forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
17
Нояб.

К1удияб росдае - к1удияб рохел. Шар.Шамирзаев

Добавил(а) Administrator on 17 Ноябрь 2014.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 

                  К1удияб  росдае         

                    к1удияб  рохел

   Кибго лъалеб бук1охъе, Ленинаул росо  ккола цого Казбек  районалда жаниб   гуребги   жеги   Дагъистаналда   ругел   бищунго   ч1ах1иял росабазул цояблъун.   Гьениб яшав гьабун   бугеб   халкъалъул къадарин   абуни   жакъа   къоялде бахун   буго   анц1азарго   чиясда т1асан.  Г1алам   г1емералъуб  унти-хвелги ц1ик1к1ун  бук1унелъул батила,   гьел   рахъалги   Ленинаулалдаса  цойгидал    росабазде данде ккун  г1езег1анго ц1ик1к1ун  ккола.   Гьедег1анго хвелал г1емерлъиялъе  г1илла  ккола унтарав  чиясе   заманалда медецинаялъулаб кумек   щун  гурт1и.  Гьеб   щун   гурт1иялъе   бачине бегьула  бищунго   ц1ик1к1араб  к1вар  буссинабизе  кколеб   бук1араб,  амма   г1адахъ   босич1ого    хут1араб  цо  мисал.  Бат1и-бат1иял   г1иллабиги  ратун   нилъер   республикаялъул   нух малъулез  араб  соналде щвезег1ан  к1икъоялда  лъабазарго чияс яшав гьабун бугеб   Казбек районалъул цониги  росулъ   рагьич1о участковая больница.   Гьелъ киналниги росабалъа унтарал чаг1и к1унги-к1веч1огоги сахаб сон халаса    хьвадизе кколаан райцентралда бугеб больницаялъул   тохтурзабахъе.   Амма киназего   гуреб 70-аб   сонабаз районалда бук1араб   халкъалъул   къадар х1исабалдеги босун Дилималда бараб больницаялда регизе   бак1   щолеб   бук1араб.  Рук1ана г1емер доре-нахъе хьвадизе ккеялъ  дару-махалдаса   ин-кар   гьабун ч1арал унтаралцин. Гьединаб зах1малъиялде иш ккараб   мехалъ   Ленинаул   росдал   жамаг1аталъ   х1укму   гьабуна    бак1алдаго цо-цо   унтабаз   унтарал г1адамал г1аги   сах   гьаризе   бегьулеб  к1удиябго   гьеч1ониги больница баялъул суал   Республикаялъул  нухмалъулезде   цебе   лъезе. Чан нухалъ  гьеб   суалалда т1асан Мах1ачхъалаялде  аниги,   г1арцал    рук1унарилан   багьанаги батун, гьеб суал   т1обазе т1аде босулев  чи   вахъун   гурт1иялъ  хъалкъалъ т1ок1аб   борхич1ого г1одобго тун бук1ана.  Щибаб   ишалда  гьоркьоб  цо-цо маслиг1ат камун бук1унаребго г1адин, Шамсудин (Муса) Жамалдинов Ленинаул росдал   амбулаториялъул врачлъун   х1алт1изе    вач1аралдаса   медициналъул   рахъалъан росдал халкъалде т1аде рицун   х1ал к1оларелг1анги к1удиял   рохелал   рещт1ана.

Musa Г1емерал  соназ   гьес халкъалъе гьабураб   хъулухъалъул  ва гьединго  медицина   ч1аголъиялда   т1ад   гьарурал   х1алт1абазул  х1акъалда   дица   завалалда   вугев   чи   вук1аравани   т1ехьцин   хъвазе   бук1ана.   Дирго г1умрудул соназда рекъон   хъвала бугеб   гьаб   макъалаялда   Шамсудинил   х1акъалда к1удияб   гьеч1еб   бицен   гьабилелде   цебе ккун дие бокьун  буго газет-журнал ц1алулезул гьесулгун дагьабго лъай-хъвай гьабизе.

    Шамсудин   Жамалдинов   гьавуна 1956-аб. соналъул   17   январалда Калининаул росулъ мискинабго фронтовикасул   хъизаналъе.   Гьенибго гьоркьохъеб школаги   лъуг1ине   гьабун,  1974 аб соналъ гьев ц1ализе   уна  Мах1ачхъалаялъул   мединституталде.   Гьеб   лъуг1ине   гьабун хадусал 1980-аб. соналъ врач-терапевт х1исабалда   бихьизе гьабураб    направлениялда   рекъон х1алт1изе вит1ула   Пермская областалъул Губаха   шагьаралде,  хадусал Шамсудин   вит1ула гьебго областалъул  Кунгур   шагьаралде УВД-ялъул мухъилъ махщалида рекъон   х1алт1изе.

