forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
02
Авг.

Мунагь гьеч1еб халкъалда бугьтанал лъейи – Аллагьасдаса х1инкъизе ккараб иш гьеч1ищ? Шарабудин Шамирзаев

Добавил(а) Administrator on 02 Август 2014.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 

Мунагь  гьеч1еб   халкъалда  

бугьтанал  лъейи    –

Аллагьасдаса   х1инкъизе  

ккараб   иш  гьеч1ищ?

 Дагьаб  цебег1ан  дица   ц1алана  Казбек  районалъул  Калининаул   росулъа   Басиров  Насирица  «Х1акъикъат  лъазе  ккола»  абураб бет1ералда гъоркь «Х1акъикъат»   газеталде   хъван   бук1араб  макъала. Кидаго  г1адин   мух1кан   гьабун  хъвараб   жиндирго   ма-къалаялда  гьес  рехсей   гьабун  бугоан,   жалго  рижараб   ракьалдаса   х1ал-зулмуялдалъун   чачанал-ахъинцазул   жакъасел   Калининаул ва Ленинаул росабалъе   гочине гьарурал   алмахъазда   бихьараб  г1акъуба-къвари-лъиялде   т1адеги  цо-цо   г1адамаз рорхулел    суалал  алмахъазе  данде  кколарел   рук1иналъул  х1акъалда.  Г1емераб   кьог1абги ч1амулаго  жиндирго   г1умрудул  ункъогоялда   т1асан  сонал    нахъа  тарав    Насирица   хъваралда т1аса  бахъизе  жо батич1ев   дида  рак1алде   ккана   дирго   рахъалъанги   дагьалго   т1аде  жураял гьарилаанилан. 74 сон барав   дида  цебегоялдаса   бицунеб   батана,   цого бат1иял миллатазул  г1адамаз   гуребги,   х1атта   муг1рузул   районазда   яшав   гьабун   ругел  маг1арулазда  гъорлъги   цо-цо   г1адамаз   абулеб бугила «алмахъал раг1унин  жидеего  бокьун  чачаназул гъоркь хут1араб малалде т1аде   кеч1-бакъангун рач1арал чаг1и»- ян.

           Гьедин  абулеб   жо   бит1араб   бугищ  абун  1970 -абилеб  соналъ дие суал    кьун  бук1ана   жидерго росо бакьолъ бугеб гведек1аниб Гумбет районалъул Ингишо росулъа  дирго имг1аласул  гьобол  Чакарил Мух1амадилан абулев вук1арав   к1удияв  чиясги (Аллагьас  гьесул   мунагьал   чурун  ратаги).   Гьедин гьасги-досги рицунел  къват1ол харбазда г1ин т1амич1ого тезецин  бегьилаан,  живго лъараг1  миллаталъул журналист   Багьавудин   Узунаевас  г1аги   гьединалго   раг1абаздалъун   т1олабго Дагъистаналъул халкъалда  раг1инедухъ   алмахъазул   напс   къабих1   гьабич1ого тун  бук1арабани. 70-го  г1анаб сон  цебе ккун   чачанал-ахъинцазул, тумазул ва  гьединго   маг1арулазул   ккарал   къисматазде   гъорлъеги  ваккун, Сталинил  заманаялда   бук1инч1еб рит1ухълъи   рук1алиде   ккезабизе  кколиланги   абун   хъвадаризе   лъугьарав   гьев   лъараг1асул   2012-аб   соналъул   17-леб  февралалда ва 30-леб  марталда   къват1ире риччарал   «Республика» газеталъул гьурмазда «Реабилитация»   ва  «Реабилитация-2» абурал бут1рузда   гъоркь,   бигьаго ц1алун   рахъунарел   г1анги   ч1ах1иял макъалабазул цоялда   рагьунго хъван бугоан  «Алмахъал   ругила  жидерго   бак1аздаса   лъицаниги   гочине   гьарич1ониги,   жидеего   бокьун   чачаназул  ракьазде  рач1ун  ч1арал   чаг1и» - ян.   Гьединал  кьуч1  гьеч1ел   макъалаби   газеталде   кьелелде   цебе   авторасул   бет1ер   х1алт1ун   гьеч1оан,   гьединги   бук1ине   кколеб   даражаялда   х1алуцин  г1одоб   цун  гьеч1еб регионалда яшав   гьабун   ругел  бат1и-бат1иял   миллатазул   халкъазда   гьоркьоб   бак1   жинцаго   дагьабги   бигъинабизе   бегьулеблъиялде.

