forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
07
Июнь

Дагьабго гьими

Добавил(а) Administrator on 07 Июнь 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

"Нахулъа рас г1адин..."

Г1усги унтун тату бахъун вук1арав Насирида данд ч1вала "дагьа-дагьаб жо" гьабизе бокьулев чи Гъази. Насирил х1ал бич1ч1ун гьес абула,

жиндир унтараб г1ус Тажудиница нахулъа рас киниги унти жинда лъач1огун бахъанилан. Насирги Гъазица вицунев дов стоматолог Тажудинихъе

уна...Амма кьалбахараб г1ус бахъизе зах1мат бук1ана, каранда х1ет1е базабун киниги бахъана гьеб Насирил г1ус гьес. Г1ус бахъулаго щвараб

х1алалъ Насирица абула Гъазицани абун бук1ана дуца унтизабич1огун жиндир г1ус бахъанилан. Гъази г1адилан "кепалда" вач1аравани дудаги

унтизе бук1инч1о гьебилан жаваб гьабун буго Тажудиница

\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\\

Г1айнодинил х1акъалъулъ харбал

Заправка гьабизе лъана

Хасавюрталъул ПТУги ц1алун лъугьинабун Г1айнодин росдал колхозалъул тракторалде лъугьуна х1алт1изе. Т1оцеве х1алт1изе тракторалде ккарав

гьасда заправка гьабун, солярка кибе т1езе кколебали лъан гьеч1о.Тракторалда аск1об соляркаялъул ц1ураб ведроги лъун вук1уна Г1айнодин,

аск1ове чиго вач1ународаян балагьун ч1ун. Гьедин аск1ове вач1унев цояв вихьидал, Г1айнодин хехго тракторалда гъоркь вегула ва гьенив ремонт

гьабулев киниги квал-квадулев вук1уна. Аск1ове щварав чиясде гьас абула гьеб солярка т1ейин бакинибе дун гьаниса вахъинавич1огунилан ва

гъоркьан хал гьабун вук1уна дов т1аде вач1арас кибехун солярка т1оладаян балагьун. Гьедин лъала ц1алун лъун вач1арав Г1айнодинида тракторалъе

заправка гьабизе

Икс жегийищ батич1еб

Рокъобе кьураб дарсил масъалаялде т1аделъарав васасде Г1айнодиница гьикъула мун щиб гьабула вугевилан. Математикаялъул рокъобе гьабизе

кьураб задачаялде т1аделъарав гьес абула, икс балагьулев вугилан... Гьебго жегийищ батич1еб, дун ц1алулеб мехалъго бук1анагури гьеб "икс"

балагьулаян абула Г1айнодиница жиндирго васасде

Израг1ил авараг аск1ове щун

Т1асамаг1арухъ цо росулъе зигаралде ккун вук1ана Алмахъалдаса Израг1ил. Гьениб цо махсароялдалъун хабар гьабулев к1удияв чиясде аск1ов

ч1ун вук1уна гьав. Сверухъ ругелгун гара-ч1валула вугев гьев к1удияв чияс абула, щаяли Сайгид абулеб ц1ар жинде джанде кколарилан. Гьедин

хабаралда рук1аго, гьоболасдехун вуссун гьев к1удияв чияс гьикъула дур ц1ар щибин кколебилан. Т1аде вач1арав гьасги абула Израг1ил бугилан.

Гьеб алмахъасул ц1аралда тамашалъарав гьас абула, вах1, рух1 бахъулев авараг вихьулищ диде аск1ове щун вук1аравилан

Салих1 Салих1ов

Календарь исламский

Мусульманские праздники