      Гьел бак1азда ункъго соналъги   х1алт1ун, 1985   соналъ   гьев   т1ад   вуссун вач1уна   жиндирго   г1агараб   Дагъистаналде. Гьебго соналъ х1алт1изе лъугьуна   Казбек райбольницаялда цебе   бугеб   приемнияб   покоялъул заведующийлъун,  х1алт1ана скорая помощалъул станциялдаги. 1986-аб соналъ гьев  х1алт1улев   вук1ана   райполиклиникаялъул   заведующийлъун   ва  гьебго  соналъ к1удияб   росо   бук1ин   х1исабалдеги босун  ва  гьединго   халкъалъул т1алабалда рекъон х1алт1изе   вит1ула   Ленинаул   росдал врачебнияб   амбулаториялъул   заведующийлъун. 2013-аб соналдаса   нахъе Жамалдинов х1алт1улев вуго     росдал  участковая   больницаялъул   бет1ерав   врачлъун. Лъебералда хадур соназ халкъалъул сахлъи   ц1униялда т1ад гьарурал  х1алт1абазе г1оло   гьев  мустах1икълъана   г1емерал  бат1и-бат1иял   шапакъатазе. 2005 соналъ Шамсудиние  кьуна   «Заслуженный  врач   Дагестана»  абураб х1урматияб ц1ар. 2007-аб соналъ гьесие щвана «Лучший  заведующий амбулатории»   абураб   ц1арги.   Руго   гьев   к1одо  гьавун кьурал  цойгидал    шапакъаталги. 

     Гьанже   рач1инин   жиндирго   х1аракаталдалъун  Шамсудиница   халкъалъул   сахлъи   ц1униялъе   г1оло  гьарурал  рехсей   гьаби-ч1ого г1оларел цо-цо  х1алт1абазул   х1акъалда   дагьабго   бицен   гьабизе.  Т1оцеве   Ленинаулалде   х1алт1изе вач1арабго   Шамсудиница бот1ролъе   росана   дагьабниги   росолъ   медицинаялъул  х1алт1и ч1аго гьабизе кканицин, цереккун жинцаго   бак1алда гьаризе кколел х1алт1аби. Лъидасаго лъик1   лъалаан    гьесда   пахь  гьеч1они   живго   пахьул   къебедасулги  г1ерет1   гьабизе    рес   рекъолареблъи.  Гьединго  бич1ч1унаан   гьесда  г1емарал   г1арцал   рахъ-рахъалъан щвеч1они   жиндирго   гьаризе   рак1алда   ругел   х1алт1аби  раг1алде   рахъине гьеч1еллъиги. Гьелъ Шамсудин   г1емер   векеранхъдизе   ккана   х1укуматалъул   рахъалъан кумекал  щвелародаян   хьулалъ.  Кивехун  аниги   гьеб   суал   кодобеги   босун   халшал  гьабулев   чи   республикаялъул   яги   районалъул   чиновниказда гьоркьосан рахъун   гурт1иялъ,   Шамсудинил хьулал   г1ададисел   жаллъун хут1ана. Гьединаб  чара   къот1араб х1алалде  гьев   ккараб   мехалъ росдал г1адамазда к1веч1о  гьесдаса рат1арахъун ч1езе.   Гьезда   бихьулеб   бук1ана   релъедаги   къадги   кинаб   бук1аниги    х1алхьи   лъач1ого росдал  халкъалъул    сахлъи ц1униялда т1ад гьес  гьабулеб хъаравуллъи. Гьединав гьев   вук1иналъ  гьез  г1адахъ росич1ого теч1о   жидерго бук1инеселъе г1оло  гьесие   гьаризе   рокьарал   х1алт1абиги.   Гьединлъидал цо-цо ресалда  ругел г1адамал рахъана  Шамсудинил хьолбохъ  рахъунги   ч1ун,   кколел   харжазде  балагьун   ч1еч1ого,   гьес   т1аде росарал х1алт1абазе   спонсорлъи  гьабизе   х1адурал.    Гьезул   кумекалдалъун  т1оцебе   Жамалдиновас   башлагьи лъуна    жакъасел   т1алабазда   рекъон   данде кколел   шарт1ал  жанирги ч1езе  гьарулаго медицинаялъул х1алт1ухъабазе кабинетал ва гьездаго   цадахъ чара  гьеч1ого    х1ажатал   цойгидал   бак1алги ралаго, амбулатория г1ат1ид гьабизе. Азбаралъул хьолбоде   кколеб нахъе хут1араб  к1удиябго гьеч1еб   ракьалда т1ад   бана   гъоркье лаборатория   ва   рек1ел   кардиограмма гьабулеб кабинетги ккезе  гьабулаго   к1ит1алаяб   мина.   Гьеб корпусалъул  т1ад   бак1алъ  рагьана  къад-къад   гьенирго   регун   цо чанго  унтарав   чиясе   процедураби гьарулел  палатаби.   Гьедин   гаражалдего г1унт1ун бак1ал раялъ   амбулатория   сверухъ   хут1ун   бук1инч1о ч1обогояб ракьул  кесек.   Жиндаго цере ч1ун  рук1арал   х1алт1аби   гьарун лъуг1аниги,  гьезда   г1ей гьабун  ч1еч1ого  жегиги   Шамсудинил рак1алде ккана халкъалъул росулъ  больница   базе   бук1араб   анищ т1убаялде   т1ад  х1алт1аби   гьаризе. Жибго боль-ница базе амбулатория сверухъ   ракь бук1ун гурт1иялъ гьеб суал хадуб  бехъерхъун хут1улеб   бук1ана, къват1и-рокъобехун   гьеб   баялъул ишги данде кколеб  бук1инч1о.  Зах1матго бук1ана   аск1об-сверухъ   гьеб   базе бак1 балагьиялъул суал.  Ахирги   халкъалъул  гьариялда   рекъон   Давурбегов Г1усманица больница  базе  кьуна  амбулаториялъул   даздаде   кколеб   бук1араб   жиндирго   хурул ахадаса   щуго   сотых   ракьалъул.  Гьес гьеб  ракь   кьеч1ебани больница баялъул суал жегиги  жакъа къоялде   г1одобго   хут1изеги батулаан. Гьес   росдае   гьабураб  кумек  ккана Аллагьасги  беццараб, Г1усмание  ва   гьесул ваца-васазе   халкъалъго  баркалаги   кьезе   ккараб   ишлъун.

