Печать
27
Фев.

Х1акимлъиялъ х1алт1и гьабизе ккела

Добавил(а) Administrator on 27 Февраль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Салих1 Салих1ов

Публицистика (на аварском языке)

Ахир заманаялда Советияб пачалихъ биххиялдасан бахъараб "гьороца" гьалаглъизабунин халкъгойилан абизе бегьула, гьелда рекъараб гурони властьги бук1инищха. Амма гьеб чучаб ва чуроклъи гъорлъ камич1еб жакъасеб бук1а-бахъин жиндиего бокьа-бокьухъе х1алт1изабурав чиясда лъазе ккола, гьабуралда рекъон хадусан гьелда рекъараб жиндаги жинда сверун ругездаги батизе бук1ин. Гьединаз жидерго къимат хвезаби щиб гурин, жидер къавмазул, нилълъер халкъалъул ва т1олго Дагъистаналъул къимат хвезабулеб буго, Россиялдани щиб гурин, къват1исел улкабаздего г1унт1ун. Жакъасеб къоялъ т1олго СМИязулгон Интернеталъул лъугьа-бахъиназул порталал ц1езарула г1емерисел Северияб Кавказалъул субъектазда, гьезда гъорлъ хасго Дагъистаналда кколел щинал "ч1ег1ерал" ишаз, лъугьа-бахъиназ.

Расул Х1амзатовас адабияталъул рахъалъан дунялалда ц1ар раг1инабураб нилълъер улка, СССР биххаралдаса власталде рач1арал чангиязул х1аракаталъ ч1ег1ераб лажбар т1ад бахараб г1адин бихьизабулеб буго. Дица абиларо жакъа власталда ругел чаг1и г1алхул жанаварал г1адинал чаг1и ругилан, щиясул ххал гьабуни г1езег1ан г1аданлъиги, хассал жидерго лъик1ал г1амалалги гъорлъ ругел г1адамал ккола гьел. Амма гьез цадахъ рекъон цоцазде т1амун т1аса-масахъаго т1оразарун гьарулел ишаз, кьурул т1огьисан гирараб гьит1инаб гамач1алъ гъоркье щведал гьабулеб к1удияб биххи г1адинаб жо ккола. Сон анаг1ан багьалъулел ток, газ ва гьел гурел цогидалги гьезда рекъон г1адамазул гьеч1ел доходалги, х1алт1улезул мукъсанаб харжги, заман анаг1ан гьеб кинабго бигьалъизе гьеч1о. Хасго дие гьаниб бокьун буго г1олохъабазул х1алт1и гьеч1олъиялъул бицине. Жакъа къоялъ 90% г1олилазул х1алт1ула гьеч1илан абуни, дица гьелда тамашалъи гьабиларо. Амма стастикаялда рекъон ц1акъ гьит1инаблъун гурони нилълъер х1алт1и гьеч1езул процент бихьизабулеб гьеч1о. Гьелъул г1илла щиб, лъие лъик1аблъун гьединаб статистика х1алт1улеб? Щай бугеб жо рак1 унтун унго-унгояб х1алалда бихьизабулареб халкъалда ва т1адег1анаб власталъул идарабазда? Ц1алулел студенталгицин нилълъеца рик1к1ине бегьула х1алт1и гьеч1еллъун, щай гурелъул гьезул къадаралъул анц1го проценталъегицин х1алт1и щвезе гьеч1елъул. Гьеб гуребги школа лъугьун, ч1ах1иязулъе журалел ц1ия-ц1иял г1олилазул кьеразул анц1го проценталъецингийищ х1алт1и щвезейищ бугеб? Дагьабищха Москваялдаги нилълъер х1акимлъиялъги, Дагъистаналда г1адамазул х1алт1игьеч1олъиялъул ва гьелда т1адч1ей гьабизе ккеялъул бицараб. Щайха щибго хисула гьеч1еб?
Жакъа къоялде нилълъер Дагъистаналда хисун руго республикаялъул бет1ер, правительствоялъул бет1ер, гьез г1аги гьединал суалал хасаб контролялде росизе ккела. Ц1иял Дагъистаналъул бут1рул рач1ин х1исабалдеги босун цо дагьаб ях1 чорхолъ ц1ик1к1арал депутаталги щай гьеб суал цебеги лъун рахъунарел? Гьеб гьезда контроль гьабизе зах1мат батани Счётная палатаялда, Казначействоялда ва цогидазда т1ад къаял гьаризаризе ккела республикаялъул газетазда бат1и-бат1иял статистикаялъул ва финансазул отчётал рахъеян, гьел учреждениял бугебщинабжо балъго гьабизе г1уц1ц1арал гурелъул. Жакъаг1аги унго-унгояб х1алалъ х1акимлъиялъ т1аде босун х1алт1и гьабич1они, метерисел къоязде гьеб ц1акъ кват1изе буго, къо анаг1ан х1алуцин ц1ик1к1ине буго. Цо дагьабниги ях1, г1аданлъи чорхолъ бугел х1акимзабаз халкъалда бихьуледухъ жидерго х1алт1и гьабизе ккела, гурони ц1акъ зах1малъизе буго иш.