forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
27
Фев.

Нусго соназда т1асан рахарал алмахъал

Добавил(а) Administrator on 27 Февраль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 


Цебераг1и:

ГЬал къоязда нусида т1асан сонал арай, г1емер зах1малъи-къварилъи жинца нухаб тарай Алмахъалдаса мунагьал жиндир чураяй Х1айибатил х1акъалъулъ ц1ех-рехх гьабизе арав дун цо къоялъ кват1ун ккана, гьей Аллагьасул къадаралде щун ятана. Гьединабго жо ккана дир гъоркьиса Ленинаулалда г1умру гьабула йик1арай 1906 соналъ Алмахъалда йижарай мунагьал чураяй Алипат ц1ехезе инейилан вук1адгоги...

Х1асаева Гичибика

Х1асаева Гичибика гьаюна 1910 соналъул май моц1алъ Алмахъалда. Г1умру гьабулей йиго Ленинаул росулъ Г1емер зах1малъи-къварилъи бихьана гьелда.Гьелъул ункъго васазулъа лъабгояв хвана Рак1 унтун нахъа хвана гьелъул вас Чернобылялда авария ккун гьенив г1ах1аллъарав Багьавдун, циндаго ккараб унтиялъ хвана цогидав вас Пахродинги. Зах1матал рагъулал сонал рак1алде щвезарун Гичибикаца бицана:
-Молотилкаялда х1алт1и бук1ана ц1акъ зах1матаб, моц1ица лалдолаан, Къаси регизе толароан...Дир яцц Саих1ат йик1ана чачанасе росасе ун. Чачанал высылкаялде рит1идал гьейги ккана гьезда цадахъ, гьений т1аг1ана, высылкаялда т1аг1ана гьелъул лъималги. Рцун лъугьунел жал рук1инч1о дида ихьанщинал зах1малъаби, цоги жо рак1алда гьеч1оян хабар лъугьизабуна Гичибикаца.



Дагуева Г1абидат

Ленинаулалда г1умро гьабула йигей Дагуева Г1абидат йижун йиго 1903 соналда Алмахъ росулъ. Гьелъул руго ункъго васги ункъгоясги, 37 лъималазул лъималги, 56 лъималазул лъималазул лъималги. Дол зах1матал соназ г1емер къварилъи. ракъи зах1малъи бихьанилан бицунаго, рак1алде щун бицана. жиндир яц Асильбикаца эбел хведал, гьей жемизе мусру бук1инч1огон, къадалдаса бахъун шаршавалъулъ жеманилан, цоги эбелалъул жаназа жемизе жоги бук1инч1огун, хварай гьей йукъизе бихьинчи хут1ун вук1инч1о рукъов. Эбелалъул эмен Отарбиев Жамалодин рагъда т1аг1ана, вацц Къадиев Г1абдусаг1ид, рагъда хадув военный заводалде ккун вук1ана х1алт1изе. 700 чи жанир х1алт1улеб гьеб завод кьвагьун, 400 чи ракьулъе ккун хун руго. Гьелда хадуб гьеб заводалдаса к1игояв вач1ун вуго Г1абдусаг1идил рет1елги, гьесул г1арацги босун. Рет1ел бух1ун буго, г1арац эбелалъ гьел хабар бицун рач1арал к1иясего кьун буго. Вацал Къадиев Адильгере рагъда т1аг1ана, Къадиев Забит рагъда лъукъун рукъове вач1ана. Киг1ан зах1матал сонал рач1аниги Г1абидат йик1ун йиго аваданлъи бугей ч1ужуг1адан. Гьелъ саринал хъвалел рук1ун руго Гъасда бак1алъ г1олилал рак1араралъуб гьел саринал ах1ун аваданлъи гьабулеб бук1ун буго. Чиясухъ балагьун гьесул х1акъалъулъ кеч1 бахъулеб бук1ун буго Г1абидатица. Гьедин жиндирго вук1инисев рос гъасда бак1алда вихьун гьесде кеч1 бахъун буго гьелъ. Гьедин гьев хадув лъугьун, данделъун руго Мух1амадх1ажиги Г1абидатги. Гьесие аралдаса жинде бигьалъи кканилан бицунанила гьелъ, Мух1амадх1ажи лебалав чи вук1ун.Г1иц1го нахъа заманаялъ рек1елгъеялъе гьарулаанилан хурзал жинца. Махсаро-хоч1 бугей г1адан йик1ун, гьудул гьалмагъзаби рук1анила гуниял, чачанал...
Ниж гарач1валулелъуй йик1арай ясалъ абуна гьанже рак1 бух1ун бугила жидер, Г1абидатида к1оченелде долъ рахъарал дол сариналгун. куч1дул щайда жидеца хъвач1оян, дагьал церег1анцин гьелда жиндирго куч1дул к1очон рук1инч1ила. Гьей ясалъ рак1алде жого щоларищан Г1абидатиде гьикъидал, гьелъ дагьаб заманаялдасан ц1алана жиндирго цо сариналъул рак1алде рач1арал гьал мухъал

Кинан дун ч1аниги ч1еч1ин мун гьанже,
Ч1араб ралъад г1адин г1одове вусса.
Ч1ч1ел духъго щвеч1огун мук1урлъич1ин мун,
Тоге къват1иб лъазе къадар хъвазег1ан

Батилгереева Зайгьанат

Исана Зайгьанатил г1уна 100 сон. Гьей йижун йиго 1911 соналъ Алмахъ росулъ Жиндирго халатаб г1умроялда гьелда рихьана чавнго зах1малъаби. Г1емер ракъиял рук1анилан бицана рагъул заманаялда ва рагъда хадусел соназ Алмахъалда, гьенисан гочинаридал Калининаулалдаги. Бет1ергьанчи хъулухъалда вук1ун нижее дагьабго бигьалъи бук1ана кванил рахъалъан, дица т1аде рач1арал х1акимзабазе богогьанлъиги гьабизе кколаан. Гьединлъидал ракъол соназ цогияздаса дагьабго бигьа бук1нин нижер хъизаналъейилан абизе бегьула.
Дагьаб цебег1ан т1аде щварал нижеда Зайгьанат ятана жиндирго рукъсвериялда квалквалей. Гьаб ахирисеб соналъ канлъи дагьлъун тату бахъун бугилан йик1ана Зайгьанат нижее ургъел бикьулей...Бицине бат1аго г1емержо рак1алда бук1инишха гьедин к1удияб ригьалда йигей ч1ужуг1адамалда
Зайгьанатил руго микьго лъимал, 28 лъималазул лъимал, 54 лъималазул лъималазул лъимал. Гьел х1алт1улел руго бат1и-бат1иял хъулухъазда Мах1ачхъалаялда, Москваялда ва цогидал бак1азда, гьел киналго сахаваталл ях1 бугел г1адамал руго



Салих1 Салих1ов

Х1ажимух1мад Х1ажимух1амадов


Календарь исламский


Мусульманские праздники