forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
23
Дек.

Балхъ-хъала - цебесеб Алмахъ.

Добавил(а) Administrator on 23 Декабрь 2012.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Малик  Маматов

"Балхъ-хъала" -  цебесеб Алмахъ.

Балхъ-хъала - гьанжесеб Алмахъ росдаде цIар бачIараб некIсияб тарихияб росу буго. ГIаркьухъ

росу     гIуцIиялъул тарих, архив, лъугьа-бахъинал лъалел, Алмахъ росулъ гIемераб гIагарлъи бугел

херал чагIазул биценалда рекъон хъвараб буго «Балхъ»-хъала гIуцIараб заман ва гьелде цIар

бачIараб къагIида. Мисалалъе рехсани, ГIали, ГIалигIумар, Абакарил ГIалич, МаматхIажияв, Шамхалов

ХIажи…

ГIалигIумар вукIана 1957 абилеб соналъ гьаб тIехь цадахъ бахъизе дун кантIизавурав, гIаркьхъадерил

МухIидинихъ бахчуда хутIараб архивалъул цо бутIа кодоб щун, гьеб дие буссинабун бицунев

гIарабист-соавтор тIахьил. Шамхаловги – Хунзахъа, Болъихъа, ГIободаса, Алмахъалдаса цIехон гьеб

тIахьие материал дихъе бакIарарав тIахьил соавтор – политикияб, тарихияб бичIчIи бугев чи. Гьединго

цогидалги руго росдал тарих-архив букIаго гьеб лъалел, ракIалда ккурал. Алмахъазул некIсиял

кIудабаздасан биценал лъарал гIадамал – 1870-1890 соназ гьарурал чагIи. Кин бугониги советиял

тарихчагIаз Кавказалъул тарих жидерго политикияб бичIчIиялда рекъон свера-кIичIизе гьабичIого

толарелъул – цебесеб тарих-архив лъалезул баян мухIканаб букIинилан ккола дида. Щайгурелъул

цересел тарихчагIаз цоги-цоги сверухъ ругел пачалихъазул тарихазул баяналги хIисабалде

росунлъидал росдал архив гIуцIулеб. Гьелъий цо мисал бачинин. ГIурус къавм цебетIураб

миллатлъун рикIкIуна цо-цо бичIчIи гьечIел историказ, Дагъистаналъул, Кавказалъул миллатазде

дандеккун. Салата-виялъул ракьалда-ханлъиялда III-IV гIасруялда щибаб хъизан, цIулал, езил, маххул,

гIарцул, гъуд-гIучIгун, кванил алатгун рукIуна. Амма гIурус къавмалда  998 соналъ гурони гъуд

щибжояли лъан гьечIо - гьелде щвезегIан квераз кваналел рукIун руго. Гьебги князь Святославида

лъараблъун, гьес ургъараблъун рикIкIуна – тIоцебе жинцагоги дружинниказги хIалтIизеги гьабун буго

кванилъ. (26. XI.2007с. «Угадай» хIаялъул записалде балагье). Жиндир анкьумумул лъаларев чиясул

Алжаналде хьул мукъсанаб букIинилан Аварагасул (с.т.гI.в.) абиги бугелъул: гьанжесел Алмахъ, Гуни

росабиги XIV гIасруялъ гIакьхъадерил тухумал гьенире гочун ккурал ругелъул (нахъехун

загьирлъила); киналго Салатавиязе гIаммаб кIваралъул Балхъ (Алмахъ) хъала гIуцIиялъул заман ва

кIвар загьир гьабизе бокьун буго кIудиязул (росдал архив, тарих лъалезул) бице-налда рекъон.

Дагъистаналъул тарихчагIаз загIипго гурони  лъазабичIеб Салатавиялъул хIакъикъат загьир гьабизе-

рагьизе бокьарав ракьцояв ваккани – гьесие ишаналъе букIине

КIудиял чагIазул биценалда рекъон «Балхъ» хъала, цIар гIуцIиялъул, заманалъул кIиго версия буго (гьезул биценазда рекъон ва гьанжесел тарих-чагIазул баяназде дандекквейги гьабун хъвала дицаги).

