forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
06
Июль

Гасан Нуцалханов

Добавил(а) Administrator on 06 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Рагъухъанасул бахIарчияб нух

Нилъер улкаялде рагъулаб хIинкъи тIаде гIагарлъараб 1940 соналъ цоцада хадур кьерал гьарун БагIараб Армиялде унел рукIана районалъул гIолохъабазул къукъаби. 13 сентябралда Дилималдаса Халунбеков Сайгидашим, Гъайирбеков Темиргере, Алмахъалдаса Нуцалханов ХIасан, Илясов ХIабиб, Атаев Набигун Батайскиялдасан рикIкIадаб Бакъбаккуде къотIана рагъухъабазул эшелон. Нуцалханов ХIасанида ва цогидал рагъухъабазда цебе лъураб масъала букIана Япониялъул тIаде кIанцIиялдаса Бакъбаккул тIорхъаби цIуни. Мухъилав кьвагьдохъан гъорлъ вугеб 156 хасаб батальон тIадчIун хIадурлъулеб букIана рагъулаб ишалъе. Гьеб батальон гъорлъе унеб 57 механизмаздалъун хьезабураб бригада букIана округалдаго рагъулаб хIадурлъиялъул рахъалъ лъикIазул кьеразулъ.

1942 соналъул ахириял моцIаз фашистазул Германиялъул бутIруз масъала лъуна Сталинградалда ва Кавказалда тIад кверщелги гьабун улкаялъул центр Бакуялъул нарталдаса махIрум гьабизе. Гьеб мурадалъе гIоло немцаз рагъулъе цIана бищунго гучал дивизиял, аза-азар танкаби, самолетал ва цогидабги рагъулаб техника. Советазул Союзалъул командование, гьеб хIисабалдеги босун, хIажатаблъун ккана рикIкIадаб Бакъбаккудаса Сталинградалде рагъуе хIадураб кадрабазулаб армия рехизе. Гьелъул кьеразулъ букIана ХIасаница хъулухъ гьабулеб, хадусан гвардиялъулаб цIаралъе мустахIикълъараб 333 кьвагьдохъабазул полкги. Рагъулъ бихьизабураб бахIарчилъиялда ва бажариялъе гIоло ХI. Нуцалханов тIамуна кьвагьдохъабазул отделениялъул командирлъун.

1943 соналъул февралалда ХIасан тIоцебесеб нухалда лъукъана ва къокъаб заманалда госпиталалде ккана. Сахлъун хадусан 54 хасаб соперазул батальоналъул кьвагьдохъабазул отделениялъул командир Нуцалхановасул бахIарчияб рагъулаб нух ана гIемерал шагьаралги росабиги эркен гьарулаго Сталинградалдасан байбихьун Полтава-Киевалдасан Румыниялде, Венгриялде, Австриялде.

1943 соналъул августалда тушманасул гуллица ХIасанил ракьагун гIигъеж борлъана. Ругъун букIана захIматаб. Сахлъун хадусан гьес байбихьана тушманасдасан цIидасан къисас босизе. ХIасанил рекIелъ асар гьарулеллъун хутIана Венгриялда Балатон хIоралда сверухъ ккарал хIалуцарал рагъал. Гьенив ХIасан тIадагьго лъукъана, амма заман инелде рагъулъе лъугьана. Гьесул анишлъун букIана тушманасдаса ахиралде щун къисас боси.

1945 соналъул апрелалда ВатIанияб рагъул ахирисел къояз ХI. Нуцалхановас хъулухъ гьабулеб дивизиялъ Австриялъул тахшагьар Венаялда тIад кверщел гьабуна.

Ахириял рагъазулъе ХIасан гIахьаллъана снайпер хIисабалда ва гьесул гIужда речIчIарал гулбуз чанги тушманасул рагъухъан халаса лъуна.

Рагъулъ бергьенлъи босун хадуб ХIасаница хъулухъ гьабулеб дивизия рехана Ираналъул Тебриз шагьаралде ва гьениса рокъове тIадвуссана «БахIарчилъиялъе гIоло», «Вена босиялъе гIоло», «Будепешт босиялъе гIоло», «Сталинград босиялъе гIоло» ва цогидал медалалгун.

ХI. Нуцалхановас бищунго хирияб хазинагIадин цIунун руго И.В.Сталинил баркалаялъулал кагътал: 1945 соналъул марталъ Балатон хIор босиялъе гIоло, 1945 соналъул 29 марталъ №346 Австриялъул гIорхъоде щвеялъе гIоло, 1945 соналъул 3 апрелалъ №324 Вена шагьаралде гIагарлъиялъе гIоло, 1945 соналъул 13 апрелалъ №334 Вена шагьар босиялъе гIоло кагътал.

БахIарчияб, рагъулал гьунараз цIураб халатаб нух нахъа тана Сталинградалдаса Венаялде щвезегIан Алмахъалдаса рагъухъан, цIадулав патриот ХIасан Нуцалхановас.

Рагъдаса хадусел киналго сонал ХIасаница кьуна гIагараб колхозалъул магIишат цебе тIезабиялъе. Гьанже 80 сонил гIумруялде вахарав ХI. Нуцалхановас жигараб хIалтIи гьабула гIун бачIунеб гIел ВатIан бокьулеблъун куцаялъе.

Расул Идрисов

Г.»Чапар» от19.02.2001г. №8


Календарь исламский


Мусульманские праздники