Печать
13
Апр.

Фронтовик Мирзаханов/ М-К.Лахитов

Добавил(а) Administrator on 13 Апрель 2015.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

        Фронтовик    Мирзаханов

КIудияб ВатIанияб рагъда гIахьаллъарал алмахъазул Калининаул росулъ жакъа чIаго вуго ункъо чи. Гьел ккола Чичилбиев ИсхIакъ, Халимбегов Расул, Динаев Мухтар ва Мирзаханов Хайрудин. Лъимерлъудаго къо бихьичIо Хайрудинида. Гъачагъаз эменги чIван бесдаллъараб мехалда лъабго сон бараб лъимер вукIана гьев.

ГьитIинго байбихьана гьесул захIматалъулаб гIумру. Росулъ цIи гIуцIараб колхозалде хIалтIизе лъугьун байбихьана гьес жин-дирго гIумруялъе жиндицаго кьучI лъезе. ХIалтIуе гIедерав ва цIодорав гIолилав хурул брига-дирлъун тIамуна.

1940 соналда Хайрудин БагIараб Армиялде тIадаб рагъулаб хъулухъ гьабизе ахIула. МацI лъангутIиялъги хъвазе-цIализе лъангутIиялъги байбихьуда захIмалъаби дандчIваниги, вакIа-вахариялъ гьесие кумек гьабуна армиялъулаб гIумруялде ругьун-лъизеги, рагъулаб иш лъазабизеги.

 

Hajr

Мирзаханов Хайродин-1913-2003гг. Призван 29.06.1940 года. 71 стр.див., команда №1698. Старший сер-жант, помощник командира стр. взвода с 11.1942 по 13.12.43 годы. Слепое осколочное ранение грудной клетки. Освобождал Молдавию, Румынию, Болгарию. Венгрию - в Будапеште ранен. Всего 6 раз ранен. Награды: орден «ВОВ 1941-1945 годов» 2 степени и  7 медалей: «За отвагу», приказом 1290 сп №031 от 28.10.1943г, вручена в 1955г., «За победу над Германией» в ВОВ 1941-1945гг.» и  другие. Умер 22.11.2003 года.  Похоронен  в селении  Калининаул.

       Из книги Г.Гаджимагомедова «Они  сражались  за  Родину (Книга  памяти  Алмака.)»                           

Хайрудиние рагъ байбихьана Эстониялъул тахшагьар Тал-линналда гIагарлъухъ. Мухъилав рагъухъан Мирзахановас тIубараб роценалда гьекъезе ккана вахIшияб рагъул кьогIаб лълъар.

Дун щвезе араб къоялъ Хайрудин рокъов живго ватана. Гьанже гьесул гIумруялъул 90 сон буго. Рагъда хIехьезе кканщиналъги ракълилаб гIумруялда гьабураб цIакъго гIемераб хIалтIиялъги гьанже гьесул черхалъул цIакъго тату хун буго, дагьлъун буго беразул канлъи, мукъсанлъун буго рекIел цIодорлъи. Хабар-кIалалда рукIаго, цохIо рагъда бихьанщинаб гIеларищан дица абидал, гьелъул бицун лъугIинарила, пайда гьечIилан квер хьвагIана Хайрудиница.

ВуцIцIун чIунги вукIун, Хайрудиница цо рагъулаб лъугьа-бахъин ракIалде щвезабуна. Командованиялъ жидеда цебе масъала лъунила немцазул кIудияб къуваталъ щулаго ккураб цо борхалъиялда кверщел гьабизе. Байбихьула гьужумалъ ине. Гьеб рагъулъ Хайрудиница автоматалъул иргаги биччан, тушманасул офицер ва чанго солдат чIвала. Офицерасул чвантиниса документалги росула. Нилъераз борхалъиялда кверщел гьабула. Гьеб рагъулъ бихьизабураб гьунаралъе гIоло Хайрудин «За отвагу» медалалдалъун кIодо гьавула.

ЦIадулал нухаз гьев вачана жинда бащадаб цойги букIинчIеб Сталинградалъул рагъдеги. Цин рагъазда, цин госпиталазда ана гьесие тIолабго рагъ.

Ахирисеб рагъда захIматго хIетIе лъукъарав Хайрудин нахъеги госпиталалде ккола. ЗахIматабгун бигьаяб 11 ругъун черхалдагун тIадвуссана гьев 1945 соналъул хаслихъе.

Ругънал сахлъаралго, гьес гъуждул гурун гIагараб колхозалда хIалтIизе байбихьана. ХIалтIана маххул къебедлъун, цIулал устарлъун, хурухъанлъун, бакIал ралевлъун. Гьабуна хъаравуллъиги.

Хайрудиница кидаго киридахъ росдал гIадамазе жини-бел, харицел, лъен, кьохорхо, газа, нилъ гьари ва къачIай ругьунаб иш букIана. ЗахIмат буго гьесул меседилал квераз гьабунщинаб хIалтIул хIисаб гьабизе. Хайрудинил кIвахI гьечIеб ва ракIбацIцIадаб захIмат кIодо гьабуна гIемерал баркалабаздалъун, сайгъатаздалъун. Рагъул ва захIматалъул ветеран Хайрудин Мирзаханов ккола микьго орден-медалалъул бетIергьанчи.

Узухъда гIемераб рухIиги бихьана гьесда. Хвана кIиго вац, лъади, нагагьаб балагьалдалъун гIумруялдаса ватIалъана лъади ячун моцI бачIев вас. Гьеб кинабго гьес хIехьана бихьинчиго сабруялда.

Лъималаз лъикIаб тIалаб-агъазги гьабун, моцIие 3400 гъурущ пенсиялъулги босун, Аллагьасе какалги ран, берцинаб херлъиялда вуго Хайрудин. ТIадегIанасе кидаго пикру гьабула гьес.

Чияс киданиги гьересиги бицине бегьуларила, цо бугониги махщелги лъазе кколила, чарагьечIеб жо бугила киназего гIаммаб гIурус мацI лъайгийилан рикIкIуна гьес.

МухIамадкамиль ЛахIитов.

Газета «Чапар» от 13.05.2002г. №19, с.3.