       Дицаго гьаниб  рехсей   гьабич1ого   таниги,   Багьавудиница   хъварал  гьел   чурукал   макъалаби   сверухъ цо-цо Республикаялъул   нухмалъулездего   г1унт1ун   лъабабго   т1адехун   рехсей  гьабурал   миллатазул   вакилзабазда   гьоркьорги   ккана   цоцаздехун   раг1ад   рехизе   гьабурал   рагъа-рачариял.   Гьелъго  рах1ат   хвезе  гьабун   ругел  лъараг1азул   вакилзабиги   Узунаевасул   т1оцебесеб    макъала   газеталда   бач1арабго     ццин  бахъарал   алмахъаз   2012-аб  соналъул  27-леб   марталда   гьеб  ма-къалаялъе   бук1ине  кколеб   къимат   кьезелъун   Ленинаулалде   вак1арана  киса-кирего   яшав   гьабун  ругел   росоцоязда   гьоркьосан   бокьараб   суал   бича-чвазе  к1олев   320  чи.   Данделъиялде   г1ахьаллъараз   ахирги   х1укму   гьабуна   макъалабазул   авторасдасан   судалдеги   кьун   рец1ел  босизе. Гьенибго дие бокьун бук1ана,   жиндирго  хасаб   мурадалъе   г1оло алмахъазда рек1унареб  бугьтан  лъурав   Узунаевас   халкъалда   гьоркьосел адаб-хасияталъул роценал  хъач1го   хвезари   х1исабалдеги босун,   гьесдаса   цо  миллион   гъурущ   т1алаб   гьабизе   ва  хадув   ккун   гьев  жиндирго   махщалида   рекъон   хъвадаризе   бугеб  ихтияралдаса   мах1рум  гьавеян   судалде   гьаризе.   Абадиялъго   жидедаго   бач1ина   батараб   ях1-намусалда   рекъон   данделъараз   судалдасан   гьединал   т1алаб   гьариял   нахъ  ч1вана.   Судалде   материал   кьолаго   гьезие г1уна хадусал  къват1ибе   биччалеб   добго   «Республика»   газеталда жинцаго  цере   ккун   хъварал   макъалаби   мекъал   рук1иналъеги  мук1урлъун   Узунаевасда   нахъ  ч1вай   гьабизабизе   судалъ   х1укму   къот1ани. Судалъ  къине   гьавурав   журналистасул   ахир  ккана   «Бубудизе  лъалареб бугъица   жиндего   т1аде ракь хъвараб   г1адинаб  жо».   Суд  гьабун   хадусалго  къват1ибе лъугьараб  газеталда   Узунаевас   жиндирго   нахъ   ч1ваялда   бихьизе гьабун бугоан жинца   макъалаби   хъван   рук1анила   цойгидаз   бицараб   жо   г1адахъги  босун   ва  жив   гьелдалъун   мекъавги   кканилан. Гьес хъвавухъе гьесда   лъан   гьеч1оан   алмахъал   гьедаг1анго   ццидахарал  чаг1и   рук1ин. Ва  рак1   бух1ун   бугоан   цойгидал   миллатазул къисматалде гъорлъе   лъугьиналъ   жинцаго  риччарал   гъалат1азда.        Бак1 бач1аралъусан  гьанибго   рехсей   гьабич1ого   г1оларо   «Алмахъал  ругин  чачаназул  гъоркь   хут1араб малалде т1аде  кеч1-бакъангун рач1арал чаг1и»- ян лъурал   цойгидал   бугьтаназул   х1акъалдаги.

