forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
27
Фев.

Ракъигун къварилъигун зах1матал рагъулал сонал ва рукъзал риххун г1адамал гочаризари...

Добавил(а) Administrator on 27 Февраль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Салих1 Салих1ов

Ракъигун къварилъигун зах1матал рагъулал сонал ва рукъзал риххун г1адамал гочаризари

Г1ажаибаб жавабчилъи гьеч1ел цо-цо ишал кколаан дол рагъда цересел ва рагъула соназ Алмахъалда.

Бандал ч1езе рес бугеб бак1 бугиланги абун Мажитил гох1да, Чартикъоноялда рук1арал т1олго рукъзазул т1охал хвезарун г1адамал нахъе инаруна власталъулаз гьениса. Щибго цоги бак1алъ рукъ базе кумек гьел власталъулазул гьабулароан, г1адамал жиде-жидер г1агарал чаг1азул рукъзабахъе гочун ун х1ебт1изе кколаан. Гьанже пенсиялда вугев Ленинаулалдаса Мух1амагъази Агъамирзаевас бицана:
- Трудовой фронталда, Терекалъул канал бухъулелъуй г1ахьаллъун бакъул унтиялъ (сири) г1одой лъурай дир эбел Х1алимат жанийги йик1аго, власталъулаз т1охде т1адеги рахун, бег1ераб г1ералъ т1ох борлъ-борлъана, жанив чи х1ебт1иларедухъ, унтарай гьей къват1ие инайизе к1веч1огун. Гьеб биххун хадуб, ине бак1ги гьеч1огун, Х1алиматил яц Алипатил доре ана. Гьезулги жаниб цо гурони рукъ гьеч1еб мина бук1ана. Гьенисан ккана Ленинаулалде. к1удияй эбел Хадижатил цо рокъоре. 1953 соналъ армиялдаса вач1ун хадуб дица гьениб бана мина ва эбелгун гьениве вахъана


Доб Мажитил гох1даса, Чартикъоноялдаса рукъзал риххун гочинаруна хъизаби: Биясланх1ажил, Сайдулал, Охъмазил, Хъабатаясул Нусх1абил, Нурмух1амадиязул, Сайбодинил, Г1умарх1ажил Асадулал. Сомболатиязул, Саламирзал Мух1амадил, Мух1амадх1абибил, Халипасул, Мажидил, Г1абдурах1манил, Шарипил, Х1айибатиязул, Занкиязул, Зугьрал Мурадил, Ирисбил.Занкиязул бак1алъ болъоназул бокь гьабуна. Гьел хъизабалъа чангоял рагъул фролнталда рук1ана гьеб мехалъ.

Х1асанханов Гъайирбегица бицана:

- Рагъда эменги (Х1асанханов Гъайирхан) т1аг1ун рук1ана ниж.Чачанал высылкаялде рит1иидал, нижер эбел цогиялгун цадахъ, ниж лъабго лъимал жалго рукъорги тун, ячун ана чачаназул росабалъе. гьениб бугеб буголъи къват1ибехун бит1изелъун гьеб бак1арун складазде ккезабизе. Моц1ица эбел йиччач1о рукъое яч1ине. Г1исинал ниж гочинарун щвезаруна Калининаулалде, Висингерел бокь цебе бук1араб цо биххиялде ккараб бак1алъе. Гьенир т1алаб гьабизе чи вук1инч1огон ракъоца хвана дир яцги вацги. Къаси сордоялъ берцинго цоцалъ к1алъан рук1арал гьел. радалиде к1иялго хун ратана. гьебг1адин рак1алда къалеб жо гьеч1о. Цинги гьел хун хадуй щвана эбел т1аде

Гъандауров Г1абдубасирица бицана:

-Ц1оросоролъалъул х1ок1цин къанаг1ат гурони щолароан ххенезе. гьеб хъурун квен гьабулаан ракъоца рагъул заманаялъ, бак1арулаан миккил ц1улакьо, кваналаан чинаридул т1амах, тухурта. гьадил т1егь, т1амах. Хадусан Ладул баракаталъ дун ккана почтаялде х1алт1изе. гьелъул дагьаб кумек ккана.

