forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
27
Фев.

Сборник юмористических рассказов

Добавил(а) Administrator on 27 Февраль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Салих1 Салих1ов

(На аварском языке)

Доктор Ватсонил инсуца ражи ч1араб куц

«Бахьикъосалде» г1емер хъвадарулев вихьула гьав «Доктор Ватсон» цогидазул жал рицун. Жиндирго мунагьал чураяв инсул ккараб жо щай гьес бицунареб?
«Доктор Ватсонил» эмен Г1умарасх1абил хур бук1ана г1адамал г1емер хьвадулеб нухлул раг1алда. Щивав нухмалъулесул салам буссинабизеги гьезул суалазе жавабал кьезеги колел рук1ун, Гумарасх1абил х1алт1и цебехун турк1улеб бук1ун гьеч1о. Ахирги цин бахъарав гьес ч1ужу йит1ун йиго рокъоса хъорщол кесекги лах1ул кесекги босизе. Хъорщол к1иябго рахъалда Г1умарасх1абица хъван буго «Ваг1алайкумсалам, дунги квеш гьеч1о, гьале ражи ч1олев вугоха», - ян ва гьеб щула гьабун буго нухлул бакьулъ.
Гьедин нухлулазул к1алалги ч1езарун, хуриб ражи бекьиялъул х1алт1и ахирги раг1алде бахъинабун буго гьес.
17 март2001 с


Партиялъул цо-цо пайдаги камулароан

Калининаулалдаса Мах1ач жиндирго цо хъулухъалъ райцентралде Дилималде уна. Гьенив цоязулгун къец ккун, хабар кьог1лъун кьабг1езе кола. Жив бергьунареблъи бич1ч1арав Мах1ач цо лъик1аб х1алалъ гьезул цоясда зарги щвезабун гьениса лъутун унев вук1ана. «Гьев хъах1аб горде рет1арав ккве»янги ах1долаго г1олохъаби гьесда хадур лъугьуна. Мах1ач вихич1огон жиндаго цере ругел г1адамазде ах1дола, цебехун килищги бит1ун, « доле доб хъач1аб горде рет1арав ккве»-ян, живгоги гъол хадур лъугьунел г1олохъабигун цадахъ вугин ккезе. Гьедин, щив кквезе кколевали лъач1огон рихха-хочарал г1адамал рек1еда ратилелде, Мах1ач цебе батараб КПССалъул райкомалъул минаялде жаниве к1анц1ула. Щиб ккарабан гьениб ц1ех-рех гьабулаго, «Валлагь кканаха цо к1алъай г1олохъабазулгун, гьез бицараб квешабщинаб жоги х1ехьана, хадуб эбелалде абурабги хьехьана, амма партиялде чорокаб раг1и абидал гьеб х1ехьезе к1веч1о ва гьел г1олохъабигун кьабезе ккана г1агараб партиялъе г1оло»,-ян жаваб кьола Мах1ачица.
Гьес бицаралда божун, партиялъул х1алт1ухъабаз Мах1ач хадур рач1унезул ццидадаса ц1унула.
Гьедин цо-цо пайдаги камулароан партиялъул.
28 апрель 2001 с


Дун гъоркье решт1инег1ан машина лъалхъизабе

Цо нухалъ машинаги бачун райцентралде унев колхозалъул шофёр Ах1мадпашагун кабинаялъув вук1ана Гьарун абурав чи. Хехго нахъа толеб бугеб нухда бералги лъун г1одобиччараб харбида рук1ана гьал. Киг1анго махщел ц1ик1к1араб бук1аниги т1ад вугес хъвараб жоялдаса ворч1изеги к1веч1ого, нухлул цо квег1аб бак1алдаса гьазул машина бегизе лъугьана. Цоц1ул хьибил хисун, к1иабизеги хьибилалдехун ч1валеб мехалъ виххарав Гьаруница ах1мадпашаде ах1ун буго: «Ле, цо дун гъоркье лъуг1инег1ан лъалхъизабе гьаб машина»,- ян.
Х1асил, гьев к1иявго больницаялде ккана. Шофёр Ах1мадпаша лъик1го тунка-х1усун вук1ана, лугбазул бека-тараб бак1цин бук1ана. Амма зама-заманаялде унтиги к1очон гьев чехьги ккун велъулаан машина бегулеб мехалъ Гьаруница абурал раг1абиги рак1алде щун.

17 ноябрь2001 с

Г1исалги Мусалги как бай

Армиялдаса т1адруссун рач1индал кутакалда как-к1алалда т1ад ч1ун рук1ана вацг1алзаби Г1исаги Мусаги. Цо къоялъ какал ралел рук1аго, Мусал бер реч1ч1ула Г1исал х1ат1азда. Сундул пикрабазда вук1аравали лъаларо, Г1исаца как балеб батула т1ад хьиталги рет1ун. Гьелда тамашалъи гьабурав Мусада релъи кквезе к1оларо ва, какги биххун, Г1исада гьесул гъалат1 бихьизабизе лъугьуна. Мусае къвариг1араб жо кинго бич1ч1ич1еб мехалда как биххула Г1исацаги ва хадуб гурони баянлъуларо живго т1ад хьиталгун как балев вук1араблъи.


Рух1изе ккола

Алмахъалдаса Салал Г1исаца квешал г1адамазул бицунеб мехалъ абула гьел рух1изе кколилан, амма гьеб «рух1и» абураб раг1улъ «у» х1арпги хисизабун.

Р Х1амзатовасул ирсилал

Москваялда гъалмагъир гьабулаго милициялде ккун руго Г1абдуразакъги гьесул гьалмагъги. Гьел Дагъистаналдаса рук1ин лъайдал милициялъул капитанас гьезда ц1ехон буго нужеда Расул Х1амзатов лъалищилан. Щайин лъаларев дир инсул вацг1ал кколинха гьевилан жаваб кьун буго Г1абдуразакъицаги. К1удияв шаг1ирасул поклонник вук1арав куцха капитан, гьес паспортазухъги балагьун, нахъеги нилъеразда ц1ехон буго гьев Хунзахъа, нуж бат1ияб районалдаса щайинха кколелилан. Гьанже гьесул г1агарлъи т1олабго Дагъистаналдаго т1ибит1ун бугилан жаваб кьун буго Г1абдуразакъицаги. Къокъго абуни капитанас Расулие г1оло гьел къват1ире риччан руго ва гьарун буго Х1амзатовасда жиндир салам бицейиланги.
19.1.2002 с

