Печать
17
Янв.

К1амури кьоязул ват1ан. Д.Динаев

Добавил(а) Administrator on 17 Январь 2015.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

 К1амури  кьоязул  ват1ан

      Жакъа   нилъеца   хал  гьабизин  к1амури  кьоязул  тамашаяб берцинлъиялъул. Араб ноябрь  моц1алъул (2014с)  11  номер «Салатавия-Алмахъ» журналалда  бицунеб  буго  Дилималда  нахъехун кколеб маг1арухъе  унеб нухда  к1амури  кьо  баялъул  х1акъалъулъ  ва  гьелъие  нухмалъи  Алмахъалдаса  ц1арраг1арав  устар  Нартбиев  Бадродиница  гьабунин  кьо  балезда  гъорлъ  вук1арав   87  сон  барав   Дилималдаса  Мациев   Мух1амад-загьир-х1ажияс.

     Алмахъалда  церего  устарзаби ругьунлъун  ратизе  ккола  к1амури  кьоял  разе. Нахъа  заманалда  лъалеб  щуго  к1амури  кьо  Алмахъазул  ракьалда  бук1анилан  бицана  рагъул  ветеран  Магомедов  Абдурах1маница. Гьел  рук1ана  Ахчадалда,  Хъванк1иниб,  Борзоялда,  Циркъг1иналда  ва  Ч1ч1унч1бузул  к1к1алалда  т1асан. Киналго  кьоял  рук1ана  гьоко  бигьаго  т1асан  бачунеб  х1исабалда  рарал. Хадур  бат1и-бат1иял  г1иллабаздалъун  цо-цоял  гьел  кьоял  риххана  - лъинал  ц1ик1к1ун  рач1ун,  росаби  гочун  хадуб ремонт  гьабич1огон,  машинаби  т1асан  хьвадизе    руссинарун  ва  цогидал  г1иллаби. Жакъа  нилъеда  рихьула  Ахчадалда  ва  Ц1иркъг1иналда  т1асан  ругел  кьоял. Гьел    машина  т1асан  унеб  х1алалда  къач1анги  руго.

    Хабар  ккана  гьел  кьоял  разе  махщел бугел  доб заманалъул  устарзабазул  х1акъалъулъ. Ахчадалда  т1асан  бугеб  к1удияб  к1амури  кьо  лъица бараб абураб  суал гьеч1о. Гьеб кьо  базе  1932   соналъ  сельсоветалъул  председатель  Алхуватица  цо  рахъалъан  ва  устарзаби   Бадродинги  Динавги  цоги  рахъалъан  рекъон  хъвараб  Договор  Хасавюрталда  Г1амирг1алихъ  батун  Салих1ица  бач1ун  нилъер  журналалда  бахъунги  бук1ана. Суал  баккана,  лъица  ва щиб  заманалда   хут1араб  4  к1амури кьо  бараб  ва  гьанжеги  х1алт1улеб  г1адамазул  хъулухъ т1обала  бугеб  Ц1иркъ-г1иналъул  кьо  лъица  бараб абун. Мух1кан  гьал  суалазе  жаваб  кьезе  к1олев  к1удияб  ригьалъул  алмахъав ватич1о. Абулеб  буго  гьадин  батилин  ккараб  къаг1ит1аялда. Ц1иркъг1иналда  бугеб  Дагух1ажил вас  Мух1амадсайгидица  маг1арулазда  базабун  бугилан  цояз, цогидаз  жидеда  лъаларилан  бицана. Маг1арухъа рач1ун устарзабаз алмахъазе  Ц1иркъг1иналда  ва цойги бак1азда к1амури кьоял ранилан  абураб  хабаралда божизе зах1мат буго. Рабочиял  х1исабалда маг1арулал  ккун  рук1ун ратизе бегьула – росолъ х1алт1и къвараг1арав чигодай  вук1инч1о? Амма  устар   алмахъав  вук1ин  щаклъи гьеч1еб  буго. Цо  бугони,  Ахчадалада  ва  Ц1иркъг1иналда  т1асан  рарал  кьоял  руго  ц1акъ релъарал, цо  квералъ  гьаруралилан  нилъеца  абулеб  къаг1ит1аялъул. К1иабизе  бугони, маг1арухъехун  лъалел к1амури кьоял  ругеб бак1ал  г1емер  гьеч1о. Лъабабизе  бугони,  маг1арухъ  гьединав  устар  вук1ун  ватаниги,  Алмахъалда  устарзабиги  тун  гьел  ах1ун росолъе рачиналда  к1удияб  тамаша  буго.

      К1амурикьо  базе  доб  заманалда  ругьунлъизеги  ц1ализеги  бак1ал  кир  рук1арал  лъаларо,  амма  цин  г1исинал  кьоял  ран  х1албихьун  гурони  Ахчадалда  т1асан  к1удияб  кьо  базе  рес  бук1инч1о. Гьединлъидал Ч1ч1унч1бузул  к1к1алахъ,  Барзоялда,  Ц1иркъг1иналда  ва  Хъванк1инир   г1исинал  кьоял  ран  ратизе ккола  х1исаб гьабидал  1920-абилел  соназ  алмахъазул  устарзабаз.

            Алмахъалда  гьоркьохъеб школалъул  директорлъун,  зверосовхозалъул  директорлъун  г1емерал  соназ  х1алт1арав, Кадиев  Адильгереца  Ц1иркъг1иналда  т1асан  бараб  кьо Динучица  бараб  бугилан  ва  гьелъул  бицунаго  «Динучил  кьоян»  абулаанилан  бицана.

most

Жакъа  ц1ехезе  цадахъ  гьеч1о,  амма  к1удияв  инсол х1акъалъулъ бицен  ккедал нижерго  рокъобги бицараб   рак1алда  буго   Ц1иркъг1иналда  т1асан кьо Динас  бараб  бугила  Дагух1ажица  30  гьир ц1оркил  кьезе  договорги  гьабун. Къуларав Пашаца  бицохъе, Хъванк1иниб бук1араб  кьо  Бадродиница бараб  бук1ун гьелда «Бадродинил кьоян» абулеб бук1ун  буго.

   Бокьилаан   лъалезде,  ч1ах1иязде  ц1ехон  журнал  ц1алулез  гьеб  суал  мух1кан  гьабизе  ва  жидедаго раг1араб бицун   нижехъе  хъвани. Рак1алде  ккола  Дагух1ажил  тухумалъул  чаг1азги  гьеб  суалалъе  жаваб  кьезе бегьулин.                                                       

        Д.Динаев