forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
18
Окт.

Саибатица бицараб

Добавил(а) Administrator on 18 Октябрь 2013.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

                                  Салих1 Салих1ов

                        Г1абдулвагьабил   яс   

                        Саибатица    бицараб


     Алмахъалдаса Г1абдулвагьабил яс Саибат

saibat

г1ун йиго Хасавюрталда. К1удияб рагъ байбихьун хадуб гочун руго Алмахъалде. Гьей лъугьун йиго комсомолалде, х1алт1ун йиго комсорглъун. 1949 абилеб соналъ медсанитаркалъун х1алт1ун йиго Калининаулалда. 1952 соналъ гьей йосун йиго партиялде. Т1оцее гьей х1алт1ун йиго завмаглъун Дилималда. Гьенисан йит1ун йиго инструктор–массовиклъун. Саибатица бицана партиялъул чаг1и бат1и-бат1иял бак1азде т1амулаанила х1алт1изе, гьедин рит1аралъуре инеги кколаанила. Хадусан т1амун йиго Калининаулалде завклублъун. Гьенисан перевод гьаюла Алмахъалде изба-читальня х1алт1изабизе, гьенисан йит1ула Ленинаулалде завклублъун, х1алт1ана Калининаулалда школалъул завхозлъун. 1961 соналъ рукъалде ун гочуна Хасавюрталде, гьений х1алт1ула Горторгалъул 124-аб. тукада завмаглъун. Ахиралда гьей х1алт1ула АТП-6 гаражалъул контролёрлъун, гьенисан пенсиялдеги уна. Гьеб буго къокъабго Саибатил х1алт1улаб биография.

Гьелъул йиго цо яс Мадина ва 1978 соналъ трагически хола армиялда срочная службаялда вук1арав цо вугев вас Руслан. К1иго моц1 рокъове вач1ине хут1араб мехалъ учениялда ккун буго гьесие гьеб балагь. Саибатил нилъер журналалда цебеги ц1ар рехсон бук1ана Жабраг1илов Мансурица бицараб алмахъазул культураялъул х1акъалъулъ хъвараб харбилъ.

Саибатица бицана: Алмахъалда бук1инч1о щибниги я музыка, я художественныяб самодеятельность. Гьение изба-читальнялъул заведующийлъун т1амураб мехалъ дица кинабго организовать гьабуна. Гьеб изба-читальнялде г1олхъанал ясал, васал рак1арун, гьезул умумузде гьел риччазаризе хьвадизе кколаан. Художественная самодеятельность г1уц1ун, концертал кьезе смотразде хьвадун, районалда т1оцебесел бак1ал щун нахъ руссунаан. Т1олго Дагъистаналъул фестивалялда нижецаги Новолакалъулазги гурони т1оцебесел бак1ал кквеч1о. Алмахъалда гуребги, Калининаулалде, Ленинаулалде т1амидалги гьенирги организовать гьарулаан художественный самодеятельностал, дун хьвадулаан бак1-бак1алъе агитаторлъунги. Хъутаналде рецарухъабазда хадур унаан концертал кьезе. Гьединаб х1алт1и гьабун щвана дие Почёталъулал грамотабиги ва цогидал шапакъаталги. Чанго росабалъе ун концертал кьун, гьез докладал гьарулаан баркала загьир гьабун. Доб рагъ байбихьидал Хасавюрталда рук1ана эбел-эмен г1умру гьабун. «Бав!»-илан сверухъ кьвагьиги, киса-кирего к1к1уялги рук1ана. Нижер рукъалда цебесан рук1ана окопал рухъула солдатал. Г1исинал ясал, дунги Эпих1атги цогидал ниж г1адиналги рук1ана мобилизовать гьарун окопал рухъизе. Квачараб хасел бук1ана, окопахъе решт1инарун, ракь бак1арун эхеде кьолаан солдатахъе, ц1орон холел кверал рук1унаан, ракъиялъ х1ал щвезабун г1одулаан... Цо сордоялъ нижелъуве щвезавун вач1ана лъукъарав, щибго лъавуда гьеч1ев Рах1матил вас Башир (Хасавюрталде поездалдаса решт1инавун вач1ун ватила), гьесда рук1арал ругънаца рак1 гъанц1изабулаан, бицун бажарилареб х1алалда вук1ана. Цинги радал додинго лъавудего вач1инч1огон хъарщиг1адин носилкабазда лъун ана эхеде. Гьединго лъавуде вач1инч1огун хун вуго гьев рокъове щведал. Алмахъалда школалъул директорлъун вук1арав рагъде арав Буртунаялдаса Г1усман вач1ана лъукъун нижелъуве вачун, гьевги хвана. Дир эбелалъул вац Адильгереев Адильгере вач1ана рек1еда сверун каранда гъорлъ гулбигун, щуго моц1 хвезеги кьун. Щуго моц1идасан хвезеги хвана. Гьедин г1емерал рач1унаан нижелъуре рагъда лъукъун Хасавюрталде щвезарурал. Байгъизица гьезул ругънал чурулаан.(Гара-ч1валиялда гьоркьоб Саибатида рак1алде щвана доб Ставрополялъул музеялда батараб алмахъазул 1906 соналъ бахъараб сураталда туманк1ги ккун йигей ч1ужуг1адан кколила жиндир эбелалъул эбел Наургъиз. Гьей йик1ун йигила гьанже сельсоветалъул председатель г1адин тарай ч1ужу. Туманк1 кодобгун хьвадулейги йик1ун йиго). Дир эбелалъул эмен Адильгереев Мух1амашарип, красный партизан, вук1ана Т1оцебесеб дунялалъул рагъде ун. Дагъистаналъул полкалда ("Дикая дивизия") гьевгун цадахъ вук1ун вуго Хъах1аб росолъа Мах1мудги. Дос бицунаан дагьав г1амал к1удияв чиги вук1анила Мах1муд. Гьес Карпатазул муг1рузда рагъулъ ругеб мехалъ Муиде бахъараб цо кеч1 лъалаан Мух1амашарипида
Г1адан вихьуларев рохьазда   вугев,

Вихьуларищ сардилъ кьенсер-бер ч1ег1ер.

