forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
05
Дек.

Дир бах1арчияб халкъ...

Добавил(а) Administrator on 05 Декабрь 2015.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

   Дир бах1арчияб халкъалъул кьог1аб      

       къисматалъул   гьит1инаб бут1а,

   наслабаз т1улареб зулмудал рахас

      Шамиль хун хадуб Салатавиялъул росабазул г1адамалго г1адин пачаясул армиялъул зулмуялда   гъоркье ккола алмахъалги. Гьезул цо-цоял рит1ана Сибиралде, цогидал гьаруна туснахъ. Гьелде т1адеги, старшина Висерханил тухумалъул 12 хъизан хут1изег1ан,   т1алабго Алмахъ росдал г1адамал гочине гьаруна 3 соналъ бищунго квачараб Хубаралде.   Хубараз алмахъал т1аде росана, кьуна гьезие рукъзал, барахщинч1о квен-т1ехалда. Гьедин вацлъияцлъи лъазе гьабиялъ, хадусеб заманаялда алмахъазги хубаразги цуцалъ ригьин гьабулароан.

         Пачалихъалъе   гьабураб   зарал бец1изеянги абун, щибаб   хъизаналда т1ад лъуна 3 гъур (цо куялъул багьа) налогалъул. Вы-силкаялде рит1арал мах1рум гьарула жидерго   ракьаздаса,   гьел ккола восстание   ч1инт1изабизе   кумек гьабуразул   кверщаликье.   Алмахъазул шаг1ир Сагитх1ажияс хъван батизе бегьула   доб   заманаялда   гьаб кеч1ги, жиндир   мунагьал   чураяв дир   к1удияв инсуде   Къудуде:

Чаргъудул къинлъаги Къудул чалабахъ,

Гьанже челкинибе югъурт т1еч1они.

Г1унк1к1ал къинлъареги Каймесеялда,

Т1ок1алъ г1олохъаби   г1одор ч1еч1они.

Боц1и кванадулеб Ц1ант1а маг1арда

Чуял кванадила капурзабазул,

Ясаз г1ерт1ал ц1олел рахъил   бут1рузда

Гъудал рахъалъ   черма т1аде   бахъила…

Каймесей - гьанже Байгерел рукъ бугеб бак1.

Челек - сахаб гъот1ол гьабураб бочка.

Гъудал   рахъ - щиб жояли лъаларо…

Басиров Насирица 2004 соналъ кьураб кеч1.

       Пача т1аса реххун, революцияги бергьун, башлагьана   ц1ияб   пачалихъ   г1уц1изе.   Гьеб заманаялде   алмахъал   высилкаялдаса т1ад руссун, маг1ишат   г1уц1улел   рук1уна. Дир к1одо     Къудулги   чуял (26 хьвани), ганщал, г1ачи, г1и, ц1ани рук1ун руго. Колхозал   г1уц1изе башлагьула росабалъ. Жидер зах1маталдалъун маг1ишат   г1уц1ун дагьалниги ресалда ругел г1адамазе   башлагьула нахъеги добго зулму. Дица   инсуда   гьикъана,   нуж   26 хьваниги,   доб г1и-боц1иги бугел чаг1и выселить гьарич1огон кин хут1аралан? Гьес бицана,   доб заманалда райцентр Гуниялда бук1анилан. Эмен   г1е-мер ах1анила гьениве. Ахирисеб нухалъ инагон, гьес   къо лъик1 гьабун, малъа-хъваял гьарунила,   жив нахъе вач1иналде божи гьеч1илан.   Гьевгун цадахъ Мусал Азиханги йик1анила (Саг1итбегил эбел, дир вакьад), хваразул   мунагьал   чурайги. Т1ад   бет1ергьан-чиги гьеч1ей, 3 бесдалалги хьихьун йигей гьей мац1 гьабун   кулакалъе малъун йигоан. Мах1ачхъалаялдаса   вач1арав   чияс   Къуду жаниве   ах1ун, ц1ех-рех   гьабун,   мун кулак   вугилан   абун  буго. Къудуца   кьват1арал кверал   рихьизарун   руго, кулакасул   гьадин квералищин рук1унелан. Гьеб багьанаде ккун Къуду нахъе  виччан вуго. Гьес Азиханидеги малъун буго кверал   рихьи-зарейила кьват1арал, гьейги йиччан йиго нахъе.