         Цебе заманаялда жакъаг1адин   бокьарав   чи   рак1алде   ккаралъувехун  гочун   унароан.   Цого  алмахъазе гуребги, киналниги  халкъазул  умумузе   бокьулаан   жалго   рижараб  ракьги   гьелда   т1ад   жидецаго ч1вараб   пихъил  гъвет1ги. Цо  балагь   т1аде   бач1инч1елдаса  нахъе   гьезда   к1олароан   жидерго   ваца-васал   рукъараб    хабал-агьлоялде   мугъ  базеги.

         Уйищха   алмахъал   рук1арал   жидерго   умумузул  г1адатазде т1аде ракьги хъван чияр  ракьазде   кванда  хадур   ине  х1ажалъи    ккарал    г1адамал?  Алмахъал  кидаго  ратун  руго   цойгидав   чияс  раг1и   абилареб   куцалда жидеего  г1ураб    х1алалаб-бац1ц1адаб   маг1ишат-яшавги   гьабун.    К1удияб   Ват1анияб  рагъ    башлагьилелде   цебе   гьезул   бук1ана    киналниги  халкъал   бахилаб    бет1ербахъи.   Росулъ  бук1ана   щег1    бежулеб  завод,   ц1улал   ва  маххул   т1аг1елал   гьарулел   цехал,   цо  чанго   гьабал,   рет1ел-т1ех    букъулел  бак1ал,   жалго  бет1ергьанаб   «Ильичил  чирахъал»   ракулеб лъел   къуваталдалъун   х1алт1изе гьабулеб   бук1араб   электростанция,  токалъ  х1алт1изе   гьарулел рук1арал рохь  хъухъалел   бехчаби,  цо  чанго  къебелъи  ва  гьел  гурел цойгидалги халкъалъе   х1ажатал  алаталги.

