forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
31
Май

Ахмед Абакаров

Добавил(а) Administrator on 31 Май 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Ахмед Абакаров

К1ИГОЯСУЛ БАК1АЛДА ВАГЪАНА.


Г1умруялъул 25 сон т1убалеб, бищунго камилаб г1ужалда фашистаздаса Ват1ан эркен гьабизелъун къеркьолезул кьеразулъе ах1ана Казбек районалъул Калининаул росулъа Абакаров Ах1мад. Гьесул рагъулаб нух байбихьана к1иабилеб Белорусиялъул фронталъул 76 армиялъул г1арадачаг1азул гвардиялъулаб дивизиялъул 154 полкалда.
Нижер «Баг1арал лъак1ал ралагьулез» ц1ех-рах гьабулаго баянлъана Абакаров Ах1мад мустах1икълъун вук1ин «Баг1араб ц1ва» орденалъе: амма лъукъараб бак1алдаса сах гьавизелъун вит1иялъ гьесухъе гьеб щун гьеч1о. 1945 соналъул 10 февралалда хъвараб № 16 шапакъат, кьеялъул т1амачалда бихьизабун буго гьеб т1адег1анаб шапакъат кьеялъе ккараб г1илла.
1945 соналъул 25 январалда къог1ал рагъал унел рук1ана Германиялъул Бризен шагьар эркен гьабиялъе. Г1арадаялъул расчеталда вук1арав гьев кколаан гьелда снарядал лъолев чилъун. Гьеб мехалда хисизе ккана наводчикги ва живго вагъизе лъугьана. Гьес гьениб т1аг1инабуна тушманасул к1иго пулемет ва 15 солдат. Гьелъул х1асилалда нилъер лъелал солдатазда к1вана г1емераб манзилалда церехун ине.
1945 соналъул 3 февралалда г1арада ч1ун бук1ана Гросс-дай – Конопат росулъ. Гьеб мехалда нилъеразул горсвериялдаса рорч1изелъун гьужумал гьаризе къасд гьабулел рук1арал тушманасул рагъухъаби , чанго нухалда нахъч1вана, гьел рук1ана ц1акъго зах1матал саг1тал. Гьенибги нилъер рокьцояс к1иго рагъухъан хисана. Амма г1арадаялъул снарядал лъуг1араб мехалда маг1арулав нахъе къач1о, автоматалъгун нахъч1вана тушманасул гьужум. Байбихьудасанго т1оцевесев лъабго немцав ракьалде шапизавуна, хут1арал нахъе къана.
Гьел кьог1ал тунка – х1усиязулъ бихьизабураб багьадурлъиялъе г1оло Абакаров Ах1мадие шапакъат кьеялъе 1945 соналъул 8 февралалда хасаб т1амачалда гъулбас гьабуна кьвагьдохъабазул гвардиялъулаб 154 полкаялъул командир, подполковник Меерсоница.
А. Абакаровас рагъазулъ цебеги бихьизабуна бах1арчилъи ва гьелъие г1оло гьев к1одо гьавуна «Багьадурлъиялъе г1оло», «Сталиниград ц1униялъе г1оло» ва цогидал медалаздалъун. Нахъе къайи гьеч1ев Дагъистанияс кивехун вагъизе кканиги тушманасда кьаби щвезабич1ого тун гьеч1о. Амма лъаларо г1агарлъиялда росу – ракь цоязда гьесул рагъул багьадураб нухалъул х1акъалда киг1анал баянал лъалелали. Гьел бечедал руго.
Ц1ех - рехалъул заманалда т1аде раккизе нижеда к1варал яги нижехъе рит1ун рач1арал документазда бихьизабун буго 1916 соналда гьавурав, Казбек районалъул Юртаг1авухъ росулъа рагъде ах1арав Ах1мад Ах1мадович Абакаров кьалул майданалда къаншанин. Нижер «Баг1арал лъак1ал ралагьулезул» къукъаял х1укму гьабуна ц1идасан ц1ех – рех гьабун гьев хвараб ва вукъараб бак1 лъазабизе.
А. Абакаровасул г1агарлъиялда, цадахъ рук1аразда, гьудул гьалмагъзабазда гьарула Ах1мадил х1акъалда лъалелшинал баянал нижехъе хъваян. Ниже лъазе бокьун буго кинал гьунаразе г1оло «Багьадурлъиялъе г1оло» медаль кьезе гьев вихьизавун вук1аравали. Нужер кумекалъ квербакъи гьабизе буго церехун рохсарал баянал нижехъе хехго щвеялъе. Гьединлъидал хъвай нижехъе гьаб адресалда:
Хасавюрт шагьар, Пролетаразул къва 1, 117 Педколедж.