        Гьедин г1емерал зах1малъабазда  дандги ч1валаго ахирги 2013 соналъ  бан раг1алде бахъана   халкъалъулго   мурадлъун   бук1араб   больница баялъул иш. Гьеб  баялда   т1ад цого росдал     гурелги, къват1исахун  г1адамазги гьаруна  г1езег1анго   к1удиял   кумекал.   Амбулатория   г1ат1ид гьабиялдасан   башлагьиги   лъун   больница   бан   лъуг1инег1ан лъица кирехун   киг1ан    харжал    гьарурал   лъазариялъул    баянал    хъван   дида   бажариларо,   дихъ   гьединал   ч1ванкъот1арал   баяналги  гьеч1о, амма  ц1арал   рехсеч1ого г1оларо   цо   чанго   нус-нус  азар гъурщал   гьенир   лъу-рал   гьалмагъзабазул.   Гьединаздасан  цоял ккола Хасаев   Батирсолтан,   Висалгереев   Салман, «Дружба» СПК-ялъул   председатель Кадиев  Темирсултан.   Кидаго   г1адин гьединал бак1азде жиндирго   рах1му-ц1обалъулаб   квер кумекалъе бегьулев Сатираев Айтемирица биччана    бащдаб   миллион   гъурущ   г1арац. Чачан   миллаталъул Джамалдинов   Эльмурадица   ва   Жантуев   Мух1амадшагьирица   бак1ал  раялъе х1ажатал  материалазул рахъалъан гьаруна   к1удиял   кумекал, гьединго Минсултанов   Исмаг1илица   больницаялда   жаниб   лъуна 42 азарго гъурущ багьа бугеб камера наблюдения.   Райадминистрациялъул  бет1ер   Эмеев  Зикролаца подарка  х1исабалда   больницаялъе  кьуна    багьаяб телевизор.   Сахлъи ц1униялъул   министерствоялъ   кьуна   жаниб   лъезе   х1ажатаб инвентарь. Росдал администрациялъ   больницаялъул минаялда   лъуна   анлъго   нуц1а,   ва   унтарал   г1адамал   т1ад   регулел   бусаби   ц1акъго т1еренал рук1иналъ, росана   гьездаго   т1асан   лъезе   къого рицатал   бусаби,  гьединго   ралел   руго приемный  покоялъе   ва   банялъе   бак1алги.   Киназго   г1адин   ралел бак1азе   ва  жанисан гьарулел  х1алт1абазе   кумекал   гьаруна   жалго   медициналъул х1алт1ухъабазги.  2013-аб   соналъул 9-аб  октябралда   боль-ница   рагьиялъул   данделъиялде   вач1арав   сахлъи   ц1униялъул министр   Танка    Ибрагьимовас   росдал  больницаялъе   кьезе  бицана  машина.   Гьеб   жеги   щун бахъинч1о,   абулеб   буго   гьеб   цебе гьеч1олъиялда бан кьеч1ого   хут1ун бугилан. Бицанихъ балагьун,  цо Ленинаулалда    гурони   Дагъистаналъул цойгидал бак1азда раг1унаро   гьедин   жибго    халкъалъул   кумекалдалъун   бан  лъуг1ине   гьабураб   больница (гьелъие  ва рехсей гьабурал цойгидал х1алт1абазухъ   квербакъи  гьабурал   киназего   Бет1ергьанас   кири   к1одо   гьабеги).  Жакъа  гьенив   х1алт1улев   вуго   45 чи,   гьездасан   бат1и-бат1иял махщалида   рекъон    х1алт1улев  8  врачгун   т1ад   32  чи ккола медицинаялъул  х1алт1ухъаби. Хут1арав 13 чияс  т1уразарулел руго техникиял   х1алт1аби.  Гьенив   цадахъго   регизе   бегьула 20 чи.  Гьезул   15   чиясе   гургинал суткабаз гьенирго регизе  гьарун,  14  къоялъ   тохтурзабаз   гьарула дараби. 5 чиясе дараби гьарула къад-къад регизе  гьарун, гьел къаси рукъоре    уна. Бак1алда руго цойгидал   унтабазул хал гьабулел   кабинетал.   Гьенибго   гьабизе бегьула УЗИ,   ра-к1алъул  кардиограмма,   х1алт1улеб буго лаборатория,   руго   цаби-г1усал къач1алеб ва  токида   г1адамал  лъолел кабинетал,  гьенийго   йиго акушерка-гинеколог, х1алт1улеб буго тохлъукьего   унтун  вач1арав   чиясе  процедураби   гьарулеб   кабинет,   вуго  педиатр   ва   массажист.   Ратизе   бегьула дида   лъаларел   унтарал   т1аде   къабул гьарулел цойгидал   кабинеталги. Гьеб кинабго ккола к1удияб росдае к1удияб рохеллъун.   Гьанжейин  абуни цо-цо унтарал чаг1и  районалъул  больницаялде   рит1аниги, хасго терапиялде кколел унтаразе рес  щвана бак1алдагоги регун сахлъи гьабизе. Ленинаулалда участковияб больница рагьиялъ рес  кьезе буго районалъул цойгидал  росабазул   г1адамазеги   квал-квал   ккеч1ого райбольницаялда регизе   бак1ги  щун    заманаялда    жидеего   сахлъи   гьабизе.

