forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
27
Фев.

Маг1арул ц1арал ц1унизе ккола ва гьел к1очене бегьуларо

Добавил(а) Administrator on 27 Февраль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Салих1 Салих1ов

Х1исаб гьабураб мехалъ г1ажаибаб гъварилъи буго г1адамазул ц1аразулъ. Руго цо-цо ц1арал азарго соналдасаги ц1ик1к1ун халкъалъулъ рижун рач1арал, руго ц1арал заманаялда рекъон, политика хисун, дин хисун, бат1иял милатазул чаг1и гъорлъе журан рач1аралги. Абизе бегьула г1адамазул ц1арал кколин гьезул тарихалъул хасаб г1ужилан. Гьедин нилъер милаталъул бук1а, тухум-кьибилалъул бук1а цогидазулалдаса бат1ияб г1амал-хасияталъул ч1вагун хурхараб буго чиясул ц1ар. Цо-цоязда ккезе бегьула г1адамазде лъолел ц1арал лъимер гьабурабго бекерухъего лъун унебжойилан. Цоцоязул г1емер заман цебего бач1уна рак1алде бук1инисеб лъимаде лъезе ц1ар, цо-цоязде лъимер эбелалъу чохьонибе ккун хадуб бач1уна рак1алде, яс гьайуни ялъуни вас гьавуни щал ц1арал гьезда жидеца лъелелали, кьола ц1ар ц1одорлъи гъорлъ бугеб г1агарлъиялъ малъунги. Гьединаб гъваридаб маг1наялъулаб ккола чиясул ц1ар. Дирго ккаралъул мисал босани, вук1инисев васасе кьезе ц1аразул х1исаб гьабулаго, бокьана цо ц1ар ва гьеб льуна гьев вижараб мехалъ.

Хадуб лъана гьеб ц1ар, г1емер заман цебего дир инсул гьит1инав вацасе кьун бук1араб ц1ар бук1ин. Гьев хун вуго вижун г1емер заман инелде, жив гьавулаго хварай эбелада хадув моц1цин г1елелде.
Хасго нилълъелъ руго цере заманаялда ккарал ч1ах1иял т1олго халкъазулгон хурхарал рагъазулъ ва цогидал тарихиял ишазулъ г1акъло, гьунар, бажари, лебаллъи т1ок1лъарал г1адамазул ц1ц1арал. Гьез к1очене толаро нилълъер тарих. Мисалалъе босани Шамиль абураб ц1ар ц1акъ къанаг1атаб бук1ун буго цебе заманаялъ. Гьеб ц1ц1ар т1ибит1ана т1олго дунялалъул тарихалде гъорлъе арал Кавказалъул рагъазул лъугьа-бахъиназулъ цебесеб кьерда вук1арав Шамилие г1оло, цох1о маг1арулазда гъорлъ гуребги, т1олго Кавказалъул г1емерал милатазда гъорлъ, гьеб ц1ар кьола жеги татаразгицин. Муртазг1али абураб ц1арги буго маг1арулазулъ гуребги цоги милатазулъ т1ибит1араб. Дида рак1алде ккола гьеб ц1ар т1ибит1ун батилин Дунялалда г1емерал улкаби квердеги росун, гьит1инаб Дагъистаналде к1анц1арав Шагьазулго шагьилан жинде ц1ар кьурав Надиршагьиде данде маг1арухъ гьабураб бергьараб рагъулъ хасаб бах1арчилъигун бажари т1ок1лъарав Сурхайханил вас Муртазг1алие г1оло т1ибит1араб батилилан.Г1емерисел нилъер г1адамазде лъурал ц1арал г1арабиялъан рач1арал ккола. Руго ц1арал маг1арулазулъ монголалгун-татаразул заманаялдасаго нахъе хут1арал. Россиялъул Империялъул заманаялдаго гьарурал алмахъазул переписазда руго мисалалъе росани ц1арал Хъарагиши, Тохъай, Ордаш ва гьел гурел цогидалги. Руго нилълъер милатазулъ большевикал власталдеги рач1ун СССР г1уц1иялдалъун, гьенир ккарал лъик1ал ишаздалъун, г1адамазул рак1аз рищарал г1урус ц1аралги. Руго гьанжесел г1асрабазда цебе заманаялъ вук1арав дунялалъул к1удияб бак1алъул кверщел жинца гьабурав Александр Македонскиясул ц1ар т1ибит1ун, нилъехъе щварал Г1алисканди, Аскендер абурал ц1аралги. Амма хасго дие бокьун буго нилъерго рахьдал мац1гон хурхарал хасал маг1арулазул ц1аралги гьанир рехсезе: Къебед, Маххулав, Гъалбац1, Меседо, Хазина, Хъандулай ва гьел гурел цогидалги. Дида к1очонаро дагьаб цебег1анго цо к1удияв чияс Хъандулай абураб руччабазул ц1ар бищунго силияб бук1анилан жив г1олохъанаб мехалъилан, гьанжейилан абуни гьеб ц1ар ясалде лъурав чиго раг1унаро. Гьединллъидал г1емерисел маг1арул ц1арал к1очон ратила. Жакъа г1емерисез маг1арул гурел ц1арал лъола, хасго диналде данде ккезейилан абун, раг1ана умумуз цере лъурал ц1арал хисизарунги. Диналде данде кколел жал руго лъик1ал-щинал ишал гьари, нилъер кьолболъан цебесеб заманаялдаса нахъе рач1арал ц1аразда щибго г1айиб гьеч1о. Дида жеги раг1инч1о ва бихьич1о диналде данде ккезе милаталъул ц1ар хисизе кколилан аби я хъвараб бак1. Нилълъерго милаталъул ва кьолболъан рач1арал ц1аразул къимат гьабизе ккола. Гьел т1аг1ин ва к1очене тей буго нилълъерго хасаб тарих т1аг1инаби, гьеб к1очене тей. Узухъда жинде бокьарас бокьараб ц1ар лъела, гьелде чияс щибго абиларо. амма нилъерго милаталъул ва кьолболъан рач1арал ц1аралги к1очене тезе бегьиларо

Салих1 Салих1ов


Календарь исламский


Мусульманские праздники