Щивго к1очон гьеч1о…

Вперёд за Родину товарищ Магомедов

К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи Мух1амадовасе г1емер бокьула рагъда бихьа-таралъул бицине. Г1езег1ан г1акъуба-г1азаб х1ехьезе ккарав гьев ах1ула бат1и-бат1иял данделъабаздеги ва т1амула доб г1ассияб рагъул х1акъикъат рак1алде щвезабизе. Гьедин хабар бицунаго, ахиралде щолебг1адаб мехалъ гьес кидаго т1аде журала гьадинал раг1аби: «Бит1ун цо гьужумалъ ине х1адурлъулаго цояс нахъасан гъажалда кверги лъун абунила «Вперёд за Родину товарищ Магомедов» абун. Нахъехун вуссун балагьидал, нуж божиларила, нахъа ч1ун ватанила живго Сталин». Чанго рагъул зах1малъаби рихьарав гьесул, гьал ахиралда т1аде журарал раг1абаз кинабго хвезабулаан.
2 февраль 2002 с

Унтун школалде инч1ей ясалъухъ бахъараб г1ак1а

Хъаранай росулъ г1урав Пайзудиница бицараб лъугьа бахъин (ц1арал хисизарун руго)

Г1умарил яс унтун школалде инч1огн рокъой хут1ула. К1иабилеб къоялъ эбел-эмен хуриреги ун, рокъой жийго егун йигей Аминатида раг1ула болъодасан рукъ гьаргьазабулел галабиги т1амулаго вач1унев чиясул гьаракь. Гьелъ х1инкъиялъ нахъасахун нуц1а рахала. Къват1исан нуц1а бухула. Рагьич1еб мехалъ малги бан гьебги бекун, жаниве вач1уна сельсоветалъул цо залимав х1алт1ухъан. Сог1го унтаралдеги к1алъан, рокъов хъирщадула ва щибниги батич1ого, цох1о къеда бараб, анкьумумухъа щвараб басриябго халича бахъун, гурун, гъежде гьебги рехун Г1умарил рокъоса къват1иве унев вук1ана гьев.
Болъодаса гъоркье решт1унев Хъабуян т1ок1ц1ар бугев гьев сельсоветалъуласда гьанжего гьанже шагьаралдаса ц1алунги лъугьун, школалда учительлъун х1алт1улев вугев Г1умарил к1удияв вас, Пайзудин данд ч1вала. Щиб кинали бич11ч1арав гьав Хъабуде данде ч1ола ва жинда законги лъик1 лъалин, унтарай жиндир яц унгурт1иялъул г1айиб я гьелда, я жидеда гьеч1еблъи бич1ч1изабизе лъугьуна. Амма Хъабуца тункун болъодаса гиризавун вуго г1ит1инав г1олохъанчи Пайзудин ва жиндирго каранда зарги тунк-тункун абун буго, закон дун вугилан. Киг1ан къеркьаниги халича борч1изабизе к1веч1о Пайзудинида, гьеб Аминат школалде инч1ого хут1араб к1иго къоялъухъ т1ад лъураб г1ак1адухъ сельсоветалде босун ана бак1алъулаб законалъул вакил Хъабуца.

9 май 2002 с

Капурчияс гьабураб т1аг1ел х1алт1изабизе бегьуларо

Алмахъалдаса Давудх1ажи вук1ана г1емерал бак1азде щварав, дуниял бихьарав, ц1одорав г1акъилав чи. Г1емер щун вуго гьев доб Ник1алайил заманаялъ Аштарханалде, Хъазаналде ва цогидал шагьаразде. Гьедин араб мехалъ цо сапаралдаса гьес бач1ун бук1ун буго, г1урус ракьалда, заводалда гьабураб харицел.
Къебедас чаран бухун гьарурал бак1ал харицелалги «Ник1алайил» узданаб, т1адагьаб харицелги данде ккун, тамашалъарал г1адамал ун руго цо ц1аларав чиясухъе, гьеб бихьизабизе. Амма гьес абун буго капурчияс гьабураб харицелалъ хер бецизе бегьуларилан. Гьедин жеги г1езег1ан соназ, жидерго черхги ч1ван, къебедас гьарурал харицелаз рецаризе ккун руго г1адамал.
Гьединго Давудх1ажица бач1ун бук1ун буго росулъе т1оцебе оцазда ялъуни чуязда нахъа балеб маххул кутанги. Амма гьебги гьукъун буго довго чияс. Гьединлъидал Г1емераб заманаялъ цебего г1адин ракь бекьулеб бук1ун буго ц1улал пуруцаз. Гьеб пуруцалъул т1огьиб къазабулеб гьит1инаб маххул алат гьабулеб бук1ун буго къебедас.


25 май 2002 с

Салих1 Салих1ов

Сборник юмористических рассказов (на аварском языке)
.


Чу хадуб гъезе теч1о

Мунагьал чураяв Г1абдукъадир вук1ана росдал г1олохъабалъ къец бан векерун бергьунев чи. Цо къоялъ Хасавюрталъул базаралдаса росулъе т1ад вуссун вач1унев вук1уна гьав (машина-жоги бук1инч1елъул, нухда сордо бан гурони росулъе щолароан). Гьеб бук1ана доб рагъул заманаялда рохьазда рахчун талавурчилъи гьабулел хъачагъал ругеб заман. Юрта-г1авухъги тун Алмахъалде унеб к1удияб рохьосан унаго ярагъги барав к1иго чодулал лъугьуна гьасде данде, кодоса жо бахъизеян. Рагъул соналги рук1ун, мукъсанабго бук1аниги, кодоб бугеб жо хъачагъазухъе швезе теларилан, гьелги тох гьарун, векерун вуго Г1абдукъадир.Рохь лълъугьун щобде щвезег1ан хадур лъугьарал чот1ахъабазда гьасда хадур гъезе к1ун гьеч1о.

