forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
13
Авг.

Стихи Ш.Шамирзаева

Добавил(а) Administrator on 13 Август 2017.

Оценка пользователей: / 3
ПлохоОтлично 

                  Шарабодин  Шамирзаев,

шагlир, член  Союза  журналистов  РФ,

журнал  «Салатавия-Алмак»

Shara

 

 

 

Рачlа Алмахъалде

нижехъ гьоболлъухъ.

 

Гlурччинал  мугlрузги, рохьал-щобазги,

Жанибе бачараб расалъиялда,

Беролеб-гьелчолеб Ахчад   рагlалда,

Гlун бачlунеб буго дир Алмахъ росо.

 

Дун гьенисайилан абулев гуро,

Яги росдай цlар-рецц ахlулев гуро,

Гьедунги абила гьечlин ракьалда

Гьалдаса берцинаб цониги тlалъи.

 

Гьалъул хlикмалъиялъ хlайран  гьавичlев,

Вачlинчlо цониги гьобол росулъе,

Яги чlалгlен бусун нахъе арав чи

Ватилин абизе кlоларо дида.

 

Гьанире щварабго гъоркьеги рештlун,

Кирего бералги   речlизе гьарун,

Кьер-кьерал берцинал тlугьдузул  махlалъ,

Керен-ракl рагьизе гьабула щивас.

 

Академиказги, космонавтазги,

Кибго цlар рагlарал гlалимзабазги,

Американазги, англичаназги,

Чан хъай-хъвагlай течlеб гьаниб  тlехьалда.

 

Рии-ихх цlехоге, щва нуж гьанире,

Ракlал аваданал алмахъазухъе,

Унти рикьукълъизе, ургъел чучизе,

Чундузцин нужее кумек гьабила.

 

Даруял лъиналги, лъолел хlарщалги,

Хlалхьезегlан квине тlагlамаб пихъги,

Гьел сверун къан гьечlо, хъаравул   гьечlо,

Чlобого буго гьеб кинабго нужой.

 

Нужеда кlочена гьанире щведал,

Дол цере рихьарал берцинал бакlал,

Тlад руссун инаго ккела ракlалде

Дунялалъул алжан Алмахъ бугилан.

 

Гьаб Дагъистаналъул Швейцария

Салатавиялъул берцинаб букlон,

Бицун божичlесда бихьун букlине

Рачlа Алмахъалде нижехъ гьоболлъухъ

 

 

 

 

 

 

 

 

Нилъер ракьцояв, Олимпиадаялъул

чемпион Мансур  Гlисаевасде.

 

 

Мансур, ракl-ракlалъго баркула дуда

Олимпиадаялда щвараб бергьенлъи.

Биччан те дур керен жеги гlемерал

Меседил медалаз гвангъизабизе.

 

Дунялалда тlадго дзюдоялдалъун

Гъалбацl мунго вукlин лъазеги   гьабун,

Жеги Россиялда лъиего  щвечlеб

Бергьенлъиги босун тlад вуссана  мун.

 

Лондоналда  мунгун данде вахъинчlо

Дуда тlад бергьенлъи босе кlолев чи.

Гьезул киназулго  мугъал рекиялъ

Вахине гьавуна  мун  борхалъуде.

 

Меседил медаль дур габунибги бан,

Гимн бачунеб мехалъ духъги  балагьун,

Дур бажариялда, лебаллъиялда

Хlайранлъун хутlана тlолабго  гlалам.

 

Россия-Дагъистан, Салатавия,

Чlухlизе гьабурав дур цlар кидаго

Дунялалъул щуго чемпионасда

Цадахъго рехсезе буго Казбекалъ.

 


Календарь исламский


Мусульманские праздники