forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
02
Апр.

Насир Басиров о Расулове Саиде

Добавил(а) Administrator on 02 Апрель 2013.

Оценка пользователей: / 3
ПлохоОтлично 

Г1олохъанлъи рак1алде щвеялъе Расулов Саг1идие

«Палаткаби» ралеб заманги анин,

Г1олохъанлъиялъул раг1 балев вук1а,

Бит1ун мун «рег1идал» херлъиги щванин

Х1орал анищазул пикрабалъ вук1а.

Бук1араб цо заман «гусарасулги»

К1одол макьуялъе х1алхьей толареб.

Рогьалил хъах1лъигун т1адеги вахъун,

Маякалъул гох1да бакънал рачунеб.

Гьанже херлъиялъул квач1икьеги ккун

Угь-агь гуреб гьаракь раг1унеб гьеч1о.

«Усилителалъул лампа бух1ундай»

Доб цебесеб бакъан бачунеб гьеч1еб?

Жакъа бокьилаан доб г1олохъанлъи,

Гьеб дурр херлъиялъе г1адлу гьабизе.

Бач1унеб анищ доб ихдалил заман

Дур бот1рода лъураб саву биине.

Басиров Насир

30 май 2008 сон рузман къо

Раг1уда хадуб: Кавычкабазде гьоркьоре рачарал раг1абазул маг1на цадахъ Мах1ачзхъалаялда ц1алула рук1арал Насиридаги, Саг1идидаги лъала


Календарь исламский


Мусульманские праздники