         Гьелдаго   цадахъ   щивасул   к1алт1а   бук1унаан   жинде-жинде  г1ураб   г1и-боц1ул   къадар   ва  гьединго  къват1ирехун   рук1унаан   жалго   бет1ергьанал   рекьулел   ва  рецулел   ракьалги. Гьел   сонабаз   росулъ  бук1ана ункъго колхоз, гьелъул  щиялъулин   абуни   ру-к1ана   рекьулел   ракьалги ва доб заманаялъе г1ураб   г1и-боц1ул   къадарги кидаялдаса   нахъе  жакъа   къоялде   щвезег1ан.   Бак1алда  бугеб  т1абиг1аталъулни   бицинего  ккелищха.     Алмахъазда   ц1акъ   лъик1   лъала   т1ад  бараб   пихъги, г1одобе гъенараб т1амахги   салул   авлахъалда   бихьизег1ан   жибго   бижараб   гъот1ода   гъоркь   рекъараб бук1ин. Дагьабниги бот1рониб   г1акъло-эс   бугев  чияс   пикру  гьабизе   ккеларищ   алмахъал   г1алхудаса   гьури   балагьизейищ   рит1ухъего   хвалил   бадиреги   балагьун   чачаназул   ракьазде   гочун   ине   кколел   рук1арал?   Хасго   гьеб   заманаялда   алмахъазул цониги чи  унароан чадида  ха-дув росулъа  къват1ивехун   гочун,   щивав   чияс   гьединаб   иш   рик1к1унаан   жиндирго   наслабазе   рогьоб   босилъун. Жалгояли   киса  гьел   чидар   ракьазде   квен  балагьун  унел рук1арал, гьелъул   г1ак-салда   гьез   ракъол   балагьалдаса   хвасар   гьарун   рук1ана    аск1об-сверухъехун  кколел муг1рузул районазда    яшав   гьабун   рук1арал    цойгидал   халкъалги.   Г1емер   рук1унаан   ракъи   т1аса   рехизеян   бак1-бак1аздаса   рач1ун   росулъго   ч1арал хъизабиги.  Кидаго  гьобол-гьудул   хириял  ва  х1еренал   г1а-дамалилан   кибго  ц1ар  ун   бук1арал  росуцоязул  налъилъун  бук1ана  аманлъун   т1аде   вач1арав   чиясе   Аллагьасе  г1оло  садакъа   х1исабалда жидедасанго бач1араб   кумек  гьаби. Гьедин ургъелги  гьеч1ого жидеего маг1ишат-яшавги  гьабун  рук1арал  алмахъазда    т1олабго    г1аламалдаго   г1адин  т1ад   ч1вана вах1шияв  Гитлерица   башлагьи   гьабураб  К1удияб   Ват1анияб  рагъ. Гьеб  рагъалъ  жул  бана   росдал г1олохъабазда.   Х1укуматалъ  щивасул  ц1ар-ц1ар   ккун   рихьизе  гьарурал   дихъ  ругел    мух1канал  баяназда   рекъон  алмахъалдаса   рагъде  ана   районалда   ругел  цойгидал   росабазде   данде  ккун   бищунго    г1емерав  чи,   гьезул  къадарин   абуни   бахунеб  буго   362   чиясде (рагъ байбихьилелде ва  рагъул заманалда военкоматаз РККА-ялде ах1аразул  жеги    мух1кан  гьабун лъугьинч1еб  спи-сокалда  572  алмахъасул  ц1ар  буго  - редакция),   яги  гьеб   ккола   анц1ила   цо  росулъа   киналниги  рагъде   аразул   къого  процент. Росулъ  лъик1аланго  рук1ана   3-4   чи   цо  рокъоса  арал   хъизабиги.   Г1умрудул  заман   г1унгурт1иялде  яги   чорхолъ   бугеб   сакъатлъиялде балалъун ч1еч1ого бихьиназ   х1аракат   бахъулеб   бу-к1ана  рагъде  ине.   Росулъ  живго  хут1и    щивас   рик1к1унеб  бук1ана   рогьоблъун.   Гьедин   киналго   рагъдеги  ун   росдал   маг1ишат-яшав   гьабизе   бихьинал    росулъ  хут1ун   гурт1иялъ   кинабниги   зах1мат   бегана   руччабазул   ва  г1исинал   лъималазул   гъажибут1рузде.   Гьезда   гъорлъаги    дагьалниги   чорхолъ   къуват  бугел   г1адинал чаг1и  рит1улаан   Терекалде   окопал   рухъизеянги  абун.   Хасго   гьел  сонабаз   хурухъанлъиялъул   маг1ишат гьаби   реч1ч1ана  накалда   ва  гьелдаго   бан  халкъалда   гьоркьоб т1ибит1ана  к1удияб ракъиги. Гьелъул балагьалдаса хъизаби   рорч1изаризе   к1велародаян   хьулалъ   руччаби  хьвадизе   ккана  жидерго   рокъоб   бук1араб  къайи-ц1аялъул   яги   цойгидал   алаталги   росун т1ощалихъ  гьел  хисизе   Хасавюрталде   ва   долцоял   чачаналъе.  Гьедин    лъелгоги   ун  нусгог1анаб километр добе-нахъеги  гьабун   лъималазул  к1алдиб   реч1изе щвараб дагьа-макъаб  давлаги талагьурчаг1аз   нухдасан   кодоса бахъулеб бук1иналъ кидаго гуреб рокъобе   щолеб  бук1араб. Г1аданги  т1абиг1атго г1адин   кидаго цо х1алалда вук1унарелъул, г1емераб г1акъуба-къварилъи х1ехьезе   ккана   цересел сонабаз жидеего г1ураб   бет1ербахъиги  гьабун   рук1арал   алмахъаз.   Гьеб   кинабго   Аллагьас  бихьизе   хъвараб жо бугиланги абун гьелде   иманги   лъун   цого  жидерги   рагъде  арал  ваца-васал т1ад руссун   рач1ани  г1елиланги  абун   г1одор   ч1ван   рук1арал   руччабазда   щибха   лъалеб   бук1араб   хадуб   ккун   жидедаго   т1аде   бач1ине   бугеб  балагь.   Гьебин   абуни   г1емер   рик1к1адго   бук1ун  гьеч1о.