Нилъер Магьдих1ажи ватич1они…

Давудх1ажил вас Магьдих1ажиги вук1ана кивего щолев, рак1алде ккараб жо гьабич1ого ч1оларев чи.
Алмахъалдаса цо лъабгояв вук1ун вуго революция бахъун , кидаяли нахъа заманалъ осетиязул дора, гьезул г1иги хьихьун. Гьев Магьдих1ажиги гьезул г1агарав чи вук1ун вуго.
Цо къоялъ гьал г1ухьбузда вихьун вуго рик1к1адасанго, мег1ер къот1ун жидеде т1аде вач1унев цояв. Гьаб осетиязул маг1арде жидер чи щивинха вач1иневан рак1алде ккун халгьабун рук1арал гьезул цояс абун буго, иях1ле, гьадав чиясул Магьдих1ажида релъен бихьулищан. Гьанив гьев вук1ине рес гьеч1олъиялда рак1ч1арав гьалмагъас т1аде жубан буго, осетиязул Магьди х1ажи ватилин гьадав чиян. Гьев аск1ове щведал, ц1акъ тамашалъун хут1ун руго гьел, жал ралагьун, чанги мег1ерги гирун, ахиралдаги жидеда т1аде карав Магьдих1ажида
1 июнь 2001с





============================================================================


Султ1ан Шахтаманов рак1алде щвезавун

Редакциялда, мунагьал жиндир чураяв, Султ1анил кабинеталъув г1одов ч1ун вук1ана дун цо нухалъ. Гьевгун гара-ч1валулев вук1аго, нижер тема бахана кополал харбазде, хабар гуребги, рехсолеб раг1игицин кополаб бук1унел цо-цо чаг1азул бицун. Цо гьединав чи мисалалъего г1адин восун, Султ1аница бицараб хабар буго гьаб.

Мух1уе к1одолъараб «дипломат» - пальто

Цо къоялъ, суббота бук1ун, г1агарав чи кумекалъе вач1ун, ниж рокъоб цо х1алт1и гьабун квалквадулел рук1ана. Т1аде щун вач1ана дирго дандияв. Мух1амадги. Гьев ккола борхатаб лагаялъул чи, рет1араб рет1елги гьесул ч1ух1араб, т1ад рекъараб бук1уна. Бицунеб жойин абуни гьесул, живго гьимич1ониги, аск1ор ругезе асар гьабун лъик1 кеп щвезабулеб бук1уна. Гьале гьеб къоялъги Мух1амад вач1ана т1ад рекъараб, ч1ух1араб «дипломат»-пальтоги рет1ун.
Хабар-к1алалде жоран рук1аго, кисаг1аги дуе гьадин ч1ух1араб пальто щварабилан жидеца гьикъидал, Мух1амадица, цо к1вар гьеч1еб жо ялъул бицунеб киниги, жаваб гьабуна, нилъер руководствоялъеян Дагъистаналдего лъабго рач1арал рук1анила гьадинал пальтоял, Мух1уе к1одолъун, гьедин, гьаб цояб жинде щвараб бугилан…

Салих1 Салих1ов


Ханаралда ва Канаразда

Х1алт1и гьеч1ев дун – Ханаралда, х1алт1и бук1инелъун биччараб г1арац буххулев гьав – Канаразда.
Жанив т1амурав чиясег1анцин х1укуматалъ г1арац кьоларев дунги, жанив т1амизе мустах1икълъаниги депутатлъун карав гьавги.
Бак1ал раялъул устарлъун вахъаниги диего рукъалъе кьуч1цин лъезе рес ккеч1ев дунги, щунусго дун г1адазул рес г1олареб хъала эхетулев гьавги.
Бит1араб бицанаг1ан ресукълъулев дунги, гьереси бицанаг1ан бечелъулев гьавги.
Велосипед босизецин г1арац т1ок1лъуларев дунги, хиял лъунщинахъе ц1ия-ц1иял иномаркаби хисулев гьавги.
Гали бахъа-бахъаралъуб милициялъ документал ц1ехолев дунги, милициялъул х1акимзабаз честьги кьун ц1унулев гьавги.
Г1умруялъ ц1алун х1алт1аниги кисиниб гъурущ халалъуларев дунги, ц1алич1ониги диплом бичун босун дипломатал г1арцул ц1урав гьавги.
13 июль 2002 с




Муъминатил къурущ ва г1елмияб сенсация

Муъминатил къурущалъ исана гъоркь лъурал ханаздаса микьгог1анасеб т1инч1 бахъун бук1ана. Муъминатида рак1алде кола инкубаторалъ риччарал бройлер-т1анч1иги росун, гьеб тохлъизеги гьабун къурщиде гъоркье ккезаризе. Къурущалда Муъминатица гьабун тараб х1илла лъач1о ва къук1го къук1илан къолочамалиго г1урал т1анч1и тарбия кьун хьихьулел рук1ана.
Амма кванан г1орц1уларел бройлер-т1анч1азул г1емерлъиялъищ къурщил бет1ер сверизабурабали лъаларо, ялъуни х1ули-милъир къач1ан ч1ух1адго хьвадулел цогидал г1анк1абийищ гьалда берцин рихьаралали, кин батаниги кваркьи хьваг1ун т1анч1иги рехун тун, г1анк1абазде гъорлъеги ун ч1ана къурущ.
Жиндиргох1ила сабаблъун Муъминатица гьел т1анч1и жинцаго хьихьизе ккана.

14 февраль 2003с

Гъигъидулев Ах1мадбег

Цо сордоялъ цоязул бокьовеги лъугьун г1иялъажо бикъулев вук1ана Ах1мадбег…
Бокьосан бахъараб чвархъ-г1анхъиялъухъе туманк1ги босун гьениве ваккизе уна хважаин. Гениб цо жоялда щаклъарав гьес туманк1 т1асиялде бахинабула. Гьабизе жо т1аг1арав Ах1мадбегица, «гъ-гъ-гъ».. –йилан гьаракь гьабула живго хъумурилан ккезе. Амма бац1ил гьаракь гьеб гуреблъи бич1ч1арав хважаинас ц1огьор бокьоса къват1иве вахъинавула… Живго т1атиндал ц1акъ гьардола «хъумур» т1аса лъугьайилан ва гьарула г1арз гьабич1ого, ккараб жо балъго теян. Жиндие зарал ккеч1ев хважаинасги Ах1мадбег т1аса лъугьун виччан тола, амма росулъ гьеб т1ибит1ич1ого хут1уларо. Гьелдаса нахъе «Гъигъидулев Ах1мадбег»-илан т1ок1ц1ар щвана гьесие.
14 март 2003 с








