forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
27
Фев.

К1удияб рагъулъ бергьенлъиялъул 65 сон т1убаялде

Добавил(а) Administrator on 27 Февраль 2011.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 

НУГ1МАНИЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ РАК1АЛДЕ ЩВЕЯЛ, ХАРБАЛ.

1943 соналъ рагъде ана Алмахъалдаса Идрисов Нуг1ман. Жеги бит1а-бишун 16 сонцин г1еч1ев гьав росуцоялгун т1аде щведал, военкомас гьав нахъе хъамулев вук1ун вуго, амма рагъде рит1улезул машина багъарулаго, гьелде т1аде вахарав Нуг1ман, кинго гьениса решт1инавизе к1ун гьеч1о военкомасда…Рагъде ине х1укму ккарав Нуг1маница, эбел гуккула жив х1укуматалъул балъгояб ц1алуде вит1ула вугин, фронталдейиланги абун. Жив гьенив хваниланги хабар бач1ине бегьулебин, вереха мун гьелда божугейилан… Г1исинал лъималгун жийго хут1ула йигей эбелалалда рак1 гурх1ун, сордоялъ ургъун вуго Нуг1ман кинда гьелъул рак1 хвезабич1огун гьей божизайизе к1велаян…
Нуг1манил ц1ар жакъа ч1агояда гъорлъ гьеч1о. Сундасаго нахъе къаларев, х1ажалъарасе кумек гьабизе х1адурав бихьинчияб г1амал-хасияталъул унго унгояв маг1арул чи вук1ана Нуг1ман. Г1емерал соназ Ленинаулалдаги Калининаулалдаги участковый милиционерлъун х1алт1ана гьев. Рагъулъ ккарал лъугьа-бахъиназул г1емер ц1ех-рех гьабизе швеч1о Нуг1манилгун, щибха лъалеб бук1араб гьедаг1ан цудунго гьев хвелилан, мунагьал чураги гьесул. Нуг1маница цо нухалъ рицун, к1оченч1огун хут1арал рагъда ккарал лъугьа - бахъинал руго гьал гъоркьехун хъварал раг1аби, амма рак1алде щолел гьеч1о гьенир рехсарал маг1арулазул ц1арал, церего рицарал ккола гьел.


КЪАДАЛ ЦО РАХЪАЛЪ ХУТ1АНА.

Рагъулъ армиялда рук1аго щибниги г1урус мац1 лъангурт1иялъ кутакаб квал-квал бук1унаанила, г1иц1го квераца ишанал гьарун лъалеб бук1ун буго гьабизе кколеб т1обазе кколеб жо…
Цо щулалъуда рук1аралъур лъел ц1езе ине ккун руго Нуг1мангун т1ад лъабго маг1арулав. Киса кирего кьвагьун рач1унел гулбулъан лъин босизе ине бигьаяб амру бук1ун гьеч1о…
Лъинги босун рач1унел гьал нилълъеразул щулалъиялде ккезе ккани цо борхатаб къедалда т1асан рахине кколаанила. Лъингун цояв къадалдасан гъоркье решт1ун, к1иабилев Нуг1ман гъоркье к1анц1улаго кутакаб кьвагьи бахъун, ц1ерг1адин гула т1аде бан бач1анила. Лъабабилев маг1арулав \гьезул ц1арал рак1алда гьеч1о\ гьел гулбукье ккун доб рахъалъехун вортун ана…
Гьев гьалмагъ ч1вайги командирасде квераз ишан гьабун, к1алалъ кьвагьил гьаракь гьабун бич1ч1инабуна. Гьениб щун буго Нуг1манил боххалда т1оцебесеб ругъун…

ГЕРМАНИЯЛДА БЕРГЬАРАБ РАГЪ ЛЪУН ХАДУБ

К1удияб Ват1анияб рагъ лъугьун хадубги чанго чиясул къисмат бат1ийиса ккана… Нуг1маница бицана Хасавюрталдаса цо маг1арулав вук1анила жинда цадахъ, рух1г1ан цоцазе хириял рук1анила жал…
Гьев маг1арулас цо къоялъ абунила жинде, рак1алъ ч1аго вук1унилан бицунеб гьеч1ин жинде, нагагь гьанив хвани, ккараб жо рокъор ругезда бицейилан. Жиндир херай эбел, ч1ужу ва гьит1инав вас вук1инги бицанила гьес. Жиндир рокъоб къадалда лъик1аб хурайсин т1агъурги ханжарги бугебин, гьелги жиндир васасе тейин абейила гьезде. Вереха рагъдаса бач1унеб щибаб поездалде гьел данде рач1ине ругелин, гьезие жиндир ккара-тараб жо бицейин т1ад къаял гьарунила жинде гьалмагъас…
Цо къоялъ к1иго машинаялде рек1инарула рук1анила жал солдатал цо киреяли рачун ине. Жинде гьев гьалмагъас абунила, жидер машинаялде вилъайин цадахъ рук1ине, жинцаги ц1акъ гьаранила гьесда, гурин живгон к1иабилеб машинаялде вахайилан. Кинго гьалмагъ къуркьизавизе к1веч1ила жинда, гьев цебесеб машинаялде ваханила. Цо рахъил раг1алде щолеб бак1алъ, цебесеб машина минаялде т1аде ккун, кутакаб кьвагьи бахъанилан, т1ад рук1арал солдаталгун дов маг1арулав хванила гьенирго…
Хадуб нахъа армиялдаса рокъове виччан, поездалда вач1унев вук1анила жив. Дов ч1варав гьалмагъги досул хъизан чаг1иги кинго рак1алдаса унел рук1инч1ила. Дандег1аги ч1валареланищан гьелилан вук1анила, щибин жинца гьезде абилебилан. Данд ч1вазе ругел гьезул кутакаб ургъел бук1анила жиндир. Хасавюрталдеги щун, гъоркье решт1унел солдатазда дандеч1вай гьабизе рак1арарарал лъик1аланго г1адамалги рук1анила гьенир. Гьедин решт1ун инаго, щияв солдатасде цин цоясде аск1оре рекерун, цин цоясде аск1оре щун рихьанила цо васгун ч1ужу г1аданги херай к1одоги дов жиндир гьалмагъасул ц1арги рехсолаго. Цинги жинде аск1ореги рач1анила гьел. Ях1 гьабизе к1веч1огон г1одун биччанила жинца. Чвахулеб маг1угун бицанила жинца гьалмагъасул ккараб жо…

С.А.Салихов.

Г.Р. Гаджимагомедов.

05.04.05с.
ш.Махачкала.


Календарь исламский


Мусульманские праздники