forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
24
Май

Омарасхаб Газиев

Добавил(а) Administrator on 24 Май 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Омарасхаб Газиев


БЕР КЪАНЩИЧ1ОГО ГЬУЖУМАЛЪ АНА.


К1удияб Ват1аналъулаб рагъ байбихьилелде Алмахъалдаса Гъазиев Г1умарасх1аб вук1ана 26 сонил г1умруялде вахарав, г1езиг1анго квешабги лъик1абги бихьарав, ц1убараб пикруялъул лебалав г1адамазул цевехъан. Гьев ккола росулъ т1оцересел комсомольцазулги коммунистазулги цояв, колхоз г1уц1иялъе жигарав къеркьохъан, г1адамазул лъаялъул даража ва культура борхизабиялда жиндирго г1умру бухьинабурав, коммунистазул партиялъ ва Советияб пачалихъалъ кинаб суал цебе лъуниги гьеб т1убазабизе рух1 кьезе х1адурав, нек1сияб заманалъул кьог1лъиги гьанжесеб заманалъул г1ат1илъиги жиндаго бихьарав х1инкъи лъаларев маг1арулав.
«Сталин» колхозалъул парторглъун х1алт1ула вук1арав Гъазиевас районалъул активалъул данделъиялда к1алъалаго цо нухалда абуна: «Ват1аналъул рак1 Москва немцазул фашистаз бахъизехъин бугеб заманалда жиндир намусалъ къабул гьабуларо росулъ хьвадизе» - ян ва президиумалъул столалда т1ад лъуна фронталде вит1еян хъвараб жиндирго арза. Г1умарасх1абил мурад т1убана 1942 сонил январь моц1алъул 20 абилеб къоялъ. К1иго моц1 гьоркьоб инелдего рагъул дагьа – макъаб куци щвараб Гъазиевас хъулухъ гьабулеб часть рехана Керчалъулаб рахъалде.
Хадусан г1умарасх1абица г1ахьаллъи гьабуна Буртунаялдаса Г1исаев Идирисгун, Дациев Насрулагун, Алмахъалдаса Ибрагьимов Закариявгун, Муртазг1алиев Къадигун, вацал Къурбанг1алиевал Х1амзат ва рашитхангун цадахъ Брянск, Смоленск, Москва ц1униялъе г1оло Баг1араб Армиялъ гьарурал г1асиял рагъазулъ. Гьесул рек1елъ бищунго асар хут1араблъун ккана Курская дугаялда бук1араб к1иябго рахъалдасан миллионал солдатал, аза – азар танк ва цогидаб техника г1ахьаллъараб бищунго х1алуцараблъун бук1араб рагъ. Цо г1ужумалда цониги командир ч1аго гьеч1олъи бихьарав, Г1умарасх1аб «Сталиние» Ват1аналъе г1оло, дида хадур, Ура! – абун гьаракьги гьабун цеве к1анц1ула. Гьеб гьунар к1одо гьабун Гъазиевасул каранда бана «Багьадурлъиялъе г1оло» медаль.
1943 сонил 10 августалда автоматчик Гъазиев зах1матго лъукъана ва гьев сах гьавизе тылалде вит1ана.
Гьелделъун къокъ – лъана коммунистасул рагъулаб нух, т1убана рек1ел анищ, щвана тушманасдаса къисас босизе рес, даимго хут1ана Ват1аналъе рит1ухъав васлъун, ц1адулав патриотлъун.


Расул Идрисов.

 

Жакъаги нилъгун

РакIалдаса унарел лъугьа-бахъиназдалъун бечедаб буго Ленинаул росулъа партиялъул, рагъул ва захIматалъул ветеран ГI. Гъазиевасул гIумруялъул нух. 13 сон тIубарав чиясде тIаде ккана бесдаллъуда хутIараб хъизаналъул тIалаб. 14 сон байдал вищана Алмахъалда тIоцебе гIуцIараб комсомолалъул ячейкаялъул секретарьлъун. 15 сон букIана 1930 соналъ 25 октябралъул цIаралда бугеб колхозалъул хIисабчиясул иш тIад базабураб заманалда. 1932 соналъ восана КПССалъул членлъиялде кандидатлъун. Гьебго соналъ тIуразаруна колхозалъул председателасул, бухгалтерасул ва кассирасул хъулухъал.

1934 соналъул ихдал колхозал гIуцIиялде дандечIараз ГIумарасхIабида нахъасан туманкI речIчIана. Бохалда лъураб ругъун сахлъун хадув хIалтIана учительлъун. Амма 1936 соналъ хIинкъи ккана колхоз биххиялда ва партиялъул райкомалъул бюроялъул хIукмуялдалъун Гъазиев нахъеги колхозалъул председательлъун тIамуна.

1939 соналъ ГIумарасхIабил гIумруялъулъ ккараб кIудияб лъугьа-бахъинлъун букIана партиялъул членлъун воси ва колхозалъул парторганизациялъул секретарьлъун вищи.

Гьеб хъулухъалда вукIана КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьизегIан. Алмахъалдаса гIолилалго гIадин Гъазиев 1942 соналъул 10 январалда фронталде ана. Жиндирго рагъулаб нух байбихьараб бакIлъун гьес рикIкIуна Москваялъул сверухълъи. Пехотаялъул полкалъул хасаб разведчиказул ротаялъул хIисабалда вагъулаго гIахьаллъана Москва, Смоленск, Брянск областал немцаздаса эркен гьариялъулъ. 1943 соналъул августалда Курскалъул дугаялда тIоритIарал рагъазулъ захIматго лъукъана ва лъабго моцIалъ госпиталалда сахгьавун хадув, гIагараб росулъе тIад вуссана.

1944 соналъ къисматалъ ГIумарасхIаб Ленинаулалде вачана. Байбихьана халкъияб магIишат цебетIезабиялда хIалтIизе. ГIемерал соназ хIалтIана Ленинаулалда, Буртунаялда колхозазул парторганизациязул секретарьлъун, партиялъул райкомалъул пропагандистлъун, рохьил магIишаталда. КIиго нухалда мустахIикълъана ДАССРалъул Министерзабазул Советалъул, РСФСРалъул «Знание» обществоялъул ва ВЛКСМалъул обкомалъул ХIурматалъул грамотабазе.

1974 соналъ, «Гьудуллъи» колхозалда бухгалтерлъун хIалтIулаго Гъазиев мустахIикъаб хIалбихьиялде ана. Жакъаги гьев нилъгун вуго. Росдал гIолилазе, цIалдохъабазе ГIумарасхIаб ккола хIурматияв гьоболлъун.

КIудияб ВатIанияб рагъулъ бергьенлъи босаралдаса 43 сон тIубалеб къо кIодо гьабулаго I даражаялъул ВатIанияб рагъул орденалъ. 11 медалалъ керенги гвангъизабун, ГIумарасхIаб нахъеги дандчIвалев вуго росуцоялгун. Гьезие бицине жо ветеранасул гIемераб буго.

г"Коммунист" 09.05.1988 с


Календарь исламский


Мусульманские праздники