forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
12
Июнь

Жансуев Шайихмагомед

Добавил(а) Administrator on 12 Июнь 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

АЛМАХЪАЛДАСА Г1УЖИХЪАН.

Жансуев Шайихмух1амад гьавуна 1911 соналда Алмахъ росулъ, векьарухъанасул хъизаналда. Гьит1инго эбел – инсудаса ват1алъарав гьев г1уна к1вах1 лъаларев кинаб зах1матаб къо т1аде бач1аниги х1ехьезе х1адурав г1олилавлъун. Дагьаб – макъаб гурони хъвай ц1али лъаларев вук1аниги, гьесул лебаллъи х1исабалдеги босун, колхозалъул правлениялъ Шайихмух1амадие божилъи гьабуна бригадаялъе бет1ерлъи гьабизе. Г1олиласда рак1алда бук1ана дагьавго ресалде вач1аравго хъизан гьабизе, амма рак1алдаго гьеч1ого ккараб К1удияб Ват1анияб рагъалъ рек1ел анищал гьоркьор къот1изаруна. 1942 соналъул январалда Угуев Бат1алгун, Мух1амадшарипов Адильгерейгун, Гъазиев Г1умарасх1абгун Ш. Жансуев Баг1араб Армиялъул кьеразулъе ах1ана. Дагьаб заманалда ГССРалъул Горы шагьаралда ругьунги гьарун, Шайихмух1амад гъорлъ вук1араб кьвагьдохъабазул 124 полк Керчалда унел рагъазулъе г1ахьаллъизе бит1ана. Керчь тушманасухъе ккараб мехалда, ц1идасан рагъде инее х1адурлъизелъун полк Авчалиялде бач1ана. Шайихмух1амад гьаб нухалда фронталда кьвагьдохъабазул 444 полкалде ккана ва гьенив мухъилав солдатлъун вагъулагун Смоленскиялъул ракьалде щвана. Кват1ич1ого 50 рагъухъангун цадахъ гьевги г1ужихъаби (снайперал) х1адур гьарулел цо моц1алъул курсалде ц1ализе вит1ана. Гьел лъуг1аравго байбихьула г1ужихъанасул нухде. Шайихмух1амад рагъул ишалъе лъадарана Смоленск ц1униялъе карал г1асиял рагъазулъ. Гьеб бук1ана тушманасул аскарал ц1ик1к1араб къуватгун Москваялде риччаларин гьабураб къеркьеялъулъ нилъее бит1 ккеч1еб заман. Шайихмух1амадица ишаналъе восарав тушманасул чанги солдат доб дунялалде вит1ана. Гьесул г1ужихъанасул туманк1 кьвагьулеб бук1ана гьоркьоб къот1ич1огун, г1ужда щолеб бук1ана алхинч1огун, гьелъ рецулел рук1ана фашистазул кьерал. Рагъулаб часталъул командованиялъ Шайихмух1амад рехулаан бищунго кьог1ал рагъал унел бак1азде ва гьес кибго бах1арчилъи г1агараб Ват1аналдехун бугеб рокьи, гьелъие г1оло рух1 кьезе х1адурав вук1ин бихьизабулаан. Гьесул рагъулаб гьунар т1оцебесеб нухалда к1одо гьабуна «Багьадурлъиялъе г1оло» медалалдалъун. Цадахъ рагъулел г1урус миллатазул солдатазда гьоркьов, полкалъул командованиялъ Шайихмух1амад бищунго г1ужилав кьвагьдохъанлъун рик1к1улаан. Гьеб гьунаралъе г1оло Шайихмух1амад К1удияб Ват1анияб рагъул к1иабилеб даражаялъул орденалъе мустах1икълъана. Цо къоялъ командованиялъ гьесда Москваялде инее х1адурлъеян лъазабуна, амма кинаб мурадалъе г1олояли бицинч1о. Гьениб, Баг1араб Майданалда Чойбасаница Шайихмух1амадил каранда бана Монголиялъул Халкъияб хуралалъул ц1аралдаса жидерго пачалихъалъул бищунго т1адег1анаб орден. Гьениса щвана цогидал бат1и – бат1иял сайгъатал ва ц1идасан фронталде т1адвуссана. Гьелдаса хадув Шайихмух1амад 1943 соналъул июлалде щвезег1ан Орел шагьар ц1унулезул кьоразулъ вагъула. Гьел рагъазулъ гьесул цояб бох жагъал гьабуна ва бет1ералда щвараб ругъуналъ цояб г1инги жо рагьунареблъун лъугьана ва госпиталалдасанго халатаб заманалъе отпускги кьун рукъове вит1ана. Баг1араб Армиялъ байбихьана немцазул хъамалчаг1и гъурулагун бакът1ерхьуде хун инее. Щайихмух1амадица дагьабго сахлъи щула лъарабго, районалъул рагъулав комиссарасде жив нахъеги фронталде вит1еян гьарула. Гьесул гьари т1убазабула. 1945 соналъул январалдасан байбихьун кьвагьдохъабазул 169, 178 полказул рагъухъабигун цадахъ Щайихмух1амадица нахъа тана Венгриялдасан, Чехословакиялдасан, немцазул фашизмалъул бук1он Берлиналде щвезег1ан халатаб, г1асиял къеркьеязул бергьенлъабаз гвангъизабураб, бах1арчияб рагъул нух. 1945 соналъул сентябралда, Ват1аналда цебе жиндирго налъи бах1арчилъиялдаги т1убан, Щайихмух1амад т1адвуссана. Фронталдаса т1адвуссун хадув Ш. Жансуев х1алт1ана Ленинаул росдал Советалъул председательлъун, финотделалъул агентлъун, заготскоталъул управляющийлъун ва колхозалъул мухъилав членлъун. Рагъулъги х1алт1улъги Щайихмух1амадица ц1унана маг1аруласул намус, бихьизе гьабуна хадуб г1олеб г1елалъе мисал. Гьединавлъун вук1ана 1965 соналда 54 соналъул г1умруялда абалияб рукъове арав Алмахъаздаса багьадур Жансуев Шайихмух1амад.

Расул Идрисов. Г."Чапар" от 10.05.99 г.


Календарь исламский


Мусульманские праздники