Гьелдаса   хадуб башлагьула   колхозал   г1уц1изе.   Къудуца   колхозалде цо кутан, 2 оц, г1и-боц1и кьун руго. Гьедин   бугониги,   гьесул   гьеб   маг1ишат   сахаб бахъун ун буго   колхозалде. 1966 соналъ   Калининаулалда росолъе ток   бачуна вук1ана   дун.   Цебе гьениб колхозалъул   контора   бук1араб   бак1алда   аск1об   ч1ун   бугоан маг1ардаса   хъутаналде   инеб   колхозалъул   элхъи. Дун   гьезухъ   балагьун пикрабахъ   вук1агон,   т1аде   вач1ана   мунагьал чураяв Гагу. Гьес бихьизабуна   лъабго   берцинаб   г1ала нужер к1удияв инсул рук1арал г1улбузул наслуялъул ругила   гъол,   гьезул   лъвараб гъоб   элхъиги   бугилан.   Инсуца   бицунаан, Къу-дуца рак бахъизе   чицин   кквеч1ила - сахаб   маг1ишат,   3 васги 3 ясги рук1ун,   жидецаго гьабулаанила,   гьелъ   тун ратилила   жал   выселить   гьарич1огон.   Гьединабго   къисмат   ккун   бугоан   Атайил 300 г1иялги.   Кинаб бугониги документ   гьеч1огон   халкъалъул   мал нахъе   бахъулеб   заман   бук1ун буго   гьеб.

         1935 соналъ   районалда   лъвана   х1алуцараб х1ал.   Гьелъие г1иллалъун   ккун батила   Инкъилабалда (Революциялда)   хадуб   х1алалъ   колхозал   г1уц1ун,   халкъ   бет1ергьанаб мал, г1и-боц1и,   ракьал рахъиялъ. Гьеб заманаялда районалде рит1ун рач1унел рук1ун руго хъулухъалде къват1иса чаг1и. Гьезие   ургъел бук1уна-роан, чан чи репрессиялде   кканиги.   Гьел сонабазда   районалдаса  репрессиялде ккана 361 чи. Гьезда гьоркьоса   алмахъазул – 64 чи. Репрессиялде аразда гьоркьов вук1ун вуго 75 ц1аларав чи, дина-лъул церехъаби, будун-дибир, 37 коммунист. Репрессиялде каразул   ч1ван, туснахъалда, лагеразда хун, 245 чи рукъоре   т1ад руссинч1о.

       Гьебго заманаялъ   районалдаго г1адин Алмахъалдаги   баш-лагьанила цо-цо мац1ихъабаз гьеч1ел бугьтанал лъун хасго диниял   чаг1и ккун   туснахъалде рит1изе. Гьединав динияв чи вук1ана Исмаг1илил вас Камалодин (Коло). Бугеб ах1вал-х1ал   бич1ч1унев, гьев   росдал   художественныяб самодеятельносталъул коллективалъул х1аракатчилъун лъугьуна. Эбел гьесде ягъула: мун, Къуръанги   ц1аларав чи, кьурдизе ине бегьилищилан. Заманго инелде цо сор-доялъ гьезул рукъоре 2 милициялъул х1алт1охъан   вач1уна.   Коло киве аравилан ц1ехедал, эбелалъ клубалде   анаян абула. Гьезда гьев   кьурдила   ватула. Гьасул   авара   гьеч1илан, нахъе уна дол.  

             Колхозалде х1алт1изе рахъинарун, норма т1убач1огон   толароанилан бицунаан   эбелалъ. Дир киниги баччун   Мирзахъала-ялъул лабде унаанила. Х1аригабурлъохъе   рахунагон,   бакъ   т1ер-хьунеб   рахъалде   ккола   гьеб бак1. Гьение щведал, хъазихъ ракьулъги ч1ван, гьелда   бухьунаанила   дун лъураб   кини, к1к1алахъе   гебегиларедухъ. Хъах1 нухаса   гьенибе бугеб   манзилалъул   хал гьабун,   кинаб г1акъубаха бихьилареб?

        

           Зияродин Къудуевасул т1ехьалдаса


Календарь исламский


Мусульманские праздники