Рашидхан швет1абазул маг1ирокъов

Мунагьал чураяв Рашидхан кколаан К1дияб Ват1анияб Рагъуллъ Г1ахьаллъарав ва гьенир ругънал щун инвалидлъун лъугьарав чи.
Цо къоялъ, колхозалъул г1иял къайи бугеб маг1арде ине чодаги рек1ун сапар бухьуна гьес. Къоялъул нух нахъаги тун къасиялде гьав, к1удияб рохьове щун, гьенисан унев вук1уна. Циндаго, рогьун араб киниги рохьоб бугеб цо гвангъараб г1урдаллъиялде щола. Маг1у т1ун г1одилел чаг1азул цо к1удияб къокъа батула гьениб. Гьезул цо т1ел , т1аде щолев вугев Рашидханиде данде бач1уна ва гьев чодаса гъоркъе решт1инавула. Гьел г1адамал гуреблъи лъан буго Рашидханида ва гьезде щибниги к1алъайги гьабич1огон, маг1у гьабулезул къокъаялде гъорлъе лъугьун г1одов ч1ола, цинги гьал раг1абиги абула: Беццаб чода рек1ун
Чабхъадги вахъун
Чанги г1урусайгун
«Васандарав» дун, - илан ах1унго-ах1ун, унго-унгоги бадисан маг1уги чвахулаго агьиго-агьиян гьезда цадахъ г1одизе жувала. Гьасул къварилъи нилъерго г1адин зах1матаб бихьулиланги абун щайт1абаз живго тун вуго г1одилев вугев Рашидхан. Цо заманаялдасан, гъапуллъунги ккун, нахъа ворч1ун балагьидал, рогьун бакъ баккун дуниялги батун буго, г1урччинаб харида к1усарав живгоги, нахъехун чуги гурого щибниги батун гьеч1о сверухълъиялда.
Х1акъикъат 28 март 2003 с


Эмечил (Агъамирза) харбал

Балугълъуда, г1олохъанаб мехалъ бак1-бак1алде щун, цо бихьун к1иго раг1ун, г1емераб жо лъарав чи вуго Алмахъалдаса мунагьал чураяв Эмеч. Гьал харбалги гьес рицарал ккола.


Гьанже нахъаги Нахъбак1алъул росабалъе, хасго гьарзаго т1ощел бижулеб Алмахъалде, г1емер рач1унаан бича-хиси гьабизе г1адамал. Гьез бач1унаан «ц1уралъухъ - ц1ун» хисизе – бехеса ц1ибил, эхедаса – курак ва цогидабги пихъ. Гьедин щибаб росулъ рук1унаан цоцазухъе хьвадулел гьалбал. Гьезул цо-цо кепал жалги кколаан.

«Ц1уралъухъ – ц1ун»

Гьобол бича-хисизе пихъ босун Алмахъ росулъе щола. Х1амидаса гъоркьеги рахъун гьес бакъвараб куракалъул къандалъаби гьалбал решт1унеб нахъарокъор лъола. Рухьарал к1алал гъоркьеги гьарун гьоболас къандалъаби лъун рихьарав рукъалъул бет1ергьанчиясда, гьеб квеш бук1араб къаг1ида буго, радал гьоболасда бокьоб бухьараб жиндир х1амие хер, гьелда нахъехун бан батун буго.

Росулъе вач1ани, гьобол лъаларев, гьоболлъухъ вач1ани, дурго х1ама лъаларев.

Жиндихъе зама-заманаялъ бича-хиси гьабизе, вач1унев гьоболасул росулъе ккола цо алмахъав. Амма т1аде щварав гьав вихьич1еб, лъач1еб ххвел гьабун буго гьоболас. Гьеб квеш бук1арав алмахъав «Ч1аха мун цо вехехун щведал дица дуда бихьизабила»,-ян рак1алдеги ккун, цогиясухъе гьоболлъухъ уна...
Гьелдаса г1езег1ан заман ун хадув дов гьобол щола Алмахъалде. Щибго ккеч1еб г1адин, гьоболлъухъ, бича-хисизе пихъги босун вач1уна гьев жиндирго гьоболасухъе. Алмахъас гьесие кколеб гьоболлъи гьабула, щибго х1ал лъазе теч1огон. Къаси мех щведал гьас гьоболасда абула жидер гьанир ц1акъ г1емерал хъабнал рук1унин – жив кват1изег1ан гьездаса хур хьихьун ч1езе кколин, мун кьижизе аян. Нагагь сардилъ ворч1ани, мунги вакке гьеб хуриве, гьаниб бугеб туманк1ги босун. Нагагьлъун хъабан бихьани, аск1овег1ан инч1огон кьвагье гьелде, лъукъун хут1ани хъабаналъ мун т1ут1ун валилан.
Гобол кьижизе индал алмахъас гьесул х1ама биччала хурибе ва живгоги кьижизе уна.
Кват1араб сардилъ макьидаса ворч1арав гьобол босу туманк1гун хуриве ваккизе уна ва гьениб бихьараб «хъабанги» ч1ван кьижизе уна. Радал вахъарав гьоболасда жиндирго х1ама батун буго ч1ван. Т1аде щварав ва ккараб жо «бич1ч1арав» алмахъав ц1акъ "г1ажаиблъун" вуго.
- Мунго щив чи, росулъе вач1ани гьобол лъаларев, гьоболлъухъ вач1ани дурго х1ама лъаларев, -илан г1айиб гьабун буго гьес гьоболасде.
9 январь 2004 с

Аваданаб годек1ан=====================================================

Салих1ица жергъен г1адин

Жакъа годек1анив хабарчилъун вуго Гъизилюрталда яшав гьабун вугев Калинин аулалалдаса Салих1 Салих1ов. Халат гьабун щай, Салих1 ккола анкьгьунар. Гьес математмка г1елмуялда т1ад гьарурал х1алт1абазе к1удияб къимат кьуна машгьурав г1алимчи академик Шамил Г1алиевас. Аслияб х1алт1иян абуни гьесул бак1ал рай ккола. Хабар бицине ккараб мехалъ, гьебги Салих1ица рекъезабула Салих1ица жергъен г1адин. Гьеб нужедаги бихьила гьаб гьумер ц1алани.
Султ1ан Шахтаманов


Как бихиялъе г1илла

Пайзудинил вас жаниве лъугьараб мехалда, гьесда эмен как балев ватана. Биччан телевизорги бук1ана. Инсуе какие квалквал бук1унгурт1изелъун, васас телевизоралъул г1аракь дагь гьабуна.
«Заман» программа бук1ана телевизоралдасан унеб.
Мун сабаблъун как биханаха дирилан васасдеги семулаго, телевизоралъул гьаракь ц1ик1к1инабун, ц1идасан как бухьана Пайзудиница.

Ц1иял щватаби

Ц1иял щватабиги рет1ун шагьаралде къват1иве ине лъугьана Камил
Гьев рек1араб машинаялъ Хасавюрталде щолаго авария гьабуна ва гьевги шофёрги лъукъа-къот1ун шагьаралъул больницаялде ккана.
Гьесдаса щватаби рахъулей йик1ана медсестра. Хвезехъин вугев жиндие гьелг1аги щибизейин, къот1ун рахъеян цалхана Камил гьелде. Гьелъги щватаби къварц1-къварц1ан къот1ун нахъе рехана.
Хехго баянлъана, гьаб-доб бак1 хъарсинабун бугониги, Камил сахлъиялъе к1удияб зарал ккеч1огон ворч1ун вук1ин.
Камил вохана. Амма щватаби къот1арай сестраялда гьев т1ок1алъ гьимун к1алъач1о.

