forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
03
Июнь

Абуев Шихмирза

Добавил(а) Administrator on 03 Июнь 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

 

 

1967 Алмахъ росулъ г1уц1араб лесхозалъул отделениялъул директорлъун вук1ана Дилималдаса мунагьал чураяв Абуев Шихмирза (Угу). Гьенив росулъ жакъаги щивго ватиларо лъик1аб бербалагьиялда гьев рак1алде щоларев чи. Шихмирзаца Алмахъалъул хозяйство бахъинабизе гьабуна к1удияб х1аракатчилъи. Х1алт1ол цебет1ей гуребги, г1адамазе лъик1лъи бокьун. гьезие пайдалияб рахъ борхизабулаго х1алт1ана Алмахъалда Шихмирза. Абизе к1ола Дагъистаналъул районазул хозяйствоязул бищунго лебалал, бергьараб г1акълоялъул руководителазда гъорлъ цояв вук1анилан гьев. Дида к1очонаро къват1исан Дагъистан республика бихьизабулеб мехалъ кидаго телевидениеялдасан бихьизабулаан, Шихмирзал руководствоялда гъоркь. гьесул х1аракаталдалъун Алмахъалда г1уц1араб рит1уч1азул ферма.Гьениб гьелъие г1оло рит1уч1ал хьихьизе гьабураб заповедникги бук1ана г1уц1ун. Гьеб заповедникги гьайбатал рит1уч1алги рук1ана Дагъистаналъулго маг1ишаталъул "Визитная карточка" х1исабалда Москваялдасан ва цогидалъусан гьарулел рук1арал телепередачабазулъ...Цоги гьанибго рехсезе ккола Дагъистаналъул росдал маг1ишаталъул бет1ерлъи гьабун вук1арав Мух1амад Г1абдулбасировги. Бажари бугев, ц1одорав, х1алт1улъ жигарав чи вук1ун вуго гьев. Шихмирзал планал т1оразаризе лъик1аб квербакъи гьабун буго гьев Мух1амадица...Шихмирза вук1ана доб заманаялъул унго-унгояв росдал маг1ишаталъул реформаторилан абизе бегьулев чи

 



Доб заманаялъ оленеводазул бригадирлъун х1алт1ула вук1арав Бекмирза Мусавузовас бицана:

