forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
27
Фев.

"Кулак" гьавурасул къисмат

Добавил(а) Administrator on 27 Февраль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Кулак гьарун дуниял т1аг1аниде цо-цоял гочинари доб лъебералда хадусел соназул заманаялъ ккана Алмахъалдаги. Гьел гочинариги ккана г1айиб бук1ун гуреб, г1иц1го бак1алъул власталъул представителазе рокьич1ел цо-цо г1иллабазе г1оло.
Гьедин къват1ибехун кулак гьабун бит1араб ккана Имамирзал хъизан. Гьел ккана Джамбул областалъул квачараб, салул авлахалъулаб Чу абулеб станциялде. Гьениб бит1араб гьезул хъизамалъул цо вас поездалдаго унтун хвана, гьенире щун хадуб хвана ясги...
Дунгон гара-ч1валулаго ункъойидаса т1асан сонал рорч1арав Багьавдин Имамирзаевас бицана:
- 1936 соналъул сентябрь моц1алъул къоял рук1ана гьел, дир к1удияв вац Х1ажи лъабабилеб классалде ц1ализе унеб г1елалъул вас вук1ана, дун цоабилеб классалде ине хъван вук1ана. Рукъой йик1ана 115 сон г1умроялъул барай к1одоэбел Аймесеги...Нижер рук1ана лъабнусго г1анасел г1иялъажал...Кулак гьарун рит1изе лъазабун бач1ана, нухабе босизе к1олеб ханжу-ц1ан, рет1изе жал цадахъ росейилан. Абулеб бук1ана щолелъуре щведал чуги кьезе бугила нижее х1алт1изабизе, киб гьеб щолеб, щвеч1о, нижерго боц1и-мал кинабго бахъун ана власталъулаз... Нижер хъизан кулак гьабиялъу ккана гьадинаб цо г1илла. Дир инсол вац Адильхан вук1ана дагьаб ч1ух1и гъорлъ бугев чи. Цо къоялъ гьесул г1иял к1анц1ун рук1ун руго цоясул рецулъе.Гьеб сабаблъун ккараб къецалъул х1асилалда, к1иго вацасулгун рагъ ккун, Адильханил бет1ер бук1ана лъукъун, нахъасан кьабураб маххул лъенги щун.

 