Росаби т1аг1арал муг1рузда вугев,

Т1амуларищ цебе т1огьилаб тастар.


 
Мух1амашарип вук1ана г1емер жо лъалев, история лъик1 лъалев чи. Хасавюрталде вук1ана ахирал соназ гъов нижедего аск1ове вачун. Г1емер къват1иса г1адамалги рач1унаан гьесухъе гара-ч1вализе. Рагъулъ щварал кресталги цогидалги жал рук1ана. Цояца ун, цояца ун т1аг1ана...
  Хадусан Мах1муд ч1валелде цебе, гьев ах1ун вук1ун вуго гьудулас гьоболлъухъ. Гьел квана-гьекъолаги тун лъади ун йиго лъадае. Мах1муд рокъове ине къват1иве лъунаго,  лъин босун щун йиго дов гьудуласул лъади. Гьелъухъги балагьун кеч1 бахъун буго Мах1мудица:

Лъадае инаго    нахъаса берцин,

Нахъе яч1унаго    цееса берцин,

Г1инда  к1илик1 берцин, к1иго бер  берцин,

К1азил раг1алалда  баракат  бугей...

Гьеб жо сабаблъун жанивеги ун кьвагьулеб жо босун дов гьалмагъас ч1ван вуго Мах1муд. Холаго Мах1мудица бахъун буго гьаб кеч1:

Г1акъло  гьеч1еб  бет1ер, ч1обогояб  рак1

Ч1ух1арал  хиялаз  хвана  г1адада...

    Г1емер жо лъалев чи вук1ана Мух1амашарип, история лъалаан.
   Цебеотаралда вук1ана учительлъун х1алт1улев берцинав вас Тавболатов Г1умарасх1аб, гьевги рагъда т1аг1ана. Рагъде инаго Хасавюрталлда нижехъе вач1ана щвезе. Гьенисан дир эмен Г1абдулвагьабица нухав рег1ана. Дова ч1ван акт бач1ана. Хасавюрталде немцаз бомбаби ралеб мехалъ нахъе рач1ана ниж гочун. Чортоялда вук1ана Базарганов Насрола, гьесул цояб рокъоре рач1ана.

         Къебедил Дадал цересел г1агаразул рукъзал рух1ана. Г1усманил Мух1амадил (Г1амадалав) рукъ бух1ана. Таибатил к1иго рукъ бух1ана, Х1алиматил (гьейги Къебедил Дадал хъизан) рукъзал рух1ана. Рукъги бух1ун, ракьулъ бухъараб землянкаг1адинаб бак1алъ рук1ана Х1алиматги лъималги. Гьениб квеш унти ккун хадусан къадаралде щвана абун йик1арай гьелъул яс Умайжат. Гьей хола йигин раг1арав Умайжатил абурав щвезе вач1индал гьелъул раг1аби:

Метер къаси вач1а    дир   къулпуялде
Къоно борхалъизе,   хоб   г1ат1илъизе.
Г1адамал аниги      нахъеги унге,
Дуе г1оло кьолеб   г1азаб   бихьизе.

   Таибат йик1ана анлъго моц1алъ жаний т1амун, Г1абдулагьабги, Мух1амадги т1амуна лъаб-лъаб соналъ жанир Дадал г1агарал чаг1ийилан.
   Калининаулалда 200 чи хвана гьорозеги гьорон ракъоца. Гьедин бицуна бук1унаан. Валадимир вук1араб рокъоб бук1ана больница. Х1анку, мич1ч1 белъун кваналаан, цоги жо кваназе бук1инч1огон. Микк корохъги гьабун гьеб кунаан, кьог1аб рокьокъаб жо. Х1ок1 г1исинги гьабун, хенон гьелъул квен гьабулаан. Чанги къварилъи бихьана г1адамазда. Малярия (сири, бакъул унти) бук1ана т1ибит1ун, уколал гьарулаан гьелъие. Гьанжеги дилъ буго хроническая малярия. Рагъда т1аг1арал Х1ажимух1амал Мух1амадх1абиб, Жабраилов Мух1амад, Г1абдулаев Г1абдула, Рах1матил Башир берцинал васал рук1ана.

         Ленинградалдаса Люсяги, Любагийилан г1олохъанал учительзаби рук1ана рач1ун школалде х1алт1изе. Гьит1инай дица абулаан гьезде гьал г1олохъабазе рачине ругин нужилан. Гьезул рак1алда бук1ана, гьаниса нахъе инаго дунги жидедаго цадахъ ячун Лининградалда ц1ализайизе. Рагъги байбихьун хут1ана.




Календарь исламский


Мусульманские праздники