forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
31
Май

Омарасхаб Газиев

Добавил(а) Administrator on 31 Май 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

ЖАКЪАГИ НИЛЪГУН.

Рак1алдаса унарел лъугьабахъиназдалъун бечедаб буго Ленинаул росулъа партиялъул, рагъул ва зах1маталъул ветеран Г1. Гъазиевасул г1умруялъул нух. 13 сон т1убарав чиясда т1аде ккана бесдаллъуда хут1араб хъизаналъул т1алаб. 14 сон байдал вищана Алмахъалда т1оцебе г1ц1араб комсомолалъул ячейкаялъул секретарьлъун. 15 сон бук1ана 1930 соналъ 25 октябралъул ц1аралда бугеб колхозалъул х1исабчиясул иш т1ад базабураб заманалда. 1932 соналъ восана КПССалъул членлъиялде кандидатлъун. Гьебго соналъ т1уразаруна колхозалъул председателасул, бухгалтерасул ва кассирасул хъулухъал.
1934 соналъул ихдал колхозал г1уц1иялде дандеч1араз Г1умарасхабида нахъесан туманк1 реч1ч1ана. Бохалда лъураб ругъун сахлъун хадув х1алт1ана учительлъун. Амма 1934 соналъ х1инкъи ккана колхоз биххиялда ва партиялъул райкомалъул бюроялъул х1укмуялдалъун Гъазиев нахъеги колхозалъул председательлъун т1амуна.
1939 соналъ Г1умарасхабил г1умруялъулъ ккараб к1удияб лъугьа-бахъинлъун бук1ана партиялъул членлъун воси ва колхозалъул парторганизациялъул секретарьлъун вищи.
Гьеб хъулухъалда вук1ана К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьизег1ан. Алмахъалдаса г1олилалго г1адин Гъазиев 1942 соналъул 10 январалда фронталде ана. Жиндирго рагъулаб нух байбихьараб бак1лъун гьес рик1к1уна Москваялъул сверухълъи. Пехотаялъул полкалъул хасаб разведчиказул ротаялъул х1исабалда вагъулаго г1ахьаллъана Москва, Смоленск, Брянск областал немцаздаса эркен гьариялъулъ. 1943 соналъул августалда Курскалъул дугаялда т1орит1арал рагъазулъ зах1матго лъукъана ва лъабго моц1алъ госпиталалда сах гьавун хадув, г1агараб росулъе т1ад вуссана.
1944 соналъ къисматалъ Г1умарасхаб Ленинаулалде вачана. Байбихьана халкъияб маг1ишат цебет1езабиялда х1алт1изе. Г1емерал соназ х1алт1ана Ленинаулалда, Буртунаялда колхозазул парторганизациязул секретарьлъун, партиялъул райкомалъул пропагандистлъун, рохьил маг1ишаталда. К1иго нухалда мустах1икълъана ДАССРалъул Министрзабазул Советалъул, РСФСРалъул «Знание» обществоялъул ва ВЛКСМалъул обкомалъул Х1урматалъул грамотабазе.
1974 соналъ «Гьудуллъи» колхозалда бухгалтерлъун х1алт1улаго. Гъазиев мустах1ихъаб х1алхьиялде анна. Жакъаги гьев нилъгун вуго. Росдал г1олилазе, ц1алдохъабазе Г1умарасхаб ккола х1урматияв гьоболлъун.
К1удияб Ват1анияб рагъулъ бергьенлъи босаралдаса 43 сон т1убалеб къо к1одо гьабулаго 1 даражаялъул Ват1анияб рагъул орденалъ, 11 медалалъ керенги гвангъизабун, Г1умарасхаб нахъеги дандч1валев вуго росуцоялгун. Гьезие бицине жо ветеранасул г1емераб буго.


И. Мух1амадов, нижер хасав мухбир. Г. «Коммунист» 04.08.1987 с.



Календарь исламский


Мусульманские праздники