Вацц лъукъарав чи теларилан Имамирзацаги гъоркьч1алидаги ч1ун, гьел вацазул цояв лъик1го унтизавун вухана. Ахиралдаги г1иял хьихьун цере г1адамал х1алт1изарулел ругилан г1арзал ккун, гьеб ккараб жо сабаблъун нижер хъизан кулак гьабун бит1ана. Нижгун цадахъ кулак гьавун вит1ана, рокъоб г1анк1ог1анасеб жо гьеч1ев Шихтемирги, власталъуласул цоясе гьев вит1изе бокьун.Гьесул "буголъи" бахъизе рач1аразда щибха батилеб, щибго жо рокъоб жаниб бук1инч1о.Нижгог1адинн цадахъ рит1арал рук1ана жеги Кехурсал эмен Г1абас, Г1исал Якъуб, гьев вук1ана лебалав, ц1одорав чи. Гьедилан Хасавюрталъул станциялдасан поездалъул вагоналда рек1инаруна ниж. Вагоналги киналха рук1арал, боц1и баччулел г1адинал, щибго хинлъи жаниб гьеч1ел. Гьанжени додинал поездалъул вагонал ратиларо... Цо-цо станциязда анкьги бахъулаан поезд багъаруларогон. Гьеб поездалда хвана дидаса к1удияв вац Х1ажи. Лъабго къоялъ лъазе теч1огон бук1ана вагоналъуб Х1ажил жаназа, щвараб бак1алъ букъизейилан абун. Амма гьев хвей т1атана, станциялде щварабго цо полуторка машина бач1ун, халг1атал т1асан рет1арал г1адамаз босун ана Хажил жаназа, гьесда рет1араб рет1елгун, гъоркъ бук1араб цого-цо бусенгун цадахъ, гьев квешаб унтиялъ хун вугиланги абун. Гьесда рет1араб рет1елалда бук1ана балъго букъараб дагьа-макъаб г1арацги...Гьедин щвана ниж Ташкенталде, гьеб бугоан ц1акъ лъик1аб шагьар, амма гьединаб бак1алъ тезе гурелъулха ниж рит1ун ругел... Ахиралдаги ниж щвараб бак1 бук1ана сверда сверун салулаб бак1, гьенир рахъулааан нилъеца щайт1ан-гьурийилан абулел сверулел гьурал, г1анк1ог1адинаб рух1ч1аголъи босун унаан гьединаб гьороца.Сверухъ бук1инч1о щибго г1урччинлъи, гьениб ц1ц1еялъ кваназе жо гьеч1олъиялъ, буч1араб чол рак кунаан... Гьенире щун лъабабилеб, ункъабилеб къоялъ хвана дир к1удияй яц Пат1иматги, гьелъул хоб т1оцебесеб бук1ана, гьенире ниж щведал. Эбел-эменги дунги лъабалго хут1ана нижер хъизаналъул. Г1исинал чаг1и Х1ажиги, Пат1иматги Алмахъалдаса къват1ире лъугьунаго рази-ракиго рук1ана, дуниял бихьизе бугеб гъираялъ, амма гьел хвана. Къват1ивехун ине щибниги бокьун бук1инч1ев дунилан абуни, хадуб бихьанщинаб г1акъуба, ракъи, зах1малъи нахъа тун ч1аго хут1ана. Г1иц1го нахъа заманаялъ хъизан гьабун хадуб, цадахъ рук1ун, гьей ч1аго йигог1ан заманаялъ гурони дида роххел бихьич1о... Дир Эмен Имамирза лебалав чи вук1ун ц1улал шпалалгун маххул нухал гьарулезул бригадирлъун ккана, гьелъ нижее цодагьаб гьениб бигьалъи ккана. Дагьаб заманаялдасанго рач1ана гьенире лемсалилан абулел чаг1азул эшелоналги. Абулаан гьел хъубал чаг1и ругилан, гьез жидерго хварал чаг1иги кваналилан. Гьедин цо кие ккун лъач1огон йиларай бат1ияб милаталъул цо ясалъул жаназа батана т1аде ц1анги щван кваназе х1адур гьабураб киниги бахчун...Гьениве щун г1емер заман инелде унтун бусада лъуна Кехурсал эмен Г1абас. Гьес гьарулеб бук1ана Алмахъалда жидерго рукъалъул сверухъ бугеб иццалъул лъим. Имамирзаца лъик1аб гъуйги балагьун, бац1ц1адаб лъин ц1ун бач1ана Г1абасие ва, гьеб Алмахъалдаса бач1арабилан ккезе, анкьидасан гьесие кьуна. Г1абасица гьеб цо к1алги ч1ван гьекъеч1о, гъуйил лъим бугиланги абун. Цинги дир инсуца Алмахъалде бит1ана кагъат г1агарлъиялде доб иццул лъим бит1ейиланги хъван. Цо лъик1 заман ун хадуб бач1ана гьеб бит1ун. Ц1орол шишинибе т1уни, гьеб шиша бекиялъул х1исабги гьабун, лъим бук1ана х1айваналъул бакъвазабураб понц1ероялъубеги т1ун посылкаялъуб лъун. Гьелщинал къояз понц1ероялъуб беччараб бук1аниги, жидерго иццул лъел тату лъана Г1абасида, воххиялъ ц1акъго къечарав чияс г1адин гьес гьеб лъим гьекъана. Росулъа бач1араб посылкаялъуб бук1ана цо ракьул г1ерекъги, дир эбелалъги Г1абасицаги гьеб кванана пахъухъ киниги, гьедиг1анги хирияб бук1уна рик1к1аде ккаразе нилълъерго ракь. Г1емер заман инелде унтиялдаса сахлъич1огун хвана Г1абас, хадусан нахъа хун вуго гьенивго Шихтемерги, гьелги гьенир рукъун руго...
