Эхо Великой Отечественной
К1удияб Ват1аналъул рагъул дандерижи
Жакъа нилъ руго К1удияб Ват1анияб рагъда Бергьенлъи босараб къо – 9 Май к1одо гьабула. Кутакалда зах1матаб, кьварараб гьеб рагъулъ рух1гун хут1ун нахъе г1емер солдат вач1инч1о. Ахирисел баяназда рекъон Совет Союзалъул рагъда т1аг1ана 28 миллионалде вахун чи.
Жеги мух1канлъи гьабун лъун гьеч1о Алмахъалдаса рагъде арал, нахъ руссарал ва руссине рес ккеч1ел нилъер ракьцоязул. Руго гьезда гъорлъ орденал, медалал щун к1одо гьарурал. Нилъ ч1ух1изе ккола Бер-гьенлъиялъул Парадалъул г1ахьалчи, рагъде ункъгояв цо хъизамалдаса аразул цояв Г1абасов Байирханидаса.
Руго Алмахъалдаса рагъде 300 чи гурони ун гье-ч1илан абулел жалго алмахъазда гъорлъги. Г1емераб мехалъ Алмахъ росолъ сельсоветалда ва цоги бат1и-бат1иял хъулухъазда х1алт1арав Жантемиров Исмаг1и-лица жиндирго т1ехьалда хъвалеб буго рагъ лъунеб мех 1945 соналъул маялде щвезег1ан алмахъазул жамаг1аталъул г1ун бук1анила кинабниги 900 маг1ишат ва армиялде ах1аразул къадар бахунаанила 1000 чиясдеян. Лъалеб бук1ахъе цо-цо хъизабаздаса лъаб-лъабги ункъ-ункъги чи армиялде арал алмахъазул 4
-5 азарго чиясда гъорлъа 300 чи гурони рагъда г1ахьаллъич1илан абулев чи щив ватаниги мекъав ватилин ккола. Амма мух1кан лъала х1инкъун рагъдаса рахчун ч1олеб тайпа алмахъал гуреблъи. Гьел ккола рижулъанго рагъухъаби – гьелъие нуг1лъи гьабула Шамил Имамасул наиб Умалатицаги – цин Г1авухъалъул цинги Ичкериялъул наиблъун Имам Шамилица т1амун вук1арав, ахиралде щвезег1ан гьевгун цадахъ вагъарав ва гьесул божарав чилъун вук1арав.
Гьелъие нуг1лъи гьабула Умалатида цадахъ рук1аразги, хадур алмахъалдаса рахъарал 100 ялде рахарал баг1арал партизаназги, К1удияб Ват1анияб рагъул г1емерал г1ахьалчаг1азги.
Алмахъазул ч1ух1илъун ккола юстициялъул генерал Гаджимагомедов Салман Таймасханович, Республикаялъул прокурорлъун ва хадув т1оцевесев Дагъистаналъул Конституционныяб судалъул Председательлъун жив х1алт1арав. Нилъ ч1ух1ула гьединго Дагъистаналъул Совет Безопасностиялъул Секретарьлъун г1емерал соназ х1алт1арав, генераласул званиялде жив представить гьавун вук1арав милициялъул полковник Ах1маднаби Магдигаджиевасдаса.
Гьездаго цадахъ ц1арал рехсезе ккола алмахъазул к1иго Россиялъул Героял Юрий Салимхановасул ва Мух1амад-Казим Гъайирха-новасул. Жакъа къоялъ алмахъазул старший офицеразул яги гьезда ращадал чинал щваразул къадар бахуна 114 чиясде, гьезда гьоркьосан 20 полковник, 31 подполковник, 63 майор милициялъул, армиялъул, ФСБ-ялъул, прокуратура-ялъул, судалъул ва цоги службабазда х1алт1арал ва х1алт1ула ругел. Орден «Мужества» щварал алмахъазул рагъухъабазул къадар бахуна 56 чиясде.