        1944-абилеб   соналъул  март моц1алъ Дилималдаса   Алмахъалде   рач1ун   руго    районалъул  х1акинзаби,   гьез  цойиде  данде   гьарун   руго  жибго   К1удияб   Алмахъ  росулъ   бук1араб   «25-лет   Октябрь»   колхозалъул  колхозчаг1и    хут1изег1ан,   цойгидал   отарабазда  (кулабазда)  «Ленин», «Сталин»  ва  «Молотов»   колхозалъул  г1адамал.   Т1аде   рач1араз   гьезде  абун  буго   метер  Дилималда  бук1ине   бугин  районалъул   киналниги  росабазул   г1адамал  рак1арараб  к1удияб  данделъи  ва  нуж  жакъаго   жидеда   цадахъ  рач1ине  кколин  Дилималдеян. Замана  кьварараб   бук1иналъги  батила  халкъ   мут1иг1лъун  нухде   бахъун  буго.  Нухдасан свакван  ва  ракъун   рук1арал  гьал   кват1араб  г1ужалъ    щун  руго   бак1алде  (Гьедин  рачун  арал  г1адамазул   хадусел  нухда   ккарал  лъугьа-бахъиназул   х1акъалда  мух1канал   баянал  кьезелъун   гьаниб  дир  рес  рекъолеб  гьеч1о   дагьавго  цеве  к1анц1ич1ого.) Гьел сонабаз алмахъазда бихьараб   г1акъуба-къварилъиялъул   х1акъалда  т1ехь  хъвазе   рак1алде  ккарав   дица  цого  жо  анц1-анц1  бат1и-бат1ияв   чиясдеги гьикъун бак1арана   мух1канлъи  бук1иналда рак1ч1араб  г1езег1анго  к1удияб   материал.  Гьелда  жаниб  лъезе  дие   бищунго  зах1матаб   жолъун   бук1ана  алмахъал   ругин  чачаназул   ракьалде  «кеч1-бакъангун» рач1арал чаг1иян   абулел  раг1аби   кисан   рач1арал   раг1абияли лъазе к1унгурт1и.   Гьезул  х1акъалда   суал  кьуни  жаваб   кьезе  к1олев   чиги   данде  вахъунев вук1инч1о. Цого   киназдаго   лъалеб   бугоан,   жидерго   рагъде  арал   ваца-васазда   хадур  маг1у   бакъвач1ого г1одила  рук1арал   алмахъазул   руччаби  кеч1-бакъаналде   рег1ун  рук1инч1еблъи.

        Гьел раг1абазул   маг1на   лъач1ого   теларилан   вук1арав   дир  рак1алде   ккана  Дилималде   рачун  ун   рук1арал   г1адамазда   гъорлъ  вук1арав   цониги   ч1аго   нахъе   хут1арав   чиго  гьеч1одаян.

        Г1емерал  гьарурал   ц1ех-рехазда   хадусал  цоясги  бицун   ахир   дида  лъана  гьезда гъорлъ Ленинаулалдаса жакъаги ч1аго вугев, росдал  цевесев жамаг1атчи Игитил Саг1ит-х1ажиги   вук1араблъи.   Дун  ана гьесухъе ва бицана дунго  вач1иналъул   мурад.   Гьев «асирлъуде»  ккаразда  гъорлъ   вук1иналъул мух1канлъи лъан  хадусал   дица гьесда гьарана дудаго   лъалеб  жо дие мух1канги   гьабун   бицеян.