«Мун х1инкъуге дада!»

Марку1ач1ул бец1лъуда хуриса вуссунев инсуца гъажибут1руздаги рек1инавун ваччун вач1унев вук1ана гьит1инав Г1умар. Рохь къот1ун унеб мехалда г1инда нахъаг1адин рузил гьаракь бахъиндал, Г1умар турк1ана. Цинги живго х1инкъараблъи инсуда лъазе биччач1ого, гьес абуна:
- Дада, мун х1инкъуге, дуда нахъа дун вугев!

Бит1 ккей

Ц1акъ ц1одорго ц1огьодулев чи вук1анила Ах1мадбег. Саяхъаб, релъеда къват1иб хут1араб боц1и гьесул давлалъун лъугьунаанила. Г1адамазул щаклъи бук1ун гуреб, щибго кквезе жоги щолароанила гьесул.
Цо къоялъ чуязда рек1ун росулъе щола НКВД ялъулал. Росу раг1алда жиндирго рукъалда цевеги ч1ун вук1арав Ах1мадбег вихьун, аск1оре рач1уна гьел. Чиналъ к1удияс Ах1мадбегиде абула нужер гьанив ц1акъ ц1одорав ц1огьор раг1улин, жал ц1ех-рехалъе рач1арал кколин, метерлъизег1ан жидер гьал чуял хьихьейин.
Сардилъ Ах1мадбег чабхъад уна НКВДялъулазул бищунго лъик1аб чодаги рек1ун. Рек1ине къуватаб чу бук1иналъЧачанлъиялъул гох1-щобазде г1унт1ун щвезе рес ккун лъик1аб давлагун т1ад вуссанила Ах1мадбег радалиде рокъове. Жидерго ц1ех-рехалъулгун ва хъвай-хъваг1аялъул ишал лъуг1изарун, нахъ русине НКВДялъулал къват1ире рахъинелде, Ах1мадбегица чуял кват1изарич1огун гьезухъе щвезарула.

Мотор баг1арани…

Тик-тик тракторалдаги рек1ун цо «разборкаялде» унел рук1ана г1олохъаби. Нух квешалъуре ккун трактор бегана ва чангояв лъукъана.
Трактор бачунев вук1арав Мухтарпашаде щвезе вач1ана гьесул гьудул Башир. Х1ажат гьеч1еб ишалъе къват1иве вахъаралъухъ ва трактор бегизабуралъухъ гьудул вагъиялдаса х1инкъарав Мухтарпашаца дов к1алъалелде цебе ккезабун абуна:
- Ле, ва Башир, тамашаяб жо буго дир гьаб трактор, мотор баг1арани тормоз кколареб…

Г1акдал багьаяб «разгон»

Маг1арухъе юк баччулеб машина тункун бече ч1вана. Дуца жиндир бече щай ч1варабан щоферасда цее ч1ун к1ал гьикъизе жуяна бачил бет1ергьанч1ужу. Гьелдасаги х1ал щун гьавги жувала г1айибал гьаризе дур бече сабаблъун жиндир г1акдал багьаяб разгон хванилан.
Гьеб разгон абулеб жоялъул маг1на лъаларей, амма «г1акдал багьаяб» абулел раг1абаз кант1изаюрай пуланалъ щоферасе кант-бакъги гьабун, гьев квал-квал гьеч1ого виччан вуго…

Чу «сабаблъун» щвеч1еб сайгъат

Цо алмахъасухъе щола цогидаб росулъа гьобол. Чодаса гъоркьеги решт1ун, рукъалъул бет1ергьанасе саламги кьун, гьобол, ч1олохъжоги ккун, ц1алаца чу бухизе жувала. Щиб-кинали бич1ч1ич1ев алмахъас, ккараб жоялъул г1илла ц1ехон хадуб, гьоболас абула, чоца баччич1ого жинца гьанибе бач1унеб бук1араб сайгъат босич1ого хут1анилан. Г1емер ургъич1ого алмахъасги абун буго, дуца чу г1адада бухулеб бугин, гьеб г1амал гьелъул батани, нахъе унаго гьанисаги гьелъ дуе сайгъат баччизе гьеч1илан.

Мавлид «ах1улел»

Цебе заманаялъ алмахъазулгун индиразул лъик1аб гьуинлъигун бухьен бук1ун буго. г1олохъаби ихтилат-кеп гьабизе цоцазухъе хьвадулаанилан бицуна ч1ах1иял г1адамаз.
Алмахъалда рук1ана доб заманаялъ бусурман г1елмуялъул лъик1ал г1алимзаби, Индиралдайин абуни гьел рук1ун гьеч1о. Мавлид моц1алъ мавлид ах1изе Алмахъалдаса г1елму лъалел чаг1и рачине рач1унел рук1ун руго индирал.
Гьале цо мавлид моц1алъул къоялъ, гьединаб къвараг1елалъ Алмахъалде рач1арал дандч1вала Мавлидинадаги Исламидаги. Ц1ех-рехалдасан мурад баянлъидал, жал ругин гьеб мавлид ах1улел чаг1и,- Ян абун буго к1иявго гьалмагъас. Ихтилат-кепги чияр т1аг1амаб квенги бокьулел гьав к1иявгоги рачун, рилъун руго индирал рукъоре.
Лъик1аб х1урмат-къадруялда дандч1вай гьабун буго индираз Исламидаги Мавлидинидаги. Т1аса-масаго бук1аниги, мавлид ах1изе бажарич1ого гьалги рук1инищха, амма гьеб ах1улаго Исламие велъизе бач1ун, рах1ат хвеялде иш ккедал, Мавлидиница, гьоркьо-гьоркьоб, мавлидалъул раг1абазда гъорлъ, «велъугехо Ислам», «велъугехо Ислам»,- илан ах1улеб бук1ун буго.
Гьединги индирал щаклъич1огун квешги лъик1ги мавлид ах1ун, гьеб иш гьаз т1обанбуго. Квана-гьекъон , индираз кьурал сайгъаталги росун нахъе рилъун руго Исламги мавлидинги.

Чу щай «халалъараб»

Дагьабго цебег1анаб заманаялъ, х1акимзабазул к1игояв,чуяздаги рек1ун, эхеде рег1ел бугеб нухдасан, мег1ер къот1ун, унел рук1анила.
Гьекъон рук1ун, мехтиялъул кутакалъ, жиндир чу халалъун бугеб куц бихьулищан цояв цогидасде к1алъан вуго, чол рач1ч1алъухъе щун хъушт1ун унеб, жинда гъоркь бугеб кьилиги бихьич1ого.