Гъандаурова Г1абидатица бицана:

- Колхозалда хурул х1алт1и гьабун, норма т1убазабуни кьолаан цо банка ц1оросаролъул ханждал. Гьебги кидаго щолароан. гьеб норма гьабизе кидаго гуреб т1обазабизе к1олеб бук1араб. Къол норма бук1ана: 5 сотых ракь бухъиялъул, хур ч1араялъул 10 сотых. Къад х1алт1ун хадуб. къаси моц1рол канлъухъе ч1арадулаан. Гьениб квание кьурал хинк1ал лъималазе рукъоре росулаан, хинк1ал релъараб лъинги гъекъон. Х1анипал Мух1амадил к1игогун бащдаб хинк1алъул цоги бащдабги нахъе босана. гьесул норма т1обач1огонилан абун... Нахъотаралде , Дилимазул Шавданалде рачунаан хьодуе картошка баччизе, картошка баччизабулаан рик1к1ада бугеб Ц1ант1а мег1ералдасаги. К1иго пуд бугеб раччи босизе к1вараз цо нухалъ ун рорч1улаан. цо пуд баччулел к1иц1олго ине кколаан. Ликъинчоялде рачунаан хур гьабизе. гьенирго сордо бан ч1езарулаан. Отаразда г1адамал толарогонилан. гьенир рук1аразул рукъзал риххана ва гьел жиде-жидер г1агаразул рукъзабахъе къварилъуде рахъинаруна...
Буртинаялде ц1улал тунк1алги гьарун рагъуе ругьун гьаризе рит1ана алмахъазул цо кьер, анц1ила к1иго къоялъ ругьунги гьарун рит1на фронталде, гьезда гъорлъ Гъандауров Баширги, Авбакарги рук1ана.
Учительзаби Исуп, Г1изудин, Буртинаялдаса Мух1амадбег рагъдеги рит1ун анкьго класс лъугьинабич1огун хут1ана нижер.
Гъайилир, Талаялда ч1арадилаго ракь сородизабулаан Хасавюрталдехун ккарал кьвагьияз.
Хасавюрталде гочун ун вук1ана Жамалодинил Кама. Гьениса гьев нахъе вач1ана, кьвагьараб жоялъул осколок бот1ролъги щун. гьебги бухьун.
Лайлал эбел Хадижатил Хасавюрталда бугеб рукъ бук1ана кьвагьи щун биххизабун.
Г1адамал отараздаса гочинарун риххарал рукъзазул хут1арал бак1алъе унаан ц1улал магьал ц1езе...
Бригадаби т1амулаан къецалда х1алт1изе. Бергьаразе цо куйги, к1иго пуд ханждалги кьолаан. Гьедин бергьенлъиялъе г1оло къаси, къад х1алт1улаан. Х1анапил бригада бергьинеялъе гьоло, х1алт1изе рач1унаан гьесул херал эбел-эмен Халидги, Зубайдаги. Гьедин Х1анапил бригада г1емерисеб мехалъ бергьунаан. Росгун екьаризе яч1унаан Хочбарил Ами. Цо сотых бекьун щолаан г1абаси.

Сурхай Саласгереевас бицана:

- Лъбц1улго каналал рухъизе вит1ун ч1алг1арав нижер эмен Сала г1авухъалъго ч1ана, Алмахъалде вач1инч1огун. Гьенив гьезул ц1аназда вехьлъун вук1ана. Г1авохъаца 60 сотых ц1оросаролъ бекьизеги, 10 сотых картошка бекьизеги кьун бук1ана гьесие. Ц1ани хьихьун моц1ие цо ц1еялъухъ цо банка ханждал кьолаан.
Калининаулалде гочун хадуб г1емер чиясде сиридал унти ккана. гьелдалъунги г1адамал хохона. 1946 абилеб соналъ ниж эменгун балъго нахъе рач1ана Калининаулалдаса, амма ниж рук1араб отаралда щибго х1алт1и гьабизе теч1о нахъа заманаялде щвезег1ан.
Рагъда вас т1аг1арай отаралда йик1арай Сулайнат рукъги биххун нахъе гьениса гъезе рит1ун ун рук1ана Х1анапиги, Хъазамил Мух1амадги. Жий кие гьаниса инейилан абун нахъе инайизе к1веч1огон, жийго Сулайнатги тун рач1ана гьел нахъе.
Чачаназул росабалъе гьезул мал бак1арун Пачалихъалъулазухъе ккезебизе бит1ун бук1ана цо цебесеб кьер г1адамазул, хадусан гьенире гочинаруразе щибго кванил сурсатал гьенир рук1инч1о.
Гочинарураб мехалъ Калининаулалда, т1асияб хабалахъ рук1ана г1урусазул солдатал. Раччиги баччун уней ч1ужуг1аданалда, гъугъайищ гьей йик1араяли, ялъуни г1урусалъ абураб бич1инч1огунищали, т1уманк1 кьвагьун. гьей к1и йорлъана. Хадуб больницаялде щвезаюн хвасар гьаюна
Рагъда лъукъун рокъове виччан вук1ана Къадил Забит. Эбелгун Хасавюрталдаса рукъоре рач1инел рук1арал гьезде данде лъугьун руго бандал. Гьасул шинель бахъизейилан лъугьарал бандазул цоясухъа туманк1 бахъизехъин бук1ун буго Забитица, амма цогидав бандас кверазда кьабураб хъундагъалъ гьеб бандасухъа борч1изабизе к1ун гьеч1о. Кинго т1аделъаниги Забитил шинелги гьезда борч1изабизе к1ун гьеч1о.
Ц1улал устарлъиги гьабулев. г1усалги рахъулев Арсамирзахъа бандаз рохьосан данде лъугьун гьесул саг1ат бахъун буго. Гьеб лъугьа-бахъиналъул х1акъалъулъ бахъараб коч1ол к1оченч1огон хут1арал раг1аби руго гьал:

Арсамирзал саг1ат карандаги бан
Кинда васандана гъах1ба чачанав...

