forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
24
Май

Батилмирза Исагаджиев

Добавил(а) Administrator on 24 Май 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Батилмирза Исагаджиев

НАЛЪУКЬ ХУТ1ИЧ1О.

(Батилмирза Г1исах1ажиевасул х1акъалда)


К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьизе г1езег1ан моц1ал рук1аго 1939 соналъул октябралдаго армиялде ах1ана Калининаулалдаса Батимирза Г1исах1ажиев. Т1оцересел къоясдаго гьев ккана Япониялъулгун г1орхъоде, рик1к1адаб Востокалде. 1941 соналъул 5 марталде щвезег1ан гьенив хут1ана. Хадуб гьев гъорлъ вук1араб кьвагьдохъабазул полк Литваялъул г1орхъоде рехана.
Нилъер ракьцояс хадуб ккунисеб хъулухъ гьабулеб бук1ана гьениб. Фашистал тохлъукье аскарал нилъер ракьалде рехараб 22 июналъул радакье, саг1ат 4 ялда Батимирза вук1ана посида ч1ун. Лъугьунеб бугеб ах1вал-х1алалъе г1емер тохго рук1инч1ониги церехун иналъе нух къот1ана тушманасул самолетаз рехарал рик1ен г1емерал бомбабаз. Нухал къана х1атта нахъ руссинецин.
Батимирза бищунго кьог1ал рагъазулъе г1ахьал лъизе ккана 1942 соналъул октябралда. Байбихьуда тушманасул къуват ц1ик1к1араб бук1ана. Хадуб нилъеразги гьаваялдасан самолетазул, г1одосан абуни танкабазул къадар ц1ик1к1инабуна ва байбихьана гучал т1адецуял ва гьужумал гьаризе. Гьелдаса хадуб дагьабго г1одоре риччай бук1ана. Гьеле гьеб мехалда Б.Г1исах1ажиев гьалмагъзабигун сверун куна ва бащалъи гьеч1еб рагъ гьабизе ккана. Гьенир хут1ана гьев ва командир. Гьесул квег1аб бералда т1аса бет1ер ва кваранаб бохги зах1матго лъукъана, живго лъавуде вач1иналде санчасталда ватана.
Батимирзае зах1матаб операция гьабуна ва гьелдаса хадув цин Рязаналъул ва хадув Казаналъул госпиталалда сах гьавуна. 1943 соналда абуни инвалид х1исабалда рукъове вит1ана. Т1адвуссаралдаса х1алт1ана тукадул ва складалъул заведующийлъун, школалъул завхозлъун. Гьебго заманалда т1убана общественниябгун тарбия кьеялъулаб х1алт1и.
1991 соналда абуни гьес сапар бухьана х1ежалде ва гьеб т1убана. Аллагьас къубул гьабураб батайгийин Батимирза-Х1ажил гьеб.


Г. "Коммунист" №46 от 09.05.92

 

ЦIунана октябралъул бергьенлъаби

КIудияб Октябралъулаб социалистияб революция бергьаралдаса КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьиялде араб заман тарихалда гIемераб заман гуро гьединлъидал дунялалъул кIиабилеб рагъда цого-цо ВатIан тушманасдаса эркен гьаби гуребги, хIакъикъаталда цIунулеб букIана Октябралъ советияб халкъалъе кьураб эркенлъи. Гьедин букIиналъ нижеда тIадаблъун гьабуна гитлерилал хъамалчагIи кIванагIан хех улкаялдаса нахъе гъезе.

Рагъулаб хъулухъалде дун ахIана 1939 соналъул октябралдаго. Дунгун цадахъ рукIана Дилималдаса У. Султанбегов, ГI.-ХI. Байханов, М. Биясланов ва цогидалги. Байбихьуда ниж ккана Дальный Востокалде, хадуб 1941 соналъул марталда нижер кьвагьдохъабазул 904 полк гочана прибалтикаялде, Литвиялде.

Рагъ байбихьана 1941 соналъул 22 июналда дун вукIана Литвиялъул Гаври шагьаралда чIараб полкалъул посталда ва цоязда хадур цогидал гьарун рехарал тушманасул бомбаби нижер щулалъиялда щвана. Гьенив дун цоги нухалда нугIлъун лъугьана советияб солдатасул чармилаб ракI букIиналъе. ГIумруялъухъ, миллаталъухъ балагьичIого нижеца цоцае гьабулеб букIана рухI кьеялде гIунтIараб кумек, кодор рукIарал партронал лъугIулеб заманалда щивас жинди-жиндие толеб букIана ахирисеб патрон.

Нижер полкалъ чанго нухалда гIахьаллъи гьабуна тушманасул горсвериялде карал советиял рагъухъаби эркен гьариялъулъе. Гьеб рахъалъ нижер кумек щвана Псковалда, Староруссиялда ва цогидалги бакIазда рагъулел частазе. Амма бищунго ракIалдаса унареблъун букIана Калининалъул сверухълъиялдаса Ленинградалдехунунев тушманасе нух къазелъун гьарурал рагъал. Гьеб хасел цIакъго квачараб букIаниги къуркьулел, нахъе къалел рукIинчIо нилъер рагъухъаби.

1942 соналъул ахиралда дун тIоцебесеб нухалда лъукъана, гьоркьоб дагьабго заман инелдего кIиабизеги ругънал щвана бетIералда ва гьел цIакъго захIматал рукIана. Щуго моцIалъ сах гьавуна госпиталазда ва ахирги 1943 соналъул ахиралда комиссоват гьавун, кIиабилеб группаялъул инвалид хIисабалда рукъове витIана.

Гьелдаса хадув, хIухьбахъиялде инегIан дун хIалтIана колхозалда, школалда ва цогидал бакIазда. Гьанжеги ватIа тIун чIоларо общественнияб хIалтIудаса, росдал гIумруялдаса. Ризго дандчIвала росдал гIолилалгун, школалъул цIалдохъабигун, гьезие бицуна рагъул кьогIлъиялъул, гьелъ кьолбе заралалъул. ГIолилазе интернационалиябгун ВатIан бокьиялъул рухIалда тарбия кьей-гьеб буго нижер, рагъул в ахIалтIул ветераназул аслияб масъала. Гьеб тIубалеб букIиналдаса чIухIарав вуго дун.

Батимирза Г1исах1ажиев, К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи, Калининаул. г.Коммунист





Календарь исламский


Мусульманские праздники