forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
29
Июль

Они приблизили победу

Добавил(а) Administrator on 29 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

ГЬАЗ БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ КЪО К1ВАНАГ1АН Г1АГАР ГЬАБУНА.

К1удияб бах1арчилъи бихьизабуна Салатавиялъулаз К1удияб Ват1анияб рагъул кьог1ал майдабазда. Гьел хилиплъич1о жидерго умумузул бихьинчиял ишазе.

Гертмаялдаса Г1абдулаев Мух1амад нахъекъай гьеч1ого къеркьана Смоленскиялда ва Москваялда гъоркь. Белоруссия, Варшава, Бахъбаккул Пруссия эркен гьабиялъе рагъазулъ. Гьесул рагъулаб нух к1одо гьабун буго «Баг1араб Байрахъ» ва к1иго «Баг1араб Ц1ва» орденаз «Бах1арчилъиялъе г1оло» ва «Рагъулаб хъулухъалъе г1оло» медалаз. Х1ажигороев Х1ажигоро жиндиего бокьун рагъде анна 1941 соналъул 17 июлалъ. Гьес бихьинчилъи бихьизабуна Керчалъе г1оло карал рагъазулъ, г1ахьаллъи гьабуна Прибалтика эркен гьабиялъе. Батареялъул комиссар, капитан Х1. Х1ажигороевасе кьуна Александр Невскиясул орден «Рагъулаб хъулухъалъе г1оло» медаль. Взводалъул командир лейтенант, Гуниялдаса Муслимов Вагьид Керчь босиялъе г1оло мустах1икълъана Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул орденалъе, Сапун – Гора босиялъе йин абуни «Баг1араб ц1ва» орденалъе.Буртунаялдаса роталъул командир Мидиев Батирхание т1оцебесеб рагъулъго кьуна «Бах1арчилъиялъе г1оло медаль, хадусанин абуни К1удияб Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул ва «Баг1араб Ц1ва» орденал. Ц1обокьа Дарбишев Исмаг1илх1ажица нахъе тана курсантасдаса полкалъул командирасул заместителасул хъулухъалде щвезег1ан рагъулаб нух. Майор Дарбишев мустах1икълъана Ват1анияб рагъул 1 ва 2 даражаялъул орденазе. Алмахъалдаса снайпер Жансуев Шайихмух1амадица ч1вана 97 фрицав. Гьесие кьуна Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул орден. Дилималдаса Шарабудинов Ансарияв арзаги кьун рагъде анна 1943 соналъул 23 марталъ. Гьес командирлъи гьабуна кьвагьдохъабазул взводалъе. К1удияв лейтенант Шарабудинов мустах1икълъана «Баг1араб Ц1ва» орденалъе. Ихха росулъа минометазул взводалъул командир Сайдула… Зубайри Моздокалъул рахъалъ карал рагъазулъ мустах1икълъана «Баг1араб Ц1ва» орденалъе. Дилималдаса фронталъул разведчик, лейтенант Абубакаров Васако фашистазде данде рагъулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъе г1оло мустах1икълъана «Баг1араб ц1ва» орденалъе. Васако ч1вана 1945 соналъул


Календарь исламский


Мусульманские праздники