Рагъде г1олохъаби инаго ясаз ах1улаан гьаб кеч1:

Годобе буссинч1о Совет х1укумат
Молодёжни бригад биххун гурони.
Кинго г1одор ч1еч1о кансарачаг1и
Ч1ух1арал васаца росу теч1огун

Г1иса Саласгереевас бицана (Салал Г1иса):

- Бицун х1алк1олеб жо гуро нилълъер г1адамазда бихьизабун тараб жоялъул. Колхозазда гьеч1ел единоличниказе картошка бекьизе бак1ал кьуна рик1к1ада маг1арда ракьанда бак1азда.
Отаразда рук1арал г1адамал Нахъотаралде, Х1авдишкаялде гочинаруна. Гьенир жидецаго г1адамаз рана х1ащул толаби ва гьенире рахъана, цоцазда т1ад регун рук1ана г1адамал...
Солдатаз чачаназда жидедаго машине ине нух гьабизабуна, къач1азабуна кьо.
Солдатазул постал рук1ана лъун Булахъалда, росабалъ бак1-бак1алда.
Калининаулдаса, Ленинаулалдаса чачанал выселить гьарилелде гьенирго гъоркьго рук1ана бат1и-бат1ияб бак1алъа маг1арулал, г1андисел. Гьел чачанал гурел чаг1азул список мух1кан гьабуна солдатаз...
Маг1арулазулъги рук1ана ц1огьорзаби.
Нилъер г1адамал гьенире гочинаридал, гьениса кинабго мал нахъе ун бук1ана. Лъик1абщинаб езил, пахьул т1аг1ел гьениса бак1а-бахарун нахъе ун бук1ана, х1акимлъиялъе щун батилаха гъоб.
Занкиги, Тавсултанги ч1вана Дилимазул бандаз.
Амма рек1елгъей бук1ана г1исинаб кьералъулъ, бук1ана лъик1аб дунялалде божилъи, гьелъ кумек гьабулаан ракъул заман бук1аниги.

Шарипов Расулица бицана:

- Дун анц1ила ункъо сон баралдаса нахъе вуго колхозалда х1алт1улуев, х1алт1ана калмыказул дова г1иядаги, г1емер зах1малъи бихьана, вук1ана росдал депутатлъунги, райкомалъул бюроялъул членлъунги (гьесухъ ругоан книжкакаби "Победитель соцсоревнования", "Почётная грамота", "Ветеран труда", Доска почётаялда хъван вук1инги.

Гуниялдаса вук1ана Алмахъалда цо ц1аларав г1алимчи Зайидх1ажи, гьесухъ рук1ана ц1алулел Иманг1али, Арсамирза, Х1амид. Дир инсул яц Бариян гьес жиндирго рукъой ц1алдезаюна, бихьиназда цадахъ теч1огун. Гьелъ гьесул лъимал хьихьун кумекги гьабулаан. Цо къоялъ Бариянида бихьун буго Зайидх1ажица бет1ер борхун мах1ал сунт1улел. Гьалъ инсудеги бицун, цо къоялъ Г1абдулах1итица рузманалда гьикъун буго Зайидх1ажида доб мах1сунт1иялъул маг1на щибилиан. Гьес абун буго Ник1алайида т1аде к1анц1изе унел г1урусазул армиялъул ваксидал мах1 бугилан, жив гьанисан нахъе ине ккезе вугилан, рагъал рук1ине ругин, г1емер чаги т1аг1инаризе ругилан. Гьедин арав Зайидх1ажица хадусан кагъат бач1ун буго, жив гьенисан Стамбулалде ворч1анилан