Алмахъалъул унго-унгояв патриот Х1ажимух1амад Х1ажиму-х1амадовас гьабураб х1алт1и гьеб рахъалъан цо чиясда кин бажарулебин кколеб к1удияб буго. 570 рагъул заманалда армиялде ах1арав алмахъасул гьес ц1ар мух1кан гьабун лъазабун буго ва «Книга Памяти Алмака» х1адур гьабунги буго, гьеб дагьабго тиражалда «Алмакстан» сериялда къват1ибе биччанги бук1ана. Кинабниги гьес рахъ-рахъалда ругел Россиялъул архивазде 1300-ялдаса ц1ик1к1ун рагъул г1ахьалчи-алмахъав ц1ехон запрос бит1ун буго. Гьединго к1удияб ригьалъул алмахъазде, нахъе хут1арал ветераназде ц1ехон ц1езарурал анкетабазул х1асилал данде гьарун руго. Районалъул ва республикаялъул архиваздаса материал бак1арун ветераназул ц1аразул мух1канлъи гьабун списокалде росун руго. Х1ажимух1амаца х1адур гьабураб «Книга памяти Алмака» т1ехьалдаса кьола руго гъоркьехун цо-цо материалал.
Участвовали на войне
по 4 братьев из Алмака:
АБАСОВЫХ: Забит, Зулумхан, Магдихан и Байирхан;
МУРТАЗАЛИЕВЫХ: Гамбулат, Умар, Кади, Уллубий;
ХАМАТОВЫХ: Самад, Абдулмалик, Басир, Халипав;
по 3 братьев из Алмака: ГАСАНОВЫХ: Басир, Камиль, Асадула;
ЖАБАЕВЫХ: Жангу, Шахру-дин, Абдухаким;
ЗАКАЕВЫХ: Иса, Госен, Гасан;
НАСРУДИНОВЫХ: Пахрудин, Хайрудин, Гашим;
ХАСИНОВЫХ: Билал, Сайбола, Мусса;
АМИРАЛИЕВЫХ: Насир, Наби и Алисултан;
БУДАЙХАНОВЫХ: Эльмирза, Наби, Алимирза, вернулся Наби;
ДАДАЕВЫХ: Магомедхабиб, Ажат и Магомедапанди;
ДИНАЕВЫХ: Хайрула, Зайнудин, Мухтар, Хайрула не вернулся;
ИСАГАДЖИЕВЫХ: Девлетмирза, Батимирза, Гаджимуса, вернулся Батимирза;
КАДИЕВЫХ: Абдулсаид, Забит и Адильгере;
МИРЗАХАНОВЫХ: Гамзат, Хайродин, Найбодин, все вернулись;
НУРАЛИЕВЫХ: Курахма, Абдужабар и Гаджи, вернулся Курахма;
САЛМАНОВЫХ: Саид, Маго-мед-камиль и Карин;
ХАЛИДОВЫХ: Зирар, Ханапи, Абид, вернулся Ханапи; ШАМСУДИНОВЫХ: Камалутдин, Жамалдин, Жарудин, вернулся Жамалдин.
Алмакцы, награжденные орденами в годы ВО войны:
1. Абакаров Ахмед Ахмедо-вич- орден «Красная Звезда».
2. Абдулгапуров Абдулгапур - орден «Красная Звезда».
3. Абдулаев Насрула - орден «Красная Звезда».
4. Алигаджиев Сайпудин - орден Славы 3 степени.
5. Асланханов Нугаймирза - орден «Красная Звезда».
6. Будайханов Наби - орден Славы 3 степени, орден «Отечественной войны» 2 ст.
7. Гайирбеков Мажит - орден «Красная Звезда».
8. Джансуев Шайихмагомед - орден «Большой Хурал Народной Монгольской Республики», орден «Отечественной войны» 2 степени.
9. Исагаджиев Батимирза – орден Славы 3 степени, орден «Отечественной вой-ны» 1 степени.
