forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
23
Апр.

Поэт Сагитхаджи из Алмака

Добавил(а) Administrator on 23 Апрель 2012.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Алмахъалдаса пагьмуяв шаг1ир Сагитх1ажи вук1ана чиясухъ балагьун кеч1 бахъулев чи.Амма гьес гьел хъвалароан. Гьаб заманаялда цо-цо г1адамазухъ ратулел руго к1оченч1огун хъван нахъе тарал гьесул куч1дул...Бицае хут1ана Сагидх1ажи алмахъазе...

Мунагьал жиндир чураяв Эсенаев Г1умарица къадар ккелалде цебе дихъе ккезареян т1адкъан, щварал хъвай-хъваг1иязулъ батараб цо тетрадалдаса босун хъвалеб буго гьаб.

Эсенаев Г1умарил архивалъул тетрадалдаса босараб

Алмахъалдаса поэт Сагитх1ажи.

1916 соналъ хъвараб т1ехьалда хъван рук1арал.

Сагитх1ажица къаси сордоялъ жиндирго лъадиялде абун буго Дун метер радалиса дирго гьобоасухъе щвезе ине вугоян. Лъадиялъ Сагитх1ажиде абун буго, мун херлъун к1одолъарав чиги вуго. Сапаралъ инч1огун кагъат хъван бит1е гьоболасухъе. Сагитх1ажица лъадиялде абун буго:

Алмахъ росолъа хъван бит1араб кагъаталъ х1ежги борхуларо дие.

Дие бокьун буго рак1цояв гьудуласдаги аск1ов г1одов ч1ч1ун хабар бицине.

Сагитх1ажи сапаралъ ун вуго.

Къаси гьоболасулгун хабарги бицун радалиса гьоболлъухъа т1ад вусун вач1инаго цо росдал къулг1адухъе щун вуго. Ихдалил заман бук1ун буго. Къулг1адухъ доб росдал г1емерал руччаби ясал къоролзаби черадила рук1ун руго, рукъалъул къай-ц1а, одеялал, туртал, квас ва гь.ц.

Сагитх1ажи чу гьекъезабизе къулг1адухъе вуссун вуго. Гьев Алмахъ росдал поэт вук1ин лъан буго къулг1адухъ рук1арал руччабазда. Сагитх1ажил г1умроялъул 70 сон бук1ун буго. Цо къоролалъ  абула гьесда нижее кеч1 ах1илариш Алмахъ росдал коч1охъанилан. Цойги къоролалъ яс г1аданалде щурун буго, дуца абе досде дун ячинаришан. Сагитх1ажида раг1ун буго доб шурун абулеб раг1и. Ясг1аданалъ гьесде абун буго, дун ячинариш Алмахъ росдал поэтан.

Сагитх1ажица жавабалъе дозие абурал раг1аби.

Къали к1ут1ич1они гьал дир к1ут1буца

Ихтияр кьоларо кеч1 бакъаналъе.

Хъах1аб гьумералъул гургинал берал,

Сахго г1ат1ал ц1урал т1ех1ай дир гьудул,

Алмахъ рич1ад буго, чу х1алакъ буго

Гьанже мун ячине дир чара гьеч1о

Эбел-инсул адаб г1одобе рехун

Нухда чан гьабулей чалухай гьудул

Сонал данде ккунин ригьин гьабулеб

Лъабкъоялда анц1илъ г1умро барав чи

Дун г1олохъанчи гьанже лъвинарев

Т1олго рас хъах1лъараб гьаб дир магжида

Ч1ег1ераб рас бакки щакабжо буго.

Къулг1адулъ ццулъарал къоролзабаца

Дуе къор гъун толеб хасият буго.

Къулг1адухъ рач1унел г1олилал ясал

Къоролалъул г1акъло г1адахъ босуге.

Рукъалде мугъ рехун къулг1адухъ рахъин

Силъун бихьун бугин къоролзабазда.

Россалгун кьал лъун къот1нов гьудул кквей

Ирслъун бихьун бугин къоролзабазда.

