forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
04
Дек.

Юмор,базар и др

Добавил(а) Administrator on 04 Декабрь 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 
Х1акъ пополам

Бизнесмен Шагьидица Китаялде-нахъа хьвадулев Сайродинида т1ад къала к1удияб партия бихьиназул гурдеязул, базаралда ричизе.Цебе-цебеги гьелго гурдеял рач1инарун ричун пайда босулаан Шагьидица. Амма ахирисеб партиялъул гурдеязулъ ратана г1емерал качество гьеч1ел,рук1ана гурдеязул габур к1ич1ун рукъарал,воротниказул цояб г1инщ цоялдаса халатаб…
Шагьидица Садрудинида рихьизарула гьел гурдеял…Ахиралдаги к1иясулго къот1и ккола гьел китаялъул «гьалмагъзабаз» гуккун рач1арал гурдеял росарабго багьаялде базаралда ричизе
- Дидани гьел базаралда ричизе к1ола,коробкаялъурго подарок х1исабалда кьезе уна гьел рик1к1адаса рач1арал ричарухъабаз, амма гукки г1адинаб жо лъидал гьеб учуз кьуниги, гьелъул х1акъ дуца т1аде босаниха…
- Гьеб х1акъги пополам гьабизе бегьилаан нилъеца-ян абуна Сайродинца г1енеккунги вук1ун
========================================================================
Газелалда гъорлъан

«Дагьа-дагьаб» жоги гьекъон, бух1улаго, ч1ух1араб инамаркаялда г1едерго унел рук1ана Г1алиги Камилги. Гьаз нахъа толел «г1иси-бикъинал» машинабазул счётго бук1инч1о,бегьулебги бегьуларебги бак1алъан обгоналги гьарулаго.Цо обгон гьабулаго жиндирго нухдасан унеб ГАЗелалда гъорлъан рорч1ун ине къвариг1ун бук1араб къаг1ида гьазул. Амма жаниса гьодораб бугониги ГАЗелялда гъорлъан ун бажарич1о иномаркаялда. Гьекъарабгун бух1араб жойищ водителасул дагьлъарабали, к1иябго машина лъик1го чунк-чунки гуреб бат1ияб жо ккеч1о. Т1ад вугесул рак1 гурх1ун батула, жанир чаг1азе дагьалго хъарса-к1ат1иял гурони щибго лъугьинч1о
=====================================================================================
Собраться гьавун ч1езе кколаан

Авария ккун машинаялда жанив хъарса-к1ат1ун цадахъ вугев гьудул вихьидал, водителас абун буго собраться гьавун къвак1ун ч1езе кколаанин мун жив г1адинилан. Лъларо дов водителасда жинцаго авария гьабизе бук1ин лъанищ бук1арабали къвак1ун ч1езе.
==============================================================================
Хасавюрталъулалг1адин

Цо роол сардилъ росдал цо къват1алда ч1ун гара-ч1валулел рук1ана Г1умарги Мусаги. Аск1об бук1араб х1обода делизабураб чирахъалъул канлъиялде бак1арун бук1ана беххеса щвараб ч1ах1ияб гарц1. Баг1арараб чирахъалда тунка-тункараб г1одобе бортулеб гарц1ги бук1ана, бортараб гьел кваналел к1иго кетуги бук1ана. Амма ругьунаб , гуреб гарц1 кванан г1емер гьезда бажарулеб бук1инч1о. гарц1ги х1анч1олелъулха. Гьеб бихьарав Г1умарица гьалмагъасе бицуна, гьединго Хасавюрталда цо катица к1и-к1и гарц1 ккола бихьанила жинда. Цояб гарц1 квач1иде гъоркьеги ккезабун, цогидаб к1алдибги ккун кваналеб бук1унаанилан. Гьеб раг1арав Мусаца абула, и ях1 ле Хасавюрталда кутулги рихьулищ г1адамалго г1адин хъант1арал ругелилан

Салих1 Салих1ов

Календарь исламский


Мусульманские праздники