forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
06
Авг.

Имам Шамил ва алмахъал. М.Мациев

Добавил(а) Administrator on 06 Август 2014.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

       Имам  Шамил

       ва   алмахъал

           Цебезаманалда  Алмахъазул  ракьал т1ирит1ун рук1ана Ямансу  лъарахъа  рахъарал  Гумбеталъул  муг1рузде  щвезег1ан. Гьеб  бук1ана  1000  ц1араки  жаниб  бугеб  к1удияб  росо. Гьелъул  ц1ар бач1ана «Боси» абураб  турказул раг1иялдасан.  Гьелда  шагьарилан  абулаан.  Чияр ракьал    рахъулез  гьеб  чанго  нухалъ  биххана.  Ахирисеб  биххи  хурхараб  буго  гьениве Арсахъ  Тимур вач1иналда. 1395  соналъ Тимурил  бояз  Алмахъ сверун  ккураб  мехалъ,    чияр  ракьал  рахъулес  т1алаб гьабуна    маххул  кавабиги рагьун  бокьун  жибго  шагьар кверде  бач1ине  ва  маг1арулазде данде  къеркьеялъе  гьесул  бодуе  1000  яргъид  г1уц1арав  чот1ухъан  кьей. Алмахъаз  нахъ  ч1вана  Тимурил  т1олалго т1алабал,   мут1иг1лъизе т1ирун  инкар гьабуна ва   лъазабуна  гьесухъа  бажарулеб батани т1аде  к1анц1ун босеян. Тимур ц1акъ ццидаханила. Шагьар-хъала бах1арчилъиялда  ц1унулеб бук1ана. Алмахъаз   бергьенлъиялда  нахъ  ч1вана   Тимурил боязул  чанго гьужум. Гьелъул къадазул ахада  чапун  вук1ана  Тимурил  ч1варал    аза-азар  рагъухъаби. Шагьар  ц1унулез  бихьизабулеб бук1ана  бах1арчилъиялъул  ва  къвак1иялъул   мисал. Тимур 3-го сордокъоялъ   ургъун   вугила   Алмахъал   киндай    мут1иг1 гьарилаян. Гьеб мехалда гьес ургъун буго х1илла-макру. Гьес  рет1ун буго гьардохъанасул рет1ел (цогидазул   биценалда рекъон, цогидав чи вит1ун вуго), ун вуго росолъе. Алмахъалда  тира-сверулагун гьелъул кинабго рахъалъул   хал гьабун буго.

       Сордо базе виччайилан гьарун буго жийго йигей к1одода. Рукъалъул бет1ергьаналъ кваназеги ах1ун гьесда цебе карщ лъун буго. Тимурица гъодоца карщ  цин paг1алдаса,  цин бакьулъа босулеб бук1ун буго. Гьеб бихьарай к1одо ццидахун йиго. «Щай мун рекъав Тимур  г1адин цин гьанив, цин дова к1анц1арулев? Щай г1адамаз   г1адин     гъадрил  paг1алдасан      кваналареб?»

      Гьардухъанас ц1ехон буго, щив гьев рекъав Тимур, кинав  чи гьев кколевилан.  Гьелъ жаваб гьабун буго: «Рекъав  Тимур ккола  цин гьанив, цин дова вагъулев,  г1адамал   гъурулев  ва  кинабго балагь решт1инабулев чи».  Гьес   гьикъун  буго,  алмахъал кинин  рорч1арал гьел балагьаздаса. Гьелъие к1одоца жабав кьун буго,  шагьаралде лъин бачун бугеб бак1 лъалебани,  Тимурица доб мехалъго гьеб кверде босулаанилан. Ургъел гьеч1еб г1адин, гьоболас ц1ехана,  гьеб иццул бет1ер кибехун бугебан,  гьесда лъана гъуй отаралъул ракьалда к1удияб гъот1ода гъоркь бук1ин ва   лъим къот1изабуни  алмахъал кверде рач1ине рук1ин. Радал гьардухъан нахъе ана. Жиндирго решт1еналдеги вач1ун Тимурица  буюрана лъел ицц къайилан,  лъедасан мах1румлъарал алмахъал кверде рач1ине ругин.  Алмахъаз Тимурил аскар биччана шагьаралде жанибе,  амма гьез жедецаго кьун бук1араб раг1и кквеч1о,  г1асияб талавурчилъи гьабуна. Алмахъ хъамал гьабун бух1ана,  гьелъул г1адамал ч1вана,  ч1аго  хут1арал рикь-рикьун цоги росабалъе лъутана.     

