forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
09
Сент.

Дадаев Наби об Абдулгапурове

Добавил(а) Administrator on 09 Сентябрь 2011.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 
Халкъалъул эркенлъи ц1унулеб
ГЪАЛБАЦ1 

«Рагъул г1ахьалчи, г1емерал соназ Казбек РОВДялъул начальниклъун х1алт1арав росуцояв подполковник Г1аблугъапуров Г1абудлгъапур къадаралде щвараб мехалда гьесулги жиндиргоги гьудул Г1умарасх1аб Гъазиевасухъе хъван гьаб назму бач1ана Къебедил Дадал вас Дадаев Набица» – ян хъван буго Г1.Гъазиевасул «Г1умру, мун макьилъиш дида бихьараб?» \гь.260-262\ -абураб т1ехьалда. 

Нилъер гьудуласул берал къанщана,
Т1ок1алъ нилъ рихьизе рагьиларедухъ,
Нилъер гьалмагъасул к1алъай къот1ана
Т1ок1аб калам хадуб раг1иларедухъ.
Балагьун х1ахьеч1ел ч1ег1ерал берал
Ч1ег1ераб ракьалде жанире ана,
Г1енеккун ч1алг1инч1ел ч1урканал харбал
Т1ок1алъ раг1иларо Г1абдулгъапурил.
Дур эбел г1одаяв, г1амал берцинав,
Г1айибни бук1ана мун хехго хвезе,
Г1адамазул рек1елъ хабар рекъарав,
Заманго щвелелде щайдай мун хвана.
Дур г1анч1аб гаргади, разияб релъи,
Кидал к1очон телеб гьалмагъзабазда,
Дур гьуинаб хабар, кепаб махсара,
Кидаго инаро нижер рек1елъа.
Г1одун ч1ваданиги, кьвагьун хваниги,
Кьерилазда гьанже мун вихьиларо,
Хъах1илаб зодихъе рихъун аниги,
Гьудулзабаз мунгун рак1 чучиларо.
Г1алхул чанилг1адаб чалухаб лага,
Т1ок1алъ чучиларо чодул кьолониб.
Чалухъаб логода рекъараб ярагъ
Т1ок1алъ борчинаро дур рачелалда.
Армия куцалев командир хванин,
Кавалеристазде хъван рит1е кагътал,
Халкъалъул эркенлъи ц1унулеб гъалбац1
Дунял тун араблъи лъазабе кибго,
Телеграмма бит1е министрасде,
Подполковникасе отставка хъваян,
Кагъат хъван лъазабе редакциялда
Начальникасул хвел халкъалда лъазе.
Риччанте рач1ине ч1ух1арал гьалбал
Рак1 чармилаб лочнол хабаде щвезе,
Риччанте г1одизе г1олил руччаби,
Г1амал берциница дуниял тедал.
Ч1ух1арал васаца, цо йигей ясалъ,
Ч1ег1ер баян абе г1умру хвезег1ан.
Г1абдугъапуриде т1аде ракьги хъван,
Рак1 бац1ц1адай гьудул щибундай ч1елей.
Дуца бан ругьунаб чарамул ярагъ
Чияхъе кьеч1ого, ц1унила васаз,
Дур мисалалдасан х1ат1иги гьабун,
Халкъалда жаниб ц1ар ц1унила гьез дур.
Ахираб дур сапар дихъе гьабураб
Ургъунгойиш ккараб, къо-лъик1 гьабизе,
Цадахъ Алмахъалде инеги бицун,
Мах1ачхъалаялде щвезе щай арав?
Хвалие къуркьизе бук1инч1ин бицун,
Ц1акъго х1ал гьабидал, ях1гойиш хвараб?
Унтигон къецалда заман ц1ик1к1индал,
Гьелъул х1илла бергьун, тохлъунищ карав?
Аллагьасул къадар т1аде г1унт1идал,
Г1айиб гьабиларо къуркьананиги,
Къецалда заман ун, ч1аг1ун батила,
Гуребани лачен чучилароан.
Нух бит1аги дуе, хирияв гьудул,
Щваралъуб, бит1ун ккун, кьейги дуй талих1,
Дуе хъулухъалъе х1улург1инзаби
Х1адурлъун ратаги ахираталда.
Мунги данде ч1вазе, хабар ц1ехезе,
Х1адурлъун ратила гьудулзабиги.
Гьезда дуца бице нижерги салам,
Заман щолеб бугин, рач1инин абе.
Дие бокьилаан хвараб мехалда
Хадуб рух1ал лъолеб уяб батизе,
Цереккун хваралги, хадур хваралги
Гъоб ахираталда дандч1ван рихьизе.
Дица гьеб мехалда ралагьилаан
Дирго гьудулзаби бищунго цере,
Гьезулгун данд ч1вараб мех бук1инаан
Бищунго дир рук1ел анищ т1убайлъун. 

Дадаев Наби.
27.07.1978 с.

Подготовили Динаев Д.М. и Гаджимагомедов Г.Р.



Календарь исламский


Мусульманские праздники