Лълъар къот1ун к1удияб пайда кколел рук1арал рит1уч1азда г1ей гьабич1огун Шихмирзаца, лесхозалъе к1удияб пайда кьолеб гьеч1ониги г1адамазе х1алт1и бук1иналъе г1оло Гъайилиб г1уц1ана зверофермаби. Гьенир хадусан хьихьулаан г1анк1ал, нутриял, норкаби, сурокал.Нахъа рагьана кожобработкаялъул цех. т1агърал рукъулеб цех. Гьедин х1адурараб гьел рух1чаголъабазул къехь. рукъарал багьа къиматал т1агърал унаан ричизе Москваялде, Астраханалде. Гьеб кожобработкаги, т1агъур букъи ва цогидаб махщалиде ругьунлъизе, ц1ализе рит1ана къват1ибеххун бак1азде росулъа г1адамал.
Гъванигалдаса байбихьун муг1рузде щвезег1ан гьаруна ц1улакьодал гъут1би ч1ун питомникал, лаблъабазда ракь кквезе акациялъул ч1елал, гьеб кинабго гьабун х1алт1ухъабазе щолаан лъик1аб мухьги. Херлъараб ц1улакьодул гъвет1 къот1ун. гьелъул бак1алъ ч1олаан ц1ияб. Гьедин къот1араб ц1улакьодул гъвет1 х1алт1изабизе бук1ана рагьун 5-6 станок жаниб бугеб паркет гьабулеб цех, гьенирго гьарулаан т1унк1ил хъундагъал, гьарулаан столал, сувенирал, гьений художник-оформительлъун йик1ана дир лъади Мусавузова Суайбатги Гьелдаго цадахъ гьарун рук1ана деревообработкаялъул цех, сущилка. Гьел зверофермаби ралел мехалъ чанго соналъ ралел бак1азул лъик1аланго х1алт1ухъабазе бук1ана камич1огун х1алт1и. Гъайилиб бекьулаан сорго. гьелъул ц1илц1ал гьарун. ричизе унаан. Гьелдалъунги лъик1аб мухь бук1ана росдал г1адамазе пайда. Ёлочкайилан абулеб бак1алъ бекьулаан капуста. ламадур. Капуста х1алт1изабизе бук1ана квасильный цех рагьун. Г1ураб капуста гуребги, квасить гьабурабги гьеб бочкаби ц1ун бехехун бичизе унаан. унаан договор гьабун Мах1ачхъалаялде, Хасавюрталде... Моц1ие к1иго нухалъ кьолаан х1алт1охъабазе мухь 
1974 соналъ Алмахъалде рач1ана 300 эбелаб рит1уч1ги 30 рогачги. гьел оленоводазул бригадирлъун вук1ана Расул Сахрудинов, дун гьенив панторезлъун вук1ана. Хадусан тана бригадирлъун, завфермалъун. 1977 соналъ байбихьана рит1уч1азул фермаялъ доход кьезе.Гьезул къадар 1500ялде бахана, !800 рит1уч1азул къадар бахараб мехги бук1ана. !988 соналъ рит1уч1аз, г1иц1го 80 азарго гъурущ т1адги хун, кьуна бац1ц1адаб хайир 370 азарго гъурущ. Гьедин к1удияб хайир кьеялъ росдал г1адамазе пайдалиял ишал гьаризеги ресал кколаан., хайир г1емер гьеч1ел чангоял г1адамал х1алт1улел рук1арал цо-цо цехазулги, зверофермабазулги х1алт1и-иш бача-баг1унаан рит1уч1аз кьолеб к1удияб хайиралъ. Гьеб гуребги Шихмирзаца г1адамазул к1удияб гъира ккеледухъ х1алт1изаруна росдал ракьал. Рит1уч1азул фермаялде х1адурулеб хер бецизе г1адамазе цо гектар бецун. жидеегоги цо гектар толаан бецизе, гьелде абулаан гьахьал гьабун хер бецийилан. Гьел рецарухъабазда цевеги лъугьун Шихмирзаца жинцагоги хер бецулаан...Гьеб хер рит1уч1азул добе баччун гьелъул сенажги гьабулаан.
Нусазаргоялдаса т1асан хорёказул къадар бахараб мехги бук1ана. Гьезие бач1унаан Бакуялдаса учузаб ц1орозабураб гьан, ччуг1а. гьеб баччизе морозильник т1ад бугеб хасаб машина бук1ана хозяйствоялъул. Гьединаб гучаб маг1ишаталъул х1алт1и бук1ана доб советияб заманаялда Алмахъалда...
Дица абиларо гьеб кинабго г1иц1го Шихмирзаца гьабунилан, гьесда хадур рач1аразги гьабуна хасал къиматал х1алт1аби, амма Шихмирзаца гьабуна кьуч1ч1аб ва аслияб, къимат т1ок1аб х1алт1и гьеб киналдаго гъорлъ. Гьесул х1алт1улел г1адамаздехун бук1араб х1урмат ва х1алт1олъ бук1араб бажариялъул т1ок1лъиги жобан алмахъазул маг1ишаталъе ккана к1удияб пайда...

Алмахъазул рахъалъан к1удияб баркала загьир гьабулеб буго росдал маг1ишаталъе к1удияб пайдаялъе ватарав сахаватав Шихмрзал г1агарлъиялъе. Гьес гьабунщинаб лъик1лъи гьесул мунагьал чуризе батаги.


Салих1 Салих1ов


Календарь исламский


Мусульманские праздники