   Кидаго г1емер раг1унаан   унтаразе   х1ажатал   шарт1ал   жанирги ч1езе   гьарулаго    берцинго   бараб   гьеб больницаялъул   х1алт1ухъабазул   унтараздехун   бугеб  лъик1аб   бербалагьиялъул  ва   жаниб   ч1езе   гьабун   бугеб   г1адлу-низамалъул   х1акъалда   бицен   гьабулеб.   Нусго  нухалъ бицуна раг1аралдаса   цо   нухалъ беразда  бихьараб   лъик1аб   бук1унилан абухъего, гьаб соналъул   июль моц1алъул бащалъуда гьенив   вегизе ккарав дун бит1ахъего   х1айран гьавуна  г1адамаз   бицунеб   жо   дирго   беразда   бихьараб   мехалъ.   Рак1алдецин  ккана унго   Ленинаулалъул халкъалдагийиш   гьадинаб   канлъи   бихьизе   бук1араб   абун.    Дирго   г1адинаб   пикру   бижунеб бугоан  гьенивги   вегун   жиндиего   сахлъи  щварав Джамалдинов   Зияродинилги. Гьес гьарун бук1ана жиндир   ра-хъалдасан  больницаялъул   х1алт1ухъабазда   баркала   загьир   гьабураб макъала  хъваян.    Дица   гьесие  раг1и   кьун   бук1ана   цебехун бук1аниги дур  ц1ар   рехсеч1ого   теларилан. Гьелъ бокьун буго    бак1   бач1аралъусан    Зияродинил  ва  дирго рахъалдасан  т1олабго   больницаялъул коллективалда   нижеего   гьабураб хъулухъалъухъ   баркалаги   загьир  гьабулаго,  гьезие   тали-х1аб г1умру ва х1алт1улъ жегиги  ц1ик1к1арал бергьенлъаби гьаризе.   Хас  гьабун буго  дирго рахъалъан  жегиги   ц1ик1к1араб   баркала   кьезе   бокьун   буго дунго сах гьавула  йик1арай чачан  миллаталъул  врач-терапевт Г1айшат Атаевалъе.   Гьаризе   бокьун   буго   ЦРБ-ялъул   бет1ерав врач  Латипов   Расулида  ва Жамалдинов   Шамсудинида   жидерго   коллективазда   цее гьей киналниги г1аданлъиялъул рахъал   чорхолъ  бугей   врач   баркалаялдалъун  г1аги   к1одо  гьаеян.    Жакъа   гьединаб къимат халкъалъго  кьейи   ккола   Жамалдиновасул жиндирго   г1олохъанаб  коллективалда жаниб билъанхъизе  гьабураб лъик1аб   х1алт1ул х1асил. Жиндирго г1одове виччаялъ гьес рехсей гьабич1ониги,   цадахъ х1алт1ула йигей   Атаевалъ абухъего, Шамсудиница   халкъалъе   г1оло гьарурал х1алт1аби ккола   щивниги цойгидав чиясда    гьаризе к1везе рук1инч1ел  чанги   ч1ах1иял   бергьенлъаби. Гьединав гьев вук1иналъ халкъалъ гьесул к1удияб   къиматги   гьабула.