Халилулаев Болатхан.
Г."Чапар" от 26.09.94 г. №52

 

Ракьцоясул шапакъаталъул къисмат

Нилъеда араб кIочани, гьелъул ритIарал хIасилал гьарун бажаричIони, букIинеселъ нилъер къисмат пашманнаблъун лъугьинабиялда щибго щаклъи гьечIо. Гьединлъидал нилъеца КIудияб ВатIанияб рагъул тарихалъул бицунеб тема киданиги херлъизе тезе бегьуларо. Гьедин гьабула Хасавюрталъул педколледжалъул ТОКСалъул членазги.

Дагьаб цебегIан газеталда бахъараб ТОКСалъул макъалаялда бицунеб букIана АхIмад АхIмадович Абакаровасул рагъулаб гьунаралъул, цIехолеб букIана гIагарлъи. Гьале нижеда ватана Казбек районалъул Калининаул росулъ гIумру гьабулев гьесул гIагарав чи ГIабдукъадиров АхIмад. Гьес бицана АхIмад Абакаровасул яц ХIалиматица вацасул хIакъалда гьабураб цIех-рехалъухъ баркала загьир гьабулеб бугилан ТОКСалъул членназе.

Нижехъе щварал цIиял баяназ рес кьолеб буго вацасул хIакъалда ХIалиматида гIезигIанго жо лъазабизе. Гьесул ракIалъул кьаби гьоркьоб къотIана Польшаялъул ракьалда. Пачалихъалъул шапакъатги гьесие щвана Карпатазда ккарал рагъулъ бихьизабураб гьунаралъе гIоло.

Нилъер ракьцоявгун гьенир рагъулел рукIана Гъуниса ротаялъул командир МухIамад Урдашев, Лак районалдаса Тумалаев ХIасан. Каспийск шагьаралдаса Семен Петров, Иван Цезарь ва цогидал гьалмагъзаби. Командир М. Урдашевас цебе масъала лъуна киназдаго лъикI лъалеб 814 гохI тушманасдаса эркен гьабизе. Гьес команда кьуна рагъухъаби кIийиде рикьизе ва кIиябго рахъалдасан цадахъго гьужумалъ ине. КъотIи букIана тушманасда нилъеразул цIикIкIараб къуват бугебин ккезе кIиго батIияб рахъалдасан кьаби щвезабизе. Гьел рукIана гIисинал къукъабаздеги рикьун, гъоркьчIелал гьарун. КъотIи букIана тохлъукьего тушманасде кьвагьизе ва гьелъул гьаракь бахъарабго киналго рагъухъаби командирас картаялда рихьизарурал сухъмахъал ккун церехун ине, аслиял къукъабазде гъорлъе журазе. БагIарармейцазул цоцазда ричIчIиналъ цоцазе кумекалъе хIадур рукIиналъ гьедин гьабуна ва тушманасда тохлъукьего кьабиял щвезаруна. Гьужум байбихьана планалда рекъон. БагIарармейцал церехун унел рукIана тушманги хъамулаго. Командирас зама-заманалда патронал цIуне, цониги гула гIадад хвезабугеян буюрухъ кьолаан. Гьедин гьабуна ва чанги фашистал ракьалде щапизаруна. Камиял ккана нилъер гIолохъабазул кьеразулъги. Гьенир тушманасул кIинусгоялде гIагарарав чияс сверун куна нилъер рагъухъаби. Амма лъукъарав М. Урдашев хутIарав 6 солдатгун нахъеги рагъулъе лъугьана. Гьенив асир гьавурав цо немцас кьуна жидерго къуваталъул нилъее хIажатал цо-цо баянал. Гьеб мехалда тIаде бачIараб кумекгун цадахъ немцал нахъе гъуна.

Карпаталъул гьеб ракьалдаса ун хадув АхIмад Абакаров вагъана Польшаялда ва гьенив гIумруялдаса ватIалъана. Рагъулъ жив мустахIикълъараб «БагIараб цIва» орден кьеялъе документазул копиял нижеца гьесул гIагарлъиялъухъе кьуна.

Б. Халилулаев,

ТОКСалъул руководитель

Газета »Чапар» 10.06.1996 с.


Календарь исламский


Мусульманские праздники