Печать
09
Июнь

Зубайриев Алумирза - рагъул инвалид. Г.Гаджимагомедов, С.Салихов

Добавил(а) Administrator on 09 Июнь 2015.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

     Зубайриев Алумирза -  рагъул  инвалид

             Зубайриев Алумирза  –   1919-1976гг.

      Призван 10.10.1939 года. Отправлен в 50 стр.п. команда №1707. Рядовой, радиотелефонист, гв. красноармеец, артиллерист 88 мм, 122 мм гаубиц, ору-дийный номер 228 арт.п. с 02.39г. по 10.39г.,  14 гв. арт.п. с 10.39г. по 03.44г., участник с 00.07.41г. по 03.44г. обороны г.Ленинграда, в/ч 134 сп 67 сд.

      Из ЦА МО: Зубаиров А.А., 1919 г.р., уроженец с.Алмак, призван  10.10.39г. выбыл в 47 зап. 08.07.43г. до 19.06.42г., в 47 запасном артиллерийском полке 36 зап.сд. (бригады) с 19.06.42г. по 07.07.43г.; в 14 гв. зап. 2 дивизион, выбыл в 47 зап 08.07.43г.   В приказе 14 гв.пап №121 от 19.06.42г.  значится: прибывших из 47 зап. Арт.полка зачислить в 2 дивизион, Зубаиров А.А.

Легко ранен в левую ногу и плечо, тяжело ранен в челюсть в сентябре 1941г., тяжело ранен в спину в марте 1944г.          

   Награды: медали «За отвагу», «За оборону Ленинграда», «За победу над Германией в ВОВ 1941-1945гг.». Уволен по ранению 14.03.1944г. Инвалид ВОВ 2 группы.

      Из книги Г.Гаджимагомедова «Книга  памяти  Алмака»                   

Зубайриев Алумирза армиялде вачун вуго 1939 соналъ. Документазда рекъон 1941 соналъул июнь моц1алда гьесул лъукъун буго бох. Зах1матго гьев лъукъун вуго гьебго соналъул декабрь моц1алда. Хадусанги 1944 соналъул январь моц1алда лъукъун вуго зах1матго. Алумирза хвана 1976 соналъ, гьединлъидал гьесул гьел документазда хъварал жал гурони цогидал рагъулъ ккарал лъугьа-бахъинал нилъеда лъазе к1веларо… Алумирзал рагъулъ ккараб  зах1матаб лъукъиялъул х1акъа-лъулъ бицалъ батана дида цебего. Снарядалъул осколокалъ гьесул чехь бихъизабиялдалъун къват1ире к1анц1арал бакьазул рак1 гъан-ц1изабулеб лъукъиялъул рагъул ветераназги цоцалъ бицуна раг1анилан бицун бук1ана дие рагъул ветеран жив кколев Тапчал яс Гьайбатгъизица. Гьей гьит1инаб мех бук1ун буго гьеб. Гьединго цогидазги бицуна раг1ун бук1ана дида Алумирзае ккараб  жоялъул х1акъалъулъ история… Дирги росдал тарихиял ишазулъ ц1ех-рехалъулъ гъираялда г1ахьаллъи гьабулев Г1абдулвагьабов Мах1мудилги къот1и ккана Алумирзал хъизан-лъималахъе щун гьезулгун гара-ч1вали гьабизе. Ленинаулалда ругел гьезухъе щварал нижеда рокъор ратана Алумирзал ч1ужу, Трудовой фронталъул ветеран Зубайриева (Гъойбасханова) Ули (1928 гь.с.), Алумирзал вас Зубайри ва яс Мухлисат. Гьез бицаралда рекъон, зах1матго лъукъарав Алумирза вук1уна цогидал лъукъаразда гъорлъ. Ч1варал, лъукъун рук1ун хварал гьоркьор риччан, ч1аго ругел лъукъаразул гъуждузда ч1арталги рухьунаго ун вуго санитар. Гьел ч1артал гъежалда рухьарал раччун унел рук1ун руго тохтурзабахъе цогидал санитараз... Зах1матго вугев Алумирзада гьеб ч1орто бухьун гьеч1о дов санитарас, сахлъулев чи гьав гурин рак1алдеги ккун.  Алтумирзаца аск1ов вук1арав лъукъарасда бухьараб ч1ортоялъул бащдабги бихъун жиндиргоги гъежалда бухьун буго гьеб ч1орто. Хадусан лъавудаса арав Алумирзада вигьиндал живго госпиталялда ватун вуго...

Alumirza

Доваса рокъове вач1ун хадуб колхозалда агрономлъун х1алт1ун вуго гьев. Хадусан почтальонлъун х1алт1ун вуго. Ахал г1езарун г1адамазе гъут1би рац1ц1ун вук1унаанила гьев.

К1иц1ол, лъабц1олго Москваялдасан тохтурзабаз ц1ех-рех гьабун соналдаса соналде бач1унеб бук1ун буго гьасде кагъат, гьасул сахлъиялъул х1ал ц1ехон, ч1аго вугищали лъазе, зах1матаб операция гьабурав чилъидалха гьав вук1арав. Алумирзал чехьалда ччобори гъоркь гьеч1еб т1еренаб хъал бук1ун буго хут1ун. Кьвагьараб снарядалъул осколокалъ хвезарурал бакьал  рук1ун руго хисун. Гьединаб зах1малъи х1ехьарав чи вук1ун вуго Алумирза.

Астраханалда вук1ун вуго Алумирзал рагъулъ цадахъ вук1арав цо гьалмагъ. Гьесухъе унев вук1ун вуго гьав гьоркьо-гьоркьов. Лъик1аб дандч1вай досги гьабулеб бук1ун буго. Доваса вач1инаго Астраханалъул толкучкаялдаса турпи ц1ун учузаб рет1ел-т1ех бач1унеб бук1ун буго рокъобе. Цадахъ чангояв нилъерал рачунги унев вук1ун вуго дов гьалмагъасухъе, цадахъ ругезеги бича-хисиялдалъун пайда  бук1ине. Ахиралда араб мехалъ, дов гьалмагъ хун ватун вуго. Алумирзагун т1аде щварал гьалбазе  лъик1аб гьоболлъи гьабун  буго  дов гьалмагъасул васасги.

Алумирза рак1алде щвезавун, гьев вук1анила ц1акъ лъик1ав чийилан бицана Ленинаулалдаса Бекмирзаев Зубайрица. Гьев вук1анила найги жиндирго бугев, хварал хьиталги рукъун бажарулев чи. Жив гьит1инав чи анила Алумирзахъе хварал хьитал рукъизе, колхозалъул х1алт1оде рет1изе хьиталги рук1инч1огун. Ракъараб заман бук1анила. Жинца гьикъанила гъосде киг1анин кколеб хьитал рукъунилан. Гьес абураб анц1го гъурущ кьунила жинца. Цинги гьес жинде кьунила гьоц1о, гьеб гьац1ил багьа бук1ун батилила 100 гъурущг1аги. Гьедин г1ажаибав лъик1ав чи вук1анила Алумирза.