         Дица  дуе  бицине   гьеч1о   Къуръаналда   т1ад  кверги   лъун  бицине   х1инкъараб   цониги   жагъалаб  раг1иянгги  абун   гьадин  башлагьана   гьес   жиндирго   хабаралде (Саг1ит  гьеб  заманаялда  вук1ун  вуго жеги                      балугълъиялде   вахинч1ев   г1ун    вач1унев   г1олохъанчи).   Алмахъалдаса Дилималде   щварабго   гьал   гъун  руго   росдал   клубалде   жанире   ва  лъазе   гьабун   буго  гьеб   сордо  гьениб   рогьине   кколеблъи.   Саг1итил  инсол   гьобол   вук1ун  вуго  гьеб   клубалдаса  рик1к1адго  гьеч1ого.    Къват1ивехун  чи   виччан-гурт1изеялъе   г1оло   к1алт1а   лъуразул цоясде Саг1итица  гьарун   буго  жив   гьаниве  радалго   т1адги   вуссинин   гьоболасул  дове  виччаян.   Цо  чиги   довегъове   виччазе   гьеч1иланги   абун   гьев  конвояс   инкар   гьабун  буго.   Гьеб  сордоялъ   клубалда   жанир   рук1ун  руго   алмахъалго  г1адин   районалъул цойгидал   росабалъа   рачун рач1арал г1езег1анго  г1адамалги. Киназего г1одор   ч1езе   бак1ал   г1еч1ого   гьезул  г1емерисез   сордо  рогьине   ккун  буго   бохдул   щвакизе  бак1цин   гьеч1еб   г1одоб   ч1абаралдаги  г1одор  ч1ун.