ЦIакъго цебе зама-налда,  XXII-XXIV векалъ цебе, Къапалъул (Кавказалъул) мугIрузда букIун буго

Агъван (Албан) пачалихъ. Гьеб пачалихъалъ гъорлъе рачун рукIун руго гьанже Дагъистаналъул

миллатал гурелги гъолодисезул (Азербайджаналъул), хъажаразул (Иран), персазул (персал, туркал),

армениязул, тушазул (Гуржиял), чачаназул сверухъе кколел къавмал. Гьеб пачалихъалъул рекIелаб

бакIалъе кколеб букIун буго гьанжесеб Дагъистан, аварал. Агъван пачалихъалъул кверщаликье

кколел рукIун руго мугIруздаса шималияб рахъалдехун кколел авлахъазул ракьалги. Гьел ракьазде

лъураб цIарги, «нахъракьалъул», «гъоб мухъалъул», «ритIаллъияллъарагIлъиялъул» ракьал абун

абулел магIарул мацIалъул рагIаби руго. «Гьеб заманаялда гьанжесеб лъарагIазул миллат гьениб

букIинчIилан, аслияб куцалда магIарул, нугъаязул, чачаназул миллаталъул чагIи гурого», - ян бицунаан

кIудияз. Шималияб рахъалъул (Севералъул) гочарулел къавмаз магIарулал, чачанал, нугъаял

мугIруздегIан къазарун хадуса (талавурлъиялъул зулмудакь) 10-12 гIасруялдасан гурони лъарагI

миллат гьениб баккичIила - монголазул чабхъадул заманаялда цадахъ гурони. Гьезулго къавмги

ругила гьелги. Салатавиялъул ракьазде цо-цо бакIазде лъурал цIаралги нугъаяздасан  (гьениб

рукIалида рукIарал) рачIарал ругила лъарагIал доб ритIаллъиялъул мухъалде рачIиналдего.

Агъван пачалихъалда тIалъи-кверщел букIанила хъажаразул къавмалъул. Гьеб тIалъиялъ шималияб

рахъ щула гьабизелъун гочинарун рукIанила тумазул, магIарулазул миллаталъул чагIиги. ГIисал тарих

байбихьилелде церего ГIалискандр хан Къапалъул мугIрузде чабхъен гьабун вачIинелде ва МукIучIи

хан Агъван пачалихъалъул бетIерлъун ккелелде цересел гIасрабаз. Гьеб шималияб рахъ щула

гьабиялъул хIалтIи-тIалаб Агъван пачалихъ бихун хаду-саги магIарул ханзабазги чIезе тун букIинчIила

нилъер росу ккун хадусаги ва ислам баккун хадусаги, Нуцал ханзабазги.

Агъван пачалихъги биххун ун Дагъистан жибго жиндаго чIараб пачалихълъун хутIун буго МукIучи

ханасул заманаялда. Тумазулги магIарулазулги дазу-гIорхъи сабаблъун дагIба-кьал ккун буго. Гьелъул

хIасилалда Салатуялъул ракьалда рукIарал гуржиязул, тумазул росаби нахъе хъамун гочинарун руго

магIарулаз ГIаркьухъ росу ккелелде цо-кIиго гIасруялъ цере. Гьеб ккела гIага-шагарго абуни ГIисал

тарихалъул III-IV гIасру. Гуржиязул хъулбузул лъалкIал, рукъарал хабалазул лъалкIал гьанжеги лъала

ратIа рахъизе Салатуялъ гIебеде Ахташалдаса Сулахъалде щвезегIан. Масала, Ахсуялда, ИмангIалил

росуялда гьоркьоблъиялда «Хъала гохI», «Тушманасул гамачI», «Ручнал», «Нуцабазул росдал

чIвандал» ва гь.ц.

Тумал хъамуниги магIарулал, нугъаял, чачанал дораго тун руго. Салатавия абураб цIарги гьелде

гуржияз лъураб цIар бугила, мугIрул байбихьи, бетIер абун («сали-тави» абун). Тумал гочинаридалги

Балхъ хъалаялъул халкъ (магIарулал, нугъаял, чачанал цадахъаб росу) гочинабуларо. Гьелдалъунги

бичIчIула гьеб III-IV гIасрабаздаса цебе ккураб букIин. Балхъ хъала гIуцIиялъул, гьелде цIар

бачIиналъул гIиллаги гьадин бицунаан кIудияз.

almak13

Агъван пачалихъалъул тIалъиялда, нухмалъи гьабулезда гъорлъ хъажаразулги, магIарулазулги чагIи

рукIун руго МукIучIи хан бетIерлъун ккелалде цере. Хъажаразулги, пачалихъалъул цоги миллатазулги

тIалъиялда гьоркьоб цоцалъ илбис, тунка-хIунси, дагIба багъарараб заман букIун буго гьеб.

