Печать
27
Фев.

Бадродинил х1акъалъулъ цо-цо баянал

Добавил(а) Administrator on 27 Февраль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Салих1 Салих1ов

Алмахъалдаса мунагьал чураяв Бадродинил х1акъалъулъ г1емер жо бицуна росуцояз. Дидагоги гьит1инаб мехалъго раг1унаан гьесул х1акъалъулъ харбал, гьес билълъанхъулеб ц1улал оц гьабун бугилан абун...Доб цебе заманаялъ къват1исел улкабаздаго г1алимзаби т1ад х1алт1улаан "вечный двигатель" ургъиялда т1ад. Франциялда нахъа заманаялде щвезег1ан гьединаб г1елмуялъул х1алт1ухъ мухьцин кьолаан (финансировать гьабулаан). Гьеб "вечный двигатель" г1алимзабазда батич1ониги, гьеб балагьулаго ургъун гьез бат1и-бит1иял х1ажалъи т1ок1ал изобретениеял гьаруна... Гьелъул х1исаб гьабун, школалъул учитель Алгереев Байгереца абуна, гьев Бадродинилги доб "жибго унеб" (механический) оц гьаби бук1анила "вечный двигатель" балгьулел къват1исел улкабазул г1алимзаби рук1инги лъан, гьабураб... Бадродиница жиндир г1умруялъул нухда тана нилълъер историялъе мустах1икъаб памятник - Алмахъалда Ахъташалда т1асан бараб к1удияб, г1ажаибаб, берцинаб кьо.Доб заманаялъ гьеб кьо балелде цебе Москваялдаса кьоял раялъул инженер вач1инавун вук1ун вуго Алмахъалде. Гьес бихьизабун бук1ун буго лъарал бакьолъ риццатал ганч1ил х1убалги (опорал) гьарун гьеб кьо базе. Бадродиница абун буго гьесда лъарал гьоркьоб бак1алъ щибго гьабизе бегьуларин, ц1адал ран хадуб г1емерлъун бач1унеб лъеца гъут1би росун рач1ун гьел х1убазда ран, к1удиял квал-квалал рук1ине ругилан ва гьев инженерасда бицун буго кин гьабуни лъик1али. гьедилан Бадродинил кверщалида гъоркь бан буго гьеб кьо. Гьединабго гъоркь к1удияб к1амуриял ругеб Дилималда аск1обег1ан кколеб кьоялдаги Бадродиница квер багъари гьабун, аслияб инженерияб х1алт1и гьабуна...Бадродин вук1ана к1удияв махщелчи, гьесул бук1ана къебеллъи. Лъеца х1алт1изарулел гурони рук1унарел рук1арал гьабал, Алмахъалде ток бач1ун хадуб Бадродиница 1971-72 соназ гьабун бук1ана токалъ х1алт1изабулеб гьобоги, 1990 соналде щвезег1ан гьеб х1алт1улаги бук1ана...



Бадродинил вас Анасица бицана:
Доручастокалъул начальниклъун вук1ана Байсунгъурил Х1ажи. Дилим росуги тун маг1арухъе унеб нухда лъаралда т1асан к1удияб кьо балелде цебе гьев вач1ун вук1ана Алмахъалде дагьаб цебег1ан заманаялъго Бадродиница Ахъташалда т1асан бараб к1удияб к1амури гъоркь бугеб кьо бихьизе. Гьедин гьелъухъги балагьун инженергун цадахъ доб базе бугеб кьоялъул чертёж бахъана гьез...Гьеб кьо балаго гьез гьениве ах1арав Бадродиница бицун буго гьезие к1удияб доб к1амуриялъул конструкциялъе х1алт1изабураб хъарщи камизабич1огон нахъе кьезе, г1иц1го чамали килограмм маг1ил гурони гьеб кьоялда бат1ияб материал хвезе гьеч1еблъи.

Армиялде ккараб мехалъ, шахтаялда х1алт1изарубулеб техникаялъу военный инженер вук1ана гьенив. Дица бицана гьесие дирго инсуца доб жибго инеян ургъун гьабураб ц1улал оцалъул, дидаго рак1алда к1оченч1огон ч1ч1арал гъолда х1алт1изарулел рук1арал жемулел, чучулел пружинабазул. Гьев инженер ц1акъ к1варгон г1енеккун, гъира ккун, бат1и-бат1иял суалал кьолаан дие гьес

Бадродинил ясалъул яс Садикъова Сиядатица бицана:

- Дир к1удияй эбелалъ бицунаан: Алмахъалда кьо балеб мехалда. г1олохъабиги рак1арун, рукъг1ан к1удияб донк1 бухъана гьениб аск1об, хадуб г1емераб ц1ул жанибеги бан гьеб бух1ун, терет лъугьунеб мехалъ. гьелде т1аде бана лъаралъа баччун г1емераб гамач1(известняк), гьелде т1аде ракьги хъван чамалиго къоялъ жибго тана. Гьедин х1адурараб гачил гьабуна ганч1ида гьоркьоб лъезе раствор. Гьеб кьо гьабулеб мехалъ бук1ун буго гьабураб договор, бан хадуб цо гамач1цин кьодул к1амуриялда лъураб бак1алъа гъоркье бортани Бадродиница жаваб кьезе, гьеб договорги хъван раг1ула, доб заманаялда рекъон латыналъул раг1абадасан.
Бадродиница Басрияб Миякьобги бук1ана гьобо гьабун. гьеб нахъа заманаялъги х1алт1ула бук1ун буго

Бадродин, Дилималда кьо балеб мехалъ, х1алт1ол къо лъугьун Алмахъалде рокъовеги, радал х1алт1оде Дилималдеги щвезабизе бук1ана ч1езабун х1акимзаби раччулеб т1ад тент ккураб "легковушка" (ГАЗ-69). Х1акимлъиялъ гьабун бук1ун буго къот1и 3 азарго г1анасеб гъурущ(1970 соналъул заманаялда гьеб бук1ана г1емераб г1арац) кьо бан лъугьиндал Бадродиние щвезе. Бадродин вук1инч1о г1арац хирияв чи, гьес цояб к1амури бихьизе киниги лъугьизе гьабуна, цинги хут1араб ножедаго лъала, дир гьанив вук1ине т1ок1аб заман гьеч1илан х1акимлъиялдеги абун. нахъе лъугьана гьениса...