forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
01
Авг.

Охотник Назархан

Добавил(а) Administrator on 01 Август 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Салих1 Салих1ов

 

Назарханил х1акъалъулъ харбал

     Алмахъазда гъорлъ ц1ар раг1арав чанахъан вук1ана мунагьал чураяв Назархан. Гьит1инаб мехалъ гьес нусиде бахараб г1иц1го ци-хъомор ч1ван бугилан раг1унаан дидагоги бицунеб. К1удияб г1елалъул г1адамазда рак1алда ватила дов Назархан, хъах1аб мегежалъул к1удияв херав чи.   

           Цо къоялъ нухда цадахъ ккарав Мух1идиница гьесул х1акъалъулъ рицарал харбал руго гьал

Т1оцебесеб ч1вараб чан – ци бук1ана

Назарханил к1удиял вацал рук1ун руго чанахъаби. Гьит1инав, г1ололъе вахунев Назарханица гьел чанаре унебщинахъе гьарулеб бук1ун буго живги чанаве цадахъ вачейилан. Ахиралдаги гьесул гьарде ч1алг1ун вацаз цадахъ вачун вуго Назархан. Т1охда бук1араб х1аринисан хер бан ц1олеб цебесеб заманаялъул мач1у туманк1ги гьесухъе кьун. Гьеб туманк1ги бук1ун буго г1емераб заманаялъ цебего ц1ун тараб. Г1алхуде щведал чанал гечавал ругеб, гъоркьчалие санаг1атаб цо бак1алъ тун вуго вацаз Назархан, малъа-хъваялги гьарун, жалгойин абуни цогиялъуре ун руго. Инаго гьез Назарханиде абун буго, нагагьлъун духъан чан ч1ван бажарич1они, т1ок1ав жидеца мун чанаве вачунаревиланги абун…

Цо заманаялдасан гъоркьчалида вугев Назарханида бихьун буго гьав вугеб мухъалъеххун бач1унеб ци. Тунк1ил кьвагьулеб манзилалада цебесан чвахулеб цо лъималда аск1об лъалхъун буго гьеб,т1асан к1анц1изе, ялъуни канц1ич1огон квач1 базе бак1 балагьулеб киниги. Назарханица ишт1и г1адинаб гьаракь гьабун буго, гьеб ци жиндеххунго бусиндал гьелъул нодоялде кьвагьизе бокьун. Чваххулеб лъеца циялда ишт1и раг1инч1еб мехалъ, гьес х1айваналъул гьаракьалда релъенедухъ ах1ун буго. Гьеб мехалъ Назарханидехун балагьараб гьелде кьвагьун буго гьас туманк1. Надалде ишан босараб туманк1алъул гулла мегьедалда щун, ци чван буго…Гьелдаса нахъе чанаве хьвадун вуго Назархан.

Ци лъукъун хадуб

Цо къоялъ г1алхул дег1ен араб лъак1алде т1аде ккарав Назарханица сверизе ккола к1удияб бак. Гьедин инаго цо нохъо г1адинаб бак1алде ккола гьав. Г1уж-мухъалдасан гьеб цил ч1ч1ел бук1ин лъала гьасда. Даг1нида хадув лъугьарав Назархан цо х1атил килищ базе бак1 гурони гьеч1еб кьурулъан харизе ккола, амма дег1ен лъутун борч1ула…Т1аде вахине к1ваниги гъоркье решт1ине к1олареб кьуруги тун нахъ вуссине свери гьабизе ккола Назарханица. Гьедин инаго данд ч1вала гьесда Нуцалхангун т1ад цоги чанахъаби. Дандч1варал гьалмагъзабазда Назарханица бицуна живго т1аде ккараб доб цил къоралъул. Гьаз къот1и гьабула цадахъ гьеб циялъе чан къазе. Доб цил нохъоялде г1агарлъун, гьалмагъзаби гъоркьчалидаги тун Назархан ци бук1ине рес бугелъувег1ан аск1ове къала. Гьеб нохъоялъул калт1а батула гьесда к1удияб къаркъалаялъул ци. Гьелдеги кьвагьун, лъукъараб циялдаса лъутула гьав рехун г1одобе туманкгун (хъархъалъан векерулаго тункил квал-квал бук1уна) ва цо т1еренаб гъот1оде харула ва гьенисан г1аркьелги бекун гъоркье вортула. Т1аде щвараб ци гьесдеххун бортула, амма цебеххун бук1араб бегараб цо гъвет1алъул квал-квал ккун. Гьасде гьеб г1унт1уларо. Доб гъвет1 сверун бач1ине циялъ эс гьабилелде гъоркьч1алида вук1арав Нуцалханица кьвагьараб тунк1ил гула щун хола лъукъараб ци. Къадаралъул къоял т1аде щвеч1огун гьениса ч1аго ворч1ула Назархан.