Мег1ералъ г1уру бухъарав

Нухлул раг1алккун бижараб борхатаб харилъ цинт1аго жваргъи бахъидал, х1инкъараб чу турк1ун Мухтарпаша гьакидаса вортула ва кодоб бук1араб ч1олохъжоялда х1ет1еги бан, гьелъ гьев лъик1аланго бак1лъан вехъерхъула. Данде карав чияс, хехго бекерулеб чу ч1езабун, Мухтарпаша хвасарги гьавун, гьев хехго больницаялде щвезе г1амал гьабула. Сахлъун больницаялдаса рокъове щун вугев гьас, жиндихъе щвезе вач1арав цоясда бицун буго, чоца жив бехъерхъараб бак1алда, жиндир мег1ералъ, кутнаца г1адин рахъ бан бугоанилан.

Къурах1мал г1акъилаб калам

Цо къоялъ росукъот1ун, къват1 халаса гара-ч1валулаго рач1унел рук1ана дунги, цо ч1ужу йиччан, к1иабилейгун вугев, цо чанго лъимадул эмен, Къурах1маги. Бицунеб хабаралъул темаги цинт1аго хисизабун, Къурах1маца абуна:
- Иях1, ле, гъол руччабазул г1ажаиблъи, бусада регаралъуб гурони гьезулгун хабар – иш данде ккезабизе бугеб зах1матаб,- илан.
Гьес гьел раг1аби росдал г1адатияв чияс г1адин гурел, цо г1акъилал пикрабазда вугев философас г1адин абиялъулъ бук1ана г1аламатлъи.

Росасе «хъулухъ» гьабич1ей квартиранка х1ажат гьеч1о!

Шагьаралда г1умру гьабун бугей Разиятица, росасда дандги бан, моц1рое щолеб шагьи-параги г1олараго бук1ун, азбаралда бат1аго бугеб гьит1инабго рокъое квартираялъ йиччала, рос-лъималги гьеч1ей цо чалухай г1адан. Киг1ан бахчизеян лъугьаниги. Бихьинал хирияб, тира-сверизе бокьулеб гьелъул г1амал, рукъалъул бет1ергьабазеги. Мадугьаллъиялъеги балъгояб бук1инч1о. разиятиеги гьелъ щиб гьабуниги ургъел щиб, моц1ие г1арацги жиндир заманаялда кьолеб бугони, рокъоре «гьудулзабиги» рачунел гьеч1они.
Цо пуланаб къоялъ, г1ел лъаларо, хвел лъаларо, гьебги ккун, маг1арухъе ина кола Разият, росасда рукъ-бак1ги т1ад къан… Т1адежоялъе ах1унги бач1ана телалъ, жий цо дагьаб заманаялъ, хур-хер бак1аризе эбелалъе кумекалъе ч1олей йигилан.
Гьел къояз «къороллъуда» хут1арав Разиятил росасул, ях1 гьабизе к1веч1ого, цо сордоялъ чалухай квартиранкаялъухъе инее къасд кола. Нуц1ида к1ут1арав гьесие къвариг1араб жо бич1ч1арай х1урулг1иналъ нуц1а рагьуларо, жакъа жий лъик1 гьеч1ого йигин. Гьебго жо гьабула хадусеб къоялъги.
Гьелда г1ей гьабич1ого, «балъго» мадугьалалда бицун, гьеб хабар, аск1ор сверухъ ругездаги раг1изабула, гьезгиха, маг1арухъа йуссарайго, рукъалъул бет1ергьаналъухъе щвезабула. Хозяйкаялда лъик1 йихьизелъун квартиранткаялъ ургъараб гьеб х1иллаялъул х1асил г1аксалда ккола. Жиндир чу чияр хуриб квананилан жиндие ургъел бук1инч1ила, г1адамалги т1ад релъанхъизарун, жинджир росасул къвариг1ел т1убазе инкар гьабизе кканани, цогидал бихьиназдаса гьесул къураб жо щибила бугебилан ч1ана Разият. Гьеб квеш бук1арай гьелъ, к1алал гьикъун теч1ого,
ахир рокъоса нахъеги къот1ула макруяй квартирантка.

Багьана къвариг1араб мехалъ…

Цебесеб къоялъго, жакъаг1аги цо х1алт1и рокъоб гьабизе ккелин къот1и ккун бук1ана. Радал вахъун ц1оролеб батараб чайникги газалъул почода лъун, гьелде гъоркье спичкадул ц1а рек1араб г1уч1 ккуна
Г1айламанлъаяб г1уч1, спичкаялда хъинт1улаго бихьана ц1акъго т1еренаб бук1ин ва ц1а рек1унеб гьелъул бет1ерги харил муь г1анасеб бук1ин. Ккезе бугеб жо лъарабани хисизег1аги хисилаан гьеб. Газил печалъе рек1еейищ г1еч1ебали гьеб спичкаялъулаб г1адаб заг1ипаб гурони, газалда ц1аги рек1инч1о.
Печалъул рак1 рази гьабизелъун нахъеги спичкаялъул цогидаб г1уч1 комфоркаялде аск1обе ккуна, амма газил печь дидехун бит1ич1о, рек1арабцин ц1а дагьлъун, сунн ана… Щибилая? Кибго газ къот1изабун бугоя? Вах1, дида газ барщун, дун сабаблъун, ккараб жоялъухъ балагьеха цо…
Чайги гьекъеч1ого х1алт1иги кин гьабилеб. Жакъа къо диде данде багъиялъул х1исаб гьабулаго, кинабго жоялъул цоцадехун бугеб гъваридаб бухьеналъул г1ажаиблъиги гьабун, рак1алде ккана, жакъа щибго гьабизе бегьиладаян.
Бай бихьудасаго бит1 ккеч1еб мехалъ, хадубги гьабулеб данде билъунарин, жакъаги щибниги х1алт1и гьабунгут1изе къот1и ккана.

Рахсаца рухьарал ракетаби

Ибрагьим армиялде хъулухъ гьабизе аралъув ккола ПВОялъул ракетазул часталде. Офицерзаби гурони аск1оре риччаларел ракетазе хъулухъ гьабизе, командованиялъул к1удияб божилъиялда вук1иналъ, Ибрагьим тун вук1ун вуго. Тушманасул самолётазде данде риччазе къач1ан ч1езарурал гьел ракетаби, рахсал ран щула гьарун рук1унаанилан бицуна Ибрагьимица. Нилъерго самолётал т1асан роржун унел мехалъгицин, гьезде рортизе ч1оларого ругел кинниги, гьезул терк1еялъул кутакалъ, гьел рахсал жваргъолел рук1унаанила.


