ишаздаса рази рукIунел.

Мух1амад Салатгереев

Газета »Чапар» 04.08.2003 с., №31

Календарь исламский


Мусульманские праздники