ТIалъиялда жаниб хъажаразул гIадамалъги, магIа-рул хIакимзабалъги ккун буго дагIба-тушманлъи.

Гьелдалъун магIарул хIакимасул гIагарлъиялъул чагIазул 10-15 цIараки жидерго тIалъи бугеб ракьалде

ханлъи гIуцIи мурад-лъун ккун, Салатуялдехун гочун руго. Лъай-бажари, рес бугеб гьеб тухум

гIагарлъиялъул магIарулазул бихбиназ росу кквезе санагIатаб бакI балагьун буго къап мугIрузул

шималияб рахъалда. ХIанчIи магIарде щун, ЦIантIа магIарде щун, Эшехаре, Ахташалде, МичIил

кIкIалахъе рещтIун гьанже Алмахъ росу бугеб ракьалде щун руго. ХIанчIимегIер (хIанчIи гIемер

рукIуналъун); ЦIантIа мегIер (цIан битIараб тIохалъул мегIер); хъахIлъар (Ахташ, хъахIаб чабхил,

ганчIил лъарал мухъ); Лабаллъи (хIанчIи мегIералде, ЦIунтIа, СаламегIералде гьоркьобе кколеб мухъ);

балалъбакI (лабаллъиги, тIаса бугеб ритIаллъиги батIа гьабулеб сирт-парс); МичIикIкIал (мичI гIемераб

букIиналъ), абун цIаралги гьез лъурал ругилан бицунаан кIудияз. Киналго рехсарал ба-кIаздаса гьезул

ракI рекъараб бакI батун буго гьанже Алмахъ росда бугеб ракь-мухъ. Щай гурого доб заманаялъул

тIалабазда рекъон тушманасдасан цIунараб кисанго (тIабигIиял щулалъабаз), гIалхул найил гьоцIо,

гIалхул пихъал, чундул, лъим, хурдул, хинлъи, гIи-боцIуе санагIатаб рекьуе энгедал бакI батизеги рес

тIокIаб гьечIо. Гьелде тIадеги мугIрул халкъ нахъракьалде хьвадулеб «Хъирхъи» нухги; Лабал

ракьасан МичIикIкIалахъан, Эшехасан тушалъе, Парс ралъдал рагIаллъабазда кколел пачалихъазде,

унеб дарайдул базаргабазул нухги (Шелковый путь) аскIосан ккола. Гьединлъидал гьениб росу кквезе

рахъарал магIарулаз ХIанчIимегIералде ва  ЦIантIа-мегIералде данд битIараб бакIалъа гIебеде

хъулбузул хIисабалъул рукъзал ран руго ва росу ккун буго. Цо гIасруялдего кIудияб росу гIун буго

тIаде магIарухъан чагIи, гIодоблъиялдасан нугъаязул, чачаназул миллаталъул чагIиги рукIел кквезе

рачIун. Сверухъ ругел мугIрул тIогьалабалъан балагьун цIакъго белгил рихьулел рукIун руго  гьел

«балалъа гIебеде» рарал хъулби рукъзал. Гьелдалъун бачIун буго гьалде цIарги – «Балхъ» - балалъ

хъулби абун.

Цоги версия. Цо-цояца абулаан гьеб цIар гьенире росу ккведал тIаде рачIарал нугъаяз лъураб бугилан

– найил гьацIул гьарзалъиялдалъун: балгьоцIо (нугъай мацIалда), хъала-росу-шагьар. Къокъго –

«Балхъ». Дицани гьелда гIамал гьабуларо. Щайгурелъул гIезегIан соназ нахъа нугъаял рач1ун гьез

цIар лъезегIан цIар лъечIониш росу букIунеб ва магIарулаз толеб.