Жидерго курсазда ясал куцизе

Макраби рук1унел къоролзабазухъ

Къулг1адухъ рач1унел г1олил ясазде

Нужерго г1адалъан г1акъло малъуге.

Бук1араб замана Сагитх1ажилги

Мах1о беканиги галадулареб…

Бихьулиш къоролалъ дуда малъулеб

Херав Сагитх1ажи къвалакь кквейилан.

Хъах1аб дир магжида кверал рахъизе

Кин хиял гьабурай гьалагай дуца.

Херав Сагитх1ажихъ г1анса бегьун те

Г1олилав васасул къвалакье лъуг1а.

Рукъой лъади йиго гъалал хъах1лъарай

Гъолда къвалакьго Сагитх1ажи лъик1,

Халат къвалакь ккураб лаченги хисун

Чаргъадил бусада рокъон ккеларо.

Т1инч1ай ясги ячун росолъ вач1ани

Алмахъ росдал хераз г1айиб ч1валарищ,

Къвалакье мунги къан къот1нов вахъани

Гьаглъун вугин дунан махал ран тела.

Гох1да бекьани хур ракъдалаб ккола

Хьонлъода бекьани раччдалаб ккола

Рит1лада бекьани хур лъик1 бач1уна

…………………………………………

Къулг1а хьихьун ругел къоролзабазе

Анишазги бекьун хур бач1инаро

Ганлил шурмазухъе рак1ал щущаял

Щварал россал хьихьун хьвадизе лъач1ел

Щобда бекьаниги хур бач1унел ясал

Хиялазда рухьун намусго гьеч1ел.

Чвахул ганч1азукье гарбал ккаял нуж

Гьаб дир чалмаялъул адаб гьабич1ел.

Рокьул ч1ор реч1ч1арав ч1аго толарин

Ч1аго Сагитх1ажи виччанте нухда

Къулг1адухъ г1одор ч1ч1а дун вач1инег1ан

Сапаралъ кват1ани т1ад вуссинаро.

1916г.

Къулг1адухъ рук1арал къоролзабазда Сагитх1ажица абурал раг1аби квеш бихьун руго. Щуго къоролалъ гьесие гьужум гьабизе журан руго. Алмахъ росдал болъон мунин абун буго. Къоролзаби аск1оре щведал Сагитх1ажил чуялъ пурхун гьаракь гьабун буго. Чу чанго метраялъ цебехун к1анц1ун буго, мал хьваг1ун буго.

Къоролзабазде хадубги жавабалъе абурал раг1аби.

Дир чуялъ нужоде мал хьваг1ун тараб,

Бокьарай яч1аха чухъа бахъизе.

Дунго херлъаниги чу бах1ар буго,

Чухъа къоролзабахъ гъоркьго теларо

Дирго гьунар гьеч1о чол гьунар буго

Чодуца вахъана нужер кверахъа

Къоролзабаз Сагитх1ажида реч1ч1изе ганч1ал кодоре росун руго.Сагитх1ажица чода ц1ал к1ут1ун буго ва къоролзабаде сармил раг1аби абун руго.

Гулихъе щолареб гьаб дир чуялда

Нужеца реч1ч1араб гамач1 щвеларо.

Сагитх1ажица чу бекеризе цебехун биччан буго. Чалма къараб т1агьур борхун ккун буго. Къулг1а т1ерхьаралъуве щведал Сагитх1ажица чол квелъ нахъе къан буго, чу эркенго ч1езе. Нухда бук1араб гамч1ида чол х1ет1е к1ут1ун буго. Хех унеб бук1араб чу г1одоб ккедал гьев чанго метроялъ довег1ан чоца рехун вуго. Сагитх1ажил нодо г1одоб тункун лъукъун буго. Сагитх1ажица ругъун бухьун буго. Рукъове щведал гьасул лъади азбаралде яч1ун йиго. Сагитх1ажиде лъадиялъ гьикъун буго мун лъица лъукъараван.

