forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
07
Июнь

Юморгун литературиял гьерсал

Добавил(а) Administrator on 07 Июнь 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 



Къебед Арсамиги почтальон Узунги

Жиндирго къебеллъиялда маххул цо алат гьабула вук1уна Арсами, почтальон Узун пенсиялъул г1арац босун вач1араб мехалъ. Гьев жаниве лъугьун хадуб Арсамица килщаз баг1арлъараб махх кодоб ккола. Гьеб бихьараб мехалъ тамашалъун хут1ула Узун. Дур квер бух1уларищ гьелъилан гьес гьикъидал, Арсамица абула бух1уларин. квералъул хъал биццат бук1унин к1удиял чаг1азулилан ва гьеб кодоб бук1араб махх добехунги лъун, бух1ун гьелегьараб т1орччол тертилъа цоги баг1арлъараб махх гъец1алъ ккун бахъула бухизе. Узуница гьеб бух1араб махх кодобе босула ва кверги бух1ун гьеб нахъе рехула...Гьесда щибха лъалеб бук1араб махсарачи Арсамица ц1ел баг1ариялъ баг1арлъарабилан ккезе краска бахараб махх кодоб ккун бук1араблъи.

Узунги Сайродинги

Цебе росулъа хъутаналде х1алт1изе арал колхозчаг1и х1алт1ул къоги лъугьунн телевизоралъухъ балагьун х1алхьиялда рук1ана. Лъик1аб кино бук1ана бихьизабулеб. Гьениб х1алт1улеб трактор экраналде баккидал Сайродиница абула иях1 тракторалъул к1к1уялъул хъубаб мах1 бихьулищилан. Уха ле ян абун борч1ула Узунихъан, телевизоралдасан бихьулеб жо кино бук1иналъул эсги гьабич1огун.

Сайбодинги Раипги



Лъудбиги хун, къороллъуда хут1арал, херлъиялъул ц1акъго к1удияб ригьалде рахинч1ел Раипги Сайбодинги рук1ана жидерго хабар-к1алалда. Гьаб бицун доб бицун, к1одолъараб ригьалде рахиндал щоларел лъудбузул бицуна рук1уна гьал. Газ, ток бук1иналъ, ц1ул х1адуризе, гьеб бич1ине кколарел, бихьиназдаса къинч1ел пенсиябиги росулел къорол руччабазе нилъ щибизеха гьанжеян абун гара-ч1валулаго Сайбодиница абула, нилъ к1иясего цог1аги щолейанийин ч1ужуйилан

===========================================================================================================

Чанахъабазул х1акъалъулъ лъугьа-бахъин ва гьерсал

Бет1ер кибехун бугебали лъач1о

Цо къоялъ жиндирго васги вачун Т1агьир уна рохьил болъоназе чан гьабизе. Рохьоре щвараб цо бак1алда гьезда батула эхедехун арал болъоназул рехьедалъул лъак1аз гьабураб гечав.Нахъ русун рач1унаго болъоназ гечав хисулареблъи лъалев гьас вас тола гъоркьч1алида ва т1ад-къай гьабула хъабаналъул бот1ролъ щвеледухъ гурони кьвагьугейилан, живгойин абуни гьел болъоназул лъалк1 ккун эхедехун уна. Амма Т1агьирихъе цонигияб рохьил болъон ч1вазе щоларо, ц1одорал гьел нахъе лъутун уна...Щаяли васасул т1унк1илги кьвагьи бахъунаро. Нахъ вуссун т1аде щварав Г1умарица гьикъула васасда щай дуца туманк1 кьвагьич1ебилан. Гургинал жал ругоан гьел, рекерун унел гьезул бет1ер кибехун бугебали лъач1ин жиндайилан абула т1оцебе рохьил болъон бихьарав васас. Бет1ер бекурулеб рахъалъ бук1инарищха, гьеб нахъаса нахъе бекеруларелъулилан малъун буго ццин бахъарав инсуца васасде хъабаналъул бет1ер кибехун бук1унебали


Къог1адин гвангъараб сордоялъ...

Бадиб килищ тунканиги канлъи бихьулареб сордоялъ унев вук1ана дун г1алхудасанилан хабар бицине байбихьана Саг1идица. Ина инаги вук1ун, цо хъоморалда тункун хут1анила жив. Г1иц1го бец1лъолъан ц1ц1икун рач1арал бераздасан лъанилаха жинда гьеб хъомор бук1ин. Вихич1огун, гьадинисахун вусун хъормида кьабизе жо г1одоса босизе къуланила, хадуб ворхун балагьидал, гвангъараб моц1рол канлъухъе бихьанилаха щвакун лъутун унеб доб хъомор


Гудрица к1иго цакьу ккун...

Цакьуялъе гъураб цо гудуралъул ххал гьабизе индал, к1иго цакьу ккун батанила жинда гьениб гьеб гудуралъилан бицана Саг1идица. Гьеб бак1 сверун г1емерал лъалк1ал рихьун сверухъе балагьанила жив. Дагьаб добег1ан жалун-хъарахъалъул гох1илъ рихьанилаха рахчун ч1арал г1емерал цакьуял. Эркеланго, гьезда вихьиларедухъ аск1овеги ун, гьеб хъархъида т1ад к1анц1езе жованила...Анц1ила к1иго цакьу ккун щванила, жинца мерхьинабураб хъархъилъ къанги хут1унилан абуна Саг1идица

Болъоназул рехьед г1одоб ккезабуна

Патроналги лъуг1ун рукъове вач1ина вук1анилан бицана Саг1идица жив рохьоса. Цо кьурул лаблъодасан харун болъон бач1ун лъутулеб бихьанила. Гьениве раг1алде къан гъоркье балагьарав жинда болъоназул рехьедго бихьанила цоцазда хадур эхеде харулел. Гьезда вихьиларедухъ вахчун ч1анила жив кьурул раг1алда, цо лъик1аб ч1аргенги бук1анила кодоб. Т1аде щвара-щваралъул бот1ролъ гьеб кьабун, анц1ила анкьго болъон щванила жинде гьенибилан бицана Саг1идица

Боржун унеб гьве

Нуж божиларила, борхатаб гьаваялдасан цо гважи бихьанила жинда боржун унебилан бицана Г1абдух1ажица. Гьалмагъас бицараб гьересиялда г1енеккарал релъизе бокьич1ого, Г1умарица хадубго гъезабун абула, дидаги бихьана гьеб, ц1умалъ босун инаги бук1ун, гьелда кквезе к1веч1огун бортун унеб гьве бук1анин гьебилан рекъезабула гьес гьалмагъасул хабар

К1удияб хьагинибе к1удияб ламадур

Цо годек1анир г1одорк1аралъуб Г1абдулх1ажица бицана кибали цо хуриб батанила жинда чоца гор-свери гьабулеб г1анасеб т1ех1 бугеб ламадур ракьулъ бижун...Гьебни щиб, жинда бихьанила к1иго чияс гьабулеб к1удияб хьаг, гьелъул к1одолъиялъ, цояс к1ут1улеб кварт1ил гьаракь хьагил доб рахъалъ вугев цогидасда раг1унароанилаян бицана хадубго гъезабун Г1умарицаги. Гьелдани дун бит1араб бицани божулароян абун буго Г1абдулх1ажица. Дуда батараб доб ламадур жаниб гьунеб хьагищ бук1унаребилан жаваб гьабун буго Г1умарицаги...

Салих1 Салих1ов


Календарь исламский


Мусульманские праздники