Ракъарал сонал нахъа тана. Доб мехалъ мич1ч1ил кьибил бахъулаан кваназе. муг1рузул гъоркьбак1азде ун.
Рук1ана т1ад лъурал налогал, ханал, 25 кг гьанал кьезе кколаан. Гьел т1аса ккезе рес бук1ана, рохьил болъонил т1ом кьезе щвани.
Лъабго хинк1(буг1а, ячмень) кьолаан х1алт1улелъуб, цо хинк1ги кванан к1игояб рукъобе босулаан лъималазе.
Яцг1ал Зулайнатил хвана к1иго лъимер, т1ад дебиги бахун рукъана гьел. Лъимер хвараб мехалъцин гьей рукъой теч1о, х1алт1изе яхъинаюн.
К1усаралъуй хварай Азал яс Саих1атида мал кьабуна, мун хун гьеч1иланги абун... Азал Эбечалъул бук1ана колхозалъул ц1оросаролъалда гъорлъ ч1ч1ун гьоло (Ц1оросаролъалъе гьоркьоб ч1ч1араб гьалил зарал бук1унаро, пайда бук1ани гурони), гьелъул бижуна бук1араб гьеб гьоло т1ут1ун нахъе бана.
Колхозалъул ц1оросаролъалъулъ ч1ч1араб (гьелъие зарал кколареб) Мусал Саих1атил хъабхъил рач1ч1ал рет1ун нахъе рана, бригадиразул г1акъло гьеч1олъиялъ.
Магъилъ бак1алъ, отарабазда, т1охал рорлъун рукъзал риххана, росулъе ун рук1айиланги абун.

Реххехун кьвагьарал бомбабаз Алмахъалдаго ракь сородизабулаан. Немцазул самолётал унаан т1асан роржун.
Иманг1алил яс Х1абизатил рагъде ана к1иго вас, Иманг1алиги Х1амидги (гьел рагъда т1аг1ана, лъабабилев вас Арсанг1али щиб ккарабали жаниве ккун т1аг1ана).Рагъде арал гьезда хадуй г1одулей Х1абизатиде гьелъул бет1ергьанчи Г1абдулах1итица абулаан, Х1абизат мун г1одуге, нилълъер васал толеб рагъ гьаб гуро, гьединги абун живгоги к1алогъоркьеги вегун г1одулаан...
Цо немцазул самолёт т1асан боржун индал. гьелда хадуй г1одилаго екерарай Х1абизат г1акълоялдаса ана ва хадусан гьеблъиялда хвана.

Алмахъалда цо бакъанил г1ужалда лъазабуна, метер радалиса, квен цадахъ босун росу раг1алде рак1арейилан бихьиналги руччабиги. Лъалеб бук1инч1о щай рак1арулебали, гьел рак1араразулъ йик1ана дир эбелги... Гьел рук1ун руго высылкаялде рит1арал чачаназул росабалъе гьезул маг1ишат бак1аризабизе рачун.
Раччи баччун иней Пари лъукъана посталда вук1арав солдатас туманк1ги реч1ч1ун. Гьей Мирзаханица Дилималде больницаялде щвезаюн, ч1аго хут1ана. Солдат Дилималда жанив т1амун вук1ана цо дагьал къояз, гьес туманк1 нахъе кьеч1о (рагъулазда т1ад кверщел бук1инч1о бак1алъул властазул)

Къаси-къад руччаби рекьарана бан оцазда цебе фонарьгон.
Налог кьезе к1веч1огонилан дир эбелалъул рокъоса ана лъимал чвердезабулеб езил силапчи.
Къоца х1алт1ун рукъоре щварал руччаби къаси нахъалъизег1ан жанир т1амулаан кансароялда, налог кьейиланги абун. Гьедин х1алт1одаса щварай к1иго ч1ужуг1адан рук1ана кансароялда жанир т1амун. Кьезе кколаан заём, гьан, нах, ц1око
Рит1улаан каналал (Обороннаялъул) рухъизе.
Налог кьезе к1оларогон. х1алт1и гьабизе к1оларел рит1улаан батагъазде, ччугг1а кквезе (принудительные работы). Гьедин гьенире рит1ана Хасимат, Сирал Сайбодин, Кехурса, Х1арсанил вас Х1асан.

Т1агьибат Г1амиевалъ бицана:

- Дун гьаюна 1937 соналъ. 1940 соналъ, дир вац Мух1амадг1али гьавун анц1го къо инелде хвана нижер эмен Мух1амадт1агьир, ниж рук1ана анкьго лъимал. Дида лъай батаралдаса ракъол сон батана. Эбел кидаго х1алт1улей йик1унаан. Бихьиназ х1алт1изарулел оцазул гьоко-чанагъгун колхозалда х1алт1улей йик1унаан гьей. Гьеб гуребги, т1ахьдиялъул сах1алъухъ чачаназул хурзабахъ ч1арадун, эбелалъ цель к1ут1ич1еб бак1 теч1о. Колхозалда къоялъ х1алт1ун банка ханждал кьолеб мехги бук1ана, гьеб ханжу гъудалъ бикьулеб мехги бук1ана. Бух1араб лъелълъе гьебги бан лъел кьерги хвезабураб чурпа ххулаан... Дир эбелалъул яц йик1ана Сайгибат, гьелъ бач1унаан цо-цо картошка ниж к1и-к1иязе къот1изе. Эбелалъ бач1унаан кванач1огун х1алт1удаса жиндего кваназе кьураб хинк1 нижее. Дагьа-макъаб ханжу лъелъеги бан гьабулаан чурпа, жинцаго гьелъ кваналароан, нижехъги балагьун г1одулаан. Г1емерисеб мехалъ к1ал ккун йик1унаан гьей. Эбелалъул яцалъ абулаан нижехъги ялагьун, чадил бак1алъ гьанги кьун хьихьарал рук1анин нуж инсуца. Хваралъуса нахъе чи вач1унев вук1аравани, хобги рагьун вач1инаан нужер эмен, нуж ругеб х1ал бихьани... Гочун гьанире рач1индал эбелалъул вац Х1асал Мух1амадил, Х1абибиил кумекал щвана, гьез чанги рачел къана нижее. Х1асал Мух1амадил хъизан йик1ана базаралде хьвадулей лебалай ч1ужу, гьедилан цо-цо нижееги кумек гьабизе рес кколаан гьезул...Вакъун х1ал щварав дир гьит1инав вац Мух1амадг1алица абулаан, эбел хур бижиндал мучари гьабилагури дуцайилан. Гьелъги абулаан, гьабила эбелалъул, хьаг ц1урал хинк1алги мучариги гьабилайилан. Гьес воххун кверал лъулъалаан...