Салатуялдаса МукIучIи ханас ва Авар ханлъиялъул ханзабаз тумал хъамилелде гьеб кIудияб щулияб

хъала букIун буго Салатуялъул ракьалда. Тумазул росаби риххун, рехун тун гочинаридалги Балхъ

хъала хутIула рукIалида гуржиял гъорлъ гьечIеб, болмацI (шагьаралдаго гIаммаб мацI магIарул

букIиналъ) – цоги цересел гIисинал ругониги хутIарал росаби гIадин. Гьелъги бичIчIула нилъеда

Балхъ-хъала IVабилеб гIасруялдасаги цебе гIуцIараб букIине. Гьединго росу кквезе бакI балагьун гьел

сверулеб мехалъ я Гумбеталъул ракьалда, я ХIанчIимагIарда (Гъороласул, нугъаязул) Салатуялда

ГIаркьхъадерил (БагIараб кьурухъ) росу батун, рехсон гьечIо гьез. Гьел росаби кквелелдего цебеккун

букIуна гьеб. ГIалискандир хан Къапалъул мугIрузде чабхъен гьабун вачIинелде ккураб бугилан

кIудияз абиялдалъунги бичIула гьеб Балхъ росу.  Гьеб гIасруялъул авалалдаго ккураб букIана яги

дагьабги цебе. Гьеб кIудиязул бицен ритIухъ гьабулеб хIужа прфессор Р. МухIамадовасул

историялъул тIехьалдаги батула нилъеда (гь. 25-41).

Грециялъул географаз, историказ II-абилеб гIасруялъул «Шелковый путь» нухлул гIагарлъухъ ругел

гIодоблъиялъул чIахIиял росабалъ Балхъ росуги (шагьар) рехсон буго ва Анжи-хъалаялъе кумекалъе

Балхъ, Индир хъулбиги рахъун рукIин. Дагьалги мухIканал баянал къваригIарав – греказул,

географазул, Птоломил, Страбонил источниказдеги балагьи. Гьанже рес бугелъул, гIараб гIажамалда

ругел некIсиял тарихчагIазул асараздасан щвараб баян – цIакъго мухIканаб букIина гьебги.

МукIучIи ханасул, Аваристаналъул ханзабазулги, Балхъалъул тIалъиялъулгун – ханлъиялъулгун

гьоркьоблъи кидаго лъикIаб букIун бугилан бицунаан кIудияз. Амма гьездасан рагъул кумек, къо

ккедал цониги нухалъ щвечIилан бицунаан Салатуялъе; я пацаназ (половцал), я монголаз, я

Бугдачилаз, я Арсахъ Тимурица росаби риххидалги. Балхъ-хъала бахъизе кIун гьечIо Бугдачил кIиябго

чабхъеназдаги. Половцазда гуребги, гьез гьедин лъурабила Балхъ ханлъиялде. Алмахъ (бахъизе

кIолареб хъала абун) XIII гIасруялда, - ян цояз абула. Гурила – 1395 Салатуялъул цогидал росабиги

чIунтизарун, Балхъ-хъала бахъизе кIвечIебго тун ГIакьхъадерил

(ГIалихъиличил ракьалда Урдуялда) штабги лъун (урду чIван) Гумбет ГIанди ханлъиялде гьужумал

гьарун чIунтизе гьарун руго. Амма тIокIав цевехун (магIарухъехун ине) кIун гьечIо 10 азаргоялде

гIунтIун рагъухъан яргъид гIуцIарав вугеб Балхъ-хъалаги нахъехун тун, росаби рихханиги кверде

рачIунарел, Балхъгун журарал бакъбаккул рахъалъул халкъги тун, гьелъул ханлъиялде кколел. Гьеб

Салатуялъул росабазул цолъиялде бакъбаккул росабигун Балхъ жубараб пачалихъилан абулебги

букIун буго цебе.

