forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
11
Июль

Алимагомед и Темирсолтан

Добавил(а) Administrator on 11 Июль 2016.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

 

             1. АЧАБАЕВ  Г1АЛИМУХ1АМАДИЛ 

                           ЦЕХАЛЪУЛ  БАЯН

       2002 соналъ арендаялъе ракьги босун, ферма бук1араб бак1а-лъе щолаго квараниса Г1али-мух1амадица байбихьана лъун пиларамагун, бичун т1аг1елги босун, хъухъан, хъарщи бахъизе. Хадуб эркенго цехал ран, къват1ибе  биччана бат1и-бат1ияб ц1улал т1аг1ел. Гьес цехалда бана хъарщи бакъвазабизе бак1. Гьесул цехалда х1алт1улел руго Калининаулалдаса  лъик1алг1анго   х1алт1ухъаби. Гьез цехалда биччалеб къайги берцинаб, г1адамазе  х1ажатаб  буго: столал, бак1ал, болол, г1ашдазул, курт1бузул г1оркьал ва нилъер заказалда рекъон къайги.

       Рагьун буго гьединго сварочный цех,  гьениб  росоцоязе х1ажалъараб х1алт1и гьабула. Дандч1вай гьабурал х1алт1ухъаби Динаев Г1ибадулал, Динаев Мажидил, Гаджимагомедов Мух1амадх1ажил ц1акъ рак1 рекъон бугоан гьеб цехалда.

Ali

 

      Цех базе байбихьаралдаса гьенив х1алт1улев вуго Хамутайил вас Г1усман. Гьес бицанихъ  балагьун, гьаниса нахъе аниги, г1одун чи инч1ила, разилъун гурони. Гьесул цехалда х1алт1ула ругелги ратилаан я Хасавюрталде я цогидалъуре хьвадила, гьеб цех бук1инч1ебани. Х1алт1и гьеч1езе х1алт1и ч1езабуралъухъ  баркала буго Г1алимух1амадие.

   

2. Висаитов Темирсолтанидасан росдал

                 г1адамазе бугеб пайда

Калининаул росу таралъуб бук1араб г1урдалъи ккола т1оцебе нилъер росуцоязулгун х1ежалдаса рач1араб мехалъ росдал жамаг1аталъ дандч1вай гьабураб  бак1. Гьеб г1урдалъи бук1ана заман анаг1ан рощнол гох1иде бусунеб, ц1ад банщинахъе росу чурун бач1араб лъецаги гьелъ бач1араб рищниялъги. Ва гьединго г1урдаде нухги къан бук1ана лъеца бахъараб каналалъ. 

Tolik

 

       2013 соналъ Темирханица байбихьана гьениб х1алт1и гьабизе. Цин гьес машинабазе ремонт гьабулел боксал рана. Гьесул хьолбохъ вахъунч1ун гьанжеги вуго Идрисов Г1ибадула, гьесулги к1удияб кумек буго Темирсолтание. Цинги гьез базе байбихьана Банкетный зал. Цин гьез ккана г1урдалъи бац1ц1ине,  гьениса ц1уна 100-ялде бахараб «ЗИЛ» машина. Гъорасан къот1улел т1олаздаго бихьулаан лъеца кин нух хвезабула бук1арабали, гьанже буго нух  халаса лъим ине латкабиги лъун. Рук1ана зах1малъаби гьениб х1алт1аби гьаризе толарогун. Президентасдего бахун, гьес гьенире комиссиялъе чаг1иги рит1ун, ихтиярги щун хадуб х1алт1аби байбихьана. Росоцоязе   гуребги, районалъулго  г1адамазе х1ажатаблъун ккана Темирсолтаница  бараб  Банкетный зал  ва  машинаби ремонт гьарулел  мастерскоял -  Хасавюрталдасаги рач1уна гьенире г1адамал. Гьениб ч1езабуна машинаби заправка  гьаризе  газ ва солярка. Росулъа къват1ире инч1ого г1емерал  росоцоязе  х1алт1и  щвана  Темирсолтан  сабаблъун. Кинав х1алт1ухъанасде ц1еханиги, рази гьеч1ев чи ккеч1о. Баркала буго Темирсултаниеги Г1ибадулаеги лъик1аб х1алт1и  г1уц1аралъухъ.

 

                   Юсуп  Билалов, Калининаул

 

 

 

 

 

 


Календарь исламский


Мусульманские праздники