Печать
19
Июль

Лъик1ал г1адамалги, лъик1ал ишалги .П.Магомедова

Добавил(а) Administrator on 19 Июль 2014.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

                                Лъик1ал    г1адамалги,     

                                     лъик1ал  ишалги.

                   Т1аде  къварилъи бач1араб къо-ялъ  нилъер г1адамазул буго

         лъик1азулъан    лъик1аб цо г1адат:  хьолбохъ ч1ун, гьезул

         ургъел-къварилъи бигьа гьабизелъун т1аде  рач1ин.

         Рорц1ин-рорччиналъухъ, ц1орой-хинлъиялъухъ балагьич1огон

         росдал г1адамал   ва къват1иса рач1ун  гьалбал уна къварилъи

         ккарав чиясул квер босун зигар  гьабизе. Хвел–къварилъиялъ

         бицуна, щив  вук1аниги - рес бугев гьеч1ев  - Аллагьасда

         цере киналго ращатал рук1ин.

Къват1иса рач1унел г1емерал г1адамазда лъаларо,  

къварилъи ккарал чаг1азул рукъ киб бугебали, гьикъун,

малъун рит1аниги, чангиял  мекъи ккун ратула, нилъерго

г1адамлгицин цо-цо  къосуна. Гьелъ росдал г1адамазе 

бигьалъи ва т1аде рач1унел гьалбазул ургъел гьабун,

«Хотаялда» росо  бакьулъ,  ц1ияб  мажгиталда  аск1об 

бала буго, цоги районазул   цо-цо росабалъго г1адин,

тазият кквезе бак1.  Гьеб буго  25 метр халалъи, 10 метр

г1еблъи, жаниб к1иго  рукъги ва къват1ир ч1езе ресги 

бугеб саламатаб бак1.

tazijat

Тазият кквезе рукъ базе г1арацол  расход 

гьабула   буго  нилъерго алмахъал,  Мах1ачхъалаялда

яшав гьабун ругел Х1ажимух1амадовал Салманилги

Мадинатилги васаца – жидеда  Аллагь  разилъаял

Тимурица ва  Идрисица.

timur

Бак1алда  росолъ гьабулеб

х1алт1иялъул церехъаби руго жидее  кири

г1емерлъаял Ачабаев  Г1алимух1амад ва

Сираждинов Г1усман. Моц1ил  болжалалда   лъунеб 

къаг1ит1аялда  х1алт1и  г1уц1ун  буго.

 Гьеб ккола росдае к1удияб кумек.

Рукъ  базе квербакъанщиназе кирилъун

хъвайги Аллагьас, баркалаги буго гьезие 

патриоталлъун рук1иналъухъ. Патриот ккола 

жиндир ват1ан-ракьги, г1адамалги  рокьулев чи.

Киналго алмахъал рази руго гьединал лъик1ал

г1адамал нилъер   рук1иналда ва  гьединазда 

Аллагь разилъагиян  гьарулелги  руго.     

 

Pati                                                        Магомедова

                                                            Патимат