Печать
15
Сент.

Басиров Насир Басирович - учитель,краевед ва журналист

Добавил(а) Administrator on 15 Сентябрь 2012.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 
Росдал г1акълочи Насир

Насир Басирович Басиров дида лъала гьит1инаб мехалдаса нахъе. Щуабилеб классалдаса бахъараб гьев вук1ана дун ц1алулеб классалъул математикаялъулгун физикаялъул учитель. Насириде абизе бегьула, алмахъазул т1оцевесев физикаялъул ва математикаялъул дарсал кьолев учитель гуревги т1адег1анаб лъай щваразул т1оцевесев учитель кколилан. Цересел соназ нилъер т1адег1анаб лъай щварал,институтгун университет ц1алун лъугьарал учительзаби рук1инч1о. Къват1исан рач1унаан школазде направлениеялда рекъон чанго бат1и-бат1иял бак1алъа учительзаби, гьезда гъорлъ г1урус ракьалдаса рач1аралги г1емер рук1ана. Абизе бокьун буго гьебго физика ва математика кьолев учительлъун ц1алун вахъана хадусан Насирил вац Сайгидах1мадги. Ниж ц1ализе унеб заманаялъгицин г1урус мац1 лъазе ц1акъ зах1мат бук1ана. Г1урус мац1 лъач1огун лъазе к1оларел дол ц1алул предметал физика,математика,история. Доб заманаялда рекъон Насир кколаан гъваридаб лъай бугев чи. Дида рак1алда буго политикаялъул,экономикаялъул, социалиял суалазул ц1ех-рехх гьабизе росдал г1адамаз Насириде гьикъулаан кинабго. Щиб суал кканиги,Насириде гьикъизе кколилан ч1ах1иял чаг1аз аби к1очонаро дида. Пенсиялде инег1ан х1алт1ана Насир школалда, г1емерал соназ вук1ана гьев школалъул организаторлъун, завучлъун. Школалдаса роол отпуск босидал колхозалъ ах1улаан Насир колхозалъул счетоводлъи гьабизеги.Счетоводлъи гьебизе г1адамал камулароан, амма рак1 бац1адав,ц1одорав чи Насир вук1иналъ ах1улаан гьев ролъ, ц1оросаролъ ва цогидал т 1ощалил культураби рак1арун раччулеб, ролъ балулеб мехалъ. Щибго мугь камизе теч1ого колхозалъул т1ощалил учёт гьабулаан гьес…Цебегоялдаса нахъе Насирица лъазе т1алаб гьабуна росдал ва росдал г1адамазул история. Тухум-кьибилалъул лъазе къвараг1арав чи Насирихъе уна ц1ех-рехх гьабизе. Шагьаразда рикьа-риххарал,малъич1огун лъабго росда рикьа-риххарал алмахъазул тухум-кьибилал лъайги дагьабжо бук1инищ. Гьит1инаб мехалъго бег1ераб ц1одорлъи бугевчи вук1ун вуго Насир. Цо нухалъ годек1анир г1одорк1аралъур Гъайичица бицана цо лъугьа-бахъин.Колхозалъул хурисан х1алт1унги лъун рокъове вач1унев жинца цо щуго-анлъго картошка бук1анилан босун къасиялде кваназе. Росулъе жаниве лъун инаго советалъул х1алт1ухъанас ккунила жив. Ракъол сонал рук1ун, сог1ал законал ругеб мех бук1анила доб. Колхозалъул ролъул мугьал,картошка кодоб батани жанир лъолаанила. Жинца абунила дов сельсоветалъул х1алт1ухъанасде Улайил сородаса рахъарал картошкаби ругин гьалилан. Живги вачун вилъанила гьев Улайил рокъове ц1ех-рехх гьабизе. Гьейги рокъой ятич1огун гьит1инав чи Насириде гьикъанила дос гьав Гъайичица картошка киса бахъарабилан. Щибго виххич1огун Насирица абунила,гъове жидер хурул ахаде балагьейин,киса гьес картошка бахъарабали лъазе бокьанийилан. Гьедин Насирица абураб раг1оца щибго къварилъи ккеч1огун ворч1анила жив,гуребани жанив лъезеги рес бук1анила…Алмахъазул гуребги, цогидал нилъер росабазулгун, г1адамазул, тухумазул къосараб жо батиларин кола Насирида. Г1емерал соназ гьоркьо-гьоркьоб хъвадарухъанасул х1алт1иги гьабула Насирица, рег1ерал социалиялгун бак1алъул политикаялъул масъалаби цереги рахъун. Чанго халкъалъулгун хурхарал, актуалиял темаби рагьун хъвана гьес республи каялъул маг1арул «Х1акъикъат» газеталда (цебе «Баг1араб Байрахъ»). Ц1алдолезе к1удияб асар гьабула Насирил ч1ах1иял гъваридал макъалабаз. Гьединав чи вуго нилъер Насир.

Салих1 Салих1ов