Г1адучил х1акъалъулъ харбал

Налог бак1арулел лъутизаруна

Дол г1асиял, ракъарал, г1адамал налогаз гъанкъиялде ккезарулел рук1арал рагъда хадусел соназ, Г1адучил эбел-инсуда ццин бук1ун буго власталъулазул, гьез налогал кьоларогонилан. Г1адучил эбелалъул, мунагьал чураял, Суайбатил вацал рук1ун руго сундасаго нахъе къаларел, бах1арчиял чаг1и. Росдадаса рик1к1адег1ан кколеб Чорто абулеб отаралда бук1ана гьезул ч1ел. Дир инсуца бицанихъе, доб бандазул талавурчилъиялъул заманаялдагицин, хъачагъал, Г1адучил эбел-инсул кули бихьулелъурецин, аск1оре къалел рук1ун гьеч1о.
Гьале цо къоялъ, Г1адучил эбел-инсухъ щибниги налогал рахъизе к1олеб гьеч1илан райцентралде щвараб г1арзаялъ, гьениве вит1ун вач1ун вуго налог бахъулезул бищунго сог1ав, лебалавин абулев чи. Вачун кумекалъе росдал советалдаса цоявгун, Г1адучил эбел-инсул бак1алде рач1ун руго гьел. Рокъов гьеб параялъ бихьинчиги ватич1огон, гьениб азбаралдаго батараб ц1оросаролълъил раччиги гъажиде рехун, нахъе инее лъугьун руго налог бак1арулел. Амма Суайбатица бахъинабураб ах1и-х1уралъ, къват1ире к1анц1ун к1ияйго гьелъул ясалги рач1ун, цоялъ лъен босун, цоялъ г1ер босун. Налог бак1арулел рухизе журан руго. Хехаб галиялдалъун нахъе инел рук1арал налог бак1арулелги, реххун раччиги тун лъутизе ккун руго. Амма гьединаб жо х1ехьолеб властьги доб бук1инч1ебха, къокъ гьабун абуни, Суайбат туснахъ гьаюн жание ккола. Эбел жание йиччаларин, ккара-таралъул г1айиб т1адеги босун, Г1адуч гьелъул бак1алда жаниве уна. Жанир т1амурал ц1унун рук1арал гьелдаса ц1акъ рохула, щайгурелъул Суайбатица ах1донги, хъудунги, нуц1а бекиялде ккезабун бухунги тату хвезабун бук1ун буго гьезул.
Гьедин Сибиралде анкьго сонги кьун вит1ун вук1ана Г1адуч, К1удияб Ват1анияб рагъда хадусел соназ. Нахъе вач1ана, Сталин хун хадуб гьабураб, «Меседил амнистия» щун.


Ятабалда

Ятабалъ рит1ун, цо Сибиралъул лагералде щун вуго Г1адуч цогидалгун цадахъ. Цо-к1иго раг1иялдалъун бицани, гьев вук1ана гьоркьохъеб лагаялдецин ворхалъи бахинч1ев, х1алакъаб къаркъала бук1аниги щок1олав, г1езег1ан къуват бугев чи. Бицуна, г1езег1ан рик1к1ад бугеб отаралдаса росулъе, хъап ц1оросаролълъалъулги ц1езабун, гох1-щобалдасан гьебги баччун вач1унаанин гьев.
Лагералде щун хадур, ракъунги сваканги ругел арестантал столоваялде рачун руго. Жиде-жидее квенги босун, гьел г1одор ч1олел рук1аго, Г1адучидеги ирга щола квен босизе. Базалиял г1урусазда гьоркьов Г1адуч ц1акъго заг1ипгоги вихьун, квен бикьулев цо бугъаг1адинав чияс квенги кьеч1ого, цевехун аян квералъ ишан гьабун буго гьесде. Г1адучицаги , аск1овег1ан ватарав жидерго начальникасде бицун буго х1акъикъат. Начальник «бугъиде» вагъун хадуб, гьесиеги квен щола.
Квананги лъуг1ун къват1иве унев Г1адучида, цо бец1аб коридоралъуве щведал, доб мокърокь гьунарев г1адав «бугъа» ватун вуго, нухккун ч1ун. Сваканги вугев чиясе Г1адучие гьебищха камун бук1араб, гьеч1еб нахъ вусун инеги цоги нух. Кодоб- хъатикь жо гьеч1олъиялда рак1ги бух1ун, ццин гьалаглъарав Г1адуч шварт1ан т1аде к1анц1ун, кетог1адин гьесда хурхун вуго. К1иябго квералъухъе гьесул биццатаб габуралъул шемещ къазе щун буго. Гьанир тункун дора тункун гурони, «бугъида» щибго жо гьабизе к1ун гьеч1о гьесие. Г1адучицаги бугеб къуваталъ габур биччан гьеч1о. Гьедин гьал рук1аго, т1аде ккола цогидал жанир т1амурал ва гьез рат1а гьарула.
К1иабилеб къоялъ, кванил г1ужалде, цоги нухалъ дов «бугъа» данде лъугьаниги бук1инеян, къвалиниб маххул бег1ерлъиги бахчун, вач1арав Г1адуч. Дов квен бикьулес щибниги квал-квал гьеч1ого квен кьун буго гьесие. Щибдай «бугъие» ккараб жоян тамашалъарав, квен босун г1одов ч1езе унев гьесда раг1ун буго, нахъехун кваналел цо-к1игояс: «Нилъер квен бикьулев («бугъа» гьеб лагералда вук1ун вуго к1удияб къиматалда вугев чи) гьадас гъанкъулев гурищ вук1арав»,-илан жиндир бицунеб. Гьедин лагералда т1ибит1ун араб хабаралъ, унго-унгоги жив гъанкъулев вук1анин гьадав «чуркас»илан рак1алде ккараб къаг1идаха, т1ок1аб «бугъица» гьесие щибниги квал-квал гьабун гьеч1о. Г1елдаса нахъе, гьеб лагералда вугебг1ан заманаялъ, жанир т1амуразда гъорлъ Г1адучил лъик1аб къимат бук1ун буго.