Авбакар Г1амиевас бицана:

- Бихьараб зах1малъиялъул, г1акъуба-къварилъиялъул бицун х1алк1оларо...Т1оцебе Алмахъалда объединение гьабун, гьенире лъугьарал анц1ила анлъго членазда гьоркьов вук1ана дир эмен Г1амиги. Рагъ байбихьилелде заман бук1ана доб. Гьез вакъмоялъе кьун бук1араб Бачазул талаги бекьун гьениб лъик1аб т1ощел бижана, гьел щиязе бикьун г1емерал турпи ц1ун т1ощел щвана. Гьелдаса нахъе эбелги эменги фермаялда ратана дида х1алт1ула. Эбел йик1ана старший дояркалъун, эмен бугъби хьихьун вук1унаан...Гьелдаса нахъе жакъалъизег1ан колхозалда х1алт1улев вуго дун... Рагъде ун Сталинградалда т1аг1ана дир к1удияв вац Х1ажи Г1амиев...Хъизаналда гъорлъ к1удияв вук1ун, гьтит1инал яцца-ваццазе рачел къана... Лъебералда анкьго сон хъутаналда бана колхозалъул х1алт1ода...16 лъимал рук1ана, киналго рукъ-бак1азде ккезарун нухде ккезаруна...

Сайгибат Х1ажимух1амадова

Анц1ила цо лъимал г1езарурай "Мать-героиня" меседилаб медаль жинде кьурай Калининаулалдаса Сайгибатица цебе заманаялъул зах1матал сонал рак1алде щвезарулаго бицана:

- Ункъго классги лъугьарай дун унаан унтарай эбелалъе г1оло колхозалде х1алт1изе...Ракъол соназ хасало беч1ан г1азулъ хут1араб х1анкдал алччи бахъизе унаан х1ат1идаг1иц1го, рет1изе хьит бук1унароан...Т1ахьдидал манка бук1унаан анц1го гъурущалде. гьеб г1арацги къанаг1атги г1адамазе щолеб жо бук1инч1о Колхозалъул ч1ах1иял донк1ахъ гъоркь хут1араб ц1орон турараб картошка бищизе унаан...Рекьул заманаялда оцазул кутнада нахъа Ибрагьимил Г1абдукъадир вук1унаан, дунгун т1ад ункъоял руччаби рук1унаан гьесда цадахъ х1алт1ула. Ц1оросаролъил мугьал рекьулаго охран вук1ана т1ад тун, чияс мугь к1алдибе реххилебилан ххал гьабун. Нагагьлъун цо мугьцин к1алдибе реххун бихьани. квеш вагъулаан, т1ок1аб гьеб к1алдибе реххиларедухъ гьарулаан. Ракъарал г1адамаз хьараб мугь нахъе бищиларедухъ гьеб щияб мугь т1ил къазабун гъварид гьабулаан... Бомбаби кьвагьун хурзазда ц1а рек1ун ч1ег1ерлъараб ролъул ханжу бач1унаан Хасавюрт мухъалъа. Гьелъул гьабураб цо-цо хинк1ги , гьел хинк1ал гъорлъ белъараб чорпайиланги абун лъим кьолан хинк1алде данде гьекъезе. Чачан мухъалъан рач1ун т1асан роржун унаан немцазул самолётал. Къаси-къаси чирахъ бакизе толароан, самолётал т1асан роржунел рук1иналъ. Нилълъеразул самолётал ч1ег1еркьерал рук1унаан, гьел гъоркьег1анисан роржунаан. Немцазул самолётал хъах1ал гвангъарал рук1унаан, гьел хъах1илаб зобалазул борхалъиялдасан роржунаан, гьел т1асан роржунаго рахчарулаан г1адамал...Хасавюрталда кьвагьараб жоялъ Квериманалда (отар) рукъзал гьар-гьазарулаан. Къаси-къаси Хасавюрталдеххун эххеде реххараб ц1аялъ (канлъи гьабулеб немцазул бук1араб к1удияб ракета) Квериманго гвангъизабулаан...Цо г1ака бук1ана рукъоб, гьелъ бахъараб дагьа-макъаб нахулъ бежараб х1анкуялъул къот1елал кьолаан эбелалъ нижее. Щварал мугьал кверххеналъ хъуризарун гьабураб ярмаялъул къот1елал гьарулаан режизе... Ханал, гьан, нах кьезе кколаан налогалъе. Налог кьезе к1веч1огон, Т1агьиратил рукъоса ана букъарулеб машина, гведек (Гьелъул рос Калининаулалде гочинарун хадубго сири (бакъул унти) ккун хун вук1ана, вац Хизри, вас Мух1амадх1абиб рагъде рит1ун гьенир т1аг1ана)...Асх1абилан ц1ар бугев ц1акъ хъубав лесник вук1ана. Гьес щибниги рукъобе рохьал ц1ун бугеб бакъвараб чилпицин босизе толароан. Нахъа 115 сонги бан хварай дир инсул эбел Къумахъа бакъвараб ц1улал магь бахъана Асх1абица ва жиндирго добе гьеб ч1ехьезабуна. Магь баччун унел рихьарал руччабазда хадувги ун ц1ул бухьараб г1арщ къот1ун, магьал рортизарулаан.. Колхозалъул х1алт1удаса рукъое ц1улал чилпиялъул магьги баччун лъар бахуна йик1арай Г1айишат (гьелъул рос Расул рагъда т1аг1ана) Асх1абица нахъасан тункун ц1орораб лъелълъ г1одой реч1ч1изаюна, гьеб магьги лъеца босун ана. Лъелъа къват1ие яхъарай гьей квачаялъ йилъине к1оларогон йик1ун, аск1орег1ан рук1арал цояз кверги ккун жидерго рукъое ячун ана хинлъизе...

