forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
27
Окт.

Участник ВОВ Хасан Нуцалхвнов

Добавил(а) Administrator on 27 Октябрь 2014.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Участник  ВОВ Хасан Нуцалханов

     Призван 15.08.1940 года. Младший сержант. Сталинград с ноября 1941 года, Полтава, Киев, Румыния, Венгрия, Австрия. Снайпер. В 1943 году был ранен в плечо. Награды: Орден Отечественной войны 2 степени, медали: «За взятие Сталинграда», «За мужество», «За взятие Вены» от 13.04.1945 года, «За взятие Будапешта» от 13.02.1945 года, «За оборону Кавказа» от 1.05.1944 года; «За отвагу»  приказом 1 гвардейского мехкорпуса №138 от 10.02.1943 года.

          Умер 1.11.2008 года. Похоронен в селении  Алмак

Из книги Г.Гаджимагомедова «Они  сражались  за  Родину (Книга  памяти  Алмака.)»  

 

              РАГЪУХЪАНАСУЛ

 

             БАХ1АРЧИЯБ  НУХ

 

Нилъер улкаялда рагъулаб х1инкъи т1аде г1агарлъараб 1940 соналъ цоцада хадур кьерал гьарун Баг1араб Армиялде унел рук1ана районалъул г1олохъабазул къукъаби. 13 сентябралда Дилималдаса Халунбеков Сайгидашим, Гъайирбеков Темиргоро, Алмахъалдаса Нуцалханов Х1асан, Ильясов Х1абиб, Атаев Набигун Батайскиялдасан рик1к1адаб бакъбаккуде къокъана рагъухъабазул эшелон. Нуцалханов Х1асанида ва цогидал рагъухъабазда цебе лъураб масъала бук1ана Япониялъул т1аде к1ан-ц1иялдаса Бакъбаккул г1орхъаби ц1уни. Мухъилав кьвагьдохъан гъорлъ вугеб 156 хасаб батальон т1адч1ун х1адурлъулеб бук1ана рагъулаб ишалъе. Гьеб батальон гъорлъе унеб 57 механизмаздалъун хьезабураб бригада бук1ана округалдаго рагъулаб х1адурлъиялъул рахъалъ лъик1азул кьеразулъ.

 

1942 соналъул ахириял моц1аз фашистазул Германиялъул бут1руз масъала лъуна Сталинградалда ва Кавказалда т1ад кверщелги гьабун улкаялъул нарталдаса мах1рум гьабизе. Гьеб мурадалъе г1оло немцаз рагъулъе ц1ана бищунго гучал дивизиял, аза-азар танкаби, самолетал ва цогидабги рагъулаб техника. Совет Союзалъул командование, гьеб х1исабалдеги босун, х1ажатаблъун ккана рик1к1адаб Бакъбаккудаса Сталин-градалде рагъуе х1адурараб кадра-зулаб армия реххизе. Гьелъул кьеразулъ бук1ана Х1асаница хъулухъ гьабулеб, хадусан гвардиялъулаб ц1аралъе мустах1икълъараб 333 кьвагьдохъабазул полкги.

 

1943 соналъул февралалда Х1асан т1оцесеб нухалда лъукъана ва къокъаб заманалда госпиталалде ккана. Сахлъун хадусан 54 хасаб саперазул батальоналъул кьвагьдохъабазул отделениялъул командир Нуцалхановас бах1арчияб рагъулаб нух тана г1емерал шагьаралги росабиги эркен гьарулаго Ста-линградалдасан байбихьун Полтава-Киевалдасан Румыниялде, Венгриялде, Австриялде.

 

1943 соналъул августалда тушманасул гуллица Х1асанил ракьагун к1игъеж борлъана. Ругъун бук1ана зах1матаб. Сахлъун хаду-сан гьес байбихьана тушманасдасан ц1идасан къисас босизе. Х1асанил рек1елъ асар гьарулеллъун хут1ана Венгриялда Балатон х1оралда сверухъ ккарал х1алуцарал рагъал. Гье-нив Х1асан т1адагьго лъукъана, амма заман инелде рагъулъе лъугьана. Гьесул анишлъун бук1ана тушма-насдаса ахиралде щун къисас боси.

 

1945 соналъул апрелалда Ват1анияб рагьул ахирисел къояз Х1.Нуцалхановас хъулухъ гьабулеб дивизиялъ Австриялъул техшагьар Венаялда т1ад кверщел гьабуна.

 

Ахириял рагъазулъе Х1асан г1ахьаллъана снайпер х1исабалда ва гьесул  г1ужде реч1ч1арал гулбуз чанги тушманасул рагъухъан халаса лъуна. Рагъулъ бергьенлъи босун хадуб Х1асаница хъулухъ гьабулеб дивизия рехана Ираналъул Тебриз шагьаралде ва гьениса рукъове т1ад вуссана «Бах1арчилъиялъе г1оло», «Вена босиялъе г1оло», «Будапешт босиялъе г1оло», «Сталининград босиялъе г1оло»  медалалгун.

 

Х1. Нуцалхановас бищунго хирияб хазинаг1адин ц1унун руго И.В. Сталинил Баркалаялъулал кагътал: 1945 соналъул марталъ Балатон х1ор босиялъе г1оло, 1945 соналъул 29 марталъ №346 Австриялъул г1орхъоде щвеялъе г1оло, 1945 соналъул 3 апрелалъ №324 Вена шагьаралде г1агарлъиялъе г1оло, 1945 соналъул 13 апрелалъ №334 Вена шагьар босиялъе г1оло кагътал.

 

    Бах1арчияб, рагъулал гьунараз ц1ураб халатаб нух нахъа тана Сталинградалдаса Венаялде щвезег1ан Алмахъалдаса рагъухъан, ц1адулав патриот  Х1асан   Нуцалхановас.

 

        Рагъдаса хадусел киналго сонал Х1асаница кьуна г1агараб колхозалъул маг1ишат цебе т1езабиялъе. Х1. Нуцалхановас жигараб х1алт1и гьабуна г1ун бач1унеб г1ел Ват1ан бокьулеблъун куциялде.  

 

                                             Расул Идрисов

 

                                               Газета «Чапар»

 


Календарь исламский


Мусульманские праздники