forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
18
Окт.

Дуе нижер салам, Салатавия

Добавил(а) Administrator on 18 Октябрь 2017.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Дуе нижер салам,

Салатавия

Гlагарал росаби – Салатавия,

Расалъаби, мугlрул – Салатавия.

Суратал рихьизе ран ругин кколеб

Берцинаб тlабигlат – Салатавия.

 

Тlощел-пихъ гьарзаяб Салатавия,

Гьава-бакъ рекъараб Салатавия.

Къо ккедал рагъде ун рухlалги кьурал

Бахlарзал руго дур, Салатавия.

 

Хlанчlазул чlирчlиди – Салтавия,

Ритlуч1азул рохьал – Салатавия.

Рорхалъуда зодир цlумалгlадинал

Лебалал гlадамал – Салатавия.

 

Гlакъилал хараби – Салатавия,

Гlащикъал поэтал – Салатавия.

Гlелмиял тlахьазда гlемер батараб

Бечедаб тарих дур, Салатавия.

 

Ниж угьулеб хlухьел – Салатавия,

Хlасратаб кечl дуе, Салатавия.

Сабру рекlелъ бугел, рекъел бокьулел

Жамагlатазул ракь – Салатавия.

 

Нижер пикрабазулъ – Салатавия,

Каранда кlутlиги – Салатавия.

Сапаралда рук1ун, тlад руссунагун,

Салам тlоцебе дуй, Салатавия.

Ashabov


 

 

 

 

 

 

 

Асхlабов Мухlамад, 
Бавтугъай


Календарь исламский


Мусульманские праздники