       Шамилиде щвезег1ан ва гьелда хадубги Алмахъ машгьураб бук1ана г1алимзабаздалъун. Алма-хъалдаса   кколаан  машгьурав г1араб ц1аларав Г1амирг1али-х1ажи  -«ц1ц1вабзада гьоркьосан баккараб Дагьистаналъул    бакъ». 

            Алмахъал рук1ана лъик1ал яргъил устарзаби. Гьенир гьарулаан хвалчаби, хунжрул, тунчул. 1859 соналде щвезег1ан рагъаца  к1век1ун къуват лъуг1идал,        мук1урлъана   гьел пачаясул   аскаразе.  40 соналъул  болжалалда  алмахъал киналго г1адин имамасда цадахъ  рагъана. Шамил имамас абулаан «Дир рек1к1 гьеч1ел гьалбал руго Алмахъалда. Алмахъаз бищун  дие зах1матал къояз дир рахъ ккуна». Алмахъалда г1агapда  бугеб нухалда абула Шамилил нухиланги -   гьенисан кидаго Чачаналде унаан Шамил  ва  маг1арулал.  Шамил Ах1улгох1даса Даргъове унаго рещт1араб  бак1 ккола Алмахъ. Алмахъал гьес жин-дирго кванараб кверлъун рик1к1унаан ва  г1емер абулаан:  «Нуж руго дир квег1аб квералъе зах1-малъараб мехалда гьелъие кумекалъе бач1унеб кваранаб кверлъун». 

Mats1Калугаялда вугеб мехалъ Шамилида гьалбал хириял ва бах1арчиял Алмахъал рак1алде  щолаан. Доб заманалда Алмахъалъ сайгъат гьаруна нус-нус ц1ар арав рагъухъан, нахъе къай гьеч1ел Шамилил муридал, бодул церехъаби. Гьезда гьоркьов    вук1ана   ц1ар   арав    Умалат -   алмахъаз      гьесда    Умалх1атилан    абулаан.

Mats3 

      Гьев 20 соналъ наиблъун вук1ана Чачаналда, Г1авухъалда. Алмахъалда гьев лъугьана Шамилил иш цадахъавлъун.  Имамас т1адег1анаб къимат кьолаан гьесул рит1ухълъиялъе  ва  тушманасдехун рах1му гьеч1олъиялъе. Рагъ лъуг1ун хадув Умалат г1умру гьабулев вук1ана  Алмахъалда    ва    гьенив     вукъун    вуго. Цо заманалда Умалат Кешен-г1авухъ росолъ муллалъун  вук1ана. Гьелъие нуг1лъи гьабула Алмахъалда жиндирго цевесев гьоболасе Шамилица сайгъат гьабураб Къураналда бугеб хъвай-хъваг1аялъ.

Mats2

 

     Бицен буго, наиб  Умалатил к1удияв эмен Харачо росолъа чачанав вук1анила. Лъадиги Кешен-г1авухъ росолъа чачанай йик1ана. Г1ажаибаб буго   гьеб   Къуръаналъул   къисмат. Гьеб   щун буго инсуда цадахъ   рагъда г1ахьаллъи  гьабурай  Умалатил яс Хатиматихъе ва жакъаги Умалатил лъималазул лъималаз   нахъе   ц1унун    буго.  1839 соналдаса 1859 соналде щвезег1ан заманалъ Шамил решт1унеб   бук1араб     3-4 хъизан бук1ана Алмахъалда.

Материал     бак1арана     «Ах1улгох1 -  дир рек1ел бух1и»   

абураб  Дадаев Юсупица бахъараб 

(1998 сон, Мах1ачхъала) ва

Гамзаев Мух1амадил 

«Имам  Шамил» абураб  т1ехьаздаса.    

Мациев Мух1амадзагьир-х1ажи

Mats4

Дилим  росо

 


Календарь исламский


Мусульманские праздники