  Медицинаялъул х1алт1ухъабазе   ва гьарурал х1алт1абазе  лъик1аб   къимат   халкъалъ  кьолеб   бук1ани щиб, бак1алда руго   живго   Жамалдиновасда   ран   хут1и-1ел    г1езег1анго г1унгурт1аби. Жакъа больницаялда  гьеч1о жибго бет1ергьанаб цониги «ско-ая помощь»   автомашина. Росо-ъе гьеб  бач1уна   Дилималдаса   бит1ун   г1иц1го   къад-къад   де-урство гьабизе.  Гьедин   бук1и-алъ   хасго   релъедал   замана-лда медх1алт1ухъабазе ц1акъго   зах1мат   бук1уна   такси  ах1ун   яги  жалго   бет1ергьанал   маши-абазда  анкьго   километр   хала-ъи   бугеб   росдал   раг1а-ракьандеги  г1унт1ун   унтаразухъе   щвезе.  Гьединал   рокъоре  ах1иялин   абуни  сардида  жанир   цо   чангоги  рук1уна.    Росолъ   руго   хасоло  г1азо   бугеб   заманаялда   цого УАЗ «Скорая   помощь»  машина   гурони   т1аде   унарел   ва   цойгидаб    бат1ияб    машина  жендаризабизе   зах1матал   лаблъазда  г1адамаз   яшав   гьабун   ругел бак1алги. Гьелъ   медх1алт1ухъабазул к1удияб божи буго, ЦРБ-ялъул   бет1ерав   врач   Латипов   Расулил   ва   сахлъи   ц1униялъул рахъал т1ад  разарун  вугев   муниципалияб   г1уц1иялъул    бет1ерасул заместитель Шабазов   Ильясил   кумекалдалъун УАЗ маркаялъул скорая  помощь машина жидеего  щвеялде.    Ц1акъго   хъвалеб   жо   халат   бахъуна бук1иналъ рехсей гьабич1ого   толеб   буго   цойгидал   г1унгурт1абазул. Гьабуралдаса г1ей   гьабун ч1еч1ого жегиги Шамсудинил   рак1алда   буго    киналго   г1оларел   рахъалги   т1аг1ине   гьарулаго   аск1об-сверухъа   бичун   босизе    яги   хисун    кьолеб   ракь    щвани   гьелда   т1ад   рентген  кабинет   ва   цойгидал   чара   гьеч1ого   унтаразе х1ажатал бак1ал   жаниреги   рачунаго росулъ поликлиника   базецин   нухал   ратиялда   т1ад   х1алт1аби   гьаризе.  Гьес   цере  ккун   гьарурал   х1алт1абазул хал гьабураб   мехалъ   дир   т1убанго божизе   бач1ана    жиндирго цебе льураб   гьеб   суалги    Шамсудиница т1убан  раг1алде   бахъинабизе  бук1иналда.    Тавпикъги  чорхое  къуватги   кьейги   гьев   халкъалъе   г1оло   вахъун   ч1ун вугев   х1икматав   инсанасе   гьеди-гьединал х1алт1абиги гьарулаго   жегиги   чанго анц1-анц1 санабаз халкъалъе   хъулухъ   гьабулевлъун   хут1изе.

 

Шарабодин  

Шамирзаев


Календарь исламский


Мусульманские праздники