forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
16
Нояб.

Шиябодин Халидовасул ц1ияб т1ехь. Д.Динаев.

Добавил(а) Administrator on 16 Ноябрь 2014.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

 

Шиябодин  Халидовасул 

         ц1ияб   т1ехь

 

   12 октябралда Калининаул росолъ т1обит1ана  Калининаулалдаса журналист  Шиябодин  Халидовасул  «Алмахъ -  меседил  санк1у»  абураб  т1ехьалъул  презентация.

Shi1Г1ахьаллъи  гьабуна 40-ялдаса  ц1ик1к1ун  Алмахъалдаса, Мах1ачхъалаялдаса, Хасавюрталдаса,  Ленинаулалдаса  алмахъаз. Кьолеб  буго  къокъ гьабун гьенив  к1алъарав   Дагъистаналъул Прокурорлъун,  т1оцевесев  Конституционный  судалъул  председательлъун  х1алт1ула  вук1арав,  юстициялъул генерал-майор  Салман Гаджимагомедовасул к1алъай:

shi3

 

      «Дир  цо-цо  пикраби  рижана  Халидов  Шиябодиница  хъвараб  «Алмахъ – меседил  санк1у»  абураб   т1ехь   ц1алулаго. Гьас  хъвалеб  жоялъул  дие  бищун  интерес  кьола,  гьас рицунел   щинал  чаг1и  дидаго  лъалелъул, цо  церего  арал  х1ут1изег1ан. Казбекалъул ракьазде  ц1аралги лъала,  лъаразде  ц1аралги лъала,  дунго  гьаниве  щвараб г1адаб,   гьеб  хъварав  чигун  гаргадила  вугеб  г1адаб  х1ал  бук1уна. Гьелъ  дие  гьас  хъвара-хъвараб  бокьула  рек1ехъе  лъазабизег1ангицин.  

shi2

      Мисалалъе  босани,  гьас  вицунев  Г1умарилав  вук1ана  нижер  мадугьал. Каникулазул заманалда  бачал хьихьизе  дун  хьвадулаан  досул  рукъалда  цевесан. «Гьаниве  вач1а! Гьаниве  вач1а!!» - ян  абулаан  гьес,  нахъа  цо  сагулаги   бан к1усаралъусан. Дие  г1емераб  хабарги бицунаан, обязательно  цо  камит я пихъ-мич1ги дие гьесда батулаан.  Гьагъав  дирго  эменг1адин  вокьулаан  дие  гьев. Гьасул  цо раг1абазда ц1акъ тамаша гьабуна  дица, х1инкъич1огон бихьинаб  къаг1ит1аялда  Дилималда   гьабураб  к1алъалъулъ:

 

«Араб  соналъ  нижер  план  т1убана,  амма колхозникал ракъун хут1ана кваназе  квен  гьеч1огон  ва  гьелдалъун  ч1ар-хуралъул  х1алт1и  кколеб  къаг1ит1аялда  т1обач1о.. Колхозниказ  вакил  гьавун,   дица  гьарана  районалъул  организациябазде 2 тонна  т1ощалил  бак1арун  хадуб  нахъ  буссинабизе кьеян,  амма  нижее  кумек  щвеч1о  ва  колхозниказул  х1алт1и  нахъе  ккана. Гьелъул  х1асилалда  хурзал заманалда  ч1арач1ого  хут1ана. Колхозазул  х1алт1и  нахъе  ккеялъул    г1айиб  буго  районалъул  х1акимзабазда».Гьеб  буго  бищун  х1инкъи  бугеб  заман -  1944 сон. Гьединаб хабар  гьабурав чи  вищун  дагьаб  цо  ц1ац1а-хъахъач1огонг1аги  толароан доб  заманалда. Гьединаб  бихьинчилъиялде  т1аде  г1акълоги  бугев  чи вук1ана Г1умарилав. Гьадинав  гьев  вук1ин  т1ехь  хъвазег1ан  дидаги  цогияздаги лъалароан. Гьасул  васазул  хъвалаго,  Шиябодин,  дуда  к1очон  тун  вуго  Г1умариласул  Г1иса.  Дир  одноклассникги  вуго  гьев,  г1езег1ан  гьайбатав, ц1акъ  лъик1ав  бихьинчи  вуго  Г1иса.

 

Г1амирг1али-х1ажилги  Къурманг1алилги  ккаралъулги бицунебги  гьениб  буго.

shi4

Шайидица  абуна,  нилъеца  гьабулеб  х1алт1и ц1акъ  бокьулила  ч1ах1иял  чаг1азе. Дир  пикруялда,  нилъ  ургъизе  ккола  гьеб  г1иси-наздаги  бич1ч1инабиялда  т1ад.  Школазда  дополнительний  заня-тиябаздаг1аги  гьадинаб  хъварабщиналъулгун  лъай-хъвай гьабизе  ккола. Гьелда  т1ад  ургъизе  ккола.

DSC04782

Цоги  дир гьадинаб  пикру  рак1алде  бач1ана. Лъик1  бук1инаан  «Миллат»  газеталъулгун,  М.Бисавг1алиевасулгун    гьудуллъи  кквезе – гьелъул пайда  ккела.

shi6

         Шиябодиние  баркала.  Воххоца  холаго  ц1алана  дица  дуца  хъвараб  гьаб  т1ехь. Доб   цебе  хъварабги  дихъе  щун  бук1ана – гьебги  ц1алана  дица  от  начала  и до  конца.

 

         Гъоб  обещать  гьабураб  черемухаги  к1очонгеха, Шиябодин!».

 

        К1алъаял  гьаруна  гьединго С.Расуловас, У.Г1абдулат1иповас, живго  Шиябодиница  ва  цогидазги. Данделъи  лъуг1ана  рак1алде  щвеялъе   суратал  рахъиялдалъун.

 

                                Д.Динаев

 


Календарь исламский


Мусульманские праздники