Абут1алибов Инусица бицана:

- Алмахъалда к1иго росдал маг1ишаталъул объединение гьабун бук1ана. Отаразда рукъзал риххун г1адамал толареб заман бук1ана доб. Гьайили аххада бук1ана нижер рукъ. Гьеб биххула эменги тун Жаг1аришкаялде оцазул гьакица рукъ биххараб т1аг1ел баччула вук1унаан дун. Данде ккарал г1адамаз абулаан гьит1инав чияс гьеб бак1аб т1аг1ел кинин дуца ч1ехьезе бугебилан. Дица щолелъубе щведал кварица гъот1ода бухьун гьоко-оцал цере ц1ан бортизабулаан цо-цо ккун гьеб т1аг1ел...Г1исинал чаг1и, дунги Байсолтанги Ясазул росулъе (маг1арда бак1) унаан харил оцазул чангъал ц1езе, гьеб хер Хъванк1инибе (отар) щвезабизе кколаан... Харицел гъеждаги бан колхозалдасан вит1ун хъутаналде ана лъелго вилъун вецаризе. Костекалда цо уборная г1адин гьит1инаб реххун тараб бак1алъ цо бук1нилъги кьерун борч1ана сордо...Маг1арда г1иязда вугеб мехалъ ригь-ригьалда оотдых гьабун рукъове щвезе г1амал гьабулаан, ракъун рукъор ругезе цо-цо кванач1огун рак1арарал хинк1ал щвезаризе. Гьедин цо нухалъ, дун вач1ина вихьарав вацц данде векрун вач1инаго вакъиялъ г1одов ккун т1аде вахъине к1веч1о дун т1аде щвезег1ан...Чачанал высылкаялде ун рук1ана. Дунги Саламги гьоко-оцалгун рит1ана чачаназул Дорми маг1арде хер бецизе, гьениб гурони ххер бижун бук1инч1о кибниги. Нухал квешал гьенисан инаго, чанго бак1алъан гьакил цояб гурун борхун кквезе кколаан цадахъ ругез. Киналниги цадахъ рук1ана анц1ила лъабго чигун къого г1анасел руччабиги. Ункъго хъорщ бана гьенире щведал сардал рорч1изе. Руччабазуз хъорщазда ххер ц1ц1ик1к1ун т1ад балаан гьел квачалелилан. Зах1матаб лаблъолаб гьеб бак1алъ цояб наку г1одобги лъун гурони рецаризе бажарулеб х1ал бук1инч1о. хер бак1аризеги ц1акъ зах1мат бук1ана. беххе хер хъущт1изабун рана гьенир харил гъунал. Гьебги лъугьун Магъжариб аск1об гьабун квен кванана, нахъе хут1ана квание нижее бит1араб г1иялъежоялъул бащдаб къулаг1и. Г1адамаз цадахъ вугев бригадирасде гьаранана гьеб гьан киназего бикьун гьанал кескал рукъор ругел ракъарал хъизан-лъималазе босизе рач1айилан, гьес инкар гьабуна, гьеб лъани жинде лъик1аб гьабулариланги абун. Гьеб гьан г1адамазе теч1огун нахъе складалде щвезабунилан рик1к1ине камураб жо теч1о Г1умарасх1абица бригадирасде...Салам рукъове щвезеги ун гьеб маг1арда дунго хут1ун вук1ана хадусан г1иязда. Г1усалги унтун, гьумерги гьорон унтун вук1ана. Т1аде щун рач1ана Байтерекалъе унел дир эмен Абут1алибги Назарханги. Назарханил кодоб камич1огон бук1унаан к1ич1у т1огьибги бугеб г1усал рахъулеб цо алат, гьес дир к1игояб г1ус бахъана, амма маг1арда квачан бук1иналъ г1усал рахъараб бак1ги г1емераб мехалъ сахлъич1о... Колхозалъул