Царкьу (куница) ч1вараб къаг1ида

Назарханги, Нуцалханги чанаре рахъараб къо бук1ана. Цо царкьу бихьула гьазда к1удияб гъот1ода бахчун. Туманк1 квагьиялъул щовуда гьеб букинч1огун Назархан вахуна гъот1оде. Гьесдаса лъутун бахчарила бук1араб царкьу ахиралдаги, Назарханиде т1аде к1анцун, гьесул гъажибет1ералда хурхун чола. Гьеб кквезе я ч1вазе гьасие щибго санаг1алъи бук1ун гьеч1о. Гъоркьан Нуцалханица ах1ула, бет1ер цогиялъубехун бегизабейин, жинца царкьуялда туманк1 кьвагьизейилан. Гьедин Назарханица жиндирго бет1ер царкьуялдаса добег1ан бегизабидал, Нуцалханица туманк1 кьвагьун царкьу ч1вала.

Цо-цо багьадурлъиги камулароан чанахъабазул

Назарханил, Нуцалханил чанал гьаби, гьанже г1адинал гурел, къуватал, рокъор гьабзазул ругьун гьарурал рук1ана. К1иго мазалиял гьаби т1аде к1анцун, хъабаналъул г1индул ккун, гьез хъабан шуризе толароан. Гьедин чанго нухалъ чанахъабаз ч1аго хъомор, хъабан рач1унаан гьаби рухьун рачунел рахсаздаги ран росулъе г1адамазда бихьизе. Гьедин цо ч1агояб хъабан гьез щвезабула, щвараб чангун инаго данд ч1варав, Зандакъив вук1арав цо г1урусасе

 

Симсиралда ккараб лъугьа-бахъин

Назархан херлъун к1одолъун, бусаде ккараб мех бук1ана… Мух1идиница бицуна гьесие, жалго Симсиразул маг1арде ккун, гьениб цо чачанас бицараб лъугьа-бахъин. Гьезул гьениб бук1ун буго цо к1удияб ци, гьелъ гьеб росдал г1адамазул анц1ила анлъго ч1ег1ер х1айван ч1ван буго. Ахиралдаги чачаназул беххемухъалъа ци ч1вазе лицензияги босун бажари бугев чанахъан ах1ун вуго гьез ци ч1вазе, гьеб ч1ваялъухъ цо ч1ег1ерх1айванги бук1ун буго симсиралъулаз гьесие кьезе. Амма гьениве щварав чанахъан циялъул лъалкахъ балагьун, циялъул к1одолъи лъан, гьелдаса х1инкъун нахъе ун вуго, жинде нужер х1айванги къвараг1инарилан абун. Мух1идиница бицараб гьеб хабарги раг1ун, Назарханица абун буго, пайда щиб Аллагьас к1иго къоялъ сахлъи кьун вахъине к1олебани, дица бихьизабилаан чачаназда доб ци ч1ван. Гьедин гьеч1еб сахлъиялда рух1 сверун, ци ч1вазе бугеб гъираялда х1акъдила хут1ун вуго Назархан


Календарь исламский


Мусульманские праздники