Лъадиялъе жавабалъе абурал Сагитх1ажил раг1аби.

Мун рази гьеч1ого сапар бухьиндал

Сапар мекъиги ккун вуссана дун т1ад.

Къулг1а хьихьун тарал къоролзабаца

Чухъа бахъун ине дагьалъ хут1ана.

Дунго свакан ккеч1о чу свакан ккана,

Дозул очахъалда одехалъе ч1ч1ей.

Дунго къечон ккеч1о чу къечон ккана,

Дозул къулг1адухъе чое лъим кьезе

Чвердон ватиларин къоролзабаца

Къулг1адухъ х1еккине лъолев вук1ана,

Бац1азул квач1ахъа чахъу киниги

Чодуца вахъарав дозул кверахъа.

Дирго гьунар ккеч1о чол гьунар ккана,

Чухъа къоролзабахъ гъоркьго хут1ич1о.

Гулихъе щолареб гьаб дир чуялда

Доз реч1араб гамач1 цониги щвеч1о.

Гула - херги босун дун рагъде ина

Т1ок1ав къоролайгон къацандизег1ан,

Хвалчен кьабич1огун къоролзабаца

Ругъун лъун вит1арав лъадуде т1аде.

Дирго г1айиб ккана чол г1айиб ккеч1о,

Чодул кьолониса гъоркье дун рехи.

Г1умроялъ борхич1еб чалма борхидал

Чодуца рехана мунагь чуризе.

Щукрудал какал рай кидаго дуца,

Дагьалъин хут1арай мун къороллъизе.

Ругънада квер бахъе хирияй лъади,

Мун еццунин щвараб черхалда ругъун.

Г1олохъанаб мехалъ Сагитх1ажица

Таманал рухьарал росабалъ сапар,

Цониги къвакич1о къулг1духъ ясал,

Берзул ишаналги мунагьлъун хъвалел.

Мунагьалде ккарав чалма т1ад къарав

Чилайдул расазул хъах1ал михъазухъ

Жакъа г1урай ясалъ чанал гьарурал,

Чодул кьолониса рехи гурони

Пайдаги бахинч1о херлъарав дие.

Ккани доб росолъе сапар бухьине

Сибир къот1ун инин г1арза хъван кьела.

Тохтур вачинаро ругъун къач1азе,

Биччанте гьаб ругъун жибго сахлъизе.

Кагътиде хъван тела Алмахъ росдае

Жакъа Сагитх1ажил лъугьараб къисса.

Эсанаев Г1умар. 1984с.

Х1адур гьабуна Х1ажимух1амадов Х1.Р. ва Салих1 Салих1овас

Расул Идрисов «Салатавия – дир ч1ух1и».

Махачкала. ИД «Эпоха». 2005г. стр.128.

Алмахъалдаса Сагитх1ажи.

Алмахъазул цо-цоял унаан чачаналъе хъусаризе, рецаризе, лъилъаризе, вехьлъи гьабизе. Цо-цояз маг1ишат гьабулаан чачаназе хъарши бичун. Гьеб махшел бук1инч1ев Сагитх1ажияс гьабураб сариналда гъорлъ руго гьадинал раг1аби.

Рахъдалъ чал реч1ч1ай1ги чинарабазда,

Чанги бакъараб гарц1 г1орц1изабураб.

Кваназе хинк1 щвеч1еб бакъараб агьлу,

Хъах1аб чедги кванан кепалда буго.

Дирни махщел гьеч1о хъарщи буц1изе,

Хъван батани ина дун Г1авухъалъе,

Г1урдал хъал бахъулеб харицел босун,

Хьваг1ун г1одор лъелел харил рецаби.

----------------------------------------------------------------------------------------------

Г1ажаибаб жо, гьаб коч1ол куплеталъулги г1урусазул поэт Кольцовасул «Косарь» абураб кеч1алъул куплеталъулги маг1наялъул релъен

Салих1 Салих1ов


Календарь исламский


Мусульманские праздники