оцал хьихьунги вук1анаан. Гьезие кваназе хер гьеч1олъиялъ, хасало рохьове унаан дун гъут1бузул г1аркьалабаздаса сенеро къот1изе. Ракъиялъ оцаз сенероялда рек1ун рач1арал гъот1ол г1аркьалабазул кескал кваналаан нахъе рецач1огун... Мух1амашарип завфермалъун вук1ана. Нижер анц1ила к1иго чи рит1ун рук1ана хъутаналде рецаризе. Гьениб аск1обго харбуз бек1ун рук1ана цо г1урусазуз хозяйствовалъул г1адамал. Ракъараб замангилъидалха бук1араб. Цо къоялъ къот1и ккана можороги реххун, можоро бергьарав къавудаги тун, хут1арал бак1-бак1алъан ун харбуз бикъизе ине. Можоро бергьарав дун къавуда хут1ана...Харбуз бикъула рук1арал ункъгоял ккуна цогиял лъутун рорч1ана. Ккараб жо лъарав Мух1амашарип гьел ункъалго риччазаризе индал, г1урусаз лъазабуна цо г1иялъажоги, таргьа ханждалги кьуни гьел риччалилан... Риччан рач1арал рецараухъабаз рази-ракиго бицана жидее лъик1аб квенги кьолаанила. харбузалги кьолаанила.Можоро бергьун къавуда хут1арав дие гьеб кинабго щвеч1о... Бригадирасде ялъуне цогидал т1ад таразе данде къец гьабуни, гьесда кьабуни жанир т1амулаан. Рет1изе хьит гьабизе т1ом к1век1изе гвай бан кумекалъе г1адамал ах1улаан, гьарурал хьитазда гъоркь ганщил т1омалъул т1екъваял гьарулаан, гьел хьитал риччун ракъвадал сог1лъулаан рет1изе санаг1ат гьеч1еб х1алалда...Дун колхозалъул ревизкомалъхул членлъунги, фермаялда учётчиклъунги, бригадирлъунги вук1ана...Цо нухалъ 93 чи жини кодоб кквезе к1олелщинал г1адамал рач1ана Салаюрталде ч1арадизе. Гьезие квен гьабизе бач1ана лъабго килограммги бащдабги ханжу ва гьалил цо килограммги бащдабги. Гьеб гьоло белъана к1иго к1удияб хьагинибеги бан, хинк1ал цо хьагиниб. Киналниги х1алт1олъ рук1ана 99 чи. Цо-цо гьалил гъуд щияв чиясе бикьидал, щуго чиясе камуна гьоло. Даьаб гьит1инаб гъудалъ бикьизе ккана гьеб гьоло, нахъе хут1ана хъат г1анасел гьалил мугьал, гьелги щиясул паялда цо-цо мугь т1ад лъуна. Гьеб щвараб гьалил цо мугьги к1удияб жолъун кколаан, цо-цо хинк1гун гьит1инаб хинк1алъул рекелги хинк1ал релъараб ва гьоло белъараб лъималги жоран гьезул дагьаб макъаб чорпаги щвана гьеб къоялъ х1алт1улезе...Рагъуца бух1арабиланги абун бач1унаан ч1ег1ераб ханжу квен гьабизе, цо-цо складалдасан щолаан жимихги. Х1алт1ун гьабураб сотыхалъул къадаралда рекъон кьолаан гьеб жимихх бригадабазе. Гьеб жимих босизе к1удияб очередь бук1унаан складалда, х1алт1уда хадуб, сордо инег1анги хут1улаан жимих щвезег1ан...Цо гьоко-оцал рук1унаан цо бригадаялъухъ "Скорая помощь" х1исабалда, хурив чи унтун г1одов ккани. гьев "больницаялде" щвезавизе. Батилгерел Х1ажил рукъ бугелъуб бук1ана доб мехалъ гьеб больницаялъе х1алт1изабулеб рукъ.