10. Умаров Паша - ордена Славы 3 степени, орден Славы 2 степени, орден «Отечественной войны» 2 степени,
орден «Отечественной вой-ны» 1 степени.
11. Салихов Мансур - орден «Красная Звезда».
12. Валиева Туайсат -орден «Трудового Красного Знамени».
5 офицеров-алмакцев, участники ВО войны:
Гереханов Халил Ирисханович-командир взвода, младший лейтенант, после демобили-зации работал Вторым секретарем Казбековского РК КПСС.
Джабраилов Магомед – командир роты, старший лейтенант, погиб.
Нуридинов Башир – кавалерист, командир роты, капитан, пропал без вести.
Садаев Шарабудин – командир взвода, младший лейтенант, пропал без вести.
Салихов Мансур - командир взвода, младший лейтенант, награжден орденом Красной Звезды, пропал без вести.
Амма киг1ан бокьаниги т1олго участникал-алмахъазул ц1арал ч1езаризе жеги к1ун гьеч1о. Лъик1 бук1инаан алмахъаз цо хасаб комиссия г1уц1ун гьеб иш кодобе босун х1алт1иги гьабун 300 чийищ ялъуни 1000 чийищ рагъул г1ахьалчаг1и Алмахъаладаса ругелали мух1-кан гьабуни. Лъик1 бук1инаан Х1ажимух1амад Х1ажимух1амадовасул т1ехь «Книга памяти Алмака» абун ц1ар лъун печаталде бахъани – гьелъие къвараг1уна цо ресалда вугев спонсор. Гьениб киназулго ц1аралги хъван, ругезул суратал лъун, нахъ руссинч1ел рихьизарун – кинабниги информация лъезеги ккола. Гьабсаг1аталда мух1канаб информация гьеч1о чан алмахъав 1942 соналъ Казбек районалъул военкомат Хасавюрталъулалде т1аде жубан цо соналъ Дилималдасан гурел Хасавюрталдасан рагъде аралали. Доб заманалда 18 отар ва цо к1удияб росо жанибе кколеб алмахъазул ракьалда гьабун бук1араб 4 колхозалдаса чан г1олохъанчи рагъде аравали мух1канлъи гьеч1о, амма ах1улел рук1ун руго щибаб колхоз рик1к1ун. Щибаб колхозалдаса цо-цо чи вит1еян т1асан бач1араб нарядалда рекъон цоги районалъул росабалъа 1 чи унев вук1ун ватани, алмахъазул 4 колхозалдаса - «Имени Ленина», «Имени Сталина». «Имени Молотова» ва «Имени 25 лет Октября» - армиялде вачунев вук1ун вуго 4 чи. Гьединго дагьал рук1аниги алмахъаз г1умру гьабулеб бук1ана районалъул росабалъ, Хасавюрталда, Кизилюрталда, Бавтугъаялда ва цоги бак1азда - гьезул армииялде аразул х1акъалъулъ информация гьеч1о.
Бицен лъуг1инабизе бокьун буго Алмахъалдаса рагъул г1ахьалчи Шамсудинов Жамалдинил коч1ол раг1абаздалъун:
Дихъ балагьун ч1ола, жаваб кьоларо.
Дун жанив вегулеб
Г1адатаб рокъоб
К1иго сурат буго
К1одо гьабураб.
Гьеб к1иябго буго
К1иго вацасул
Ват1аналъул рагъда
Жал накълулъарал.
Гьелгун гаргадула
Дун щибаб къоялъ:
Дихъ ралагьун ч1ола,
Жаваб кьоларо.
К1алъазе ч1ух1унги
Гьел гуреб лъала,
К1ал-мац1алда печать
Кьабун ратила…
Гьел ккола рагъда т1аг1арал Жамалодинил вацал Камалодин ва Жайродин.
К1очон тезе бегьуларо нилъ киналго ветераназда цере налъулал рук1ин.
Д.Динаев