     Гьеб   сордоялъ   гьазие   биччан   буго суратал рихьизе гьаруни гурони  жибго   гаргадулареб   киноги.  (Гьеб  бук1ун  буго  Саг1итида   т1оцебе   бихьулеб  жо).   Нахъисеб   къоялъул   радалисаго   къват1ире   рахъине   гьарурал   гьазда   клубалда   цереги   ч1ун  ратун  руго   районалъул  артистал – цере   чагъана   къалигун     ч1езе  гьарун.  Хадусеб  кьерда   солдаталг1адин   рачун    рач1аралги   ч1езе  гьарун   гьал лъугьун   руго   Хасавюрталдехун унеб  нухаре. Росу бахун  къва-т1ирехун   щварабго  цояс   команда  кьун  буго   артистазе   кеч1  ах1еян.   Гьедин  нахъаса  къот1изе   толареб   ясазул  кеч1-бакъаналда  гъоркь   гьал  щун   руго  Юртг1авухъазул   росдаде  цебе   кколеб керенбаводе. Гьенир ч1езеги  гьарун,   чачаназул  к1иябго   росдадехун   квералги  рит1ун   цояв  х1акимчияс   абун  буго,   гьал   росабалъа   чачанал   рит1анин  сибиралде,   гьелъ  нуж  рачунел   ругин  гьезул  гъоркь   хут1араб  мал  данде   гьабизеян   ва  къвак1унго   лъазе  гьабун   буго  кинаб   бук1аниги бикъа-хъамиялде  квер  бегьарав чи тамих1алде ц1азе вук1инги ва гьединав   чиясда  жалго   солдатаз  реч1ч1изе  бегьулеблъиги. Гьеб къоялде щвезег1ан  Алмахъазул цониги  чиясда  лъалеб   бук1ун  гьеч1о цо  чанго къоялъ  цере  ккун гьел росабалъа  чачанал   чияр   ракьазде гочинарун  рит1и.  Гьедин  Саг1итица бицараб   хабаралда   хадуб   лъана  дида  «кеч1-бакъангун»   рач1арал чаг1и  ругилан  кисан   ра-ч1арал раг1аби кколелали.  К1иябго  росолъе   рикьун  лъурал г1адамал т1амун   руго  солдатазул   хъа-раволлъиялда  гъоркь,   т1ощел  бат1а,   г1и-боц1и  бат1а   ва  пайда   босизе  бегьулеб   цойгидаб   къайиц1а   бат1а-бат1аги  гьабун   цойиде   бак1аризе.   Данде  гьабу-гьабураб   армиялъ  нахъе   баччун  унебги бук1ун буго. Жалго къвариг1ел гьеч1еб бак1алде ккей  лъарал алмахъазул  цо   чанго   чияс  къасд  гьабун буго  гьел  бак1аздаса   лъутун рорч1изе к1велародаян.   Хасго  Алмахъалдехун нух бук1араб Юртг1авухъ росо сверун цо  чанго  къоял  цере  ккун   г1адан  чалиги   гьабун  лъурал   солдатаз   я  росулъе  яги гьеб бахун  къват1ивехун  щив-ниги  чи   виччалев   вук1ун гьеч1о. Цо гьениса  йорч1изеян   лъугьарай   Парихан   абулей алмахъалъул солдатас реч1ч1араб гуллаялъ   гъажибет1ер  к1и   борлъун  буго. Гьедин  лъукъарай гьей   к1иго   моц1алъ   Хасавюрталда   дару-мах   гьабулей   йик1ун йиго цо мест1ерасухъ (гьедин  абулаан  цебе   дараби   гьарулев   ц1алун   вахъинч1ев   чиясде).   Гьеб март моц1  бук1ана   алмахъазе   цебе   бихьан щинаб   рух1и   ва  ракъи к1очене гьабураб нагагьаб   балагьлъун. Жалго  рижараб  ракьги  тун,   рит1ухъе   хвалил   бадире   балагьун  унел   чаг1и   г1адин   чияр ракьалде х1ал-зулмуялда гочине   гьариялдаса к1удияб   балагь   щибха   бук1инеб?   Г1авухъал  арал росабалъе   гочине   щибаб   алмахъалъул ц1аракелалъе   саг1аталдего   г1унт1ун   ч1ван   къот1ун   ч1езе   гьабураб   заман   бук1ана.  Нагагь ц1араб заманаялда къват1иве   лъугьинч1ев  чиясул   рукъзал  риххизе   хас  гьабун   г1уц1араб   бригадаги   бук1ана.   Рогьинег1анцин   жанир  теч1ого   бакъани-марк1ач1ода   къват1ире  гъурал   г1емер   хъизабаз   ц1аялги  ракун   квачарал   сардалцин   рорч1изе   ккана   рохьада. Бак1азде   щун  хадусан   гьава-бакъ   данде   ккеч1олъиялъ   халкъалда   гьоркьоб   т1ибит1ана   квешаб   унти,   нахъаса къот1ич1ого холел   г1адамалин   абуни   къоялдаса   къоялде   ц1ик1к1унел рук1ана. Гьел   рукъизе   ине   бохдузда   вахъун   ч1езе   к1олев   къанаг1атги   чи  росулъ   вук1унароан. Хварал  чаг1азда   базе   мусру   щун   гурт1иялъ   хъах1  ракьги   жужан   регьулел   рук1ун   руго   хобинире.   Юрт-г1авухъалъе   гочун  хадусал   т1оцебесеб   картошка ч1ван бук1ун буго   «Чорто»   абулеб   бак1алда.    Гьенив  хъараволлъун   вук1арав   Эмендадаян   абулев  чи   хун   вук1ин   лъаниги,   гьесул  жаназа   босе  ине  к1олев  чи росулъ вук1инч1ого гьесул   жаназа  лъабго   къоялъ   г1алхудаго   хут1ун  буго. Гьелде  т1адеги   халкъалда   бихьана   дагьабги   к1удияб  ракъи.   Г1емер  чи   росабалъ  хун  вуго   ракъол  унти   ккунги.  К1алдибе  рехизе   бог1оллъи   щолареб   бук1иналъ   лъимал-чаг1и   унел рук1ун  руго   солдатаз   нахъе   баччун   араб   ц1оросаролъил   гъоркь   хут1арал   мугьалг1аги    щвелародаян   балагьизе.   Чачаназул   гъоркь  хут1араб   малалъул   щвараб   жого   кканищан   дица   гьикъарав   щинав   чияс   абулеб   бук1ана   цо   килограмм  т1ощалил   яги   г1анк1удал   хоно  г1анаб   жо   цониги  чиясе   щвеч1илан.   Гьединаб   г1акъуба–къварилъи   ч1амураб   мунагь  гьеч1еб   халкъалда   бугьтанал   лъейи   Аллагьасдаса   х1инкъизе   ккараб    иш   гьеч1ищ?

Shara5

 

Шарабодин  

Шамирзаев,  

Хасавюрт

шагьар                    


Календарь исламский


Мусульманские праздники