Темирханов Х1амидица бицана:

Нахъотаралда т1ощел лъик1 бижунаан, гьелъ гъоркьго ругел нижеда гьедин абизег1ан ракъи бихьич1о. Гьеб Нахъотаралде отараздаса, бак1аздаса г1емер г1адамал гочинаруна. Гочинаруна Оталикалдаса, Гичибекил бак1алдаса, Гъазанасул отаралдаса, Манихотаялдаса, Чури-чуризоялдаса, Зозолжаниб бак1алдаса, Мух1амадт1агьирил бак1алдаса, Ц1арматалдаса, Ханидукъидаса, Гъварданракьалдаса, Гъаланц1оялдаса, Барзуялдаса, Отарбил гох1даса. Гьел гочинарун хадуб байбихьана рагъ. Г1емер чаг1и рагъде рит1ун, х1алт1изе к1олел чаг1и дагьлъун, хадусан гьел т1аде гочинабураб халкъалда бихьана кутакаб ракъи


Салих1ова Г1айишат, 98 сон г1умруялъул барай:

Г1айишатил рос Батирбиев Расул, Терекалъул канал бухъулелъуса рукъове щун к1иабилеб къоялде рагъде вит1ана... Керчалда рагъулъе ккун, гьенисан бач1ун буго гьев "без вести" т1аг1анилан...Г1емераб г1азаб, г1акъуба бихьун буго Г1айишатида. Ц1а рек1ун хвана яс, рагъулал ракъол соназ хвана к1иабилей ясги. Г1айишат йик1ана лъик1 х1алт1улей ч1ужуг1адан. гьелде абулеб бук1ун буго дуе стахановецилан абураб ц1ар кьезе кколлилан.Гьелъие рач1ун рук1ана "За оборонну Кавказа", медаль "К 65летию в Великой Отечественной войне" ва цогидалги медалал, гьей ккола х1алт1ол ветеранги. Росги рагъда т1аг1ун киг1ан зах1мат бук1аниги, гьелъ к1иявго вас интернаталде риччач1огон жинцаго хьихьана. !973 соналъ аварияги ккун хвана гьелъул г1олохъанав цояв вас, Дорстроялъул главный инженерлъун вук1арав лъабго лъимадул эмен Батирби. Гьединаб зах1матаб. кьог1лъи г1емераб нух тана Г1айишатица нахъа...

Беркиханил яс мунагьал чураяй Пат1иматица бицунаан:

Щияб рукъалде аск1оре щун чодахъаби рук1унаанила ц1ал кодобгун г1адамал чачанал высылкаялде рит1ун гьезул бак1алъе гочинарулаго.Рукъзал тун ине бокьич1огун руччаби рук1унаанила г1одулел. Цо оцазул гьоко кьолаанила цо хъизаналъул рукъоб бугебжо т1ад лъезе. Гьелда гьинч1еб жо гьенибго хут1ун т1аг1унаанила.

Гъайирбиев Байсолтаница бицана:

Батилгерел Х1ажица общепиталъе щибаб колхозалъе ункъ-ункъ таргьа кьолеб бугила Буйнакскалдасаниланги абун. дун вит1ана гьоко-оцалгун гьеб гьоло босизе. Колхозалъул кассаялъуб батараб 50 копеекги кьуна дие нухабе. Гьес малъана ине нухги. мун айила Гъозталаялдасан, Ичкаялдасан, Дарагабалъан. Халимбекаулалде щведал гьениб малъилеб дуде нух Буйнакскалдейилан. Гьедин вагъарана дун. Нухдасан ракъоца холел оцалги рук1унаан, нух раг1алда батаралъуб бакъвараб жух г1адинаб жо кваназабулаан оцазда. Цо сордо дица цо гонгинив кьжун борч1изабуна. Лъабабилеб сордо Буйнакскалда бана. Вакъоца хола вугев дир хиял бук1ана гьеб 50 копеекалде базаралдаса бакъвараб т1еренаб чед бук1унаан бичулеб гьеб щвелилан. Гьеб чед батана 70 копеекалде. Гьедин кваназе жоги щвеч1огун хут1ана дун. Радал доб гьоло кьолелъуве ун, гьениб к1иго гурони гьалил таргьа батич1о, гъоркьанго доз т1аг1инабун бук1ун батила. Гьеб к1иябго гьалил таргьаги гьакида лъун нахъе вагъарана дун. Нухдасанги щибха дие щвелеб кваназе. К1и-к1и, лъаб-лъаб гьалил мугьал ч1инт1изарулаан ганч1ицагун. гьел к1алдирги лъун ц1унк1улаан. Гьедин 6 сордо къват1ибги бан щибго кваназе жоги щвеч1огун рукъове щвана дун гьокооцалгун.


Календарь исламский


Мусульманские праздники