forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
06
Июль

Мирзаханов Хайрудин

Добавил(а) Administrator on 06 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Фронтовик Мирзаханов

КIудияб ВатIанияб рагъда гIахьаллъарал алмахъазул Калининаул росулъ жакъа чIаго вуго ункъо чи. Гьел ккола Чичилбиев ИсхIакъ, Халимбегов Расул, Динаев Мухтар ва Мирзаханов Хайрудин.

Лъимерлъудаго къо бихьичIо Хайрудинида. Гъачагъаз эменги чIван бесдаллъараб мехалда лъабго сон бараб лъимер вукIана гьев.

ГьитIинго байбихьана гьесул захIматалъулаб гIумру. Росулъ цIи гIуцIараб колхозалде хIалтIизе лъугьун байбихьана гьес жиндирго гIумруялъе жиндицаго кьучI лъезе. ХIалтIуе гIедерав ва цIодорав гIолилав хурул бригадирлъун тIамуна.

1940 соналда Хайрудин БагIараб Армиялде тIадаб рагъулаб хъулухъ гьабизе ахIула. МацI лъангутIиялъги хъвазе-цIализе лъангутIиялъги байбихьуда захIмалъаби дандчIваниги вакIа-вахариялъги гьесие кумек гьабуна армиялъулаб гIумруялде ругьунлъизеги, рагъулаб иш лъазабизеги.

Хайрудиние рагъ бабйихьана Эстониялъул тахшагьар Таллинналда гIагарлъухъ. Мухъилав рагъухъан Мирзахановас тIубараб роценалда гьекъезе ккана вахIшияб рагъул кьогIаб лълъар.

Дун щвезе араб къоялъ Хайрудин рокъов живго ватана. Гьанже гьесул гIумруялъул 90 сон буго. Рагъда хIехьезе кканщиналъги ракълилаб гIумруялда гьабураб цIакъго гIемераб хIалтIиялъги гьанже гьесул черхалъул цIакъго тату хун буго дагьлъун буго беразул канлъи мукъсанлъун буго рекIел цIодорлъи.

Хабар-кIалалда рукIаго цохIо рагъда бихьанщинаб гIеларищан дица абидал, гьелъул бицун лъугIинарила, пайда гьечIилан квер хьвагIана Хайрудиница.

ВуцIцIун чIчIунги вукIун Хайрудиница цо рагъулаб лъугьа-бахъин ракIалде щвезабуна. Команжованиялъ жидеда цебе масъала лъунила немцазул кIудияб къуваталъ щулаго ккураб цо борхалъиялда кверщел гьабизе. Бабйихьула гьужумалъ ине. Гьеб рагъ Хайрудиница автоматалъул иргаги биччан, тушманасул офицер ва чанго солдат чIвала. Офицерасул чвантиниса документалги росула. Нилъераз борхалъиялда кверщел гьабула. Гьеб рагъулъ бихьизабураб гьунаралъе гIоло Хайрудин «За отвагу» медалалдалъун кIодо гьавула.

ЦIадулал нухаз гьев вачана жинда бащадаб цойги букIинчIеб Сталинградалъул рагъдеги. Цин рагъазда, цин госпиталазда ана гьесие тIолабго рагъ.

Ахирисеб рагъда захIматго хIетIе лъукъарав Хайрудин нахъеги госпиталалде ккола. ЗахIматабгун бигьаяб 11 ругъун черхалдагун, тIадвуссана гьев 1945 соналъул хаслихъе.

Ругънал сахлъаралго гьес гъуждул гурун гIагараб колхозалда хIалтIизе байбихьана. ХIалтIана маххул къебедлъун цIулал устарлъун, харухъанлъун бакIал ралевлъун. Гьабуна хъаравуллъиги.

Хайрудиница кидаго киридахъ росдал гIадамазе жинибер, харицел, лъен, кьохорохо, газа, нилъ гьари ва къачIай ругьунаб иш букIана. ЗахIмат буго гьесул меседилал квераз габунщинаб хIалтIул хIисаб гьабизе. Хайрудинил кIвахI гьечIеб ва ракIбацIцIадаб захIмат кIодо гьабуна гIемерал баркалабаздалъун, сайгъатаздалъун. Рагъул ва захIматалъул ветеран Хайрудин Мирзаханов ккола микьго орден-медалалъул бетIергьанчи.

Узухъда гIемераб рухIиги бихьана гьесда. Хвана кIиго вац, лъади нагагьаб балагьалдалъун гIумруялдаса ватIалъана лъади ячун моцI бачIев вас. Гьеб кинабго гьес хIехьана бихьинчиго сабруялда.

Лъималаз лъикIаб тIалаб-агъазги гьабун, моцIие 3400 гъурущ пенсиялъулги босунАллагьасе какалги ран, берцинаб херлъиялда вуго Хайрудин. ТIадегIанасе кидаго пикру гьабула гьес.

Чияс киданиги гьересиги бицине бегьуларила, цо бугониги махщелги лъазе кколила чарагьечIеб жо бугила киназего гIаммаб гIурус мацI лъайгийилан рикIкIуна гьес.

МухIамадкамиль ЛахIитов.

Г.»Чапар» от 13.05.2002г. №19

Календарь исламский


Мусульманские праздники