Гьедилан цо сонги бащдабги гьениб бараб мехалъ дов Якъубица абуна дир инсуда, жив гьаниса балъго нахъе ине вугин, бокьани дур хъизан васгун жинца цадахъ рачинилан. Гьедилан Якъубица ниж поездалдеги рахинарун рачана. Ахиралдаги, г1емерал бак1ал нахъа тун щведал, гьес ниж рещт1инаруна Хасавюрталде щваниланги абун. Живго, власталъ рокъове тезе гьеч1еблъи бич1ч1улев гьев поездалъ вачаралъуве нахъе цоги бак1алъе ана. Гьесул хадуб ккараб дида лъаларо, рагъ байбихьидал Трудовой армиялде вит1ун, гьенив т1аг1ана...Хасавюрталде щварал ниж кире ине лъаларогон рук1ана. Гьединги эбелалда лъалей Гъозталаялдаса цо ч1ужуг1адан ятана гьений. Рихьич1огон г1емер мех барал гьел роххун габунир цоцазда къочун гара-ч1валана. Цинги гьелъ ниж щвезаруна Алмахъалдаса Коргъолол Саг1додинил Хасавюрталда бук1араб петералде... Гьес ниж кваназеги гьарун, кодобе щу-щу туменги кьун, полуторкаялдаги рек1инарун рит1ана Алмахъалде...
Гьенире щун пайдаяб мехалдего лъана ниж рач1ин, кват1ич1о нижехъе щвезе власталъулалги. Чанго нухалъ цадахъ дунгон ячана эбел ц1ех-рехх гьабун допросазде, щай нахъе рач1аралиланги абун. Гьезда кколеб бук1ана нижгун цадахъ вач1ун эменги рохьазда вахчун ватилилан. Гьедин нижеда хадуб балъго ххал гьабизе цо чиги т1амун вук1ана гьез. Дир эбелни жанийцин т1амилей йик1ун ятила власталъулаз хьихьизе кколев гьит1инав чи дун цадахъ вук1инч1евани. Гьедин рук1аго унтана дун, хадув щвезавуна Дилималде больницаялдеги. Моц1ица вегана гьенив. Сахлъун росулъ щварав дида эбел ятич1о, гьей дун больницаялде ккедал йит1ун йигоан дое нахъего йик1аралъуе, амма дида лъалеб бук1инч1о гьей х1ал-зулмуялда гьение йит1ун йик1ин. Хадуб цо заманаялъ бач1ана инсоца диде кагъат эбел моц1ал нухда ран, якъиялъ гажарог1адин г1иц1го рукьби хут1ун щванилан дое. Хадубги гьез хъвалеб бук1ана дун вачине хадув чиги вит1илила, жидеде аск1ове гьаниве вач1айилан. Дунги реххун тун, жиндего бокьун эбел гьение ун ятилилан рак1алда къан, гьеб квешги ккун вук1ана дун. Кагътиде маг1уги т1енк1олаго хъвана дица гьезде кагъат, дун гьениве вач1инарилан. Анц1ила лъабго сонгун бащдаб бана дица эбел-эмен аск1орги гьеч1огон... Цо дагьав турк1изег1ан г1агарав чи Гъирисханица хьихьана, амма цо-цо г1агараз щибго т1алаб гьабич1о, лъутун вач1арав кулакасул вас сабаблъун власталъулазда мекъса бералда жалго рихьилелилан х1инкъун...Ц1алиги хвеларищха дир. Хадуб к1удияв чи г1ураб мехалъ гьабуна дица школалда ц1али. Кутакалда ракъи бихьана, х1айваналъ г1адин хер кванана, чинаридул т1а, ц1ек1ва, миккил ц1улакьо кваналаан (гьелъ чахьал гьорозарун холаан чанго чи ) гьагъадаг1ан квералъул хъалалда гъванигицин бух1изабун ругъун лъугьизабулеб баг1асду кванана., хуриб батараб ц1орон турун ч1апуг1адин лъвараб картошка т1аса хъал бахъун бежун кванана... Хадусан дагьав турк1араб мехалъ дирго к1удияй эбелгун цадахъ вук1ана. Рагъул заман бук1ун подростокилан абун колхозалъул хурзабахъ х1алт1ана. Подростоказеги ч1ах1иязего г1адин бащадаб къол норма бук1ана х1алт1ол т1убазабизе бихьизабураб. Гьеб т1убани лъабго хинк1 кьолаан къаде кваназе, т1обач1они цо хинк1 ялъуни бащдаб хинк1 нахъе унаан, т1ок1аб ригьие квен щолароан. Дунги рух1 бахъун х1алт1улаан, норма т1обач1огон, доб бащдаб хинк1 нахъе инебилан абун. Къаде кваназе щвараб цо хинк1ги кванан, к1игояб хинк1 рокъобе босулаан цадахъ йик1арай к1удияй эбелалъе...Хадубги ригь г1уралъуве вахиндал холостой налогилан абун 16 тумен кьезе кколаан, армиялъе 25 кг гьан, нах кьейила рач1унаан. Гьеб кинабго щвезе бак1 бук1инч1о, амма гьеб кьеч1огонги кинго рорч1улароан. Къад колхозалъул хурзабахъ х1алт1ун, къаси-къаси моц1рол канлъухъе, кутнада рекьун бажаруларел лаблъи бугел бак1ал рухъизе ине кколаан...
1949 соналъ дир инсол г1агарал чаг1и Сайбодин, Тажудин, Будайчи хадурги ун рач1ана дир эбел-эмен дораса нахъе...
Г1умру гьабизе г1ащикъал дир яцги вацги хвана доб заманаялда, хвана диргон зах1малъи, къварилъигун роххел к1и бикьарай лъади, хвана жиндирго хъизан-лъимал нахъаги тун дир к1удияв вас Сулайманги, гьесул бак1алъг1аги хун вук1аравани дун, гьабщинаб зах1малъи къварилъи бихьизабич1огун...Аллагьасе гьадин бокьун бугелъулха.

Салих1 Салих1ов


Календарь исламский


Мусульманские праздники