Гьабураб лъик1лъи лъалел ц1огьал


Г1адуч жаниве ккараб мехбук1ана кутакалда ракъараб, лагеразда ц1акъ мукъсанаб гурого квенги кьолареб, рух1 бахъун х1алт1изарулеб, ц1акъ сог1аб заман. К1иго килищ г1анасеб ч1ег1ераб, щибниги т1аг1ам гьеч1еб чадил кесек кьолаанила кваназе.
Чанги рорхатал, базалиял г1урусал г1емер хванила гьеб мукъсанаб чадил кесек щибгун квинебали лъаларого, ях1 гьабизе к1веч1ого, щвани вакса, щвани салидолги бахун кванан.
Г1адучги бак1аб х1алт1уцаги, вакъиялъги г1одов ккезавун ахир лазареталде вит1ун вуго. Гьенибги г1емер кванил бат1алъиго бук1ун гьеч1о, г1иц1го х1алт1изе ине ккунгут1и гурони. Лазареталдаги гьав вегизе ккун вуго цоги бат1ияб лагералдаса «къимат» бугев чиясда аск1ове. Г1адучица бицана, ц1акъ бат1и-бат1ияб квен бач1унаанила гьесие къват1исан, гьесул кидаго к1удияб къвач1а бук1унаанила кванил ниг1матазул ц1ун. Вахъине к1оларев жиндие, цо чадил моч1оцин, цо нухалъниги маян абич1ила гьес. Кидаго х1ажаталъ къват1ивехун унаго, жинда т1ад къалаанила гьеб кванил къвач1а ц1унизе. Ц1акъ ццинги бук1анила жиндир гьесда бахъун.
Къо бахъанаг1ан рух1 лъуг1ун, вахъине зах1малъун, вегунго вегун живги вук1унаанила. Цо къоялъ бералги къанщун вегаралъув ургъалида вук1аго, «кьижарав» жив ворч1изавизеги бокьич1ого, дов къвач1ил бет1ергьан къват1ивехун унев раг1анила. Г1емер заман инелде берал рагьарабго, гьесда къвач1ие чан ккун цо-к1игояв вихьн вуго. Гьел щалали бич1ч1арав Г1адучица, гьезда бич1ч1уледухъ ц1идасан бералги къанщун, кьижараб хвел гьабун буго. Буге-гьеч1еб бечелъиялъул ц1ураб къвач1аги босун цереса гьел хьван г1емер заман инелде, щун вуго т1адвуссун къвач1ил бет1ергьанги. Ва ах1данила гьев, ва вагъданила гьев, г1иц1го г1одич1илаха. Живги гьесул хъуялъухъе «ворч1анила» макьидаса, бералги рагьун к1алъанила щиб-кин ккарабилан, жиндаги гьес ц1акъ к1ал гьикъанила, бикъун араб къвач1аялъухъ балагьич1огойилан. Г1адучицаги абун буго, къват1ивехун унаго ворч1изавун г1аги тун вук1араваниян. Гьединги абун, г1емер хабар ккеч1ого г1айибги т1аса кканила, цо-к1иго къойидаса къвач1ил бет1ергьан къват1иве виччанги анила.
Гьев аравго, бугила бач1унеб дов к1иясго, дагьа-макъаб бугониги жиндие квен. Цин цояв вач1ун, цогидаб къоялъ цогияв вач1ун гьез лазареталдаса къват1иве инег1ан квен баччанила жиндие. «Гьабураб лъик1лъи» лъалел гьев к1иявго ц1огьор гуревани, жив ч1аго хут1иялда божилъи бук1инч1илан бицуна Г1адучица.

Ленинил ч1ужу ятаниги

Лъиениги х1елич1ев, рит1ухълъи бокьулев, сог1ав чилъун хут1ана Г1адуч хадувги. Цо нухалъ, кидаяли нахъа заманаялъ, Салаюрт абулеб рит1алида бугеб «Бергьенлъи» колхозалъул ролъ бекьараб хуралъул хъаравуллъун вук1ана гьев. Цо къоялъ, бижун бач1унеб г1урччинаб ролъ пасат гьабулеб г1ака батун, гьес гьеб бет1ергьанчи вач1инег1анилан чолонибе гъола. Бакъанил г1ужалда Г1адучиде т1аде щола цо ч1ух1арай ч1ужуг1адан ва лъазабула, жий райкомалъул секретарасул ч1ужу йигин, гьеб жиндир г1ака къват1ибе биччайилан. Ццин г1едерав Г1адучицаги, мун Ленинил ч1ужу ятаниги бат1алъи гьеч1ин, гьей нахъе къот1ун йиго ва колхозалъул кассаялде г1ак1а бец1ун кьураб квитанция бач1инч1ого, г1ака къват1ибе биччан гьеч1о.



Гьардухъабазул росулъ гьабулеб дуг1а

Гьардухъабазул росдал г1адамазул рук1унел раг1ула щибаб тухум-кьибилалъ жиде-жидеда гьоркьор гьардезе хьвадизе рикьарал бак1ал, росаби. Гьедин, Нахъбак1азул росабалъе хьвадулел гьардухъабазул цо агьлуялъул чиясе вас гьавун, гьезул мавлидалде ккун вук1ун вуго цо къват1иса чи. Гьес бицун буго вас гьавидал гьениб гьабулеб дуг1а: «Инсул х1алккурав ватаги,
Х1амил рач1ч1 ккурав ватаги,
Нахъбак1азул гьабзаз
т1ил ц1ац1арав ватаги! »




Г1орхъиялъул халалъи бугел цепочкаби.

Казбек районалда бугеб цо милициялъул батальонадъул командирлъун вук1ана Аргъваниса Мух1амадилан абурав чи.
Гьесул лебаллъялъулги, бах1арчилъиялъулги дидагоцин раг1унаан алмахъазул милициялъулаз бицун. Махсаро-хоч1 бокьулев чиги вугеб къаг1ида гьев…
Дол чачаналъан рач1арал боевиказулгун рагъ ккун хадуб,милициялъулазе командировкаялъулаб г1арац бук1ана лъик1го эхеде турк1изабун. Гьедин щвараб г1арцухъ г1емераб жо босун батиларищха гьез. Мух1амадица абун буго, гьез лъудбузе росарал меседил цепочкаби цоцазда рухьани, Чачаназулги, Дагъистаналъулги г1орхъи къазе г1елаанилан.

К1иго росасда гьоркьой цо ч1ужу

Цо бергьарай квешай ч1ужу йигев росасда гьесул гьалмагъас, к1иабилей ч1ужу ячине бокьун бук1ин загьир гьабун, абун буго, шарг1алъ ункъо ч1ужу ячине бегьизабун бугилан. Гьев ч1ужу квешас, г1енеккунги вук1ун жаваб гьабун буго, шарг1алъги к1иго росасда гьоркьой цо ч1ужу йик1ине бихьизабурабани рекъараб бук1анилан.


Календарь исламский


Мусульманские праздники