Печать
06
Авг.

Поэт, журналист, лъик1ав г1адан. Д.Динаев

Добавил(а) Administrator on 06 Август 2014.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 

            Поэт,  журналист,    

             лъик1ав  г1адан

        Г1исинал-ч1ах1иял киназдаго лъалаан Калининаул  росолъ  араб  г1асруялъул  60-абилел  соназ  Мух1амадхан  Сосланов.

Sus1Гьесда киназго  г1адин Ханиян  абулаан. Г1емер  заман  гьес балаан школалда,  лъалаан киналго лъимал  ва  школалъул  х1алт1охъаби,  гьезул  бергьенлъабазул  бицун  г1емер  хъвалаан  райгазеталде. Хани рак1алде  щвей  мурадалда  кьолеб  буго  доб заманалъул  «Коммунист» райгазеталда  рахъарал материалал. Райгазеталъул  архивалдаса  материал  босе  кумек  гьабурав  «Чапар»  газеталъул  редактор М.Чупалаевасе  баркала  загьир гьабула.

                                                              Д.Динаев.

    Мух1амадхан   Сосланов

    Хехаб  ва  зах1матаб   унтиялдаса   хадуб,   гьаб (1969)  сонил   23  июналда нилъедаса ват1алъана «Коммунист»   газеталъул   бищунго   жигарал   мухбирзабаздасан цояв  Мух1амадхан  Сосланов.

     Мух1амадхан Сосланов   гьавуна   1935  абилеб   соналъ   Алмахъ  росолъ. Гьит1инаб  къоялдаса   нахъего  гьесул   бижана   зах1маталдехун унго-унгояб   рокьи.  Росолъ   7 классги  лъуг1изабун гьев   х1алт1ана   мухъилав колхозчилъун  ва   ахирал цочанго соназ  х1алт1улев вук1ана росдал   почтальонлъун.

      Цудунгоялдаса   байбихьун   ахиралде   щвезег1ан   жиндирго   г1умру Мух1амадханица   бухьинабун бук1ана «Коммунист»   газеталъул   редакциягун.   Г1емерал рахъана Сослановасул   пасих1ал макъалаби   «Баг1араб   байрахъ» газеталъул   гьормаздаги.

         Гьесие  хасиятаб   жолъун   бук1ана   рит1ухълъи,   чанги  чи  кант1изавуна   газеталда   рахъарал   гьесул  камилал   макъалабаз.   Гьесда   лъик1го   лъалаан   г1агараб   росдал   г1умру,   росоцоязул ишал,   гьелъул   х1акъалъулъ   гьес   нижехъе   хъвалаан щибаб  къойилин   абухъего.

        Бищунго   махщел   т1ок1ав   ва   жигарав   мухбир   х1исабалда,   редакциялъ   гьесда  цо   чанго  нухалда   баркалаби   лъазаруна  ва  к1одо гьавуна   сайгъатаздалъун.

         Гьединав   вук1ана   Мух1амадхан  Сосланов.   Гьев   нилъедаса   ват1алъана,   жеги   г1олохъанго.   Гьесда   цадахъ    ракьулъе   ана  г1емерал   анищал   ва   гьелегьарал   пикраби.

         Къо-мех   лъик1,   хирияв   гьалмагъ,   къо-мех   лъик1,   нижергун   къалам   цадахъав.   Мун   нижер   рек1елъ    кидагоялъе   хут1изе   вуго.

         «Коммунист»   газеталъул   редакциялъулгун   типографиялъул   х1алт1ухъаби.

  

                     Учителасул къадруялъул

                                х1акъалъулъ

        Учителасул ц1ар ц1акъ  х1урматияб  буго.  Гьеб   ц1аралъул къадру  ц1уни гьев  учителасда  жиндаго  бараб  буго. Гьединлъидал учителас киназдаго мисал  бихьизабизе   ккола.  Гьединазул г1адамазги  к1удияб   адаб-хатир   гьабула. Г1ун  бач1унеб  г1елалъе   школалда гъваридаб лъай  ва   коммунистияб   рух1алда   тарбия   кьеялда   г1ей   гьабун  ч1оларел,   росдал   зах1матчаг1азда   гьоркьобги   жидеца  к1вах1  тун   халкъияб   х1алт1и   гьабулел учителзаби    нилъер районалдаги   г1емер  руго.   Гьел   коммунизмалъул   ц1ияв   инсан куцазе чучи  гьеч1еб   к1вар   кьолезул   ц1арал   г1адамазги   гъираялда   рехсола. 

      Дие   бокьун   буго   нижерго Калининаул росдал  микьго   сонилаб  школалъул  учитель гьал.   Идрисов Закарясул  х1акъалъулъ   бицен   гьабизе. 

Sus2  

Гьев г1адатияв   учитель жиндирго  аслияб  ва   общественнияб х1алт1уде  рак1-рак1алъго  ба-лагьула. Гьелъул х1асилалда   гьесул   дар сазе   ц1алдохъабазул хадургъунгут1и бук1унаро ва  ц1алдохъабазго   г1адин,   росдал  г1адамазги гьесул   х1урмат  гьабула.  Г1емер  вихьула   гьал.   Идрисов   росдал   г1адамазда гьоркьов,  гьес  гьезие ц1алула лекцияби, гьарула   гара-ч1вариял. Г1исиназеги ч1ах1иязеги   гьесда   батула   гьезда рекъараб х1еренаб  раг1и.   Кумек   гьарун,   г1акълу   данд  базе  рач1аразул   мурад   т1убазабич1ого гьес кидаго толаро.   Гьесул   хьвада-ч1вади, г1амал-хасият коммунизм  г1уц1улезул  моралияб   кодексалда   рекъараб   буго.

        Гьединав  вук1иналъ  гьал.  Идрисов вищун  вуго   школалъул   парторганизациялъул   секретарлъун.   Гьеб   к1удияб   божилъиялъеги  гьал.  Идрисовас   рит1ухълъи  бихьизабулеб   буго.   Гьес   жигар   бахъулеб   буго    КПССалъул   ЦКялъул   июналъулаб   Пленумалъул   х1укму   ва   материал   росдал   г1адамазда гъваридго  бич1ч1изабизе.  Нилъерги   мурад   буго   ц1ияв инсан   куцаялъул   ишалъул гьесие бергьенлъаби щвей   ва   гьес   29  соналъ   ц1унараб   г1адин, учителасул   х1урматияб   ц1ар гьанжеялдаса  хадуб   ц1униги.

                                             М. Сусланов

 

   Баркала нужее,

      учительзаби

 

Нижей  канлъи   кьолел

Ц1акъал   г1адамал,

Ц1ияб   г1ел   куцалел

Командирзаби.

 

Квенги,  лъимги   г1анги

Х1ажатаб   буго,

Нужер   х1еренаб   мац1

Ц1алдохъабазе.

 

Нужеца   малъула

Кире   кканиги,

Киналго   х1алт1абалъ

Бергьенлъи  босе.

Utsh

 

Г1умруялъул   нухда

Гьеб   лъик1   батула,

Баркала  нужее

Учительзаби.

                         М. Сусланов