Гьеб мехалъ гьес лъурабила «Алмахъ» абун цIар. Салатуялъул гьел кIудиял-гьитIинал 18-19 гIанасеб

росдае жамагIатазул цолъиялъе-ханлъиялъе бетIерлъи, бербалагьи, билагьи букIанила Балхъ-

хъаладул ханасул. КIудияб букIа, гьитIинаб букIа щибаб росдал тIадчиясдеги росдал ханилан абулеб

букIун буго. Ханлъиги кIудияб тухумалъул чагIахъ, инсухъан васасухъе кьолаго бачIунеб буго. Гьебги

лъала нилъеда кIудиязул бицада рекъон. Балхъ-хъала ккурал магIарулазул тухум бищун кIудияб

букIиналъ росдал ва «бакъбаккул жамагIаталгун цолъараб» пачалихъалъулги тIалъиялде кверщел,

болмацI магIарул букIиналъ, XIV гIасру лъугIизегIан – Балхъ хъала биххизегIан. Гьеб биххун хадуб

ГIаркьухъ (БагIараб кьурухъ) росдал ханасухъе ханлъи Салатавиялда тIад ккедал ГIаркьухъ бищун

кIудияб ГIалихъиличилазул тухумалъухъ букIиналъги  Дагъистан гIурусазул асаралде гъоркье

ккезегIан – XVIII гIасруялде щвезегIан.

ГIурусазул асаралде гъоркье Аварстан  ккаралдаса (гьезулгун бухьен гьабураб, къокъаб заманаялда

кIодолъун бачIараб) ЧIикIаб росдал тIалъиялъул асаралде гъоркье ккола Салатавия, (росдал мацI

магIарул букIиналъ чанго миллаталъул чагIаздасан гIуцIараб кIудияб росу бугониги).

Гьеб кинабго церехун рехсарал тарихиял лъугьа-бахъинал гIилла, далилгун, замангун цадахъ дица

нахъехун рачIине ругел темабазулъ рагьила.

Амма гьанибго рехсезе мустахIикъаблъун ккола гьадинаб хаслъи-хIужа – Салатавия – эркенал, лъиего

магъало, ясахъ кьолареб, лагълъиялде кколареб жамгIиял росабазул цолъи букIин. Хасго гIурусазул

асаралде ккаралдасаги Алмахъ, Буртунай, ГIаркьухъ, Гуни росабазул цоцалъ гIагарлъи жубарал

росабазул юр (цоцалъ рекъей) Салатавиялда тIалъиялде ккараб ЧIикIаб росдаегицин тIубан мутIигIаб

букIунгуртIи. ХIатта Петр ТIоцевесеги (маххул нух лъезе) Екатеринае, Александр ханзабазе Теркалъул,

Львовский номеразул росаби гIуцIизе ракьал ричулелъул Алмахъ росдал ханасул мугьру

гъулбасалдалъун тIубан буго Хундерил ханзабазда бачIого, гIицIго хIукмуялда тIад рекъей гурони

Алмахъ росдал ханасул. ЦIигIуцIиялъул (1988-1996 с.)гъалмагъирал соназ (магIарул, лъарагI, чачан)

миллатазда гьоркьоб дагIба-рагIи баккидал нусиялда анлъго-микьго сонил гIумруялда вугев инсуца

МаматхIажияс чанго нухалъ абулна диде: «Гьеб дагIба роцIинабулел архивиял документал – Алмахъ

ханасул мугьру, гъулбас (килщил лъалкIгун) тIад бугел – Петербургалда рукIине кколила,магIарул-

гIажам-гIурус яги гIараб-гIурус мацIалда хъвараб. Гьединаб баян росдал хъвай-хъвагIаялдасан (архив)

кIудиязул биценаздасан лъараб бугила жидедагоги, - ян. Гьеб баян Гъазибег районалъул тIалъиялде,

народный фронталъул (магIарул) бетIерасдеги щвезабе – яги гьезулгун дунго дандчIваялъе

санагIалъи гьабе»,- ян. Гьеб инсул тIадкъай ГIабдуразакъиде (райком) МухIуде (исполком) ХI.

МахIачевасде (авар.нар.фронаталъул пред.) дицаги щвезабуна. Инсуцаги, жамагIатчагIазги гьеб суал

дида тIадкъаялъеги гIилла букIана: росдал цере чIарал суалал тIуразегIан, хиси гьечIеблъун бищараб

комиссиялъул председательлъун дун вищун вукIин – ГIаркьухъ росдал тIолазего гIаммаб

данделъиялда: советалъул колхозалъул председателал, дибирзаби, гIалимзабиги комиссиялде

гъорлъе рищун. Комиссиялъул мурадги: Казбек районалде росу бахъи, Архъабаш хъутаналда тIолго

гIаркьхъал цолъулеб росу гIуцIи (гьелъие проект бахъиялъул, гIарац бачIинабиялъул иш тIубай);

росдал гIаммал ракьазул ва гIаммаб магIишаталъул (колхозияб) суалал тIурай – хIалалаб рукIалиде

ккезаби. Гьел суалал тIуралаго ккараб буго демонстрация гьаби (обкомалъул ва министерствоялъул

залазда  аза-азар чияс как байги), гьединго Северияб Каваказалъул тIоцебе гьеб исламияб съездалда

гIаркьхъадерил хIаракаталдалъун вагьабизмаялде гьетIараб тIалъиги нахъе рехун, цIияб идара

гIуцIизегIан нухмалъи гьабизе гIалимазул Совет бищиги. БакътIерхьул областазул вакилзабазул ва

гIаркьхъадерил диниял церехъабазул Абавил, Дарбищил, СагIидбегил мурад тIубан съездалъул

гидлъи-политикияб нухмалъиги ккана диде тIаде. Гьебги гьелда цере рехсарал лъугьа-бахъиналги

хадусел темабалъ гIатIидго рагьизеги тун нилъ тIадруссинин Балхъ хъалаялъул ва гьелъул

нухмалъиялда гъоркь букIараб Салатавиялъул ракьалде, пачалихъияб гIуцIиялде букIараб цIар (Юсуп

Дадаевас, Зикрула Ильясовас ва цогидазги тIехьалда рехсараб) «Балк-Беленджер» магIарул

мацIалъул журарал рагIабазул цIар букIиналъул ва гIемерал гIасрабаз гьеб хисиялъул пикрабазде.

Щайгурелъул нилъер росдаде цIар гIадин батIи-батIиял миллаталъул тарихчагIаз гьеб хис-хисун

(махраж хисун) хъвазе бегьулеблъун. Масала: нилъер росдаде тIоцебе абулеб цIар букIун буго

БагIараб кьурухъ росу. Хадусан къокъго БагIкьухъ (гIурус мацIалда – Батлух). Дагьабги нахъа

ГIаркьухъ (цебесеб рагIул-гIар, хадусеб рагIул кьухъ жубан), гIурусалъ – Артлух.

Гьединго батIи-батIиял миллаталъул тарихчагIаз, гIалимзабаз цоцазул асараздасан бсулаго ва

гIасрабаз чанго алфавиталъул хиса-басиязул заманаялда, гьеб пачалихъалъул цIаралъулъ къокъал

журарал рагIабазул хиса-баси ккечIого рес гьечIо.

Салатуялъул цолъиялда ва щибаб росулъ хьвадулеб аслияб мацI болмацI гьоркьосеб мацI - магIарул

мацI бугелдаса гьелде (гIуцIиялде) цIарги магIарул рагIабаздасан бутIаби росун, журан, лъураб

букIиналде щаклъиго гьечIо.

Мисалалъе росани: бакъ, баккул, росаби, данделъарал, журарал, жамагIатал, балагьарал, балхъал

(Балхъ росдал чагIи), жаниблъи гIадинал рагIабазул калимаби. Цоги гьелъул хIакъалъулъ мухIканаб

бицен гьабураб бакI, яги бицунев чи дида дандчIвачIо.

Чингизханасул, Ханбатирил, Тимурланил бодул тарихчагIазул хъвай-хъвагIаязулъ гьелъул рехсей

гьечIогоги ресго гьечIо балагьарав чиясе. Дирни гьелде рекIел санагIалъи ккечIо балагьизе. Гьунар

гIурас мухIканлъи балагьани лъикIан. Балхъ-хъала биххидал ругьунаб дарайдул нухккун Парс

ралъдал рагIалда Албан пачалихъалде аразул магIарул мацIалъул дарс кьолел росаби ва чанго район

бугилан бицуна. Даниялов магIарулалъ кIалъанги вугилан бицуна кIудияз.

1395 соналъул хаслихъе «Балхъ-хъала» биххизе гьабун хадуб гьениб букIараб халкъги гIемерисел

гъурун хадуб, лъутун рорчIарал гIемерисел Парс (ЧIегIерралъдал) ралъдал рагIалда бугеб Албан

пачалихъалде иналъе гIилла баян гьабулеб бицен буго, хасго магIарулал. Балхъ-хъалаялъул

махщалилазул, къубдузул, устарзабазул тIагIелал: ярагъ -тунчул, тункIал, хвалчаби, къолдаби,

рукъалъул тIагIелал ва цогидаб сверухъ мухъилъан бичизе, хисизе бачIунеб къайи кисанго буссунеб

бакI (базар) букIуна Балхъалда ва Индиралда. Гьелдаго цадахъ Чилайдул нухккун Бакъбаккудасан

бачIунеб ва нахъбуссун унеб караван (къапила) рещтIунеб бакI букIуна Балхъ ва Индир, хасго Парс

ралъдал рагIалда ругел пачалихъазде унеб къапила. Гьединлъидал къапилаби мухьдахъ нухда

регIулел отрядал яргъид гIуцIарал нух бачунел чагIи рукIун руго балхъал, гIаркьхъал ва цоги

Салатавиялъул сверухъ ругел росабалъа чагIи.

Гьезда (базаргаби нухда регIулезда) лъикI лъалел рукIун руго Албаниялде щвезегIан рещтIунел бакIал,

нух, мацI ва щиб тIагIел киб бичизе кколебали, гьединго ралъдадасан къайи-партал портазде

щвезарулел гуми-русбузул бетIергьаби. БакI-бакIалда жидерго-жалго бетIергьанал, петер рукъзал

чIолел бакIалги рукIун руго Балхъадерил. Гьеб ккола Балхъ-хъала биххидал рухI хъамун магIарул

миллаталъул балхъал-алмахъал бакътIерхьудехун ралагьун иналъе гIилла МичIчIикIкIалахъан

Эшехасан Гуржиялъан Албаниялде. КIиабилеб бугони,  хъаладухъан къватIире рорчIаразе

Тимурланил аскаралъе нух кквечIеб бакI рещтIине захIматаб гьеб къирбалалъул рахъ гурони букIун

гьечIо. Ханлъиялда-тIалъиялда ругел балхъадеридаги гьеб ахIвал-хIал лъикI бичIчIулеб букIун буго.

Гьединго Сериралде жанирегIан аниги гIумру-яшав гьабизе жидеего захIмат букIинги хIисабалде босун

буго гьез. Къирбалалдехун гурони тушбабахъе щолареб бакI гьечIеблъи гьездаги лъачIого букIиниш

гIасрабаз гьенир гIурал чагIазда. Жакъа къоялъ нилъецаго хал гьабуниги гьанжесеб Алмахъ росдае

кколеб ракьалъул бичIчIула захIматаб бугониги къирбалалъул рахъалъан сухъмахъаз рорчIани

гурого рес гьечIолъи цогидаб лъабабго рахъалда Тимурил аскарал чIчIун рукIинги. Гьедин ккараб буго

магIарул мацIалъул чагIи Албаниялде. Гьанжеги гьенир цо-цо росаби магIарул-авар мацIалъул дарсал

кьолел школал рукIинги, ГIабдурахIман Даниялов гьениве партиялъул тIадкъаялда – магIарул

мацIалда доклад гьабизеги тIалаб гьабураб гьез цо районалда.

ГIаркьухъ росу, Казбекалъул, Гумбеталъул росаби кида гIуцIарали хъвалелде цебе бищун цебе

гIуцIараб тIоцебесеб гIасруялдаго ккураб «Балхъ» (Алмахъ) росдал хIакъалъулъ мухIканаб

рехсей гьабизе ккела, щайгурелъул Салатуялъул росабазул бищун цебе гIуцIараб

заманабаздеги, гьелдалъун мухIканлъиялъе пайда босизе рес бугеблъун. Гьелде тIадеги гьаб

дица хъвала бугеб «ГIаркьухъ росдал тарих ва къисмат» абураб тIахьил 1957-абилеб

соналдасан байбихьун данде бакIарула бугеб биценалъ, хIужабалъ, лъугьа-бахъиналъ аслияб

бакI ккола «Балхъ» хъалаялъул биценалъ – гьеб гIуцIараб заманаялъ.





Календарь исламский


Мусульманские праздники